Понедельник, 06.05.2024, 16:04 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Март » 1 » 12 СОНАЛЪ ЧЕМПИОНЛЪИ ЧИЯХЪЕ КЬЕЧ1ЕЛ.
23:02
12 СОНАЛЪ ЧЕМПИОНЛЪИ ЧИЯХЪЕ КЬЕЧ1ЕЛ.
Площадкаялда командабиги кьералъ чIезарун турнир рагьизе кинабго хIадур бугилан гIуцIиялъул комитеталъул председателасе рапорт кьуна спорткомитеталъул предсе-дателасул заместитель Малачиев Шамилица, капитаназ къецазул байрахъ борхана.
   ГIахьаллъаразда ВатIан цIунулезул къоги баркун, къуватазе бергьенлъи щвей мурад букIин загьир гьабурал кIалъаял гьаруна райадминистрациялъул бетIер ХI. Дарбишевас, районалъул волейболалъул ветеран ТIанусиса МухIамадов ГIубайдулагьица. Кидаго гIадин турнир рагьи берцин гьабун цере рахъана ГIамирханов Расулица ругьун гьарулел гIисинал акробатал.
   Кинабниги 8 команда гIахьаллъана турниралда. Щибаб турнир, кинал рукIаниги къецал байбихьилалде гьелъул гIуцIиялъул комитеталъги судьябазул коллегиялъги можороги бахъун, цоцазде данде кколел командабазул тартиб гьабула. Гьедин командаби рикьана кIиго подгруппаялде. КIиябго подгруппаялдасан тIоцебесеб дандчIвай букIана Гъонохъ ва БакьагьечIи командабазда гьоркьоб. Гьениб бергьенлъи гъанхъадерица босана. ХIана ГьоцIалъ-Гьамущи, ГIорутIа-ТIануси ва ЛъагIилухъ-ГIочIло командаби. Гьедин кIиябго подгруппаялъул цоцазда дандчIвачIеб цониги команда хутIичIо. Гьанибго загьирлъизе лъугьана финалалде рорчIизе бегьулел командабиги. Берцинабги гьебго заманалда хIалуцарабги хIай букIана лъегIелдерилги гIечIендерилги командабазда гьоркьоб. Ригьалъул рахъалъ гIолохъанаб букIана кIиябго команда ва ГIочIлоса ХIасан гIадал хIалбихьи бугел игроказ жавабчилъи борхизабун, бергьенлъиялде гъира базабулеб букIана цогидазул. Полуфиналалда хIана ТIануси-ГIорутIа, ЛъагIилухъ-ГIочIло командаби. Финалалда ЛъагIилухъ-ГIорутIа командабазул дандчIваялда баянлъана турниралъул лъабабилеб ва ункъабилеб бакIазул призерал. 2:0 хIисабгун лъугIана хIай ва лъегIел лъабабилел, гIарал ункъабилел призераллъун рахъана турниралъул. ТIаде щвана турниралъул бищунго хIалуцараб хIай. ТIоцебесеб ва кIиабилеб бакIалъе гIоло площадкаялде рахъана ТIанусиги ГIочIлоги командаби. АнцIила цо соналъ турниралъул чемпионлъи чияхъе кьечIел тIанусдерил таваккал букIана кубок жидехъго цIунизе, гIечIен къеркьолел рукIана гьаб нухалъгIаги гьезухъа бергьенлъи бахъизе. Байбихьудасанго хIалуцана гьезул къеркьей. Киназего бокьилеб, берцинаб хIай букIана гьеб. Спорталда къуваталги тириялги бергьуна. Гьеб бихьулеб букIана тIанусдерил ракIа-рахариялъулъги, цоцалъ гъункун хIаялъулъги, гьезул хIалбихьиялъулъги. 3:I хIисабгун бергьана финалалда тIанус ва анцIила кIиабилеб нухалъги турниралъул чемпионаллъун рахъана гьел.
   ЛъугIана хIаял, судьябазул коллегиялъ къецазул хIасилал данде росана. Гьелдаса хадуб байбихьана турниралъул чемпионалги призералги кIодо гьариялде. Баркиялъул кIалъайгун цеве вахъарав райадминистрациялъул бетIер Дарбишев ХIажияс чемпионазул кубокги тIоцебесеб даражаялъул медалал-грамотабигун гIарцулаб сайгъатги кьуна командаялъул капитан МухIамадов МахIачихъе. Турниралъул кIиабилеб призер - гIечIендерил командаги мустахIикълъана кIиабилеб даражаялъул дипломазеги, грамотабазеги, гIарцулаб сайгъаталъеги. Данде кколеб даражаялъул дипломалгун грамотаби гIарац кьуна турниралда 3 – 4 бакIал щварал ЛъагIилухъ ва ГIорутIа командабазеги. ГIадатлъун лъугьун буго турниралъул бищунго лъикIал игрокал, ай нападающий, распасовщик ва цогидалги кIодо гьари. Гьанжесаги течIо гьел гьоркьор. ГIарцулал сайгъатал щвана ТIануси, ГIочIло, ЛъагIилухъ ва ГIорутIа командабазул лъикI хIарал игроказегун нападающиязе, рапасовщиказеги.
   Турниралъул призалъул фондалъе сахаватчилъи гьабун гIарац кьуна районалъул коммуналияб магIишаталъ, Кизилюрталъул ВТЭКалъул нухмалъулев ГIалибегов ГIамирица, БуцIрасан райсобраниялъул депутат ГIабдулвагьабов ГъазимухIамадица, росдал магIишаталъул министрасул заместитель С. ГIабдуразакъовас, предприниматель МухIумаев Гъазайилас, спорткомитеталъ ва цогидазги.
Р. ХIАМЗАТОВ.
Просмотров: 667 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz