МухIамадица цIунана физи-каялъулгун-математикаялъул гIелмуялъул кандидатасул ва докторасул диссертациял. Сиражудинов МухIамад ккола Дагъистаналъул мустахIикъав гIелмияв хIалтIухъан, Москваялда бугеб математикияб обществаялда Дагъистаналдаса цого-цо вугев гIахьалчи, Соросил фондалъул доцент, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул тIадегIанаб аттестациялъул комиссиялъул нухмалъулев. МухIамадил бетIерлъиялда гъоркь цIунун руго кандидатасул гIелмиял хIалтIабиги. МухIамадица жигараб гIахьаллъи гьабула халкъазда гьоркьосел гIелмиял конферен-циязда. КъватIисел улкабазда ва нилъерго баснаханаязда къватIире риччана МухIамадил 85 гIанасеб гIелмияб хIалтIи. Абизе бегьула МухIамадил пагьму-гьунар, махщел, лъай ирсалъе щвараб бугин. Дагъистаналда цIар рагIарав мугIалимги, Дагъистаналъул мустахIикъав учительги вукIана гьесул эмен Сиражудинов МухIамадгIали. ГIемерал соназ нухмалъи гьабуна МухIамадгIали Халилбеговичас ГIарани гьоркьохъеб школалъе, хадуб бетIерлъи гьабуна Хунзахъ районалъул халкъияб лъай кьеялъул отделалъе, хIалтIана ГьоцIалъ гьоркьохъеб школалъул директорлъун. Сиражудинов МухIамадгIалица I938 соналъ лъугIизабуна авар педучилище. Унсоколо школал директорлъун хIалтIулев вукIарав чи Совет Армиялде хъулухъ гьабизе ахIула. I939-40 соназ гьес гIахьаллъи гьабуна Белофиназул рагъда. КIудияб ВатIанияб рагъда гIахьаллъи гьабуна тIоцересел къояздаса ахиралде щвезегIан. ГIахьаллъи гьабуна Варшава, Прага, Берлин бахъиялъул вахIшиял рагъазда. МухIамадгIали 3 нухалъ лъукъизеги лъукъун, I945 соналъ КIудияб ВатIанияб рагъул II даражаялъул орденгун, 6 медальгун ва гIемерал баркалаялъул кагъталгун жиндирго ракълилаб, бокьулеб мугIалимлъиялъул хIалтIуде тIад вуссана. Гьев вукIана унго-унгояв педагог, лъайги бажариги бугев гIуцIарухъан, гIадамазда гьоркьов къадру-къимат бугев инсан. Гьесул хIакъалъулъ ГьоцIалъа медицинаялъул гIелмабазул доктор-хирург ГIалиев Расул ХIажиевичас бицуна: «Жив цIализе лъикIав вукIаниги, гIадлу-низам щвалде щвараб букIинчIила, гьединлъидал школалъул директор Сиражудиновас жиндие гIадлу лъикIлъичIони гьоркьохъеб лъаялъул аттестат кьеларилан абун букIанила, амма живго ун жиндир документал гьес медицинаялъул институталде кьун ратанила, жиндир рокьи медицинаялде букIин гьесда кин бичIчIарабали лъаларила». Дирго эбелалъ бицунаан: «Жий I4-I5 сон барай чIужу, рагъдаса вачIун гIемераб мехго балелде эменги хун, унтарай эбелгун жеги жиндаса гIисинал лъималгун хутIун рукIанила. МухIамадгIалица, школалъул библиотекаялда хIалтIулей йикIарай МухIидинова Равзанатги нахъе йитIун библиотекарлъун тIамун йикIанила (Равзанатил бетIергьанчи, школалъул бухгалтер МухIидинов МухIамадида дандги бан). Амма МухIамадгIалил гIумру къокъаб батана, КIудияб ВатIаниябрагъул гIахьалчиясе, рагъда бихьараб къоялъ, щварал ругъназ жиндирабго гьабуна. I96I соналъ лъикIав инсан, кIудияб хъизаналъул эмен гIумруялдаса ватIалъана. Эбел ПатIиматил цIобалде ккана анлъалго гIисинал лъимал. ПатIиматица кинабго жиндирго бажариги, рухIги, жанги, къуват-махщелги буссинабуна лъималазе унго-унгояб лъайги тарбияги кьеялде. ПатIиматие лъималазе лъай-тарбия кьеялъе кумек гьабуна Дагъистаналдаго лъалев гIалимчи, нилъее баракат щваяв, ПатIиматил эмен ХIажиясул МухIамадица ва ПатIиматил вац Анас-ХIажица. Анлъалго лъималазе щвана тIадегIанаб лъай киналго руго гIадамазда гьоркьор рукIа-рахъине лъалел, цоцазул адаб-хъатир бугел, цоцалъ рекъараб, гъункараб хъизамалъул гIадамал. Сиражудинов МухIамадилги буго цогидаз мисал босизе мустахIикъаб хъизан. МухIамадил лъади Сиядатги ккола гIемерал соназ ГьоцIалъ гьоркьохъеб школалда математикаялъул учительлъун ва завучлъун хIалтIарав ХIамзатил МухIамадил яс, Сиядат МухIамадовнаялъги I980 соналъ тIадегIанал къиматаздалъун лъугIизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул математикаялъул факультет. ГьабсагIат хIалтIулей йиго МахIачхъалаялъул I8-леб школалда завучлъун, цадахъго дарсал кьола халкъияб магIишаталъул институталдаги. МухIамадилги Сиядатилги хъизамалда гIуна кIиго вас -МухIамадгIали ва Рашид. КIиявго васасги лъугIизабуна математикаялъул факультет. Гьезул тIолабго хъизан буго математикаялъул лъаялъул къебелъул рукъ. ГьоцIдерил жамагIат бохараб, чIухIараб буго дунялалдаго цIар рагIарав гIалимчи МухIамад Сиражудиновасдаса. Сахлъи ва чIахIиял гIелмиял бергьенлъаби дуе МухIамад МухIамадгIалиевич, нижер ГьоцIалъ гьоркьохъеб школалъул коллективалъул рахъалдасан цIияб 20I2 соналъ! ИБРАГЬИМОВА ГIАБИДАТ, ГьоцIалъ гьоркьохъеб школа.
|