Суббота, 18.07.2026, 21:37 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам день учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери подкачаться ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
-->
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2026 » Июнь » 22 » ГlЕЛМУЯЛЪЕ КЬУРАБ БАЩДАБ ГlАСРУ
12:45
ГlЕЛМУЯЛЪЕ КЬУРАБ БАЩДАБ ГlАСРУ

Исана 50 сон т1убала машгьурав г1алимчи, техникиял г1елмабазул доктор, профессор, Дагъистаналъул АССРалъул мустах1икъав г1елмияв х1аракатчи, ракетабазул яргъилгун космосалъул технологиязул разработчик, нилъер районцов, Т1анусиса Г1алиевазул ц1ар раг1араб хъизамалда кунч1араб цогиги гвангъараб ц1ва – Шамил Г1алиевас жиндирго г1елмиябгун лъай кьеялъул х1аракатчилъи байбихьаралдаса. Гьединго, гьал къоязда т1аде щола гьев гьавураб къоги. Г1алимчиясда к1иябго байрамги баркун, районалъул СМИязул къокъа гьесул х1алт1улаб кабинеталде гьоболлъухъе щвейдал, нижеда гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:

- Шамил Гьиматович, т1оцебе кин рак1алде ккараб г1елмияб нух т1аса бищизе?

- Дие лъимерлъул заманалдаго ц1акъ интерес бук1унаан бакъ-моц1алъулгун ц1вабзазул. Къаси-къаси кидаго ц1вабзазухъ валагьун вук1унаан гьит1инав дун. Гьезул г1емерлъиялъги гвангъиялъги рик1к1алъиялъги г1ажаиблъизавурав дир пикрабазул кунч1и киса-кибего щолаан. Дица чанго нухалъ х1албихьана гьезул къадар рик1к1инеги, амма бажаруларон. Г1елмуялде т1амураб т1оцебесеб галилъун рик1к1ине бегьула Избербашалда бук1араб Интернатги лъималазул рукъги цадахъ бугеб бак1алде щвей. Инсуца гьениве ц1ализе кьун вук1ана дун. Гьениб дида т1оцебе бихьана ралъад ва гьелъ жеги ц1ик1к1ун г1ажаиблъизавуна дун. Дида ч1ах1иял умумуз бицунеб раг1улаан цо лъилалиго т1убараб г1умру ун бугин иццул бет1ер балагьулаго, амма кинго батун гьеч1илан. Гьеб хабарги рак1алде щун, дица пикру гьабуна гьадиг1ан к1удияб ралъад г1езег1ан г1емераб лъим гьанибе лъица ва кинандай т1урабин абун. Амма киг1ан ургъаниги, дида гьелъие жавабги батулеб бук1инч1о. Дица гьеб ц1ехолеб бук1ана сверухъ ругелщиназдаги. Цо къоялъ, иргадулаб нухалда добго суалалъе жаваб балагьулев вук1аго, дида бицана Ленинградалда бугин ралъадазулги, г1орал-лъаразулги, бакъ-моц1алъулгун зоб-ракьалъулги г1елмаби малъулеб университет. Гьеб хабар раг1идал, дун ц1акъ вохана ва х1укму гьабуна гьениве ц1ализе ине. Дун расги бигьаяв студентги вук1инч1о ва лъицаниги веццизеги веццулароан. Щвараб лъаялъ дие кинаб бугониги асар гьабизе кколаан, гурони дие лъаялъул бук1ине кколеб къимат бук1унароан. Гьеб асар балагьулаго, дица г1емераб къо бихьизабулаан муг1алимзабазда, чанги к1алъайги кколаан гьезулгун. Дирго дарсалги гьоркьор риччан, цогидал дарсазде хьвадулаан. Дир суалазе муг1алимас кьурал жавабаздаги разилъич1ого, цогидал муг1алимзабазеги х1алхьи толароан. Амма дир кидаго к1удияб гъира-шавкъ бук1унаан ц1ияб жо лъазе. Гьедин, 3-4 курсалде вахъингун, дида дунго вак1а-вахаризе к1вана ва преподавательзабазул дидехун бугеб бербалагьиги дагь-дагьккун лъик1аб рахъалдехун хисизе байбихьана. Хадуб лъугьана аспирантураялдеги. Абизе ккола, дол сонал дир г1умрудул бищунго талих1аллъун рук1анилан. Щайгурелъул, щибаб къойил дие рагьулаан г1елмудал бат1и-бат1иял балъголъаби ва гьезул пикрабаз х1алхьиги теч1ого, т1амулаан жеги ц1и-ц1иял г1елмиял суалазе жавабал  ралагьизе.       

- Г1елмуялъул болъабаздасан эхеде вахине ккани, щиб ц1ик1к1ун х1ажалъулеб – гьунарищ яги зах1мат бокьийищ?

- Узухъда, зах1мат бокьиялъул к1вар г1емер ц1ик1к1араб бук1уна. Г1урусаз абула «Дисциплина бьет класс» абун. Гьединлъидал, чиясул киг1ан к1удияб гьунар бугониги, амма гьесул гьеб цебет1езабиялъе зах1маталде рокьиги, г1адлу-низамги,  к1вах1 тун, жиндаго т1ад х1алт1изе гъираги гьеч1они, цох1о г1иц1аб гьунаралъ гьев г1емер рик1к1аде вачунаро. Дида ккола цох1о г1елмуялда гуребги, цогидал бут1абаздаги гьединго бук1унеб батилилан. Т1абиг1ияб гьунаралда цадахъго гьеб жеги цебет1езабиялъул ва г1ат1ид гьабиялъул мурадалда зах1мат бокьиги – гьеб к1иябго ккола кинаб бугониги бут1аялда инсан цевет1еялъе чара гьеч1ого х1ажатал шарт1ал.    

Цоги г1урусаз абула «Красота рождается в муках» абун. Гьединлъидал, дир рак1ч1ола зах1маталъги, къо бихьиялъги ва гьеб кинабго х1ехьезе к1удияб сабур бук1иналъги гурони чиясул чи лъугьунгут1иялда. Жакъа киназго т1аса рищула бигьаял нухал. Амма дица абилаан кидаго зах1матаб гурони нух т1аса бищугеян. Щайгурелъул, г1иц1го гьеб нухда гурони инсан лъадаруларо ва гьениб гьесда киданиги бицинег1ан к1удияб квалквал гьабулев чиги дандч1валаро.

- Г1адатаб халкъалъе кинаб пайда-хайир бугин дуца рик1к1унеб дур г1елмияб х1аракатчилъиялъул?

- Гьеб г1езег1ан зах1матаб суал буго. Дунялалда т1оцебе макърат1исалъул къуваталъул мухъазул концепция бихьизабурав Англиялъул машгьурав физик Майкл Фарадейида гьикъун буго дур ц1ирагьиялдасан г1адатаб халкъалъе щиб хайир бугебилан. Гьес абун буго 50 соналдасан гурони гьелъие жаваб бук1унарилан. Х1акъикъаталдаги, чанго соналдасан гьеб концепцияги кьоч1ое босун баккана электродинамика абураб, жиндалъун т1олабго инсанияталъулго г1умру хисизабураб физикаялъул ц1ияб бут1а. Гьелда рекъон х1алт1ула жакъасел генераторал, электродвигателал (электрикияб энергия механикаялде буссинабиялъ рес кьуна поездал, электромобилал, рукъалъул алатал, насосал, станокал гьаризе), трансформаторал, Интернет ва цогидалги бухьеналъул алатал. Гьединго жакъа дица гьабулеб ишалъеги жеги жаваб бук1унаро. Жакъа лъеда гъоркьан унеб г1адатияб ракетаялъул багьа буго цо миллионгун к1инусазарго доллар. Дида гьикъизе бегьула ярагъ гьабулагойищха дур г1умру арабилан. Жакъа ярагъ гьеч1ого х1укуматги т1убазехъин гьеч1о. Щайгурелъул, пачалихъалъ ярагъ гьабулеб гьеч1они, цогидал, жеги лъик1аб ярагъ бугез гьеб бахъизеги бегьулелъул. Гьединлъидал, дица абилаан дирги ва дир бут1аялда х1алт1улел г1алимзабазулги х1аракатчилъиялъ цо бут1а лъолин гьеб г1адатаб халкъалъул паракъатаб г1умру ц1униялъулъилан.

- Дур пикруялда, кинаб кколеб г1алимчиясда т1адаб налъи?

- Дир г1умрудул ц1ик1к1унисеб бут1а ана г1елму лъазабулаго ва диего щвараб лъай цогидазе бикьулаго. Дида ккола, гьеб к1иябго жо бугин г1алимчиясда т1адаб ишилан. Дие ц1акъго бокьула лъималазулгун дандч1ваял. Лъимал – гьел ккола жеги щибго т1ад хъвач1ел рац1ц1адал т1амчал г1адал чаг1и. Гьезул рек1ел бац1ц1алъиги, ч1ах1ияз г1адин х1акимзабазе ч1валареб хъатги, роц1арал пикрабиги – гьеб киналъго г1ажаибаб асар гьабула дие. Унго, дунгидай гьадинав гьит1инав вук1аравилан рак1алде бач1уна. Гьедин, зама-заманалдасан лъималгун дандч1ваялъ, гьез дун к1удияв г1езе теч1о.

- Кинабго жо бич1ч1изабун бажарулищ г1елмуялдалъун?

- Бажаруларо. Г1елмуялъ кидаго жаваб кьола «Кинан?» абураб суалалъе, амма киданиги жаваб кьоларо «Щай?» абуралъе. Мисалалъе, г1елмуялъ жаваб кьола кинаб къаг1идаялъ бакъуда сверун планетаби сверулел ругелан абураб суалалъе. Амма щай гьел сверулел ругелан абураб суалалъе жаваб г1елмуялда бук1унаро. Гьединлъидал г1емерал суалал рук1уна г1елму хадуб г1унт1уларелги.

- Гьоркьохъел г1асрабазда инквизициялъул заманалда г1елму рик1к1унеб бук1ун буго диналъул тушманлъун. Мисалалъе, диналде данде кколареб жиндирго пикру рагьун бициналъ вух1ун вуго машгьурав Италиялъул философ-пантеист, поэт ва пикручи Джордано Бруно. Дур пикруялда, динги г1елмуги цоцазул тушманзаби кколищ?

- Динги г1елмуги ккола цо х1инч1алъул к1иго кваркьи г1адаб жо. Х1акъикъаталдаги, дунялалъул тарихалда бук1ана заман гьеб к1иябго цоцазул тушманзабилъун рик1к1унебги. Амма жакъа ах1вал-х1ал бат1ияб буго. Дица цебехун абухъе, г1елмуялъ бич1ч1изабула кинан цо кинаб бугониги иш яги т1абиг1ияб лъугьа-бахъин лъугьунебали, амма бич1ч1изабун бажаруларо гьеб щай лъугьунебали. Гьеб суалалъе жаваб балагьизе ккола диналда жаниб. Диналда божиялъ нахъа тола киналго г1акълуялъулгун г1елмиял борхалъаби. Гьединлъидал, дин г1елмуялда борцунги бажаруларо.   

- Дунялалъул тарихалда жидеца гъваридал лъалк1ал тарал г1адамазул г1емерисел хут1ана араб заманалда. Ай, киналго аварагзаби, ч1ах1иял г1алимзаби, хъвадарухъаби, шаг1ирзаби, бодул церехъабигун рагъухъаби ва цогидалги жиде-жидер бут1абазда борхалъи босарал х1аракатчаг1и тарихалда хут1ана. Жакъа къоялъ, нилъер заманалда гьединал чаг1и къанаг1ат гурони гьеч1олъиялъе г1илла щибдай?

- Гьебги буго кутакалда гъваридаб суал. Г1елмуялда буго биологиялъулаб полиморфизм абураб т1абиг1ияб закон. Гьелда рекъон г1адамал рижун рук1уна бат1и-бат1ияллъун ва бат1и-бат1иял бак1азда, шарт1азда, гьава-бакъалда, заманабаздагун къарнабазда г1умру гьабизе бажари бугеллъун. Гьел дуца рехсарал к1удиял чаг1и ккола жакъа г1адинал г1умру бигьа гьабулел шарт1алги гьеч1ел зах1матаб заманалда рижарал г1адамал. Ай, доб т1абиг1ияб законалда рекъон куцарал чаг1и. Жакъа нилъеца г1умру гьабун бугеб церет1урал технологиязулги искусственияб интеллекталъулги заманалда бук1ине кколеб даражаялда рехсараб закон х1алт1ун бажаруларо. Гьелъулъги батизе бегьула г1илла. Зах1матаб заманаялъ рижула къвак1арал, къо х1ехьолел, сунданиги къуркьизаризе к1оларел, г1акълуги камилал, пикруги гъваридал, гьунарги т1ок1ал ва жидер х1аракатчилъиялъ т1олабго инсанияталъулго г1умру хисизабун бажарулел г1адамал.

- Жакъа дунялалдаго кутакалда цебет1ун бач1ине буго дуца рехсараб искусственнияб интеллект абураб жо. Кинаб пикру бугеб гьелда хурхун?

- Рагъулаб ишалъе кутакалда квег1енаб жо буго гьеб. Хасго гьелъул к1удияб кумек буго дир г1елмияб бут1аялдасан кколеб лъеда гъоркь х1алт1улеб торпеднияб ярагъ х1алт1изабиялъе ва гьеб цебет1еялъе. Цогидал бут1абаздаги батила гьелъул пайда. Амма нейросетаз киналго бут1абазда т1олабго инсаният хисизе бугилан абураб пикру дица мекъаблъун рик1к1уна.  

- Г1елмуялда г1емер рук1унел ратила жаваб гьеч1ел суалал. Гьединал суалалгун дандч1вайгун дуца щиб гьабулеб?

- Бит1араб буго. Г1елмуялда цониги бук1унаро жиндие х1адурараб жаваб бугеб суал.  Дица кидаго т1аса бищулаан бигьаяб гуреб, масъалабазулги суалазулги ц1ураб нух. Гьединлъидал, дица г1елмуялда жаниб цониги суал квер хьваг1ун теч1о. Бищун к1удияб асарги дие гьединал, квер хьваг1ун теч1ел суалаз гьабуна.    

- Дур г1умрудул ц1ик1к1унисеб бут1а ун буго г1елмуялда гъорлъ. Мун разияв вугищ пачалихъалъ дур х1аракатчилъиялъе кьураб къиматалдаса ва гьабураб т1алаб-агъазалдаса?

- Узухъда, вуго. Щайгурелъул, дие пачалихъалъ рес кьуна рик1к1адаб маг1арул росулъ школаги лъуг1изабун, цин Избербашалда, хадуб Ленинградалъул университеталда ва аспирантураялда, жанив вега-вахъине общежитиеги кьун, стипендияги ч1езабун, ц1ализе. Ай, дица жиндие жеги щибниги жо кьеч1еб х1укуматалъ дир к1удияб къимат гьабуна. Гьединлъидал, г1елмияб бут1аялда х1алт1улаго, киг1ан г1акъуба-къварилъи дида бихьун батаниги, дун даимав налъулав вуго пачалихъалъе, хасго советияб х1укуматалъе. Гьеб бук1ана лъик1аб х1укумат. Дунги ккола доб х1укуматалъул г1ат1ал гьабураб хинк1. Дир х1исабалда, цо бук1ана гьелъул г1антаб рахъ: кинабго жо партиялъулаб нухмалъиялда гъоркь бук1ин ва гьелъул идеологиялдаса кьуризе бегьунгут1и.  

- Жакъасеб х1укуматалъул кинал ругел квешалги лъик1алги рахъал?

- Бицинаро (велъулаго). Мунагьал чураяв Расул Х1амзатовасул руго гьадинал мухъал:

Лъил гьариги рекъон, гьардарав Аллагь,                                                                               Гьавщинав х1акимчи дур корохъ вугев?   

Жакъа нилъер х1укуматалда буго г1езег1ан зах1матаб ва нилъ цолъизе ккараб заман. «Ч1вазе багьанаги, базе рогьоги камурав чи вук1унарин» абухъе, ралагьизе лъугьани, г1унгут1аби камураб пачалихъ бук1унаро. Ратила гьел нилъерги. Гьединлъидал, дида рак1алде ккола квешал-лъик1ал рахъазулги бицинч1ого, жакъа нилъее г1иц1го цолъи ва гъунки х1ажат бугилан.

- Г1елмуялъе кинаб х1укуматалъул квербакъи ц1ик1к1ун бук1араб яги бугеб?

- Дица абиларо жакъасеб х1укуматалъ г1елму т1убанго рехун тун бугилан. Амма советияб пачалихъалъ г1елмуялде к1вар ц1ик1к1ун кьолаан. Дица тола жакъа г1елмуялда жанир ругел чаг1азул х1алт1и доб мехалъ г1адинаб гьеч1илан. Цоги дие жакъа рек1ее г1олареб жо буго чвантинир дипломалги лъун, жидерго махщалида рекъон х1алт1ич1ого, г1олохъаби щвара-щварал х1алт1абазда рук1ин. Доб заманалда гьедин бук1унароан.

- Ахиралда щиб дуца абилеб районцояздехун?

- Киг1ан ц1акъ свакан вугониги, г1агараб мац1алъул калам раг1идал, гьелъ дие лъик1го мадар гьабула. Гьеб буго дида г1акълу бижаралдаса нахъего дида гъорлъ батараб бищунго лъик1аб дару. Гьеб таблеткаялда ц1арги буго хунзги хундерил киналго росабиги. Дунго кив вук1аниги, дир рак1 кидаго бук1уна дун вижараб г1агараб росулъги муг1руздаги. Рек1еда жаниб бугеб г1адамасе къвариг1аб ицц бугонани, дир рек1елъе гьеб чвахула гьел муг1руздасан. Гьединлъидал, киг1ан к1удияб г1елмияб масъала т1убазабуниги, г1агараб районалдасанги росулъанги чвахулеб гьеб иццул лъеца г1адаб асар дие сунцаниги гьабуларо. Дица районцояздехун гьабизе бокьараб гьари загьир гьабилаан умумузул коч1ол гьадинал мухъаздалъун:

Бокьилаан нужей, дицаго кьезе,                                                                                              Кинабго рек1ее хириябщинаб:                                                                                                                          Дур бакъалъул хинлъи, ц1умазул хехлъи,                                                                             Хунжрузул бег1ерлъи, т1огьол гьайбатлъи

И. Мух1амадов.  

Просмотров: 63 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2026 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz