Понедельник, 29.04.2024, 02:24 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Март » 11 » НИЛЪЕР ФАЗУ.
15:58
НИЛЪЕР ФАЗУ.

Поэзиялде жиде-жидер хат1гун рач1уна шаг1ирзаби. Жидерго «система образов» бугилан абула гьезде. Г1адатго бицани, цояз пикрабазе кунч1и кьун хъвала, цояз раг1абазул маг1на цоцада бухьинабун хъвала, цо-цояз коч1ол чвахиялде, аллитерациялде к1вар кьун хъвала. Лъик1ав поэтасул темаго бат1ияб бук1ине бегьула. Инхоса Г1али-Х1ажияс х1алт1изабуна философияб къаг1ида, Мах1мудица рокьул лирика, Ц1адаса Х1амзатица-сатирагун юмор. Мисалал г1емерал росизе бегьула, гьелдалъун сапарги кват1ун ккела, аслияб ц1аралде щвезе нилълъги кват1ун ккела.

Нилъер Фазу... Фазу Г1алиева. Гьелъул хъваялъул къаг1ида, хъвазе жий лъугьараб къоялдасаго, бат1ияб бук1ана. Дие гьединаб хъваялде абизе бокьун буго-эркенаб къаг1идайилан. Цо бугони, гьелъ жинца хъварал куч1дул рикьич1о, г1адат батухъе, ункъжугьабазде. Яги жиндирго пикру лъуг1араб бак1алда къот1и гьабун, дагьалги ч1ах1иял абзацазда гьеб кьезе лъугьинч1о гьей. К1иабизе бугони, сипат-сураталъе цо-цо жугьаги бачун, кеч1 хъвалеб къаг1ида г1адат батухъе кквеч1о Фазуца. Гьелъ цо бук1унеб бак1алда к1иго яги лъабго жугьа образ гьабиялъе бачана, жиндирго коч1ое системаго бат1ияб ургъана. Масала:

«Чабхъад вахъунелъул Ражбадин г1адав,

Рагьда вугеб мехалъ Мах1ач г1адинав...»

Яги:

«Г1анхил Маринида пагьму релълъарал ,

Парту Пат1имаде гьунар бахарал ...»

Ялъуни:

«Кьуру бихханиги, ях1-къо биххич1ел,

Жалго хвананиги, рокьуй хисич1ел...»

Гьеб такрар гьаби поэтесса Фазу Г1алиевалъул поэзиялъулъ коч1ол к1и-к1и яги ункъ-ункъ мухъалде бахунги батула:

«Гьас ах1улеб буго х1айранлъиялда,

Ах1улгох1да гулбукь васаца г1адин.

Гьас ах1улеб буго, жив Мах1мудица,

Муиде т1охазда ах1араб г1адин...»

Фазу Г1алиевалъул цо коч1олъ гьалгощинал сипат-сурат гьариял ругеб мехалъ, гьелъул гьунарги гьедиг1ан нухалъ ц1ик1к1араб бук1инарищ?! Сипат-сурат гьаби аслияб жолъун рик1к1унеб мехалда-гьей шаг1ирги ц1акъай коч1ол устар ккеларищ?! Пагьмуялъе гьединаб гьунар бугей г1адан, г1адатиял поэтазулъ рик1к1ун тезе бегьилищ?!

Гьаниб, киг1ан бокьич1ониги мук1урлъизе кколел руго политикаялъе. Политика жидеца гьабулел чаг1азда лъалеб буго, лъил киг1анаб ц1айи бугебали. Г1адамаз кинал шаг1ирзаби цере гьарулел ругелали. Гьез кьураб шапакъаталда щаклъизе бак1 бук1унеб гьеч1о!

Фазу Г1алиевалъул эркенаб кеч1 кидаго цебеккураблъун бук1ана. Гьединлъидалин Фазу Г1алиевалъе Кавказалдаго т1оцебе бач1араб Россиялъул бищунго к1удияб награда-Орден Андрея Первозванного, меседилаб шапакъат. Гьединлъидалин К1удияв Расулица т1оцебе Фазул х1акъалъулъ абураб: «Фазу йиго Фазу, гьей лъидаго релълъарай гьеч1о, цох1о жиндаго гурони...» Гьединлъидалин лъик1ал ишаздалъун ц1ар раг1арав Х1амзатов Х1амзатица абураб: «Фазу йиго нилъер миллияб хазина ва ч1ух1и...»

Щиб кеч1ха Фазул нилъеца мисалал рачараб гьеб кеч1 кколеб?

Гьеб кеч1 буго нилъер Фазул Даку загьирлъараб мехалъго, гьесде «Даку Асадулаевасе» абун хъвараб эркенаб кеч1.

Гьелъул киналго эркенал куч1дул г1адин, гьебги, жугьаби рик1к1ани, ххалат ккарабилан ккезе бегьула. Амма поэзия бокьулезе гьеб къокъаб кеч1лъун ккезе буго. Цох1о коч1ол маг1на гьабунилан гьаб макъала халалъизе батиларо :

Коч1ода ц1ар буго «Маг1арулав». Ц1аралъго бицунеб буго авторалъ Дакуе кьолеб бугеб къиматалъул к1одолъи. «Даку Асадулаевасе» абун хъван батич1ебаниги лъазе бук1ана гьеб кеч1 гьесие гьабураб бук1ин. «Дуниял роц1ц1унеб, сордо рогьунеб Сариналъул гьаракь раг1улеб буго» абун байбихьулеб буго гьелде шаг1иралъ. Сагьвил гьаюрай поэт екерулей йиго «гьеб кквезе г1адин». Авторалда «Рорхатал муг1рузул кьурда т1ад г1адин» г1одов ч1арав коч1охъан вихьулев вуго, «Г1урдада бегараб кьег1ер г1адинан» гьесул накалда паракъалъараб т1амурги бихьулеб буго. «Логода къокъав гьев ворхалъун ана, Борхатаб к1иго ч1ч1ва к1ут1улеб мехалъ» абун ах1ухъан ворхатав гуревлъиги, гьев ч1ч1вабзазда хъваравго ворхалъулевлъиги бихьизабулеб буго авторалъ. «К1иябго бер рагьун-ралъад гьелчана Гьас маг1арул бакъан бачараб мехалъ» абун, жеги бук1инч1еб образ гьабулеб буго гьенибги шаг1иралъ. «Гьаб к1иго ч1ч1ваялъул ч1ух1араб калам» керенги жиндир рагьун, жанибе анила, «Ва рек1ел къасдазул къоазарго ч1ч1ва борч1изе гьабуна гьелъ макьидаса» абун жиндиего гьабураб асаралъулги бицун, гьей коч1охъанасде т1ад йиссуней йиго, ва т1оцебе рокьи ккарас г1адин «г1одизе гьабулеб буго гьас пандур» абун бицунеб буго, «Т1арамагъадисеб кеч1 ах1улелъул Хочбар г1адин чапун унев вуго гьав» абун гьесулго х1ал загьир гьабиялде яч1уней йиго. Гьелъ гьев данде кколев вуго «Ах1улгох1да гулбукь пашманго кеч1 ах1улел васазда». Т1охазда Муиде кеч1 ах1улев Мах1мудида. «Нилъер умумузул намусалъ бараб Г1асрабазул т1анса т1амуна цебе, Ва дирго соназул г1омоги бичун, Г1олохъанлъиялде яч1ана нахъе» абун образалдалъун къимат кьолеб буго ах1ухъанасе. Гьаб г1адатаб маг1арул коч1олъ т1олго маг1аруллъи бихьи гуребги, «Г1азулал т1огьазул т1огьолал муг1рул т1аде рорхун руго дида сверухъе» абун, рак1алдего бач1унареб г1адаб сипат гьабулеб буго шаг1иралъ. Гьедиг1ан г1адатав г1олилас шаг1иралъухъе маг1арулав вачун вач1унев вуго «Чабхъад вахъунелъул Ражбадин г1адав, Рагъда вугеб мехалъ Мах1ач г1адинав»... абун. Лъидаха раг1ич1еб Ражбадинил чабхъада бук1араб гьунарги Мах1ачил рагъуе бук1араб махщелги. Мах1ач «Рагъулаб энциклопедиялде» ин гуревги, рагъулаб искусствоялда тушбабазул офицерзабаз къимат кьурав чи гурищха кколев?!

Дакуца Мах1мудил куч1дул ах1улел рук1анин абич1ого, Дакуца жиндихъе Мах1муд вачун вач1анин «Анкьихъеги сук1ун, ссурт1агъур лъурав» абун, цох1о поэзиялъул нухт1асан гурони уней гьеч1о Фазу. Гьеб гуребги «Гьаб, гьаракь берцинаб, бакъан панаяб» Дакул коч1ода цадахъ цере ч1олел руго авторалда «Кверал меседилал, намус борхатал» маг1арул ясал, жидер «Г1анхил Маринида пагьму релълъарал, Парту Патимаде гьунар бахарал, вац ч1варал, гьесул рет1елги рет1ун, Надирида данде рагъизе ине к1олел, «Кьуру бихханиги, ях1-къо биххич1ел, жалго хвананиги, рокьуй хисич1ел». Гьедин axle, Даку,дуца муг1рузул кеч1илан, «Дур бакънал щущач1еб щоб гьеч1ин гьанже» абун лъуг1изабулеб буго шаг1иралъ гьаб кеч1...

Авар поэзиялъе бищунго х1ажатаб аллитерациялде ругьунлъун киналго раг1абиги руго Фазул гьаб коч1олъ.

Цох1о кеч1алда жаниб гьабгощинаб ц1илъи лъезе к1олей поэталда, кинабго хъваралъулъ киг1андай лъезе к1ун батилаяли ургъулелали цин Фазуде гаргадич1ого, киг1андай лъик1 бук1инаан. Ц1алулебани гьелъ хъванщинаб щиб давладай щвелароан гьезие?..

Учпедгизалда бахъулеб Фазул т1ехь гьоркьоб лъолеб бук1ана. Гьеб издательствоялъул бет1ерав редактор Казиев Х1амзатица ах1ун, ниж гьенир данделъана. Гьеб дандеруссиналда ругел цо-цо Фазул асаразде дандеч1араз «куч1дул халатал» ругин г1айиб ч1вазе байбихьана. Цинги Казиев Х1амзатица абуна: «Эб бугин Фазу Г1алиевалъ кеч1 хъвалеб къаг1идайилан, нужеда лъугьинч1еб кеч1 батани гьаниб бицейилан».

Дир г1адаллъиян вук1уна дун жакъаги. Казиев Х1амзатица абидалги, дида «Фазул жиндирго къаг1ида бук1ин бич1ч1ич1илан. Гьале гьанже пенсиялда бич1ана дида гьеб пикру. Гьеб бук1ун буго Фазу Г1алиевалъул «эркенаб поэзиялъул х1акъалъулъ пикру»!.. Нилъеца цох1о коч1ол мисалалдалъун бихьизабуна гьеб, рагьизе дидаги к1веч1о. Фазул рагьун бажарулеб поэзияги гьеч1о...

Гьелъул маг1на кколаро гьелда къокъал куч1дул хъвазе к1оларилан абураб. К1ола! Гьелъ хъвач1еб къаг1идаго хут1ун гьеч1о. Гьелъие бокьараб жанр мук1урлъулеб буго.

Гъоркьиса сон бук1ана нилъер районалда лъазабун Фазу Г1алиевалъул сонлъун. Районалъул киналго школазда унеб бук1ана Фазул творчествоялда т1ад х1алт1и, ц1алдохъабаз лъазарулел рук1ана гьелъул асарал, г1уц1ц1улел рук1ана гьелъул пагьму-гьунаралда т1асан к1алъаял. Дир рокъоб бук1ана нахъе ц1унараб, С. Анохиналъ Фазухъа босараб интервью. Гьей гьунар бугей журналисталъ берцинал суалалги лъун, нилъер Фазуца гьелъие кьурал жавабал рук1ана гьенир. Дие ц1акъ бокьараб интервью гьеб бук1иналъ, к1иабизеги бихьизе хьул лъуна дир. «Росдал зах1матчи» газеталда гъоркьиса гьебги бит1ана редакторалъухъе, цадахъ хъвана кагъатги, гьалъул таржама гьабизе бокьилаан Буц1раса Г1иса Г1исаевас, абун (Гьесул маг1арул мац1алъухъ рокьи ккарав чи вук1ана дун.) Газеталда бахъун бач1ана гьеб интервьюги. Роххана районалъулго газетхъвалел чаг1иги. Г1емер кват1ич1ого раг1ана, г1арза бач1ун бугилан, Фазуца жийго еццун йигила, жиндир расул г1омо (прическа)-поэзиялъул корона кколила абун. Амма киназдаго лъалев акбарияв шаг1ир Низамица хъварал жугьабиги руго гlypyc мац1алде руссинарурал: «Если через сто лет спросишь где он,

То из каждого бейта раздастся голос вот он...»

Гьаб буго Низамил жиндирго поэзиялъе жинцаго кьолеб къимат. Фазу Г1алиевалъулги гьединаб ихтияр бук1ин бич1ч1улеб гьеч1о гьеб г1арза хъварав чиясда. Дидагицин бич1араб, школазул ц1алдохъабаздаги бич1араб гьеб, бицинч1ониги, бич1ч1изе ккелаан.

Цойги, г1адамал ратула бицардулел, гьадин гьабунила Фазуца, додин абунила Фазуца абун. Дицаго абилаан, лъилниги иш гурин, к1удиял-чаг1азул даг1ба-къецалда гьоркьоре лъугьинеян абун. Фазуги шаг1ир гурейги, г1аданги ккола. Г1адамасул ццин бахъинеги рак1 батизеги бегьула. Гьелъул нилъецайищ бицине кколеб? Г1урусазулги рук1ана к1удиял хъвадарухъаби: Пушкин, Лермонтов, Толстой. Гьелги рук1анагури г1адамаллъун. Г1урусаз гьезул, жакъа гъалат1алин ккарал пикрабазул хъвалеб буго, Фазуде г1айиб гьабизе лъугьунел руго.

Маг1арулазул г1адат батула, веццизе ккарав чи, жидер ццин бахъарав чи вугони, г1аданлъун вук1инецин бегьулареб.

Гьанже т1аде щолеб буго дирги Фазулги сон.

Фазуе маг1арухъ жеги юбилей гьабун бук1инч1о. Дир к1иц1улниги гьабуна. Дица абилаан, гьелъул г1агараб Гиничукь росулъ, маг1аруллъиялдаго ц1ар раг1арав гьелъул имг1ал Мансурил росулъ, Мансурил эмен, жинца хъван т1ехь тарав тарихчи Х1айдарбегил росулъ, Шамил-имамасул ахирияв наиб, Мансурил имг1ал, Инквачил Дибирасул росулъ,гьезул г1агаравчи, авар грамматикаялъул г1алимчи, Мах1ададал росулъ, Фазул цинаг1ал, Хъвадарухъабазул союзалъул член Х1асан Х1абибовасул росулъ -Гиничукь юбилей т1обит1изе кколилан.

Цох1о къого къо гурони гьеч1о гьелдаги дидаги гьоркьоб, гьеч1ониги, дица гьей рик1к1уна дидаса гьунар к1удияй шаг1ирлъун. Дирго г1адаталда рекъон, дидаса махщел ц1ик1к1арав чи-дие хирияв чи ккола, хиралъизе г1емерал г1иллабиги руго. Хъвадарухъабазул цояс-дицаги цее гьаюрай Фазу гьунар к1удияйлъун рик1к1индал, г1умруялъ гьереси бицинарилан ч1арав дида божизейищ районалъул г1адамал бегьуларел?

Вук1ана нилъер Ч1анк1а. Вук1ана нилъер Х1амзат. Вук1ана нилъер К1удияв Расул.

Гьанже йигей Фазу Г1алиевалдаса роххизе ккеларищ нилъер район?

Г1абасил Мах1амад.

 

 
Просмотров: 1583 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz