Хъатг1анасеб Байикь росдал 65 хъизамалдаса 35 чи ана К1удияб
Ват1анияб рагъде, гьезул бащадаздаса ц1ик1к1ун-19 ял нахъруссун гьеч1о.
Ват1аналъе г1оло рух1 кьуразул бах1арчилъиялъе нуг1лъун, гьел дуг1адулъ
рехсеялъе сабаблъун бахъун ч1ун буго росдал хабзалалъ гьезул ц1арал т1ад
рек1к1араб зани. Аллагьас мунагьал чураги киналго бах1арзазул.
1849 абилеб соналъ Хьаргаби росдада г1агарлъуда Шамил
имамасул бодул рагъухъан, Байикь росулъа Х1усен, шагьидасул хвелалдалъун
къадаралде щвана. Гьесул хвел раг1изабизе вач1унев чапарги ва гьесие вас
гьавиялъул рохел гьесухъе щвезабизе вач1унев чапарги Аварг1оралъул к1иябго
рахъалда данделъула. Гьавурав васасда рагъда ч1варав инсул ц1ар лъола.
К1удияв г1едал Х1усен лъугьуна бергьараб лъаялъул ва
г1аданлъи-чилъиялъул инсанлъун. 22 соналъ Г1обода росдае бегавуллъиги гьабула
гьес.
Гьев Х1усенил хъизамалда 1908 соналъ гьавуна Х1усенов
Мух1амад Х1усенович. Г1адамазда гьоркьов вук1а-вахъине, щиб бук1аниги ц1ияб жо
лъазелъун, лъик1аб тарбия щвезелъун Х1усеница гьит1инав чи Мух1амад вит1улев
вук1ун вуго Хунзахъе, г1олохъабазде, г1адамазде гьоркьове.
1919 соналъ эбел-эменги хун хут1арав Мух1амад 1924 соналде
щвезег1ан к1удияй яцалъ г1езе гьавула. Мух1амадица ц1алун лъуг1изабула
Дербенталда техникум. Гьесда цадахъ гьенив ц1алулев вук1ун вуго машгьурав
тохтур, вук1инесев медакадемиялъул ректор, Дагъистаналъул сахлъи ц1униялъул
министр М. Макъсудов. Лъик1аб гьудуллъиги ккун буго к1иявго г1олиласул
г1умруялъего. (Республикаялъул сахлъи ц1униялъул цевехъанас хадусел соназ
т1алаб-агъаз гьабулаан мунагьал чураяв Мух1амадил яс Г1аишатилги).
1924 соналъ Мух1амад балугълъиялъул г1ужде вахиндал бет1ербахъиялъе
уна Грозный шагьаралде ва гьенив 1926 абилеб соналде щвезег1ан х1алт1ула маххул
нухда г1адатияв х1алт1ухъанлъун. 1926-1927 абилел соназ гьев х1алт1ула
Грузиялда Алазаналъул канал бахъулеб бак1алда г1адатияв х1алт1ухъанлъун, хадув
Хунзахъ райбольницаялъул фельдшерлъун. 1928-1931 соназ Мух1амадица лъуг1изабуна
Мах1ачхъалаялда Дагъсовпартшкола. 1931-1933 соназ х1алт1ула Хьаргаби лъел
электростанция балеб бак1алда постройкомалъул председательлъун, 1933-1934 соназин
абуни, Дербенталда строителазул союзалъул групкомалъул председательлъун.
Хадувги Мух1амад к1иго соналъ х1алт1ула ВКП(б)ялъул Унсоколо райкомалъул
пропагандистлъун. 1935-1938 соназ Грозный шагьаралда коммунистияб школалдаги
ц1алун, лъаг1алица Мух1амад х1алт1ула цин инструкторлъун хадув директорлъун
Манасалъул МТСалда. 1939 соналдасан Мух1амадица гьабула Унсоколо райком
ВКП(б)ялъул пропагандаялъулгин агитациялъул отделалъе заведующийлъи, хадув
гьебго райкомалъул кадрабазул х1алт1ул рахъалъ секретарьлъиги. Гьенисан уна
гьев Москваялде ВКП(б)ялъул Центральный комитеталда цебе бугеб т1адег1анаб
партшколалде ц1ализе вит1ун. Гьениб ц1алиги лъуг1ун К1удияб Ват1анияб рагъ
байбихьидал броньги кьун Дагъистаналде х1алт1изе вит1улев вук1арав чи, жиндир
гьалмагъзабиги фронталде ун намусалъ къабул гьабулеб гьеч1ин рокъове нахъ
вуссинеян Мух1амад г1арзаги кьун уна Ват1ан ц1унизе. Танковый батальоналъул
командирасул заместительлъи Мух1амадица гьабула политрукасул званиялда
(гьанжесеб къаг1идаялъ майор Красной Армии). Мух1амад къадаралде щвана 1942
соналъ. Вукъун вуго вацлъиялъул хабалалъ Эстонская ССРалъул Олимпийский
районалъул Лесниково росдада аск1ов.
Гьев ккола Байикь росулъ т1оцебе т1адег1анаб лъай щварав чи,
гьесдасан байбихьана росулъ ц1ияб интеллигенция бижизе.
Къисматалъ Унсоколо районалде кканиги, Мух1амадил яс
Г1аишатицаги бухьен къот1изе толаро инсул росугун: гьабула садакъа-вакъфу,
ц1ехола росулъ бугеб къварилъи-зах1малъи.
Г1умаров Мух1амад, зах1маталъул ветеран, Байикь росу.
|