Понедельник, 29.04.2024, 00:41 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Февраль » 29 » АЛЛАГЬАС МАХЩЕЛ КЬУРАЙ.
17:47
АЛЛАГЬАС МАХЩЕЛ КЬУРАЙ.
7 февралалда нилъедаса ят1алъана районалъул больницаялда х1алт1илей йик1арай руччабазул тохтур Г1умарова Издага. Гьей йик1ана Бет1ергьанас к1удияб махщел-гьунар кьей гуребги, ч1ух1и гьеч1ей лъиего кумек, гурх1ел бугей г1адан.

Къасимехалъ каву рахалароан, кие ах1аниги унаан. Цин медучилищеги лъуг1ун х1алт1ана росулъ, росасе ун хадуб, хахулей йигей ясги ячун ц1ализе лъугьана мединституталде. Гьеб заманалда авариялде ккун хвана рос, бараб ч1ег1ер бахъараб къо гьелт1е бач1инч1о. 6 лъимал ругеб хъизаналъул бищун к1удияй йик1иналъ, ккана гьезул т1алаб гьелде. Хвана авариялде ккун гьит1инав вац 2 лъимергун вук1арав, 4 лъимерги нахъе тун хвана яц ва эменги хвана гьезул, цоги яцалъул хвана рос 3 васги тун, жиндирго цо вук1арав вас хвана авария ккун 3 ясги тун. 12 бесдалазул т1алаб-агъазалда ана гьелъул г1умру. Цох1о йигей ясалъе лъимер щунги йохич1о гьей. Бищунго анищ бук1ана васасул ясал т1уразе, гьеб мурадги т1убач1о. Пенсиялде арайго росулъе яхъун, херай эбелгун бокьун бук1ана росулъ хоб щвезе. Квачараб мехги ккун, юкъана Чирюрталда. Динги дунялги цадахъ бачине лъалей г1адан йик1ана, 6 нухалъ ана х1ежалт1е эбел-эмен рачун, васасдаса ва цогидаздасаги борхана, цох1оги хут1ун бугин йик1унаан бицуней. Киданиги бича-хисизе жоги гьелъ бач1ун бихьич1о. Киг1ан гьит1инаб гьабунги щибаб санайил гьабулаан мавлид. Жиндие щварабги гьелъ бикьулаан херал, унтаразт1е ун, къварилъи г1ат1илъи ккаралъубе ва г1ага-божаразе. Ц1акъ г1агарлъи ц1ехолаан г1емер гьезде щвезе унаан. Росулъ гьелъ гьабураб кири батулеб щиналъул хъван х1ал к1веларо.

Мух1канго, берцинго, букъизе, къач1азе Аллагьас кьураб гьунар бук1ана гьелъухъ. Руччабазда дандги бан гьаруна къандалъаби маг1и рукъалъе, мажгидалъур лъезе, мадрасаялъе ва кверкьей бугеб бак1алда рук1ине. К1иябго мажгит жанисан г1уц1ана. Дибир ч1ужу ячине анин раг1идал, к1иго рукъ къач1ана къвариг1унеб щинаб бугезда кьезеги гьабун. Гьев вач1индал рокъове ах1ун г1аданлъи гьабуна. Аск1обег1ан бугеб ицц т1ад махх ккун, мокърукь хъарщи кьабун къач1ана. Цогияб рохада бугеб ицц санайил къач1алаан росасул ц1аралда бугилан. Херай эбел цадахъ йигей гьей, росулъ бищун рег1иларей г1адай йик1ана, лъидаго к1велароан гьелда гьабгунияб х1алт1и гьабизе ккелин абизе. Сардилъги юкъарун г1ажаибаб хехлъиялда гьабуна кинабго, хвелеблъи лъарабг1анги. Киналго рук1унаан цадахъ жундулг1аги х1алт1улел ратилилан. Гьадинав 1-2 чи росулъ вугони цогидалги цадахъ рачине, хасго гьаб заманаялъ росдал жамаг1аталъе ц1акъ пайда бук1инаан. Аллагьас гьадинаб иман-иях1 бугеб кьеги нилъее хадуб бач1унеб г1ел. Ц1акъ росдалго рак1 хвараб, хехаб хвел ккана. Аллагьас иманалда т1ойит1ун ятаги, Алжан кьун йохизаеги гьей ахираталъул рокъой.


Издагаде маг1у


Жакъа къвариг1индал къого чиг1адай,

Къвариг1араб мехалъ нусго чи г1адай.

Руччабазда гьоркьой бихьинчи г1адай,

Бихьиназда гьоркьой бах1арчи г1адай.

Росулъго рекъарай рокъой берцинай,

Камуна Издага мун росдаего.

Рух1елаз юх1арай херлъарай эбел,

Цее щай йиччач1ей, щай г1едег1арай?

Чохьол лъимер щвеч1ей цох1о йигей яс

Кин к1варай Издага квер хьваг1ун тезе?

Васасул бесдалал т1уразейилан

Къан борчараб рачел чучунищ ккараб?

Букъизе, къач1азе, берцин г1уц1изе,

Аллагьас дуй кьураб х1икмат бук1ана.

Дуца г1уц1ун тана росдал мажгитал.

Дуца къач1ан тана лъел ц1олел иццал.

Дуца дин гьабуна, дунял гьабуна

Бах1араб г1умруги ях1алда ана.

Гьаб дуниял дуе кьезего кьеч1о.

Лъик1аб рет1ун, кванан кепги босич1о.

Чанги унтаразе сабаб батарай

Сабаблъун батаги ахираталда.

Росдал жамаг1ат г1ан Аллагь разилъун,

Алжан кьун йохаги дир хирияй яц.


Расулова Шагьзанат, Бакьагьеч1и росу.


  

.
Просмотров: 1039 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz