Среда, 01.05.2024, 17:27 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Февраль » 29 » БИЩУН Г1ОЛОХЪАНАВ ВА БЕЧЕДАВ КАНДИДАТ ДАНДЧ1ВАНА ЖУРНАЛИСТАЛГУН.
17:23
БИЩУН Г1ОЛОХЪАНАВ ВА БЕЧЕДАВ КАНДИДАТ ДАНДЧ1ВАНА ЖУРНАЛИСТАЛГУН.

Россиялъул киналго регионаздаса 500-ялдасаги ц1ик1к1ун СМИязул вакилзаби рак1арун рук1ана 20 аб. февралалда Москваялъул «Измайлово» гостиницаялде. Гьенире журналистал ах1арав ва гьеб дандч1ваялъе киналъулго харж гьабурав чи ккола Россиялъул Президентлъуде ругел кандидатазул бищун г1олохъанав-бизнесмен Михаил Прохоров. Ц1ар раг1арал ва къо-ас бугел газет-журналазулги телеканалазулги къапилаялде гьоркьое, дидаго рак1алдаго гьеч1ого, ккана дунги (баркала нилъер ракьцояй, махщел камилай мухбир Зульфия Х1ажиевалъе). Дидаго конференциялда бихьараб-таралъулги рек1елъ хут1араб асаралъулги гьаб репортажалда нужееги бицинин, х1урматиял газета ц1алулел!

  К1иго метраялдасаги ц1ик1к1ун черхалъул халалъи бугев М. Д. Прохоров залалде цодагьалъ кват1ун вач1ана. Абулеб бук1ана гьесда цадахъ к1иго телохранительги вугилан, амма нилъер Дагъистаналъул чиновниказул кинниги, церехъахъдун, рихьдае ярагъ цебе лъун, жал охранаялъул чаг1и рук1ин бихьизабулел бугъаял дида рихьич1о. Гьелда т1адеги, 500 журналистасда гьоркьой цох1о йик1арай хиджаб ч1варай диегицин кандидатасде аск1ое ине рес кьун бук1ана. Гьединаб г1адатлъиялъги, г1адатал г1адамаздаса, нилъер х1акимзаби г1адин, къед гьабун рик1к1алъич1оялъги, узухъда, дир байбихьудаго кандидатасдехун адабалъулаб асар бижана.

Саламалъулаб к1алъайги гьабун, Прохоровас бицана жиндирго рищиязда цебесеб программаялъул. Г1езег1ан лъик1абги, избирателазе раг1изе бокьилеб г1адабги бук1ана гьеб: добго ришватчилъиялде данде рагъ гьабиги, налогазулаб реформа т1обит1иги, инсанасул г1умру-яшав лъик1лъизабиги. Т1адч1ей гьабуна кандидатас лъай кьеялдеги, сахлъи ц1униялдеги жинцаго кьезе бугеб к1варалда, профессионалияб ва къуватаб армия г1уц1изе ккеялда, росдал маг1ишат бахъинабизе рихьулел нухазда.

  Хадуб байбихьана журналистазул суалазе жавабал кьеялде. Гьаниб т1убанго рагьана бизнесменасул жанисеб рахъ: щибаб суалалъе гьес кьолеб бук1ана ч1ванкъот1араб ва мух1канаб жаваб, махсаро-хоч1алдалъун кумек гьабулеб бук1ана суал бач1унарел, нечарал журналистазе. Ц1одорав, жиндие кьурал суалаздаса т1урахъдуларев ва щибго бич1ч1арав чи вугин тана дица Прохоров Михаил. Нагагь Президентлъун вищани, Дагъистаналъе ва Кавказалъе щиб лъик1аб гьабизе бугебилан х1адурун бук1ана нижеца суал. Амма «Новое дело» ва «Черновик» газетаздаса пишацоял С. Мух1амадова ва редактор Биякай Мух1амадов цере ккана. 2020 соналде щвезег1ан Шималияб Кавказ налогал т1ад лъеч1еб зоналъунги гьабун, цебет1езабизе кколилан бицана кандидатас. Гьединго «Черновикалъул» редакторас «Кавказалъулаздехун улкаялдаго биччан бугеб рокьукълъиялъул кнопкаялда т1аде цун гьеб ч1езабизе к1олищан» абураб суалалъе кьураб жавабалдасанги бихьана Прохоров, Жириновский г1адав миллатчи гьеч1олъи. «Нилъ киналго руго цо хъизам, кавказалъулалин, г1урусалин миллатазде рикьи бук1ине кколаро»,- ян рак1ч1езабуна гьес ва раг1и кьуна рищиял лъуг1ун хадуб Дагъистаналде вач1ине. Нилъеразул конференциялда г1езег1ан ч1аголъи бук1ана, амма камич1о нахъасан «Г1ела Дагъистаналъе раг1и кьураб!»- ян жах1дадул ц1ураб ах1и балел г1урусал-пишацоялги. Жиде-жидер регионалъе миллиардерасда гьабизе к1олеб кумекалъулги ц1ехон, цо-цо журналистаз байбихьана жалго рихьизаризелъун, жидерго басмаханаби раг1изаризелъун, «г1ор щун бук1аго, ц1ул бахъизе». Гьедин, Мордоваялдаса цо мухбир, рет1ун миллияб рет1елгун данделъиялде жий яч1арай, екерана сценаялде Прохоровасе пирогалги росун «Жидер доба бах1арав абизе унелъул босулин гьаб квенан». Бук1аниги, жеги ч1ужу ячинч1ев 46 сон барав бихьинчи г1олилалъул гьев къват1иве унелъул гьарурал гъоркьч1елазеги мук1урлъич1о-сценаялда гьелъул х1аялъе махсаро-хоч1 гьабун кумек гьабуниги, коридоралъусан унаго гьес нижеда киназдаго «До свидания!» ги абун, къо-мех лъик1 гьабуна ва «дун яче» ялъухъ бат1ияб-т1ок1аб г1ин т1амич1о. Прохоровасда хадуй цунго къват1ие яч1ана гьесул рахъ ккун к1алъазе яч1ун йик1арай машгьурай коч1охъан А. Б. Пугачева. Дагъистаналда т1ут1ун разе къач1ан рук1уна дагьалниги машгьурал г1адамал, аллагьзабазухъ г1адин балагьула гьезухъ, Москваялдайин абуни, гьединал «ц1ваби» журналистаздаса жидер щибго т1ок1лъи гьеч1еблъиги бихьизабун, г1адатго ана нахъе. 

  Г1олохъанав кандидатасул рахъ ккуразул къокъаялда гъорлъ рук1ана машгьурал артистал: Леонид Ярмольник, Андрей Макаревич, предприниматель Евгений Ройзман, телеведущий Александр Любимов. Саг1атг1ан мехалъ гьезги кьуна журналистазул суалазе жавабал ва бицана миллиардерасул г1акълу-лъаялъулгун гьес гьарурал лъик1ал ишазул. 

Гьанже х1асилал гьарун хъвалин кандидатас бицаралда гьоркьоса диего хас гьарун рокьарал пикраби: «Бокьарав президент дандиявгун гуро вагъизе кколев, гьев вагъизе ккола улкаялда бугеб язихълъи-мискинлъиялде данде», «200-300 бикъуларев х1аким т1амунани улкаялъул нухмалъуде, кинабго бит1ун ккезе буго. Дица лъиениги бикъизе тезе гьеч1о», «Дир буго дирго бизнес, чанго г1умруялъе г1ураб г1арац, пачалихъияб кверщел дие къвариг1ун буго, щайгурелъул дица рик1к1уна, дир кинабго лъик1 бугин, г1адатаб халкъалдаса рик1к1алъун ч1езе бегьуларилан, гьеб мехалъ баракатгьеч1олъи бихьула». «Дун Путинил проект гуро, дун вуго дирго эбелалъулги инсулги проект», «Дица киданиги абич1о 60 саг1тилаб х1алт1улаб анкь гьабизе бугилан. Х1алт1ухъанасе жиндиего щолеб харжалдаса ц1ик1к1ун харж щвезе бокьани гьесие рес кьезе ккола 1,5 ставкаялда х1алт1изе», «Дун Президентлъун вахъиндал, дица ричизе руго дирго киналго активал ва г1арац бикьизе буго гурх1ел-рах1муялъе», «СМИял рук1ине бегьуларо пачалихъияб кверщелалда рараллъун. Гьел рук1ине ккола я хасал г1адамазухъ, я жалго жидедаго ч1арал» ва гь. ц. Г1емераб жо бокьана дие Прохоровасулъ, бокьана гьаб нухалда рищиязда живго бергьине дагьал гурого ресал х1адурарав, «барщарав» политик живго гьеч1олъи гьесда ва гьесул командаялъул чаг1азда бич1ч1улеб бук1ин, бокьана рак1 бац1ц1алъи, ч1ванкъот1араб жавабалдаса т1уризелъун кандидатазул цо-цояз г1адин хоч1ие бицунеб ва г1адамазул г1ундузе гьуинаб хабар гуреб рак1 рагьун кьолел жавабал. Рищиязде инего инарилан йик1арай дида гьанже лъана дун 4 марталда РФялъул президент вищизе унейлъи. Гьединго лъала лъие дица гьаракь кьезе бугебали. Лъала жеги 6 соналъ г1адамазда цебе артистлъи гьабун, берцинал, рек1елъе рортулел раг1аби рицине ва нусго-к1инусго гъурущ пенсияздегун харжазда т1аде рехун (г1одулеб лъимер конфета кьун буц1инабулеб г1адин» «рохизаризе» гьаб чорокаб системаялъ щив рищиязда бергьинавизе вугевалиги. Бук1аниги, рак1 бохизе бач1ана, жеги Россиялда г1акъилал г1олохъаби хут1ун рук1иналдаса ва хиси гьеч1ого анц1-анц1 соназ цого чаг1аз г1акъуба кьолеб улка теларилан, таваккал ва бажари гьезул г1олеб бук1иналдас. Аллагьас лъик1аб хъван батаги.

П. Мух1амадова, регионалиял журналистазулгун М. Прохоровасул конференция-дандч1ваялъул делегат.

 

Просмотров: 880 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz