Вторник, 07.05.2024, 00:44 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Февраль » 17 » «БИЧЧА-БИХЪАНТЕЯЛЪ ЗАРАЛАЛДЕ РАЧУНА»
00:11
«БИЧЧА-БИХЪАНТЕЯЛЪ ЗАРАЛАЛДЕ РАЧУНА»
РОСУЛЪ РУКIАРАЛ УНТАРАЛ СУАЛАЛ
Киналго росабазулго гIадин, нижер росдалги рукIана унтарал суалал. РукIана нижер росдал мугIруздасан аскIор ругел росабалъе рачунел лъинал, рукIинчIо гьезулгун гьарурал къотIи-къаял. Батана гьезул жамагIаталгун кIиябго рахъ разияб пикру ва кьолел руго гьезие нижер ракьалда ругел лъинал, гьезиеги гьекъолеб лъел хIалаллъи букIине кколелъулха. Гьединго букIана росдал ракьал «зеленкаби» гьарун нижедаго хадур щула гьариялъул суалги.
Гьебги тIубана къокъаб заманалда жаниб. Гьединго колхозалъул 5 азарго гIи ва 500 чIегIерхIайван хьихьулел рукIарал мугIрул цо хасал гIадамаз жидеего хайиралъе хIалтIизарулел рукIана. Гьезда бичIчIизабуна мегIер-гIалах нилъер киназулго гIаммаб бечелъи букIин ва гьездаса росдае хайир букIине кколеблъи, администрациялъул кассаялде гIарац бачIине ккей, щвараб доход росдае хIажаталъе хIалтIизе гьабизе букIин. Колхозалъ рехун таралдаса магIарухъ ругел фермаби руго тIатIала кколел. Араб соналъ 60 азарго гъурущ харж гьабун къачIана гьезул цояб.
КОЛХОЗАЛЪУЛГУН ГЬОРКЬОРЛЪАБИ
Киназулго гIадин лъугIулеб буго нижерги колхоз. Амма дида ракIалда буго гьеб лъугIизе течIого, цо гIемерго кIудияб гьечIеб, росдае хайир бугеблъун хIалтIи гIуцIизе. Гьелда сверухъ колхозалъул председательгун цадахъ буго гьабулеб хIалтIи. Араб соналъ росдал гIадамазе гьоркьов чи течIого бикьана ролъ ва пурчIина нижерго хъутаналда гIезабураб. Гьабула гьединго кумек гIи-боцIудасан росдае ва хIажат ккаразе.
РАЙОНАЛЪУЛ БЕТIЕРАСУЛ КОМАНДАЯЛДА
Сверухъ ругел росабазецин кьезе гIураб лъим гIемераб ракь сахъадерил букIаниги, жакъа къоялъги жаниб лъим бугеб рукъ цониги гьечIо нижер. 60 –абилел соназ бачараб лъим буго нижер къулгIабахъе бачIунеб. Турун турбабигун гьебгицин хIалтIиялдаса ун, гьенир турбаби хисун, бассейнал къачIан хIалтIаби гьаруна . ЧIечIого гьелда сверухъ цIакъ квешаб хIал букIин дица бициндал нилъер районалъул бетIер Дарбишев ХIажияс рагIи кьуна жинца цIияб водопровод бачун гьеб хIалтIи рагIалде бахъинабилин. ХIажияв вуго кIудияб хъулухъалда жив вугониги гIаданлъи бугев, аскIове вачIарав чиясул мурад тIубачIого толарев ва жинцакьураб рагIи цебеккунги нижее тIубарав чи. ЦIияб лъел суалги гьес жиндирго контролалде босиялдасаги ниж цIакъ рохарал руго. Дун кутакалда вохарав вуго дие гьединав сахаватав, чIухIи жиндилъ гьечIев нухмалъулевгун цо командаялда хIалтIизе щвеялдаса.
ДИР ХIАЛТIУЕ КУМЕК БУГЕЛ
Руго дир хIалтIуе кумек жидер бугел гIолохъаби, кире къваригIаниги рахъунел. ЦIар ккун гьел дица рехселаро, гьоркьов чи хутIизе гурин. Дун гьездаса цIакъ вохарав вуго, цо чияс гьабун хIалтIи лъугьунарелъулха. Руго гьединго кваранаб кверлъун чIолел депутаталги. Гьезул кумекалдалъун росдал гIадамазул мурадал тIураялъе ва гьезул рукIа-рахъин лъикIлъизабиялъе гьабулеб хIалтIи лъикI цебе тIолеб буго. Щибаб рузман къоялъ рузманалдаса хадур ниж данделъула щибдай гьабила росдал рукIа-рахъин лъикIлъизабиялъе абураб суалгун. Гьаризе хIалтIаби росулъ гIемерал руго, амма администрациялъул бюджет цIакъ дагьаб гурони гьечIолъиялъ киналдего квер щолеб гьечIо. ГIарац бугони магIарда ахги гьабилин абун гьечIищха. Чияца кьезегIан рукIинчIого кисан рукIаниги ресал ралагьун хIалтIани дида ккола хIалтIи лъугьинин.
МАКЬАС ВА ЭКОНОМИКИЯБ ЗОНА
Буго нижерги Макьасда экономикияб зонаялде гьоркьобе унеб ракьул I423 гектар. Дица абила, нижер росдал гIадамаз гьелда сверухъ гьабуна гIезегIан хIалтIи. Ниж рачIана цо пикруялде. Жакъа бажари бугелги гьечIелги унел руго шагьаралде жидеего бетIербахъи гьабизе росулъа щолеб жо гьечIолъиялъ. Жакъа районалъе, хасго нижерго росдае цебетIей, гIолеб гIелалъе росулъ хIалтIи букIиналде ва Макьасда турбаза базе хIаракат бахъулел нилъерго районцояз гьеб ракь цохIо жидерго мурадазе ккун гуреб, ракьцоязе пайдаялъе хIалтIизабилин хьулгун разилъана ниж гьеб ракь кьезе. Бокьилаан жегиги гьелда сверухъ рижулел ругел харбаз гIадамал сантIаризе тIамичIого, гьезул вакилзабаз рачIун законалъул нухда хIалтIи гьабизе.
Гьал нижер ва цойгидазул ракьазе зарал ккезе гьечIин гарантия росабазеги кьун хIалтIи гIуцIани, районалъе ва росабазе цо къоялъги хехго чIаголъи букIинин ккола дида.
Просмотров: 631 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz