Воскресенье, 05.05.2024, 20:14 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Февраль » 2 » БУЦ1УЛ РАТУХЪЕ ТУН ГЬЕЧ1О.
12:47
БУЦ1УЛ РАТУХЪЕ ТУН ГЬЕЧ1О.

«БуцIул  ратухъе те». Авариялъул нуцал ГIадлияв  ГIумахан

Кинаб бетIербахъиялда ругел жакъасел буцIул, сундалъун бугеб гьезул аслияб магIишат, рекьичIого тарал хурзалги, гъасда цIа бакичIого, рехун тарал минабиги гIемерищ ругел, кинаб букIараб буцIулдерие 20I2 сон, щибги цадахъ босун 20I3 соналде сапаралде  рахъарал? Гьел ва цогидалги суалазе жавабал ратизе дие  кумек гьабуна  росдал администрациялъул хIалтIухъабаз, школалъул нухмалъулез ва росуцояз.

I.БуцIул кигIан ругел? 

Росаби  гьитIинлъулел, гьанир гIадамазул къадар  дагьлъулеб букIин тIолабго Дагъистаналъе гIаммаб хасият буго. БуцIулдеридаги дагьа-дагьабниги хъинтIулеб буго гьеб. Руго шагьаралдасан бетIербахъиги гьабулел, амма росдадасаги тIечIел гIадамалги. Жакъа къоялде БуцIра администрациялда хъвай-хъвагIай гьабун буго I587 чиясул. (Амма гьезда гьоркьор руго  шагьаралда ругелги). 3I-ялъ руччабазул къадар цIикIкIун буго. 800 гIанасев буцIрасев хIалтIул гIумруялда вуго. Гьезде тIаде 439 чи I8 сон бачIевги жувани, абизе бегьула БуцIра пенсионеразул, ай харабазул росу гурилан.

Рохизарулеб хIужжа – цIи гьарурал лъималазул къадар соналдаса соналде  цIикIкIунеб букIин. 20I0 соналъ БуцIра 20 лъимер гьабун букIун батани, 20I2 сон «бачIин цIикIкIараблъун» букIун буго. Гьаб соналъул I0 моцIида жаниб гьабун буго 35 лъимер.

2. Жакъасеб  къойил къваридаб сарин.

БуцIул умумузул заманаялъ рукIана «гьирихъ ине кколареб, гьардухъан вахъинчIеб» рес бугел гIадамазул росу. Жакъаги Россиялде ун, гIарац балагьулел гIадамал БуцIра гьечIо. Гьал ахириял соназ МахIачхъалаялде маршруткабазда хIалтIизе унел руго гIолохъаби. БуцIул руго цIакъ автомашинаги шоферлъиги хириял гIадамал. Абула МахIачхъалаялъул къватIахъ гIадамал раччулеб 35-40 буцIулдерил «Газель» бугилан. Машина хIалтIизабун, бетIербахъи гьабулел гIолохъаби дагьа-дагьалниги БуцIраги руго.

Дагьал церегIан соназги аслияб магIишат картошка  бекьун букIана. Гьайгьай, бекьулаан ламадур, капустаги . Дагь-дагьккун цIикIкIунел, гIемерлъулел руго рекьичIого тарал хурзал. Дагьал гьечIо гIицIго квание гIезеялдаса цIикIкIун картошка  бекьулелги. Рагъдаса хадусел соназ рокъоса язихълъи, ресукълъи бачахъараб, гIумруги, росуги цIи гьабураб, цIияб росуги бараб, ясал-васалги рукъалде руссинабураб буцIулдерил аслияб магIишатлъун букIараб картошкаялдаса инкар гьабизе буцIул тIамуна пачалихъалъ билълъанхъизабулеб бугеб росдал  магIишаталъул гIантаб политикаялъ, захIмат, хIалтIи, хур-хер заралияблъун лъугьиналъ. Жакъа хур кIудияб бекьанагIан кьолеб заралги цIикIкIунеб бугин абураб, магIна ккола гьелъул. Гьединаб буго жакъасеб къойил къваридаб сарин.

3. Чахъу хьихьарасул кIал гьанал цIурабила.

Цо ракI разилъулеб жо буго бекьичIого тараб ракьалдасан боцIи хьихьизе пайда босулеб букIин. ГIи-боцIул къадар соналдаса соналде цIикIкIунеб буго. Гьаб соналъ росдал администрациялда хъвай-хъвагIай гьабун буго 2577 бетIер гIи-цIаназул. Цебесеб соналде дандеккун, гьеб 26I  бетIералъ цIикIкIун буго. Жалго гIияхъабазул баяназда рекъон, гьезул къадар 3 азаргоялдасаги цIикIкIун букIине кколеб буго БуцIра гIадаб мегIер-гIалах гьарзаяб росдае гьеб къадарги цIакъ дагь буго. БуцIулдерил «фермераз» хьихьун ругел кагътил куйдузул дица бицунеб гьечIо. ЧIегIер боцIул къадарги 987 бетIералде бахун буго.

ГI. МухIамадовас 500 гIагарун, М. МухIамадхановас 200 гIан, З. ХIажиевас I00 ялдаса цIикIкIун гIи хьихьулеб буго. Руго 50-ялдаса цIикIкIун гIиял хьихьаралги. Хьул буго БуцIра гIи-боцIухъаби хадурккунги  цIикIкIинилан.

ЧIегIербоцIиги бугеб ресалда рекъараб къадар хьихьулеб  гьечIо. Гьал ахириял соназ гIемерлъулеб буго чуязулги чуял  хьихьаразулги къадар. Дун цIакъ вохана БуцIра гIуби-чуязул къадар 300-350 бахунеб батилин абидал. Руго 25-30 бетIер чуязул жидер бугелги. Росулъ гIурав чиясе бокьула рагIизе гьвел хIапиги, хIелкил гIегIедиги, гIиял гъадиги. Бокьилаан БуцIраги магIарулазул цогидал росабалъги гьеб гьаракь  къотIичIони.

Сундалъунха жакъа гIадамаз аслияб къагIидаялъ бетIербахъи гьабулеб бугеб. Гьайгьай, гIураб гIи-боцIи бугезул рес бугеб бетIербахъи буго. Амма  нусгоги цIикIкIунги гIиялги, гьелдаго рекъараб чIегIербоцIи, чуялги ругел гIемер гьечIо.

Росулъ ругел хIукуматалъ гIарац кьолел идарабазда хIалтIулезул къадар бахуна II2 чиясде. Аллагьасе рецц жакъа БуцIра гьечIо квине квен гьечIого, ретIине ретIел гьечIого, язихълъиялда пуланлъиялда вугев чи. Гьеб лъикI буго. Амма…

ЦIикIкIарасеб къадар буцIулдерил аслияб  доходлъун пенсия буго.

4. ЦохIо хинкI-чедалъ чи  тIуваларо.

ХIажалъула рухIияб квенги. ГIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьолеб буго кIиябго росдал гьоркьохъел школазда ва садиказда 238 лъимералъе.

Буго росулъ мадрасаги. Мадрасаялда динияб лъайги тарбияги кьолеб буго росдал дибир Шапиев ГIабдулкъадирица. Араб соналъ 60 чияс Къуръан лъугIизабуна гьесул  тIадчIеялдалъун ва  хIаракаталдалъун. КIиябго росулъ буго кIи-кIи мажгитги. ЦIияб БуцIра исана хIалтIизе лъугьана школалъул мажгитги. БуцIрайин абуни, хасаб мажгит (как балеб рукъ) бана руччабазеги. Гьайгьай гьеб бана сахаватчагIазул гIарцухъ.

4. СахаватчагIазул  хIакъалъулъ рагIи.

 а) Руччабазул мажгит.

Цебегоялдаса ратарал жеги цIунун хутIарал лъикIал гIадатазул цояб буго  сахаватчилъи. БуцIулдерица гьелда лъикIаб гьариянги абула. Гъираялда гIадамаца гIарац кьола нухал къачIазе, лъинал рачине, мажгиталде, мадрасабазе. ЦохIо мажгитазе буцIулдерица садакъаде кьураб гIарцул къадар миллионазде бахун  батила. Барахщи гьечIого, гIадамаз гIарац кьола росулъе  ва росулъ жаниб лъим бачине, рогIрал росизе, рахъал рахъизе. Къокъаб болжалалда, анкьгIан заманалда, росдал годекIаниб бугеб хIоринибе чвахизабуна  лъикIго бицатаб лъим. I,3 км манзилалда лъел рогIразе рахъ бахъана МухIамадов ГIалихIажияс ва гьесул васаз. ГIолохъаби хIалтIана жидерго техникаялъул канлъухъе къасиги.

Исана гьеб лъим росулъ лъел мукъсанлъи бугезе тIад бикьана. КIвахI-свак лъаларел ГIалихIажиясул васаз годекIаниса бахъараб росуахаде щвезегIан бахъана лъим бачине рахъ. Техника  хIалтIуларел къватIахъ рахъал гIолохъабаз газа-белалъ рахъана. ХIалтIуе  нухмалъи гьабуна цогидалги гIемерал гьединал  ишазе цевехъанлъи гьабурав  МухIамадов Мусаца. ЦIияб лъим бахъана сахаватчагIазул гIарцухъ, цо гъурщил кумек пачалихъалъул гIарац харж гьабичIого. Мунагьал чураяв АхIмадил ГIумарица кьуна 28 азарго гъурущ ХIажихалатов МухIамадица росана I00 мм. I км. 300 м. халалъи  бугел лъим бачине  шлангал. (сурат)

СахаватчагIазул гIарцухъ бана ва жанисан  къачIана руччабазул  мажгит.  ТIадехун рехсарал АхIмадил ГIумарица гьеб  мажгиталъе харж гьабуна 62 азарго гъурущ. ХIажихалатовас 20 азарго гъурущ, НурухIумил Чакарица 27 азарго гъурущ. Гьазулги гьанир цIарал рехсечIезулги садакъа Аллагьас къабул  гьабун батаги.

Сахаватчи ГъазимухIамад ГIабдулвагьабовас цебе годекIанибе 500 м2 асфальт тIуна. ГъазимухIамадилги гьеб тIоцебесеб садакъа гуро

б) Школалъе мажгит.

ЦIияб БуцIра росдал школа росдадаса ва росдал мажгиталдаса  гIурабго манзилалъ рикIкIад буго. Гьелъ учительзабазулги  цIалдохъабазулги къадекакал кватIулел рукIана. Гьелъ рахIат хвезабурав школалъул директор М. ГIумаровас школалъул коллективалда дандбана школалда хьолбохъ мажгит баялъул суал. Коллективалъ МухIамадил рахъ ккуна ва мажгиталъул къадазе гамачI хIадуризе байбихьана. МухIамадгун цадахъ лъугьун мажгит баялъул хIалтIи бетIералде босана  мажгиталъул советалъул бетIер Муса МухIамадовасги. ХIалтIуде байбихьун хадуб гIарцуда бараб жо хутIичIо. Мунагьал чураяв ГьитIимахIа МухIамадовас 40 азарго, гьесул вац СайгидахIмадица 20 азарго, 80 азарго гIанасеб гъурущ жалго учительзабазги кьуна мажгиталъе. МухIамадов ХIамзатица 70 азарго, 60 азарго ХIасанил НурмухIамадица бачIана мажгит базе. ГIарац бачIана Айзанат Гъайирбеговалъ, ПатIимат Анасовалъ, тIадехун цIар рехсарав Муса МухIамадовас. Бащадаб миллионалде гIагарараб гIарцул кумек гьабуна М. ХIажихалатовас. Гьедин кIиабилебги мажгит бана ЦIияб БуцIра росулъ. Мажгиталъе мухь босичIого жиндирго бульдозергун хIалтIана  ГIалихIажияв МухIамадов. БатIи-батIиял хIалтIаби тIуран, мажгиталъе кумек гьабуна Зайнудиница, Исрапилица ва цогидазги. Гьанже ЦIияб БуцIра школалъул учительзабазе ва цIалдохъабазе рес щвана къадекак кватIичIого базе. Аллагьасул рукъалъе гьабураб кумек къабулаб садакъалъун гьабун  батаги.

(сурат)

в) ЛъугIиялде ккун буго  кверкьабазул рукъ.

ГIемераб бицараб, амма тIубачIеб анищлъун буцIулдерие букIана кверкьабазул рукъ. Квачараб  хасалоги бухIараб риидаги хваразул гIагарлъиги зигараялъе рачIаралги годекIанир ганчаздаги чIалабаздаги гIодорчIун рукIине кколел рукIана. ЦIакъ санагIалъи гьечIебги зигараялъе рачIарал гьалбадеридасаги намусаб хIал букIана.

Кверкьабазе рукъ базе байбихьиялъе хIаракат бахъана гъоркь вукIарав росдал бетIер  М. ХIамзатовас, ва аслияб хIалтIаби гьесул  бетIерлъиялда гъоркь  гьаруна. БичIчIулеб батила 72  кв.м кIодолъиялъул рукъги бана сахаватчагIазул гIарцухъ. Гьале гьезул цо-цоял: ЧIарадаса М. СагIадулаев – 35 азарго гъурущ (Дербенталъул чогърол заводалъул директор), Хъ. Хъазанбиев хъарщи-цIул (счетная палата), мунагьал чураяв М-ГI. ГIалиев – 25 азарго гъурущ (ВТЭК), МухIамадов Муслим 30 азарго гъурущ («ЦIурмилвасул» вас), ИсмагIилова ГьотIо – баси ва гь.цогидалги гьанир цIарал рехсечIел.

Кверкьабазда цун бан  чердакалде гъоркье буссинабун буго богорукъги. Гьениб квен гьабизе буго зигараялъ рачIарал гьалбадерие, щибаб соналъ гьарулел мавлидазеги. ГIиси-бикъинал жанисел хIалтIаби хутIун ругила, кватIичIого  гьелги лъугIизе ругилан  бицана росдал бетIер М. ГIалиевас.


Просмотров: 742 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz