Главная » Архив материалов
Автор.Н.Г1алиева.Апрель 2013с. «Росдал зах1матчи» газеталъул редакциялде г1емерал кагъатал
рач1уна Харахьи участкаялъулаб больница
беццун ва гьениб х1алт1улел т1олалго медицинаялъул х1алт1ухъабазе рак1-рак1алъул баркала
загьир гьабурал. Гьел рит1ухъ гьаруна
дие дагьаб цебег1ан рехсараб больницаялде щведалги.35 койка бугеб гьеб больницаялда унтаразе, гьединго Харахьи
участкаялде гьоркьове унев 7 азарго чиясе хъулухъ гьабулеб буго 52
х1алт1ухъанас.Руго терапиялъул, лъималазул, стомотологиялъул
отделениял, физиологиялъул кабинет, лаборатория. Гьеб больницаялъе чанго соналъ
бажарун нухмалъи гьабулеб буго Дагъистаналъул мустах1икъав врач Хъайитмазов Мух1амадица.
Гьесул адаб-х1урматги теч1ого, гьес малъухъе, унтарал разияб х1алалда х1алт1и
бачунеб буго г1умруго сахлъи ц1униялъе
кьурав терапевт Г1аливагьаб Маликовас, лъималазул врач Мух1амад
Х1асанх1усеновас, гинеколог Пат1имат Иманшапиевалъ, Ибрагьим Х1акимовас
ц1ар-ц1ар ккун рехсеч1ониги т1олабго коллективалъ.
|
Автор.
Г1. Г1исаев.Апрель 2013с. Военный городокилан абулеб бук1араб Буйнакскиялда 50 лел
соназ ц1алулев вук1арав дида бихьулеб бук1ана Советияб Армиялъул солдатазде
гьеб шагьаралда бук1араб рокьи, рек1ел хинлъи, адаб-х1урмат: очередалда гьев
цеве виччалаан, тукенчияс сигаретал, базаралда охцер, помидор, пихъ-мич1 (гьеб
доб мехалъ кепказде бук1ана) мухь босич1ого кьолаан. Рагъдаса т1ад руссинч1ел
жидерго умумузде, вацазде, васазде, россабазде бук1араб рокьи солдатасул форма
рет1араздехун буссун бук1ун батилин
гьабула гьанже дица пикру. Дир г1олохъанлъиялъул соназ мукъадисиял
раг1абилъун рук1ана «Ват1ан, Советияб Армия»,
«патриотизм», «социализм», «коммунизм».Г1емераб лъик1аб гьеч1еб жо абула жакъа Россиялъул Армиялде,
лъуг1ана гьелъул г1адамазе къадру. Г1агарлъулеб бугеб К1удияб Бергьенлъиялъул
къоялда цебе дица гара-ч1вари гьабуна дол 50 соназ Советияб Армиялда хъулухъ
гьабурав Сивухъа Мух1амадов Нурмух1амадилгун. Гара-ч1вариялда дица х1аракат
бахъана Россиялъул армиялъул къадру
хвеялда хурхарал суалазе жавабал ралагьизе. Гара-ч1вари, ц1акъ къокъ гьабун
кьолеб буго гъоркьехун.
|
Автор.Г1алиев Гъайирбег, Бакьагьеч1и росу.Апрель 2013с. Медицинаялъул хъулухъалъул отставкаялда вугев полковник Ч1ондокьа
Сулейманов Г1амирх1амзае сайгъат гьабула.
Г1ажаибав чи
вуго инсан. Инсанасул рек1елъ г1емераб мехалъ ц1унун хут1ула жиндиего гьабураб
квешлъиялъул лъалк1ал. Лъик1лъиялъул лъалк1алин абуни ц1акъго заг1ипал рук1уна,
цо-цоязда гьелъул т1анк1цин хут1уларо. Инсанасул тушман ункъго бат1ияб бук1уна:
гьаваги, напсги, дунялги, илбисги, амма гьел къезаризе ц1акъ зах1малъула,
к1вах1аллъула, хасго илбисалъ биччаларо яги квал-квалал гьарула.Дие бицен гьабизе бокьун буго,
гьабураб лъик1лъи к1оченч1ев, жиндиего лъик1лъи гьабурав чи валагьулаго
г1емерал сонал арасул х1акъалъулъ,-ян абуна Г1умарица, алъул бицун, долъул
рак1алде щвезарулел ругел годек1анир г1одор ч1араздехунги вуссун.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Март 2013с.
Хунзахъ райбольницаялъул бетIерав врач
МухIамад ШайхгIалиевич Мусаевас лъугIизабуна Харахьи гьоркьохъеб школа ва 1973
соналда цIализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институталде.
1977 соналда Мусаев витIана Саратовалъул мединституталъул рагъулабгун
медицинаялъул факультеталде цIализе. I979 соналда гьеб факультет лъугIидал
рагъулав тохтур МухIамад Мусаевасе кьуна медицинаялъулаб хъулухъалъул
лейтенантасул чин. 1979-1986 соназда Мусаевас хъулухъ гьабуна 30765 рагъулаб
часталъул поликлиникаялда. Гьениб хъулухъ гьабулаго, 1984 соналда МухIамадица
Тбилисиялда Закавказье округалъул рагъулаб госпиталалда лъугIизабуна
терапиялъул рахъалъ интернатураги. 1986-88 соназ МухIамад цIалана Куйбышевалъул
мединституталда терапиялъул рахъалъ клиникияб ординатураялда. Гьеб лъугIидал
хIалтIизе лъугьана Казахстаналъул Державинск шагьаралъул рагъулаб госпиталалда
терапиялъул отделениялъул начальниклъун, 1994-96 соназ гьабуна гьебго
госпиталалъе нухмалъи. Гьелдаса хадуб М. Мусаевас тIуразаруна Астрахань
областалъул Капустин-Яралъул РВСНалъул (ракетные войска стратегического
назначения) 19-леб рагъулаб госпиталалъул начальникасул ишал. 2007 соналъ
гьениса нахъеги вилълъун хIалтIизе лъугьана Знаменск шагьаралъул больницаялда
терапевтлъун, хадуб нухмалъиги гьабуна гьебго отделениялъе. 2010 соналдаса
бахъараб районалъул больницаялъул бетIерав тохтурлъун хIалтIизе лъугьинегIан
хIалтIана Москваялъул 162-леб поликлиникаялда участковияв терапевтлъун. Ккола
лъикIав кардиолог, 6-7 нухалъ жиндирго тохтурлъиялъулаб махщел камил гьабизелъун
цIалана улкаялъул тахшагьаралда. Ккола медицинаялъулаб хъулухъалъул
полковник.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Март 2013 с.
Лъалищ нужеда, цебе Венгриялда букIун рагIула аваразул маданиялатда, рукIа-рахъиналда жидер гIумру релълъарал «гуннал» ан жидеда цIар бугеб къавм. Венгриялда щибаб кIиго лъагIел гьоркьоб ккун тIобитIулеб рагIула жидее гIагарал (тюрказул) халкъги бакIарун «курултай» абураб байрам.
|
Автор.П.Гунашева.Март 2013г.
Руччаби-районцоял кIодо гьарун, март моцI байбихьаралдаса нахъего, районалъул нухмалъулев ХI. М. Дарбишевасул бихьизабиялдалъун Харахьи ва ГьоцIалъ участкабазда руччабазе гIуцIун рукIана байрамалъулал гIодорчIеял. 5 марталъ районалъул тIолалго росабалъа руччабиги ахIун гIатIидаб байрамалъулаб «Огонёк» тIобитIана Хунзахъ бугеб банкетазулаб залалдаги.
|
Автор.Р.Х1амзатов.Март 2013г.
Районалда тIоритIулел спортивиял тадбиразул бищунго кIвар бугеб, гIахьаллъаразул хIаракатчилъиги цIикIкIараб, балагьаразул сверелги гIатIидаб, гъираги базабулеблъун ккола райадминистрациялъул бетIерасул призалъе гIоло росабазул командабазда гьоркьоб тIобитIулеб волейболалъул турнир. Гьале чанго сон буго нилъер гьаниб гьеб тIобитIулелдаса. ГIадатлъун лъугьун буго гьеб турнир ВатIан цIунулезул къо-23 февралалда тIобитIиги. Исанаги цебеккун зоналиял хIаялги гьарун 23-24 февралалъ Хунзахъ Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб спорткомплексалда ана райадминистрациялъул бетIерасул призалъе гIоло хIаял.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Февраль 2013г.
Дагъистаналъе цIияв тIамурав президент Рамазан ГIабдулатIиповас жиндирго хIалтIулаб байбихьи лъуна унго-унголъунги гIадатал гIадамал гIемерал соназ балагьун чIун рукIараб хIисабалда: гьале гьес учителас дарсида лъималазе гIадин гIадлу гьабулеб министрзабазе ва республикаялъул бищун тIадегIанал хIакимзабазе. «ХIадуре дие ахирисеб щуго соналда жаниб нужецаго гьабураб хIалтIул хIисаб кьезе», «КIолищ – хIалтIе, бокьун гьечIищ – рокъор гIодор чIа»… «Дица ришват босуларо, нужееги лъикIаблъун бихьуларо» чамалиго соналъ мискин халкъалъе рагIизе анищал, гIадлиял рагIаби.
|
Автор.М .Мух1амадов.Сиух росу.Февраль 2013г.
Росулъ бугеб ахIвал-хIалалъ, гьелдаса гIадамазул бугеб разилъи гьечIолъиялъдун гIемерал пикрабалъе тIамулаан. Хасго гIадамазул рахIат хвезабун букIана росдал ракьаздаса битIун пайда босулеб гьечIолъиялъ. Дида ракIалде кканабегавуллъун вугони дидаса жамагIаталъе дагьабниги кумек букIинин, росдаего гIаммал гIузраби цо къадаралъниги лъугIизаризе кIвелаанин росуцоязул хIаракатчилъиялдалъунилан. Рищиязда анкьго кандидатасда гьоркьоб дир рахъ кколел цIикIкIун ратиялъги ракI базабуна. Гьеб божилъи ритIухъ гьабизе дицаги хIаракат бахъулеб буго.Байбихьудасанго дида бихьана оппозициялъул дун вищизе хIаракат бахъараздехун бугеб разилъи гьечIолъи. ГIадлу Алжаналъул кIулин абухъе, дица хIалтIи байбихьана гьезул гьоркьорлъаби роцIинариялдасан. Бихьулеб букIана тIекълъи-ритIухълъи батIа гьабичIони, гьабуралъул хIасил кколареблъи. Заман хисун бугин абун росдал бегавуласе гIадамазул мутIигIлъи гьечIони кинаб хIалтIиха букIинеб?
|
Автор.
«Росдал захIматчи» газеталъул
редактор Ф. МухIамадова.
Ассаламу гIалайкум, хIурматияв газета цIалулев, лъагIалие
кьолеб I00-200 гъурщида барахщичIого районалъул социалиябгун экономикияб гIумруялъул
матIулъун жиб кколеб, анкьие цо бачIунеб гьаб мажмугI хъварав!Саламалдаса хадуб рекъелги, баракатги, Аллагь разилъиги дур рукъалъе.Киданиги ракIалде ккелароан, гьадигIан багьаялъул рахъалъ
учузаб нижер захIматалъул хIасил – газета хъваян гьардей захIматаб пиша бугилан.
Амма цIияб соналда цересел къояз цодагьабниги районалъул печаталъул СМИялъул
тираж борхизабизеян къеркьеялъ районалда
ругелщинал батIиял гIунгутIабаздеги, гIамалаздеги,
гIадамаздеги берал рагьана.
|
Автор.Г1иса Г1исаев.Февраль 2013г.
Кинаб бетIербахъиялда ругел жакъасел буцIул, сундалъун бугеб
гьезул аслияб магIишат, рекьичIого тарал хурзалги, гъасда цIа бакичIого, рехун
тарал минабиги гIемерищ ругел, кинаб букIараб буцIулдерие 20I2 сон, щибги
цадахъ босун 20I3 соналде сапаралде
рахъарал? Гьел ва цогидалги суалазе жавабал ратизе дие кумек гьабуна
росдал администрациялъул хIалтIухъабаз, школалъул нухмалъулез ва
росуцояз.
|
Гьал ахирал моцIаз гIемерал лъикIал гьечIел харбал рижулел
руго Дагъистаналда ругел банказда сверухъ. Абулеб буго гьезул цо-цоял
хъарцинлъиялде (банкротство) ккун гIадамазул хIажатал тIуран бажарулареллъун
лъугьун ругилан. Гьелъие мисалалги дагьал гьечIо. «Витас» банк бихана къана,
«Экспрессалъул» хIалтIи чIезе тун буго, гьединлъидал вкладчикал банказда цIунизе
лъураб жидерго гIарац нахъе тIалаб гьабизе, гьездехун божилъи хвараб хIалалде
ккезарун руго.
|
Автор.Г1иса Г1исаев.Январь 2013г.
МухIамадкамилов СагIид МухIамадович - Харахьи росдал администрациялъул бетIер. ГIумруялъул - 5I сон. Лъай – тIадегIанаб, инженер. ХIалтIул
стаж – 25 сон.
|
- ХIажияв МухIамадович, гьале бегана гIумрудул календаралъул цойги тIамач. Нахъа тана 20I2 сонги. Бокьилаан дуца бицани кинаблъун гьеб сон букIараб районалъе?ЛъагIалида жаниб гьаризе ракIалда рукIарал, амма рагIалде рахъинчIого хутIарал хIалтIаби ругищ? (Гьелъие гIиллаби кинал ккарал?)
|
Автор.Н.Г1алиева.Декабрь 2012г.
Нилъер гьайбатаб ракь раг1араб буго унго-унгояб берцинаб
т1абиг1аталъул рорхатал муг1руздалъунги,
г1ат1идал лъараздалъунги гуребги, ц1ар раг1арал спортсменаздалъунги,
к1удиял поэтаздалъунги. Гьезда гьоркьой
йиго дунялалдаго ц1ар раг1арай, жиндир
поэзия хвел гьеч1еб реццалъеги, ц1аралъеги мустах1икълъарай Дагъистаналъул
халкъияй поэтесса Фазу Г1алиева. Гьелъ жиндирго бут1а лъуна дунялалъулго
поэзиялдаги.
|
« 1 2 ... 70 71 72 73 74 ... 87 88 » |