Автор.Ф.Мух1амадова.Март 2013с.
Хунзахъ райбольницаялъул бетIерав врач
МухIамад ШайхгIалиевич Мусаевас лъугIизабуна Харахьи гьоркьохъеб школа ва 1973
соналда цIализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институталде.
1977 соналда Мусаев витIана Саратовалъул мединституталъул рагъулабгун
медицинаялъул факультеталде цIализе. I979 соналда гьеб факультет лъугIидал
рагъулав тохтур МухIамад Мусаевасе кьуна медицинаялъулаб хъулухъалъул
лейтенантасул чин. 1979-1986 соназда Мусаевас хъулухъ гьабуна 30765 рагъулаб
часталъул поликлиникаялда. Гьениб хъулухъ гьабулаго, 1984 соналда МухIамадица
Тбилисиялда Закавказье округалъул рагъулаб госпиталалда лъугIизабуна
терапиялъул рахъалъ интернатураги. 1986-88 соназ МухIамад цIалана Куйбышевалъул
мединституталда терапиялъул рахъалъ клиникияб ординатураялда. Гьеб лъугIидал
хIалтIизе лъугьана Казахстаналъул Державинск шагьаралъул рагъулаб госпиталалда
терапиялъул отделениялъул начальниклъун, 1994-96 соназ гьабуна гьебго
госпиталалъе нухмалъи. Гьелдаса хадуб М. Мусаевас тIуразаруна Астрахань
областалъул Капустин-Яралъул РВСНалъул (ракетные войска стратегического
назначения) 19-леб рагъулаб госпиталалъул начальникасул ишал. 2007 соналъ
гьениса нахъеги вилълъун хIалтIизе лъугьана Знаменск шагьаралъул больницаялда
терапевтлъун, хадуб нухмалъиги гьабуна гьебго отделениялъе. 2010 соналдаса
бахъараб районалъул больницаялъул бетIерав тохтурлъун хIалтIизе лъугьинегIан
хIалтIана Москваялъул 162-леб поликлиникаялда участковияв терапевтлъун. Ккола
лъикIав кардиолог, 6-7 нухалъ жиндирго тохтурлъиялъулаб махщел камил гьабизелъун
цIалана улкаялъул тахшагьаралда. Ккола медицинаялъулаб хъулухъалъул
полковник.