Лъалищ нужеда, цебе Венгриялда букIун рагIула аваразул маданиялатда, рукIа-рахъиналда жидер гIумру релълъарал «гуннал» ан жидеда цIар бугеб къавм. Венгриялда щибаб кIиго лъагIел гьоркьоб ккун тIобитIулеб рагIула жидее гIагарал (тюрказул) халкъги бакIарун «курултай» абураб байрам.Араб соналъ тIобитIараб гьединабго тадбиралда гIахьаллъизе ун рукIун руго Дагъистаналдаса хIакъикъиял аваралги (венгриязул гунназулгун гIадатал, гIумру реллъараб букIиналъ ахIун ратизе руго гьел).Ва, гьале, I8 марталъ Венгриялдаса «аварав» «Туран» культурияб фондалъул нухмалъулев Жолта Андраша Биро (сураталда буртинаги ретIун) вачIана данде гьабулеб сапаргун Дагъистаналде ва щвана нилъер районалде. Андрашаца лъай-хъвай гьабуна унго-унгоял аваразул гIумруялъулгун (Абухъего, гьезулги нилъерги ригьин-цIа гьабиялъулъ, хьвада-чIвадиялъулъ гIемерго релълъен-хъвайгицин бугеб), щвана районалъул музеялде, Макьасде ва цогидалги тIабигIат берцинал бакIазде, тарихчи Хъазанбиев ГIалибегил рокъове ва гь.ц. ЛъикIаб рекIел асаргун ва нахъвуссине щулияб нигатгун тIовитIана венграв – «аварав» Жолта Андраша Биро тIалъиялдаса районалъул администрациялъул ва тарихалъулгун музеялъул вакилзабаз. Ф. МУХIАМАДОВА.
|