Воскресенье, 05.05.2024, 13:47 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Декабрь » 29 » «Биччанте ЦIияб сон районцоязе букIине киналго анищал тIурараблъун, баракатаблъун ва ракълилаблъун!»
23:06
«Биччанте ЦIияб сон районцоязе букIине киналго анищал тIурараблъун, баракатаблъун ва ракълилаблъун!»

      - ХIажияв МухIамадович, гьале бегана гIумрудул календаралъул цойги тIамач. Нахъа тана 20I2 сонги. Бокьилаан дуца бицани кинаблъун гьеб сон букIараб районалъе?ЛъагIалида жаниб гьаризе ракIалда рукIарал, амма рагIалде рахъинчIого хутIарал хIалтIаби ругищ? (Гьелъие гIиллаби кинал ккарал?) 

- БитIараб буго, лъагIалил ахир ккола соналда жаниб лъугьараб-таралъул хIасилал данде росулебги, гьарурал-гьаричIел хIалтIабазе къимат кьолебги заман. Цебесеб, 2011 сонго гIадин гьебги гIезегIан захIматаб букIана районалъе гуреб, республикаялъего. Амма, гьедин букIаниги, нилъеда кIвана инвестициялъулал программабазда, социалиялгун экономикиял объектал раялда, районалде газ бачиналда сверун цо къадаралъул хIалтIи гьабизе. Дагьаб гьечIо районалъул жалго бетIергьанал доходаздасан гьабураб хIалтIиги.Гьедин, I07 млн. гъурущ хвезабун буго социалиял объектал раялда тIад, I9 млн. гъурущ хвезабун буго газ бачиналда, I26 млн. инвестициялъулал программабаздасан, 96 млн. нухал къачIаялдаги. Районалъул жиндирго доходаздасан гьабураб хIалтIи ккола: Самилахъ, ГIахьалчIи спорталъул кIалгIаби рай, ГIарани – БакьагьечIи токалъул мухъ цIай, Гиничукь ясли-ах рагьи, 25 цIалдохъанасе бакI бугеб Байикь байбихьул школа тIохалда гъоркье буссинаби, мугIрузул Дагъистаналда жинда релълъараб цойги гьечIеб хIалалъ ГьоцIалъ ясли-ахалъе лъикIаб ремонт гьаби (официалияб къагIидаялъ гьеб рагьизе буго цIияб соналъул ихдал), Харахьи лъел мухъ къачIай. ЦIияб соналде гIехьелдерил Ахтини хъутаналде газ бачун лъугIизеги ракIалда буго дида. ТIанусдерил Хашта хъутаналда бана ФАП, бахъана артезианалъул лъим. Гьел хъутабазда гьарурал хIалтIабазда харж гьабун буго I3 миллионалде гIагарун гIарац.«Чистая вода» программаялдасан 45 млн. гъурущ бихьизабун буго ЧарамагIардасан Хунзахъ росулъе лъим бачине. 208 ялъул трубаялдасан бачараб лъел букIине буго кIиго резервуар ва гьеб хьезабун букIина бацIцIад гьабиялъул системаялдалъун (очистное сооружение).Гьелдаго гъорлъе ккезабизе буго райцентралда жанисан канализациялъул мухъ бачинги. Гьеб кIудияб ва пайдаяб хIалтIуе исана проекталъулал ва экспертизаялъулал хIалтIаби лъугIизарун руго, тIадеялъул, иншаАллагь, байбихьила жибго лъим бачиналдеги. Инвестициялъулал программабаздасан бачунеб буго 39 миллион гъурущ тIад харжги гьабун «КIахъ – ГьоцIалъ» лъел мухъ. ТIохалде гъоркье буссинабуна ГIархъида аслияб школалъул бакIалда базе байбихьараб цIияб школалъул мина (I2 млн.), бан лъугIана Хьиндахъ школа (5 млн.). 8 млн. гъурущ харж гьабуна ГIорутIе лъим бачине, 22 млн. гъурущалде Гьамущи росдал щибаб къотIнобе лъим бачинабуна. БуцIра цIияб школа баялда харж гьабуна 42 млн., спортзалалъейин абуни,кьучI лъун буго. Гьава-бакъалъулал шартIаз биччан букIарабани, гьенибги цо къадаралъул хIалтIи лъугьинаан. «ТIануси - ГIахьалчIи» нух къачIаялда тIад хвезабуна 9 млн. 700 азарго гъурущ, ЧIалда – БухIнатIа нухлул участкаялдаги гьабуна нухазде чабах баччун, гIатIид гьарун лъикIаланго хIалтIаби. Нухал районалъул гIумруялъул бидурихьал кколелъул, гьел тIаса бер босун тезе бегьуларо. Амма гьаб соналъ рарал гучал цIадаз, иххаз гьел чанго нухалъ къачIазе ккана, гьединлъидал, аслиял нухаздаса гIисиназде квер щвечIого хутIун батизе бегьула исана…

     - Кинал лъугьа-бахъинал ккарал (пашманал, рохалилал) дуда ракIалдаса унарел?

- Вохана республикаялъул Президент Хунзахъе вачIиналдаса, гьес районалда гьабураб хIалтIуе къимат кьеялдаса. Пашманлъана кинабго ракIалда букIараб гIумруялде бахъинабизе кIвечIолъиялдаса, мацIал гьарулел, щибго кьучI гъоркь гьечIел бугьтанал лъолел, чорокал харбал тIиритIизарулел загьирлъиялдаса. Дун хIалтIулев гьечIин, газ бачиналда сверун хIаракат бахъулеб гьечIин абулезе баяналъе ва дандекквеялъе рицина гьадинал тарихалги: 2009 соналъ районалда 74 миллионалде хIалтIаби тIоритIун рукIарал ратани, 20II соналъ гьеб бахун буго I2I миллионалде, 20I2 соналъин абуни, цIикIкIун буго 200 миллионалдасаги. Газ бачиналъул хIалтIиги чIезе тун гьечIо районалда. Россиялъул «Газпром»-алдасан, ай федералияб бюджеталдасан гIарац бачIиналда рекъон (по мере поступления) унеб буго хIалтIи ва районалда газификация рагIалде бахъинабизеги буго.
Къварид гьавуна Дагъистаналъего баракат цIикIкIарал устар СагIид-Афанди, гIалим ГIабдугъафурил МухIамад гIадазде квер борхизе кIолел загьирлъиялъ.
Урхъараб анищ буго Дагъистаналда ракълилаб, рикьалаби гьечIеб гIумру кида- къадги лъугьинилан. Разилъиялъул асар рекIелъе лъугьинчIого хутIичIо, республикаялъул цойгидал районазда 2-3 моцIилцин харж кьечIого бугеб мехалда, ЦIияб соналъул байрамазде районцоязе ахирисеб кIиябго моцIил харж цебеккунго кьезе кIведал. Ран лъугIичIел объектазда гьарурал хIалтIабазухъ хутIарал налъаби гуреб, хутIичIо бюджеталда лъунги букIун,гIарац щвечIеб хIалтIулаб гIуцIи.

     - ХIалтIуда бухьинабулеб бугоха дуца кинабго. Дурго хасаб гIумруялда ккечIищ щибниги лъикIаб – цIияб?

- Ккана. Исана дун вахъана кIудадалъун. Гьебги гьечIищха вохизе ккараб лъугьа-бахъин?!

      - РукIун ратила районалъул нухмалъулесул лъикIал, бажари бугел гIадамалгун, ишалъулал сапарал, лъай-хъваял. Гьезул бищун пайдаял ва районалъе
баракатал кинал рукIарал, дур хIисабалда

- ГIемер ккана унеб соналда дир гьединал гIадамазулгун лъай-хъваял, дандчIваял. БитIахъего абуни, исаналъагIан дун гъорлъего ккун вукIун гьечIо ишалъулал гIадамазул сверуде, хIалтIулъе. Гьанже дида бичIчIана, лъана кин, лъидасан гIагараб районалъе хъулухъ гьабизелъун кумек тIалаб гьабизе кколебали.
     

      - Щивха ишалъулал гIадамазул хас гьабун рекIее гIурав?

- Исана дир лъай-хъвай ккана халкъазда гьоркьосеб роцадул бизнесмен, магIарул яхI-намус цIунарав Зиявудин МухIамадовгун, гьесул эбел Парханисайгун. Гьел иман бугел, гIакъилал гIадамалгун хабар бицин, гьезда аскIоре ин буго рекIее лазатаб, цо щиб букIаниги лъикIаб- пайдаяб лъачIого хутIулареб заман тIами. Нилъеца цебеккунги бицун букIана Зиявудинил кумекалдалъун ГIобода ва ШототIа ралел ругел ясли-ахазул. КIиго рахIмуялъулаб фондалдасан («Чистое сердце», «Мой Дагестан») гьез Дагъистаналъего, гьелда гьоркьоб нилъер районалъеги, гьабулеб бугеб садакъаялъги бицуна гIемераб. Сахлъиги, рохелги, баракатги цIикIкIайги гьел сахал районцоязул рокъоб цIияб соналда. РакIалда чIана унго-унгояв интеллигент, Россиялъул Президент В. Путинил советник Владимир Ильич Толстоясулгун лъай-хъвай. МакьастIа памятник рагьиялда гIахьаллъизе вачIун вукIана гьев районалде. Федералияб роцада культураялда хурхараб суал тIубазе жиндасан бачIараб кумек гьабилин гьесан ккола дида ракIалде.

      - Кканищ унеб бугеб соналда районалъул росабазул жамагIатал цоцазда ричIчIичIеб, сундуе букIаниги районалда гьабулеб хIалтIулъ гьел дандечIеялдалъун квал-квалал ккараб хIужа?

- РукIана цо-цо районцоязул цоцазда ричIчIунгутIиял «Макьас» балелъул гьелда гъоркье унел ракьазул къадаралда хурхун. Шатадерил ва гIехьелдерил жамагIаталъ абулеб буго 300-500 га гурого хIажалъулареб кластералде гъоркье жидеца пайда босулеб ва хIажатаб 2000 га щай ине кколебан. Цо рахъалъ гьел ритIаралги руго. Амма гьанибго нилъеда бичIчIизе ккола, цойги бакIалде ине рес букIараб гьеб инвестпроект, районцоязе пайдаяб ва баракатаб букIинги бичIчIун, лъикIаб нигаталда районалда гьеб баялда нахъа нилъерго районцояв, «курорты Северного Кавказа» ОАОялъул директорзабазул советалъул председатель АхIмад Билалов вукIинги. Районалъе гьанжелъагIанги жиндасан баракат гурого бахинчIо гьев инсанасдасан.

       - Араб соналъул гIадамал: лъикIал ишаздалъун, жидерго бергьенлъабаздалъун район рагIизабурал ракьцоял рехсеян Дуда гьарани, лъил-лъил цIарал районцоязда рагIизе ругел?

- Узухъда, рагIизе буго нилъерго халкъиял шагIирзаби, хIурмат тIадегIанал Фазу ГIалиевалъул, ГIабасил МахIамадил цIарал. МагIарул адабияталда меседил хIарпаз жидер цIарал хъварал шагIирзабаз тIубана 80 сон. Щулияб сахлъиялда, творчествалъулаб борхалъуда нусилъа араб гIумру гьарула дица гьезиеги, исана 70 сон гIумрудул тIубарай пагьму- гьунар камилай шагIир Залму Батировалъеги. Ниж рохула ва чIухIула нужедаса, нижер хириял.
Вохизавуна нилъер гIолилал-спортсменазул бергьенлъабазги. Гьале гьел, араб соналъул бахIарзал, жидеца цIар дунялалдаго
р а г I и з а б у р а л : Россиялъул боксалъул рахъалъ чемпионка СагIадат ГIабдулаева, каратэялъул ва кикбоксингалъул рахъалъ дунялалъул кубоказул бетIергьаби Салтанат ГIабдусаламова, ХIажияв МухIамадов. Биччанте тIаде щвараб, 20I3 абсоналъ творчествалда, спорталда рагIизе районцоязул цIи-цIиял цIарал, киса-кибего дунялалда рагIиледухъ гъугъадизе нилъер бергьенлъабазул хабар!

        - Бокьилаан дуца бачIунеб 20I3 соналъул планазде гIадамазул рукIа-рахъин лъикIлъизабиялда сверун гьаризесел хIалтIабазде гьитIинабго пардав рагьани…

- Байрамалда цебе гIадамал рохизелъун цо-цо хIужабазде горду къирун гурони, дица дуе киналго балъголъаби рагьиларо. Абиги бугелъул, къватIиб загьир гьабураб жо тIубаларилан. Аллагьас хъван батани, бачIунеб соналъ хъахIилаб цIатари, ай газ рекIине буго жанисеб разводка лъугIаралщинал росабалъ (Хунзахъ, ГIарани, Гиничукь, ЦIада, БакьагьечIи). Гьеб хIакъаб иш буго. Гьединго тIасияб соналъ газ бачиналде гъорлъе бачараб хутIараб I3 росулъги (масала, ГIочIло, МочIохъ) росабазда гьоркьосеб разводка гьабун лъугIидал, росулъ жанисан трубабиги лъун, газ бачун лъугIизабизе буго.

       - Районцояздехун вуссун ЦIияб соналде щиб гьаризе бокьилеб дуе?

- Щибха дица гьарилеб байрамкъояз районцоязе? Гьай-гьай, гьаб дунялалда кинабго лъикIабщинаб: рокъоб паракъалъи, талихIгун-рохел, цоцазда гьоркьоб гьуинлъи – вацлъи, сундулъго гьарзалъи. Районалъул бетIер хIисабалда, дун хIадурав вуго дида кIвараб къадаралда гьезул щивасул мурад тIубазабизе. «Биччанте ЦIияб сон букIине районцоязе киналго анищал тIурараблъун, баракатаблъун ва ракълилаблъун». Нилъер кIудияв шагIир
ХIамзатил Расулил гьал кочIол мухъаздалъун лъугIизабизин нилъер гара-чIвариги:

        Дир бищун анищаб, урхъараб мурад-Сахал гIадамазе сахлъи,щулалъи,
        Ясазе-берцинлъи, васазе-гьунар,Гьабулеб ишалъулъ сабру, цIодорлъи.
        Унтарал лъилъаги, лъимал хех гIеги,ГIолилазул гIищкъул анищ тIубайги.
        ИяхI рехарахъе рохел щогеги,ХIалихьатал чагIи чехь бихъун хваги.

       -Амин. Дуеги район цебе- тIезабиялда гьабулеб хIалтIулъ
Аллагьас квербакъайги. ЦIияб сонгун!

Просмотров: 828 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz