Суббота, 13.06.2026, 02:31 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам день учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери подкачаться ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
-->
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2026 » Май » 25 » БАЙИКЬА АВИАЦИЯЛЪУЛ КАПИТАН
15:12
БАЙИКЬА АВИАЦИЯЛЪУЛ КАПИТАН

22 июнь 1941 сон. Сардилъ г1ужалъ г1асияб хъудиялъ макьидаса борч1изабураб советияб халкъ. Соролеб гьаракьалъ Левитаница лъазабулеб буго, фашистазулаб Германия божут1а рек1к1 гьабун нилъер улкаялде рагъгун т1аде к1анц1анилан.

Байдабазде бак1арараб халкъ, г1одулел руччаби, рукъун заралгун къерщезарулаго цабигун ццидалъ ч1арал бихьинал, щибго бич1ч1уларого улбузул гвердазул квенч1елалги ккун иргадал гьезухъ балагьун  хаган хут1арал лъимал. Школа лъуг1иялъул сух1маталдаса къват1ире рач1унаго, балугълъиялъул аттестат кодобе щвелалде ярагъ кодоб кквезе ккарал, сух1маталде рет1ераб хъах1аб рет1ел биялъ белъараб, мусруялде сверараб аза-азар улкаялъул г1олилал.

Гьедин байбихьана 4-го соналдасаги ц1ик1к1ун халат бахъараб К1удияб Ват1анияб рагъ. Г1емер г1олилал ана рагъде эбел-инсулгун, г1агарлъиялъулгун къо-мех лъик1 гьабич1ого. Дир росулъаги ун руго гьединго бат1и-бат1иял районазда х1алт1илел рук1аралги, гьенисанго т1адги руссинч1о г1емерисел.

Гьединазул цояв ккола дир росуцояв авиациялъул летчик-истребитель, эскадрильялъул командир Исбагьиев Мах1ачги. Гьев рагъгун дандч1вана Белоруссиялда. Лъабго соналъул хъулухъги лъуг1ун рокъове вач1унеб машинаялде вахунаго, гьесда хьолбохъ планшеталда щун буго тохаб гулла, планшеталда жаниб бук1уна харжие кьураб г1арацги, гьелъ гьев хвасар гьавунги вуго.

Мах1ач гьавуна 1918 соналда 21 декабралда. Гьесул эмен Исбагьи вук1уна революционер Мах1ач Дах1ададаевасул гьудул, гьедин гьесие кьун буго гьеб ц1арги, гьединавго бах1арчи лъугьинеян.

Хунзахъ анкьго сонил школаги лъуг1ун Мах1ач ц1ализе лъугьуна Буйнакскиялъул педучилищеялде, гьеб лъуг1игун 17 сон барав Мах1ач вит1ула Болъихъ  районалде  школалъул директорлъун.

1938 соналъ Мах1ач ах1ула Армиялде, цебе бицахъе, Белоруссиялъул лъелазул аскаралде. Гьевгун хъулухъ гьабулев вук1ана Ц1адаса Х1амзатил вас Мух1амадги. Гьеб рагъ ккараб къоялъго гьел рикьула жидецаго т1аса рищарал курсазде. Мах1ачил кидагосеб анищ бук1уна воржине, летчиклъун вахъине. Мух1амадгун Мах1ач гьенив ват1алъула, т1ок1алъ гьел данделъуларо. Лъабго моц1идасан курсалги лъуг1ун Мах1ач вит1ула Балтийский фронталде Ленинград ц1унизе, гьенив вагъула лъукъизег1ан. 1944 соналъ гьесул самолет бортизабула ва гьев ц1акъ зах1матго лъукъула. Лъукъарав Мах1ач вит1ула Азербайджаналъул Кировобад шагьаралде госпиталалде. Гьениб гьесул бох къот1изе х1укму ккола врачазул консилиумалда, гьелдаса гьев хвасар гьавула Линберайский абурав профессорас. Гьас абула: «Я этому красавцу капитану потерять ногу не дам и беру на свою ответственность» ян. Гьесул ясги йик1уна хирург, гьез к1иязго т1ад ч1ун гьесул бох ц1унула, амма т1ок1алъ воржиналъул хабар Мах1ачие лъуг1ула.

Дидаги рак1алда вуго гьев, ворхатав чи вук1ана, г1ансагун вилъунаан, бох сук1изабизе к1олароан. Рагъулъ ккараб цо щибниги лъугьа-бахъин бицеян абидал, гьесул яс Пат1иматица бицана, гьес гьарулаанин абуге жинда бицеянин, жиб-жиб воржиналдаса хадуб шлем ц1ун х1улун бач1унаанин бот1родаса рас.

1944 соналъ госпиталалдаса хадув ц1ализе лъугьуна Орджоникидзе шагьаралда педагогикияб институталде, гьеб лъуг1ун хадув Мах1ач ц1алула Партиялъул Т1адег1анаб школалда, гьенив ц1алулаго цадахъ ккола Данияловги. Гьенив ц1алулаго Мах1ач вит1ула Лъарат1а, РК к1иабилев секретарлъун ВКП (б). Кив х1алт1аниги Мах1ач вук1ана бажари бугев, аваданав, кеч1-бакъан бокьулев, г1адамазда гъорлъ вук1а-вахъине лъалев чи. Гьес киналго алатазда бакънал рачунаан, кинабго росулъ лъугьа-бахъунелда гьоркьовги вук1унаан.

Мах1ач г1умруялдаса ват1алъана 1991 соналъул 28 октябралда. Хвезег1анги кидаго воржине анищалда вук1унаанила бицана яс Пат1иматица. Аллагьас ахират лъик1аб кьун батаги гьаб жакъасеб къо нилъее кьурал киналго доб заманаялъул г1олилазе. Нижеда нуж кидаго к1очене гьеч1о.

Шамилова Пат1имат, Байикь росу.

Просмотров: 10 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2026 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz