Воскресенье, 05.05.2024, 13:08 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Январь » 18 » «РОСДАЛ БЕТ1ЕР ВУГО Т1АДАЛ ЖАЛ Г1ЕМЕРАВ, РЕСАЛ МУКЪСАНАВ ЧИ»
17:25
«РОСДАЛ БЕТ1ЕР ВУГО Т1АДАЛ ЖАЛ Г1ЕМЕРАВ, РЕСАЛ МУКЪСАНАВ ЧИ»

МухIамадкамилов СагIид МухIамадович -  Харахьи росдал администрациялъул бетIер. ГIумруялъул  - 5I сон. Лъай – тIадегIанаб, инженер. ХIалтIул стаж – 25 сон.

Росдал паспорт

Харахьи буго 370 цIараки, росдал администрациялда хъвай-хъвагIай гьабурав I400 гIанасев чи. Росдал гIадамазе хъулухъ гьабулеб буго участкаялъулаб больницаялъ, гьоркьохъеб школалъ, МУП «Харахьинский» совхозалъ, детсадалъ. Гьел идарабазда хIалтIулев вуго I46 пачалихъалъ гIарац кьолев хIалтIухъан.

Росдаца 20I0 соналъ I6 соналдасан кIиабилевги росдал бетIерлъун вищарав С. МухIамадкамиловас «Росдал захIматчи» газеталъул мухбирас кьурал суалазе жавабал кьолел руго гьаб макъалаялда.

- Росдал бетIерлъиялде кинал тIадеросиялгун вачIарав? КигIан гьабуниги лъугIи гьечIеб хIалтIуда гъоркье бетIер щайдай бегьарабан кколел лахIзатал гIемер рукIунищ? Рази вугищ дурго хIалтIудаса?

- Дида сурун рихьун рукIана  кандидатаз кидаго тIуразаруларел тIадеросиял. Гьел дица жамагIаталъе гьаруна тIуразариялда ракIчIараб 3 тIаде боси:

I. «Парси-Харахьи» 25 км. манзилалда бачараб лъелмухъ гьоркьоса къотIичIого лъим чвахулеб куцалда чIезабизе.

2. Дун росдаца администрациялъул бетIерлъун вищани, кIарчамлъи – кIухIаллъиялдалъунги, тасамахIлъи-ургъел гьечIолъиялдалъуниги жамагIат диде гьабураб божилъиялъе ритIухъавлъун, жамагIаталъул мурадал цIунулевлъун вукIине.

3. ГьитIинав вукIа, кIудияв вукIа къваригIелалъ аскIове вачIарав рес букIун мурад тIубачIого нахъе витIиларилан.

Росдае  рагIи кьечIониги, рукIана гьаризе ракIалъ къотIи гьабурал цогидал ишалги.

Дирго хIалтIудаса разияв гьечIо Росдал администрациялъул бетIер вуго тIадал жалги гIемерав гьел тIуразе ресал гьечIев чи. Жакъа администрациялъ тIубазабизе кколеб буго цебе лъабго гIуцIиялъ – колхоз-совхозалъ, парторганизациялъ тIуразарулел рукIарал ишал. ЖамагIаталъул хIажатал тIуразе гIарцулал ресал  рукIаралани, рукъалъул хIалтIи гьабичIого, къасилъи къадлъи гьечIого  росдае хIалтIилаан. Гьабизе хIалтIи гIемераб буго, бюджетин абуни мукъсанаб буго. Росулъ гьаризе кколел, чара гьечIого тIуразе кколел ишазегицин гIарац гьечIого хутIараб мехалъ ккола ракIалде щайин  дица гьаб хIалтIи бетIералде босарабан.

Гьединал къояз кумекалъе батула росдал жамагIат, хасго росдал гIолохъаби.20I2 соналъ халатккун рарал цIадазул хIасилалда I50 м. халалъи бугеб лъелмухъ ччукIун ана.

6 км. нухги бахъун, I,5 км. халалъи бугел трубаби гIолохъабаз жидерго гъуждузда лъун раччана. Кинабго хIалтIи гьабуна росдаца бакIарараб гIарцухъ.

Дун цIакъ рази гьавураб цоги лъикIаб иш. ЖамагIаталъ, хасго гIолохъабазул жигаралдалъун, рес  бугебщинаб бакIалдаса аслияб лъел мухъалде тIадеги  лъимал журазаруна. Гьелъ март-ноябрь моцIаз лъим гьечIеб цIараки росулъ хIутIуларо. Гьанже росутIарада ругел гIадамаз лъим баччизе кколаро.

20I3 соналъ тIисияб авалалде лъим бачине  планалде босун буго. РакIалда буго  гьоркьоавалалда цIияб трансформатор лъезеги, росдалго боцIи гъолеб бакI къачIазеги. Гьадинаб мукъсанаб росдал чара  гьечIелниги хIажатал тIуразарун  бажарулареб бюджет бугони, болжал щвелалде нахъе инеги къасд буго.

- Дур жавабалдасан бичIчIулеб буго рищияз Харахьиб рикьаби  ккезарун гьечIеблъи, дуда хадуб жамагIат билълъунеб букIинги, жамагIаталъул мурадал дуцаги тIуралел рукIин.

- 5 кандидатгун тIоритIарал рищиязул тIоцебесеб туралдаго бергьине дие камуна 3 гьаракь. КIиабилеб туралда дир рахъ ккуна 97 % избирателаз. Гьединал хIасилалгун росдал бетIерлъуде вачIарав дида данде чIарав чиги рикьалабиги росулъ гьечIо. Дун вуго росдал гIадамазул хIажатал тIуразе гьезие хъулухъалъе гьаб хIалтIуде вачIарав чи. 9-I0 сон  букIана жамагIаталъул росулъ гIаракъи, чагъир бичи гьукъизе кIоларого. Исана жамагIаталдаги росдал администрациялдаги кIвана росдал мурад тIубазе. Гьанже Харахьи гIаракъи, чагъир бичуларо. ГIаракъи босизе мадугьалихъ росабазул гIолохъаби Харахьире хьвадуларо.Росдал жамагIатгун рекъон хIалтIани, гIадамазулгун гIаммаб мацI  батизе бажарани, гIемераб жо гьабун бажарула росдал бетIерасда. ГIадада гурелъул абулеб жамагIаталъул газа кьурдаги рекIунилан.

- Росулъ ругел росдал паспорталда рехсарал идарабазулгун кинал гьоркьорлъаби ругел? МУП «Харахьи» совхозалъул росдал гIадамазе кумек букIунищ?

- Рехсарал идарабазул нухмалъулезулгун дир лъикIал ишазулалги гьудул-гьалмагълъиялъулалги гьоркьорлъаби руго. Ниж руго росдал гIадамазе лъикIаб хъулухъ гьаби мурад бугеб цогояб  команда. ХIалтIи гьабула, цоцада дандбан, ургъел бикьун. Больницаялъул бетIерав врач М. Хъайтмазовас росдае  кьуна УАЗ машина.  КIиго соналда жаниб 20-25  нухалъ  бахана  гьеб магIарде  росдал хIажатал тIуран. Машина букIинчIебани, гьабун бажарулареб букIараб гIемераб хIалтIи гьабуна нижеца. Дун нахъе унев мехалъги УАЗ росдал администрациялъе хутIизе буго.

МУП «Харахьи» совхозалъул  бетIерлъиялде цIияв нухмалъулев вачIунаго, совхозалда букIана I млн. 450 азарго гъурущ налъи. Гьеб  налъи лъугIизабизе кIвана.  ГIадамазе кумек гьабун  бажаруледухъ гьечIо жеги совхоз.

Росулъ ругел гIуцIабазе магIишатиял харжал росдал администрациялдасан гьарулелани лъикI букIинаанин ккола-гIарац харж гьабулел гьеб кьолезде гIагарлъилаан, щибаб нухалъ рикIкIаде, Хунзахъе, хьвадизе ккелароан.

- Сундасан бугеб херехьдерил магIишат?  Хур бекьи, бокь бахъи кIочон бугищ?

- Унтараб суал буго гIолохъабазе росулъ хIалтIи гьечIолъи. Гьелъ хIалтIи балагьун, дагьабниги жидер махщел бугев чи, къватIиве унев вуго. 70 процент ракь бекьичIого тун буго. КIудияб жамагIат бугониги, боцIиги гIемер гьечIо. 20I2 соналъ херехьдерица  хьихьун буго 620 гIи-цIаниги, 7I4 чIегIербоцIиги. ГIухьбузул проблема лъугIизабизе кIвана. Нилъеца цере рехсарал идарабазда хIалтIун, харж босулев I46 чи вуго. Руго пенсия щолелги. ХIасил гьабун абуни, кваникъав, ратIликъав чи Харахьив гьечIо.

- Дир хъвай-хъвагIаязда батана гьаб соналъ райадминистрациялъул данделъиялда дур  кIалъаялдаса ГьамищтIа-Харахьи нухлул бутIа капиталияб ремонт хIажалъулеб хIалалда бугилан рагIаби.

- БитIараб буго нухазул проблема букIана. Росдал администрациялъул бюджеталдаса 20II соналъ нухал къачIаялда харж гьабуна 42,500 гъурущ, гьаб соналъ 43.400 гъурущ. Амма нухазул  проблемаби  лъугIичIо. Харахьи участкаялъул росабазул гIадамал шагьаралде гьанже Кьохъан хьвадула. Харахьиса Болъихъ районалъул гIорхъуде щвезегIан, нухал цIакъ квеш руго. Нух къачIазе трактор араб заман дида лъаларо, грейдерин абуни, гьеб нижеда бихьулеб жого гуро.

- 20I3 соналъ дур рес букIарабани Дуца Харахьи росдае щиб сайгъат гьабилеб букIараб?

- Гьединаб рес дир бакIарабани,  дица жамагIаталъе сайигъат гьабилаан 220-240 вольталъул напряжение бугеб ток, санагIатал, хьвадизе квалквал гьечIел къачIарал нухал, щивав чиясул рокъобе гIураб  къадаралда чвахулеб лъим. ГIемерал тIокIлъаби тIалаб гьабулел гIадамал гуро херехь 2I гIасруялда гьел санагIалъабазегIаги мустахIикъал руго гьел.

- Райадминистрациялъул бетIерасулгун кинал гьоркьорлъаби ругел? Херехьдерил унтабазухъ гIинтIамулеб бугищ ХI. Дарбишевас?

- ХIажияв  вуго кIудияб хъулухъалда вугониги, гIадатав, гIаданлъиги бугев, гIадамасул адаб-хIурмат гьабизе лъалев  чи. Гьесда гIадамазухъ гIенеккизе лъала, чиясул къварилъаби ричIчIула. Дида лъала ХIажиясул мурад тIолабго районги щибаб росуги цебетIей букIин. Диргоги гьебго  мурад буго. Гьелъ дун ХI. Дарбишевасул командаялъул чи ккола.

Баркала гара-чIвари гьабизе  разилъаралъухъ.

ГIиса ГIисаев.

 

Просмотров: 709 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz