Понедельник, 29.04.2024, 08:40 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Февраль » 29 » БАЙРАМАЛ, ТАДБИРАЛ. 23 ФЕВРАЛЬ К1ОДО ГЬАБУНА.
18:01
БАЙРАМАЛ, ТАДБИРАЛ. 23 ФЕВРАЛЬ К1ОДО ГЬАБУНА.

23 февралалъул байрамалде рач1унаго щибаб соналъ гьелъул х1урматалда районалъул лъай кьеялъул г1уц1абазда т1орит1ула бат1и-бат1иял тадбирал. Гьездалъун бечедаблъун бук1ана Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалда т1олабго февраль моц1. Бицинин гьезул чангоязул х1акъалъулъ.

Лъабабго 9-лел классазул ц1алдохъабаз г1уц1ун бук1ана К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи М-р Гьиматовасулгун дандч1вай. Жиндирго к1алъаялда Мух1амадрасулица т1аде щвараб байрамги баркун, рак1алде щвезабуна 40-лел соназ жинцаго нахъа тараб рагъул нух: «Анкьго класс дица лъуг1изабуна гьаб школалда. Киналго учительзабиги рагъде ун, дарсал кьезе ккана нижеде-дицаги учительлъи гьабуна Хьини росдал школалда. Бищун ч1ах1иял камиял ккараблъун бук1ана к1иабилеб дунялалъул рагъ: гьелъул х1асилалда дунялалдаса т1аг1ана 50 млн. чи, нилъер улкаялдаса 27 млн. чи, ч1унтана г1емерал шагьарал, т1убан рух1ун ракьалдасаго т1аг1ана росаби. Хунзахъ росулъа рагъде ана  260 чи, т1ад руссана гьезул бащдал. 1942-43 соназ нилъер районалда байбихьана жидеего бокьун г1олохъаби рагъде ине. Гьедин унезда гьоркьов вук1ана дунги. Гьаниса бахъараб Шураре щвезег1ан ниж ана лъелго, к1иго чиясда гьоркьоб цо чу бук1ана т1ад къайиги лъун бачун. Рагъда дун вук1ана топограф-вычислителлъун.» М-р Гьиматовас рицана рагъда ккарал лъугьа-бахъинал, рак1алде щвезаруна живго щварал шагьарал, ц1алдохъабазе насих1ат гьабуна жидер росу, ракь ч1ух1арал ирсилаллъун рук1аян.

Ц1алдохъабаз 23 февралалда хурхун х1адурун бугоан церерахъинги-гьез рик1к1ана хас гьарун гьелде х1адурарал куч1дул. Балагьаразе ц1акъ рек1ее г1уна лъималаз бихьизабураб вас армиялде вит1иялъул сценкаги.

Гьедин киналго разияб ах1вал-х1алалда лъуг1ана гьеб дандч1вай.

Школалъул к1удияй вожатая Н. Малачиевалъ т1обит1ана 5-8 классазул ц1алдохъабазе пограничниказулгун дандч1вай-гьелде ах1ун рук1ана Г1арани рагъулаб часталдаса полковник А. Н. Николаев ва подполковник К. М. Мах1мудов. Гьез ц1алдохъабазда баркана т1аде щвараб байрамги, гьарана гьезие лъик1абщинабги. 5а, 6б, 7а, 7б классазул ц1алдохъабаз рик1к1ана ва ах1ана байрамалда хурхарал куч1дул. 6б классазул ц1алдохъабазул 23 февралалде х1адурараб церерахъин кьуна авар радиоялдеги. Гьалбадерие ц1алдохъабаз кьуна рак1алде щвеялъе сайгъаталги.

7-9 классазул ц1алдохъаби гьезул классруказ рачун рук1ана Г1арани бугеб рагъулаб часталде экскурсиялъ. Гьенив х1алт1улев Мах1мудов Курах1ажица ц1алдохъаби рачана музеялде, бицана гьениб бугелъул х1акъалъулъ. Хадуб пограничниказ лъималазе бицана бат1и-бат1ияб ярагъалъул х1акъалъулъ. Ахиралдаги БТРалда цереги ч1ун ц1алдохъабаз рахъана рак1алде щвеялъе сураталги.     

Просмотров: 912 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz