Автор.Р.Х1амзатов.Март 2013г.
Районалда тIоритIулел спортивиял тадбиразул бищунго кIвар бугеб, гIахьаллъаразул хIаракатчилъиги цIикIкIараб, балагьаразул сверелги гIатIидаб, гъираги базабулеблъун ккола райадминистрациялъул бетIерасул призалъе гIоло росабазул командабазда гьоркьоб тIобитIулеб волейболалъул турнир. Гьале чанго сон буго нилъер гьаниб гьеб тIобитIулелдаса. ГIадатлъун лъугьун буго гьеб турнир ВатIан цIунулезул къо-23 февралалда тIобитIиги. Исанаги цебеккун зоналиял хIаялги гьарун 23-24 февралалъ Хунзахъ Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб спорткомплексалда ана райадминистрациялъул бетIерасул призалъе гIоло хIаял.