Понедельник, 29.04.2024, 02:05 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Март » 11 » БАРКАЛА, ХЪАХ1АЛ МАККАЛ!
15:42
БАРКАЛА, ХЪАХ1АЛ МАККАЛ!

Лъик1ав тохтур-гьев ккола г1иц1го унтарасул унти лъалев ва гьесие данде кколеб дару-сабаб гьабулев чи гуревги, х1еренаб раг1удалъун, недегьаб, адаб бугеб балагьиялдалъун, т1алаб-агъазалдалъун унтарасул рек1ел х1ал борхизабизе, сахлъиялде, г1умруялде гьесул божилъи ва рек1елч1ей ц1ик1к1инабизе к1олев тохтур. Гьединаллъун ругилан тана дица Хунзахъ больницаялъул Шейхов Мух1амадица нухмалъи гьабулеб коллективалда ругелщинал х1алт1ухъабиги. Чорхол сахлъи гьеч1олъиялдалъун ккана дун райбольницаялде ва бит1ахъего абуни, асир гьаюна райбольницаялъулазул унтараздехун бугеб бербалагьиялъ. Медиказул ц1ик1к1унисел руччаби кколелъул, рак1-рак1алъ бокьун буго гьезда киназдаго баркизе т1аде щвараб руччабазул къо-8 март ва гьаризе дунялалда кинабго лъик1абщинаб. Хасаб баркала буго больницаялъул хъах1маккал: «Хехаб кумекалда» х1алт1улел тохтурзабазе: Заремае, сестра Башатие, гьединго, терапиялъул ясал: Мусаева Зулейхае (гьей унго-унголъунги йиго инсанасул сахлъи ц1унизе йижарай г1адан. Къаси-къадлъи бат1алъи гьеч1ого, дир т1убан мадар лъугьинег1ан цееса ягъарич1о гьей сахай маг1арулай, медсестраби Марямие, Сидратие, Г1ободаса Бикайнатие, Хунзахъа Раисатие, к1удияй сестра Х1амзатова Пат1иматие, санитаркаби Ирайсатие, Умакусумие, лъабайго Пат1иматие… ц1ар-ц1ар ккун рехсеч1ониги, киналго терапиялъул х1алт1ухъабазе. Заведующаяги гьелъул нухмалъиялда гъоркь ругелщиналги руго калам х1еренал, унтаразе къвариг1арабщинаб ч1езабулел г1адамал. Лъик1аб бук1ана больницаялда бук1араб квен-т1ех, дару-сабаб, рац1а-ракъалъи. Щибаб къойил унтарал ц1ехезе хьвадулаан живго больницаялъул нухмалъулев Мух1амадги (Аллагь разилъаги гьесдаса!). Бук1аниги, рагьдухъ март моц1ги бугелъул, бихьинал берцин гьаризе рижарал жал руччабиги кколелъул, бокьун буго газета гьоркьоб ккун, больницаялъул хъулухъалъе ратаралщинал ясазда байрамги баркизе, гьезул щиялъе талих1гун рохелги гьаризе. Баркала нужее, дир хъах1ал маккал, таги нуж рек1ее бокьухъе таманал саназ!

Баркула нужеда, 8 март,

Т1урайги х1асратал рек1ел мурадал,

Нужер х1урматалда х1ур к1ут1угеги,

Нужер къадруялъул къимат хогеги!

 

Рагьарал гьурмазда гьими рекъарал,

Г1адамалъ х1еренал, х1алт1улъ мух1канал,

Таги нуж бокьухъе хъизан-лъималгун,

Аллагь разилъаги, рохун хут1аги!

Г1исаева Саг1идат, Г1арани росу.

Просмотров: 1084 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz