Понедельник, 06.05.2024, 23:14 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Март » 29 » САХЛЪИ Ц1УНИЗЕ ККОЛА ГЬЕБ БУГЕБГ1АН МЕХАЛЪ.
18:05
САХЛЪИ Ц1УНИЗЕ ККОЛА ГЬЕБ БУГЕБГ1АН МЕХАЛЪ.


Хунзахъ райбольницаялъул бетIерав врач МухIамад ШайхгIалиевич Мусаевас лъугIизабуна Харахьи гьоркьохъеб школа ва 1973 соналда цIализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институталде. 1977 соналда Мусаев витIана Саратовалъул мединституталъул рагъулабгун медицинаялъул факультеталде цIализе. I979 соналда гьеб факультет лъугIидал рагъулав тохтур МухIамад Мусаевасе кьуна медицинаялъулаб хъулухъалъул лейтенантасул чин. 1979-1986 соназда Мусаевас хъулухъ гьабуна 30765 рагъулаб часталъул поликлиникаялда. Гьениб хъулухъ гьабулаго, 1984 соналда МухIамадица Тбилисиялда Закавказье округалъул рагъулаб госпиталалда лъугIизабуна терапиялъул рахъалъ интернатураги. 1986-88 соназ МухIамад цIалана Куйбышевалъул мединституталда терапиялъул рахъалъ клиникияб ординатураялда. Гьеб лъугIидал хIалтIизе лъугьана Казахстаналъул Державинск шагьаралъул рагъулаб госпиталалда терапиялъул отделениялъул начальниклъун, 1994-96 соназ гьабуна гьебго госпиталалъе нухмалъи. Гьелдаса хадуб М. Мусаевас тIуразаруна Астрахань областалъул Капустин-Яралъул РВСНалъул (ракетные войска стратегического назначения) 19-леб рагъулаб госпиталалъул начальникасул ишал. 2007 соналъ гьениса нахъеги вилълъун хIалтIизе лъугьана Знаменск шагьаралъул больницаялда терапевтлъун, хадуб нухмалъиги гьабуна гьебго отделениялъе.

2010 соналдаса бахъараб районалъул больницаялъул бетIерав тохтурлъун хIалтIизе лъугьинегIан хIалтIана Москваялъул 162-леб поликлиникаялда участковияв терапевтлъун. Ккола лъикIав кардиолог, 6-7 нухалъ жиндирго тохтурлъиялъулаб махщел камил гьабизелъун цIалана улкаялъул тахшагьаралда. Ккола медицинаялъулаб хъулухъалъул полковник.

МухIамад Мусаевасул хъизан Зубаржатги ккола тIадегIанаб категориялъул тохтур- терапевт. ГьабсагIат хIалтIулей йиго Астрахань областалъул Знаменск шагьаралда рагъулаб поликлиникаялда. Гьез тарбия кьун гIезаруна кIиго ясги. КIудияй яс Заремацаги бищана эбел-инсул нух – гьей ккола медицинаялъулаб хъулухъалъул капитан, хIалтIулей йиго Знаменскаялда. ГьитIинай яс Амина, полициялъул лейтенант, хIалтIулей йиго Новгород областалда


  - МухIамад ШайхгIалиевич, захIмат букIанищ рагъулав тохтурасе Дагъистаналъул кIудиял районазул цояблъун кколеб районалъул больницаялъул бетIерав врачлъун хIалтIизе вачIине? Централияб Россиялда гIезегIан лъикIал шартIазда хIалтIарав дуе кинаб асар гьабураб районалъул сахлъи цIуниялда батараб ахIвал-хIалалъ?

 -Узухъда, битIахъего абуни «мун кодов ккун восулев» ва дур цIарги, къадруги, къиматги бугеб бакI рехун тезе бигьаяб иш гуро. Хасго ругьунлъун ккараб шагьарги хъизан- лъималги рехун тун. Кин букIаниги, районалъул сахлъи цIуниялда дир хIалтIиги лъайги хIажат букIин лъайдал, дун тIадвуссана ватIаналде ва гьале, лъагIелги анкьго моцIги гIанасеб мех балеб буго гьанив хIалтIулев. Хунзахъ ЦРБ ккола Дагъистаналъул медицинаялъул учреждениязул бищун кIудиязул цояблъун. Гьанив хIалтIулев вуго 353 медхIалтIухъан. Гьел руго жидерго хIалтIи ракI унтун гьабулел гIадамал. ИчIго тохтурасул буго тIадегIанаб категория, 37-ясул тIоцебесеб, анкьгоясул «ДРялъул мустахIикъав тохтур» абураб цIар. жибго больницаги буго гIезегIан лъикIаб хIалалда, цIияб минаялда жаниб къваригIараб кинабгоги чIезабун.

 - ХIалтIуде лъугьунаго, дудаго цебе лъун букIараб лъабго рухIияб тIадебоси (моральный долг). Жакъа къоялда кинаб низамалда гIуцIун бугеб хIалтIи районалъул сахлъи цIуниялъул гIуцIабазда, щиб хIалтIи гьабизе кIвараб дуда гьеб жавабияб хъулухъалде л ъ у г ь а р а л д а с а ? Лъугьанищ мунго дудасаго разияб хIалтIи?

- Медицинаялъулаб хъулухъалда дир бищун цересел ва тIуразаризе тIадал ишаллъун ккола: унтараздехун гурхIел-рахIму (милосердие) букIинаби, гьеб цо. КIиабизе, чиясухъ- чиназухъ балагьичIого, киналго унтараздехун цогояб, бащадаб бербалагьи чIезаби. Лъабабилеб, тохтурасулаб этика ва деонтология (унтараздехун ракI батизабулеб кIалъай, г I а д а н л ъ и я л ъ у л а б бербалагьи) цIуни. Гьеб тIалаб гьабула дица дирго хIалтIухъабаздасаги. Дун хIалтIуде лъугьаралдаса гьеб рахъ цодагьаб лъикIаб рахъалдехун хисаниланги ккола. КIвана коллектив гъункизабизе, медици- наялъул документация, картотека рукIалиде бачине.

Руго лъикIаб рахъалдехун хисун планалъулал рихьизариялги. Мисалалъе босани, терапиялъул отделениялда цебе нагрузка 60-65 % процент (цойгидал отделениязда жеги гIодобегIанаб къадар) букIараб батани, гьабсагIат гьеб нусабго проценталъ тIубазабулеб буго, ай гьеб ккола гIадамазул сахлъи цIуниялдехун, медиказдехун божилъи цIикIкIун букIиналъул, гьаниса сах гьарун жалго ритIиялда ракIчIеялъул гIаламат. Республикаялъул сахлъи цIуниялда хIалтIулал хIасилазухъ ва отчетазул рихьизариязухъ балагьун цебе нилъ сияхIалъул рачIалда рукIарал ратани, гьанже нилъер сахлъи цIуни гьункьун буго сияхIалъул бакьулъегIан, хIатта, жеги цересел мухъазулъецин. Гьеб буго коллективалъул цадахъаб хIалтIул хIасил. Амма дунго дидасаго разияб хIалтIи лъугьине рес буго, гIицIго больницаялде вачIаравщинав рекIел разилъигун, баркала-киригун гьениса къватIиве унеб хIал гIуцIизе кIвани. Гьебин абуни, гIезегIан захIматаб масъала буго.

 - Бокьилаан, цодагьалго рагIаби цадахъ хIалтIулеб коллективалъул хIакъа- лъулъги абизе. Бугищ больницаялда гIураб къадаралда медперсонал? Гьезда гьоркьосан жидерго ишги лъалел, унтаразеги рокьулел специалистазул цIарал рехсани киндай букIина?

- БитIараб бицани, дун вохарав ва чIухIаравлъун лъугьана нижерго коллективалдаса, угаралъул газалъ гъанкъизе рахъун, цIа ккараб бакIалдаса захIматго рачIарал унтарал хвалил кIичIикьа рорчIизариялъе гьез бахъараб хIаракатги, цоцалъ гъункиги бихьидал. ЦохIогояб механизм гIадин, гIуцIадго, дурусго хIалтIана больницаялъул медикал гьеб чара къосараб, гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIалалда, баркала буго гьезие. 

  Сахлъи кьеги хирургиялъул отделениялъул заведующий МухIамадов АхIмадие, рокъовецин инчIого, свак лъачIого хIалтIулев махщалилав вуго гьев. Реццалъулал рагIабазе мустахIикъав вуго хирург ХIажиев МухIамадхIажияв, гIаммаб къагIидаялъ босани, тIолабго хирургиялъул отделение.Амма гьеб кколаро терапиялъул отделение гьездаса къун хIалтIулеб бугин абураб. ГьабсагIат бугеб гIадаб хIалтIулаб хIалкъай гьениб киданиги букIинчIо-жидее гьабулеб дару-сабабалдаса унтарал разиго рукIиналъе нугIлъи гьабула гIицIго ветераназул госпиталалде гурони, цойгидаб республикаялъул сахлъи цIуниялъул учреждениялде ритIеян гьез тIалаб гьабулеб гьечIолъиялъги. ЛъикIлъун буго квен-тIехалъул рахъ (гьелъул къадар буго цо чиясе сордо-къоялъе I00 гъурущ), цIикIкIинабун буго медикаментазе бихьизабураб гIарац (цебе- I00, гьанже-I93 гъурущ цо унтарасде).Къойидаса къойиде щулалъулеб буго пачалихъияб кверщелалъ медицинаялде кьолеб кIвар. Жакъа къоялде врачасул гьоркьохъеб моцIрол харж бащадаб буго I8 азарго, медсестраялъул I0-II азарго гъурущалда. Гьелде тIадеги больницаялъул администрациялъ хIаракат бахъула хIалтIулал рихьизариял , байрамкъоял хIисабалдеги росун, гьезие премиял, харжиде тIаде кьолел надбавкаби кьезе. Узухъда. лъикIаб букIина хIукуматалъ медиказе гьел унго-унголъунги мустахIикъаб харж чIезабулебани. I0 – I5 азарго гъурщихъ хIалтIизе лъикIал специалистал рачIинищха районалде? Амма гьаб гIагараб заманалда жаниб нилъ киналго рохизесеб лъугьа-бахъинги лъугьана сахлъи цIуниялъул бутIаялда – дида кIвана дидаго цадахъ Россиялда хIалтIулев вукIарав ва райбольницаялъе чара гьечIого хIажатав вукIарав лъикIав специалист заманаялъ районалде цIазе. Глотов Вадим Павлович  анестезиолог – реаниматолог. Петербургалда мединститут жиндир лъугIарав, медхъулухъалъул полковник. Хирург, интенсивияб терапиялъул махщалилав, больницаялде вачIун вахъиналде гьасухъе ккана гIезегIан захIматал унтарал, операциял, амма рагъулав тохтурас жиндирго профессионалияб камиллъи бихьизабуна киназдаго. 

(Рагъулаб хъулухъалдаса хадуб трансплантологиялъул федералияб централда хIалтIулев вукIарав (Хунзахъе вачIинегIан) гIурус тохтурасда дица гьикъана районалъул, больницаялъул хIакъалъулъ пикру. Гьев гIажаиблъун вугоан магIарухъ гьадинаб бакIа- бахарараб, гIадлуги хIалтIиги билълъанхъизабураб сахлъи цIуниялъул гIуцIи батиялдаса. «Дун гьаниве вачIун вуго МухIамад ШайхгIалиевичасул гьариял- далъун. КигIан захIматал шартIазде кканиги, гьанибги бихьулеб буго гьесул рагъулаб дисциплина, дун гьевгун хIалтIарал киналго бакIаздаго гIадин» - ян тIаде жубана Глотовас-авт). Дир хьул буго, гьев районалда контракталда бихьизабураб заманалдаса цIикIкIун чIезе. Гьадинав специалист чара гьечIого хIажат вуго жакъа районалъул сахлъи цIуниялъе. 

   

   -Росабалъ, участковиял больницабазда, ФАПазда кин гIуцIун бугеб хIалтIи?


-Районалда бугеб кIиябго участковияб больницаялъ жидедаго тIадал ишал тIуразарулел руго. БатIияб хабар буго фельдшер- лъиялъулгун акушер- лъиялъул пунктазда хурхун. Районалда гIицIго лъабго ФАП буго, жакъасел тIалабазе жаваб кьолеб (типовое здание) минаялда жаниб: Хунзахъ, Гъоркьколо, ТIагьада. ХутIарал руго щибго квегIенлъиго гьечIел, къваридал ва басриял рукъзабазда жанир. Унтаразе тIоцебесеб медицинаялъул кумек гьабизе хIажатабщиналдалъун гьел хьезарун рукIуна, неотложкаялъе хIажатаб дару-сабабалъул нахърателги гьезул букIине ккола. Цойгидал гIунгутIабиги унтаразул разилъи гьечIолъиги бугони, гьелъул жаваб кьезе буго щивав ФАПалъул заведующияс. 

- ГIагараб заманалда жаниб кинал масъалаби цере лъун ругел ХЦРБ-ялда? Дурго хадубккунисеб хIалтIулъ щиб бугеб хIисабалде босараб жо, кинал хьулал ругел букIинеселде?

- ЛъагIалил ахиралде хIалтIизе кьезе руго больницаялъул цIиял корпусал, цIияб минаялъубе рахъине руго инфекциялъул отделение, поликлиника. РакIалде ккола, гьеб нилъ киналго балагьун чIараб иш хехго рагIалде бахъинилан. Гьелъие районалъул нухмалъулес жигараб хIаракатги бахъулеб буго. Дуниял хинлъарабго жаниве специалистги вахъинавун хIалтIи гурого букIунаредухъ къачIан буго томограф лъураб кабинет. БетIерав тохтур хIисабалда хIалтIулаб планалде босаралъул гьикъани, анищ буго районалъул сахлъи цIуниялъул даража борхизабизе, жакъа къоялда тIоцебесеб иргаялда больницаялъе хIажатаблъун бугеб материалиябгун техникияб база, хасго диагностикияб, гьениб гIуцIизе ва гьелда нахъа хIалтIизе специалисталги хIадуризе. Районалда къо бахъанагIан цIикIкIунел руго рекIел, гьуърузул унтаби. Гьединлъидал хIажат буго рекIел, мащабазул УЗИ гьабулел аппаратал, сордо-къоялъ рекIеда ва бидул тIадецуялда хадуб хал кколеб «холтер- мониторинг», гьуърузухъ балагьулеб спирограф. Гьеб кинабго больницаялда чIезабизе ва хIалтIизабизе кIвани, шагьараздецин ине кколаредухъ специалистаздалъунги хьезабуни, рикIкIина дица дунго лъикI хIалтIанилан.

- 30-ялдасаги цIикIкIун сон буго дур тохтурлъиялда, бице практикаялда бищунго ракIалдаса унареб лъугьа- бахъин. Гиппократил гьаялъе щай дун гьедаравин ракIалде бачIараб къо букIанищ?

-РакIалдаса унарел лъугьа-бахъинал рикIкIине лъугьани, газеталда бакIго гIеларо. Амма кигIанго захIмат букIун батаниги, дир ракI бухIичIо Гиппократил гьаялъул байрахъалда гъоркь, тохтурлъиялда дир гIумру иналдаса. КигIан кIудияб талихIлъун рикIкIине бегьулеб, инфарктги ккун доб дунялалде щварав чилъунцин рикIкIине бегьулев унтарав жиндирго хIатIазда рокъове инавизе кIвей?!. Дир тохтурлъиялъулаб практикаялда букIана 4-5 нухалъ рекIее дефибрилляция гьабизе ккунги унтарав хвасар гьавураб лъугьа-бахъин. Казахстаналда ракетабазул цIатариялъул загьруял парал къватIире кьабидал, гIадамал хвасар гьаризе аралъуб кIиабизеги ракIалдаго букIинчIеб выбросги ккун, цониги цIуна-къаялъул алатал кодор рукIинчIолъиялъ нижерго сахлъиялъе ва гIумруялъе хIинкъи букIараб…

Чан гьединал гIорхъулъа рорчIарал лъугьа-бахъинал, чан хвелалъулгун къеркьеял, чан хвасар гьабураб гIумру... Амма ракI киданиги бухIичIо.

- Райбольницаялъул коллектив буго районалъул газеталъул жигараб подписчикги. Парахатаб хIалтIиги ракI разияб гIумруги кьеги нужее, баркала. Щиб гьаризе- абизе бокьилеб, газета гьоркьоб ккун районцояздехун, нужехъе кколел унтараздехун вуссун?

- ТIоцебесеб иргаялда, дица киналго районалъул журналистазе гьарула щулияб сахлъиги, лъикIаб, гIадамазе рагIизе бокьилеб информация тIибитIизабулеллъун нуж хутIиги. Районцояздехун вуссунги дица гьадин абила: «Сахлъи цIунизе ккола гьеб бугебгIан мехалъ. Унтизеги унтун носилкаялда лъун гуро больницаялде рачIунеб. I5 сон баралдаса нахъе щивасда тIадаб буго лъагIалие цо нухалъгIаги флюорография гьабизе, гьелъ инсанасул черхалъе щибгIаги заралги гьабуларо. Гьединго, мухIканаб диспансеризация тIобитIиялъ рес кьола чанги унти нахъчIвазе, гьединлъидал гьебги нахъ тIамун тоге. Сахлъиялда таги районалъул киналго гIадамал.

- Амин. Баркала гара-чIвариялъухъ.

-Дуеги баркала.

Гара-чIвари гьабуна Ф. МУХIАМАДОВАЛЪ.

Просмотров: 771 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz