Воскресенье, 28.04.2024, 22:25 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Март » 11 » Г1УМРУЯЛЪУЛ МАГ1НА ХУН БУГО.
15:51
Г1УМРУЯЛЪУЛ МАГ1НА ХУН БУГО.

Дагьаб цебег1ан «Росдал зах1матчи» газеталъул редакциялде вач1ун вук1ана Мах1ачхъалаялда бугеб теологиялъул ва халкъазда гьоркьосел бухьеназул институталъул проректор Мух1идинов Шамил Мух1амадович.

Ш. Мух1амадович восун вуго Россиялъул хъвадарухъабазул союзалъул членлъун восун ва гьесухъе кьун буго гьеб тасдикъ гьабулеб книжка. Шамил Мух1амадовичасда щвараб ц1арги баркун, нижеца гьесда гьаранацо чанго суалалъе жаваб кьеян. Гъоркьехун бахъулеб буго гьесдаги нижедаги гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.

Шамил Мух1амадович, бокьилаан лъазе кинаб бак1 кколеб поэзиялъ дур г1умруялда жанибали лъазе.

-Поэтлъун вахъинилан дида киданиги рак1алде кколароан. Дир профессияги бат1ияб бук1ана, гьабулеб ишги бат1ияб бук1ана. Дун кколаан Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул ингилис мац1алъул учитель. Амма поэзия кидаго бокьулаан. Эркенаб заманалда г1одов ч1ун г1умруялъул, г1адамазул пикрабазда вугев мехалда, воххараб яги ццим бахъараб лах1заталда коч1ол мухъал къват1ире рач1инч1ого рук1унароан. Коч1ол мухъал гьарулелъул, ай поэзиялъ инсан лъик1алде кант1изавула, мекъал ишаздаса ворч1изавула, коч1одалъун къват1ибе бач1уна рек1ее асар гьабураб дир роц1ц1араб пикру. Куч1дул лъугьана дие дир г1умруялъул берцинаб рахълъун.

-Аслияб къаг1идаялда сундул х1акъалъулъ Дуца хъвалеб?

-Сонал ц1ик1к1ун ранаг1ан дие хъвазе рокьулел руго Аллагьасул нухде ани гурого талих1 бук1унарелъул, диниял, ахираталъул, хвел-хобалъул пикру гьабулел, тавбуялъул, диналде инсан ц1азавизе бокьулел куч1дул. Дир лъималазул лъимал аск1оре рач1араб мехалда хъвала дица гьезиеги куч1дул. Политикаялъги дун живго толаро. К1оларо дида диего асар гьабуралъул х1акъалъулъ хъвач1ого тезеги. Дагьаб цебег1ан цо газеталда дида хъван батана имам Шамил ва Расул миллатчаг1и рук1анин гьез г1адамал цолъизарулел рук1инч1ин абун. Ццим бахъарав чияс хъван рук1ана дица гьезие жаваб кьолел коч1ол мухъалги.

Къойидаса-къойиде г1емерлъулел руго нилъеда гьоркьор шагьидзаби, камулел, ч1валел руго г1акъилал, ц1одорал, ях1 бугел унго-унгоял г1адамал. Гьелъ диего гьабураб асаралда рекъараб пикру загьир гьабураб кеч1ги хъван бук1ана дица. Кин гьел лъугьун ругелали Аллагьасдаги г1адамаздаги лъала.

 

-Шагьидлъаразда гьоркьове нужер институталъул ректор ккеялъги, жеги ц1ик1к1ун рак1 пашман гьабун батила Дур?

-Институталъул ректор Садикъов Макъсуд Ибнух1ажарович вук1ана философиял г1елмабазул доктор, экономикиял г1елмабазул кандидат. Гьесда к1олаан интеллигенциялда гьоркьоб бук1аниги, диниял г1адамазда гьоркьоб бук1аниги, политикал рук1аниги, бокьараб бак1алда кьуч1аб раг1и бицун щулияб бак1 кквезе. Гьев Дагъистаналде вач1ун вук1ана Москваялда бук1араб лъик1аб х1алт1иги тун нилъер аниб динияб иш цебет1езабизе.

7 соналда жаниб гьес лъимал къват1ире риччана Кавказалда цониги гьеч1еб, Россиялдаго къанаг1атаб, исламги дуниялалъул г1елмуги цолъизарулеб кьуч1аб, ришват кьолареб, лъай ва гьунар бугев чи гурони жаниб ц1алулареб институталдасан. Гьесул к1удияб цебет1ей бук1ине рес бук1ана. Дида рак1алде ккола гьес исламалъе гьабулеб кумек-квербакъиялъукьа х1инкъарал, Дагъистаналда хъублъи т1аг1ине бокьич1ел, Дагъистаналъе лъик1лъи бокьич1ел г1адамаз ч1ван ватилин гьевилан. Гьеб ккана Дагъистаналъе к1удияб камилъун, гьелда лъураб к1удияб ругъунлъун. Гьев живгони талих1ав чи вук1ун вуго, гьев шагьидлъун ккана, гьев Аллагьасул квербакъиялде гъоркье ана. Гьес г1емерал ишал гьаруна г1адан-г1аданлъун вук1иналъе, чи-чилъун вук1иналъе, дагъистанияв-дагъистаниявлъун вук1иналъе квербакъулел. Дагъистаниязул кутакалда рак1 бакъвана гьев нилъедаса камиялдаса. Амма гьев ч1ванилан гьесул бак1 кквезе чи гьеч1ого хут1ич1о. Гьеб гьесул вацас ккуна. Институт цебе т1олеб буго. Аслияб жо институталда динги исламги бокьулел студентал ц1алулел руго.

-Институталде ц1ализе рорч1изе зах1мат бук1унищ?

-Школа лъуг1ун хадуб ЕГЭги кьун бугони, х1ажатал документалги ругони, жанире рорч1изе кинаб бук1аниги зах1малъи бук1унаро. Рорч1ун хадуб ц1ализе бокьуларев чиясухъа гьениб ц1алун бажаруларо. Цогидал институтазда г1адин ц1алич1ониги ришватал кьун къиматал лъолеб къаг1ида нижер гьеч1о. Ц1алуде гъира бугев чиясе институталда к1удияб кумек гьабула, гьеч1ел нахъе уна. Мисалалъе босани, институталъул т1оцебесеб курсалде къабул гьарун рук1ана 28 чи, щуабилеб курсалда гьезул микьгоял гурони хут1ич1о.

Институталда лъик1 ц1алулел, бажари бугел ва къуватал, эркенго ингилис ва г1араб мац1 лъалел 2-3 курсаздаса студентазе рес буго бат1и-бат1иял х1укуматазде ун ц1ализе. Живго ч1валеб къоялъги ректорас Индонезиялде 18 чи ц1ализе вит1ун вук1ана. Гьесие бокьун бук1ана бат1и-бат1иял улкабазда халкъазда гьоркьосел бухьенал гьаризе.

Студентал ц1алула 5 курс лъуг1изег1ан гьел улкабазул ВУЗазда, гьезул сурсатаздасан. Нилъер аниб общежитиял ран хадуб дозул студентал нилъехъеги рач1инелъун.

-Гьанжесеб пикруялдаги, рищиязда хурхун Дур кинал пикраби ругел?

-Дир пикруялдаги халкъалъул пикруялдаги бараб жо рищиязда ц1акъ дагьаб гурони гьеч1о, щай гурелъул х1акъикъиял рит1арал рищиял т1орит1изе нилъер рес гьеч1елъул. Нилъер законго буго г1арац гьеч1ев чи рищиязде вач1унарев. Рак1 бац1ц1адав  чи гьениве вищизе кинго рес гьеч1о. Халкъалдаги лъалеб гьеч1о щив гьениве вищилевали. Г1уц1ун буго 3-4 партия гьезда божилъи гьабизейилан. Кин божилел коррупционераздасан г1уц1араб чиновниказул партиялда. Коммунистазул партия босани, т1оцебе дин гьабизе телин, гьелда хъваларилан абулеб бук1араб, хадуб диналда михир бачараб, дуниялги г1уц1ун ахират кодоса бахъулеб партиялда кин божилел? Цогидалги Америкаялъ асар гьабун рак1алде ккара-ккараб бицунел ханлъи бук1ине кколин цоял, кколарилан цойгиял, гьездаги кинаб божилъи бук1инеб? Гьеч1о цониги партия дун хадув вилъунеб.

Цебе бук1ана блок коммунистов и беспартийных,- ан абураб. Гьанже партиялда гьеч1езе бак1 гьеч1о. Гьезухъа гьаракь кьезеги бажаруларо. Цебе коммунистаз цо чиги т1аса вищун гьесие гьаракь кьезе т1амулаан. Хал гьабулаан гьев щив чияли, гьесул бажари бажарунгут1иялъухъ, г1умруялъул нухалъухъ, х1алт1улъ церет1еязухъ. Гьанжейин абуни, чиясул цебесеб ва хадусеб лъаларо. Г1умруялда жаниб киналго х1акимзаби рахчун руго маххул решеткаялда нахъа халкъалъулгун хурхен гьеч1о. Киналго нилъеда телевизоралдасан рихьула. Г1умруялда жаниб цониги ч1агояв чи вихьуларо. Киназго телевизоралдасан абула нагагьлъун жив вищани, жинца кинабго лъик1абщинаб гьабизе бугилан. Гьез бицунеб бит1араб батани, кинав кандидат вищаниги, нилъее бит1 ккезехъин буго. Гьереси батани, квеш ккезехъин буго. Гьединлъидал халкъалда лъалеб гьеч1о щив вит1арав, щив гьересиявали, кинасда ц1ар ч1валебалиги. Ц1одорав г1акъилав чи цеве вач1ине рес гьеч1о. Дица гьабги гьабила, добги гьабилаян цере рахъун ах1долел чаг1азе гурого. Х1укумат к1алагъоркье ккезабуна щиб гьабураб Ельциние, Горбачевасе? Хадурккаразе щиб гьабизе бугеб?

-Ахирал соназда рахъун руго сахлъи ц1униялда, лъай кьеялда ва цоги-цогидалги бут1абазда хурхарал хасал программаби, кьолел руго грантал, стимулирующиял.

-Кинал грантазул, программабазул бицине ккелеб жакъа учителасе 3-4 азарго гъурущ, ВУЗазул преподователазе 7-10 азарго гъурущ гурого щолеб гьеч1они. Гьадинаб к1удияб пачалихъалда лъик1ал ишал гьарулел гьеч1илан абизе дида к1веларо. Узухъда, нилъеца лъик1алъул рахъ кквеч1ого теларо. Дун т1амуни гьаб рокъоб 4 къедалда жанив. Жиб-жиб ригьалъ дие босун квенги бач1унеб бугони, сундулниги ургъел гьабизеги т1амулев гьеч1они, дие лъик1 бук1ана.

Бусурбанчи кидаго талих1ав вуго. Зах1малъи х1ехьаниги гьесие Аллагьасул рахъалдасан ужара щола, лъик1лъиялда вугониги, гьес Аллагьасе щукру гьабун ужара щола. Жакъа нилъ квеш ругилан абизеги дида к1веларо, хасго дир, щай гурелъул дида рак1алда буго т1ок1аб бат1ияб квен бук1инч1ого мич1ч1 кунеб, накку хъирщун квен гьабулеб, накуги, г1унк1рукьги багьараб рет1елги рет1ун вук1араб заманги, т1ох г1екколеб бук1араб мехги. Жакъа нилъ Аллагьас лъик1 тун руго. Инсанасе гьес кьун бугебщинаб ниг1мат. Нилъее рес щун буго эркенго х1ежалт1е ине, Мах1ачхъалаялдасан 1,5-2 саг1аталдасан асфальт т1ураб нухдасан Хунзахъе рач1ине. Нарт щунгут1иялъ канлъи бук1инч1ого, наккудал канлъиги гьабун дарсал ц1алулеб заманги.

 

Квешлъи сундулъ бугеб?

-Г1адамазул г1адамаздехун бугеб гьоркьоблъи хун буго. Жив-жив чи жиндиего г1ун вуго. 2-3 соналъгицин вац вацасде кколев гьеч1о, вас инсут1е кколев гьеч1о, рес бук1аниги г1адамал Аллагьасул нухдасан рилъунел гьеч1о. Г1адамаз цоцазул адаб гьабулеб гьеч1о, г1иси-бикъинаб жо сабаблъун къацандулел, барщарулел рук1унел руго. Жакъа бугони метер бук1унареб материалияб буголъи сабаблъун цоцазул рак1азе рах1ат толарого рук1унел руго. Дида рак1алде ккола исламияб тарбиялда рекъон г1адамал хьвадулел рук1аралани, гьеб гьедин бук1инароанилан. Исламалда хъван буго кин эбел-инсул лъималаз адаб гьабизе кколебали, эбел-эмен лъималгун кин рук1ине кколебали, кин х1акимгун, гьудул-гьалмагъзабигун гьоркьоблъиялда рук1ине кколебали, гьелда хъвач1еб жо гьеч1о. Амма гьелъухъ г1енеккулел г1адамал дагьал гурого гьеч1о. Гьеб кинабго гьезда лъалеб гьеч1о, цогиязда лъаниги черхалда гьабизе к1олеб гьеч1о. Лъик1 ругеб мехалда квешлъи к1очонеб буго. Лъик1лъиялъулъ квешлъиги буго, квешлъиялъулъ лъик1лъиги буго.

-Г1адамазда гьоркьоб исламияб бич1ч1и буголъи ц1ик1к1ине ккани щиб гьабунидай лъик1 бук1ина?

-Лъимер гьабураб къоялдасан байбихьун рокъоб эбел-инсуцаги, ясли-ахазде, школазде аралдаса светияб тарбиялда цадахъ муг1алимзабаз исламияб тарбияги кьолеб бугони, иш г1емерго лъик1 роц1ц1инаан. Мисалалъе босани, дун ц1алулев вук1арав Дамаскалъул исламияб университеталда 6 азарго студент вук1ана. Гьезда гьоркьов цониги хъалиман ц1алев, гьекъолев чи вук1инч1о, гьабсаг1аталда Мах1ачхъалаялда бугеб исламияб университеталдаги 3-4 азарго чи ц1алулеб бак1алда цониги хъалиман ц1алев, гьекъолев чи гьеч1о. Гьеб гуребги Дагъистаналда ва Чачаналъ МВДялъул рихьизариялда рекъон бищунго дагьал такъсирал гьарун руго. Цо-цоял г1ажаиблъулел руго кин гьеб гьедин бук1унебан. Гьелъие г1илла буго ургъунго гьарулел политикиял кьвагьа-г1анхъиял кколел рук1аниги, г1адатиял г1адамазда гьоркьоб гьарулел такъсирал, Россиялъул 100-100 азарго чияс г1умру гьабулел росаби гьекъолдиялдалъун, наркотикал х1алт1изариялдалъун т1аг1унел ругеб мехалда, дагьабниги ислам цебе т1урал бак1азда т1еч1езде данде ккун г1емерго дагьал рук1ин.

-Шамил Мух1амадович, баркала гара-ч1вариялъухъ. Нижеца Дуе гьарула творчествоялъе жеги ц1ик1к1ун цебет1ей, гьабулеб ишалъулъ бит1 ккей, сахлъи ва рохел.

-Дуеги баркала.         

Просмотров: 794 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz