4 декабрь… Гьорол эбелалъ гучаб кверщелги гьабун,
цивилизациялъул лъик1лъибаздаса – бухьеналдаса, токалдаса мах1рум гьарураб
г1адатаб къо. Инсанасда квегъизе к1олареб т1абиг1ияб балагьалъ къват1иб минатахъ
балеб бугеб дунялалъухъги балагьун,
циндаго рак1алде бач1ана къиямасеб къолъун ц1ик1к1унисез х1инкъизарулел ругеб
21 декабрь. Ганч1ие лагълъи гьабулел щалали «майя» индейцазул календаралда
рекъон, гьеб къо раг1ула инсанияталъул ахирисеб къо. Халатбахъараб бец1аб
сордоялде сверизе бугин г1умруян бицунеб буго цо-цо «кашмурлъи» кодосез,
бук1ине гьеч1ин я кваназе, я гьекъезе, я хинлъи, я канлъи… Х1акимзабазул
свериялда т1ибит1ун бугоан хабар, цо росдал бегавулас кванил ниг1матазул
гьарзаяб нахърател х1адурун бугин гьеб къо
г1унт1илалдеян. Дирго рак1 г1антлъиялъ «Росдае батилаха?» ян дица гьикъаралдаги ц1акъ кеп щвана гьеб
бицаразе. «Гуро жиндиего».
Огь, инсан, огь хьулал г1емерав, г1умру къокъав инсан. кинаб
баллагь Аллагьас т1аде т1амуниги кант1уларев, дунялалдаго Алжан бокьун, аск1ор
ругел диналъул яцал-вацалги къварид гьарун, хъант1ун маг1ишат гьабулев, цо
нухалъниги къойида жаниб хвалил кьог1лъиги, гьеб г1емерисез хоч1 гьабун
бицунеб, къиямасеб къоялъул балагьги бич1ч1уларев пулан. Пуланай дун, пуланав мун,
х1урматияв газета ц1алулев! Нилъецаго
гьабуралъухъ щиб тамих1 нилъехъ балагьун ч1ун бугебали лъаларел гъаримзаби.
Аллагьасул гурх1ел х1ажалъун Гьесде гьардоларел, амма гьаб инжитаб дунялалда
(к1удиял хъулухъазда, г1арцуда, ч1ух1арал рукъзабазда) рух1даллъун хурхун
ч1олел… Г1иц1го Аллагьасе лагълъи гьабизе рижарал ругониги, боц1уе, дунявияб
рах1аталъе рак1-рак1алъ какал ралел,
Аллагьги к1очарал… Нухдасан унев лъелав т1ад рек1инавизе намартлъун джипалги хъамун хьвадулел амма ахир-къадги
киназего г1ахьалаб,- я сигнализация, я т1омол салон гьеч1еб ц1улал чуялда г1едег1ич1ого росун унел… Г1ажаибаб
рух1ч1аголъи – г1адамил лъимер. Раг1ана
бакъбаккул улкабазда ракьуда гъоркь бункерал х1адурун ругин гьеб къо
т1аде г1унт1илалдеян. Цо «г1анхрил рукъалъул» багьа раг1ула цо миллионгун
бащадалдаса 15 миллионалде щвезег1ан гъурущ. Лъаларо, дунялги биххун, ракьалда
ругел г1адамалги т1аг1ун, ракьул
гъварилъуде лъугьун щиб г1умру-яшавалда рук1ине рак1алда бугеб цо-цо гьел
хабалъ рукъзал росарал бечедал чаг1аздаяли. Амма, кин бук1аниги, дица
г1ажаиблъи гьабуна къиямасеб къолъун 21 декабрьги ч1езабун, г1арцул
кумекалдалъун гьелдаги кверщел гьабизе бажариги-гьунарги жидехъ бугин
абураб маг1наялда ц1ам, чакар, ролъ, х1едучирахъал,
спичкаби росун нахъе лъолел ругел, жал г1иц1го гьеллъун гурони рижич1олъи
к1очон тарал Аллагьасул лагъзазда.
Фото «Къиямасеб къо»
|