Понедельник, 06.05.2024, 13:45 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Февраль » 2 » ПОДПИСКАЯЛЪУЛ Х1АСИЛАЛ … ЯЛЪУНИ «ДИЕ ГАЗЕТА К1ВАРИЧ1О, НУСГО ГЪУРУЩГО БОКЬИЛА!»
12:54
ПОДПИСКАЯЛЪУЛ Х1АСИЛАЛ … ЯЛЪУНИ «ДИЕ ГАЗЕТА К1ВАРИЧ1О, НУСГО ГЪУРУЩГО БОКЬИЛА!»

Ассаламу гIалайкум, хIурматияв газета цIалулев, лъагIалие кьолеб I00-200 гъурщида барахщичIого районалъул социалиябгун экономикияб гIумруялъул матIулъун жиб кколеб, анкьие цо бачIунеб гьаб мажмугI хъварав!

Саламалдаса хадуб рекъелги, баракатги, Аллагь разилъиги  дур рукъалъе.

Киданиги ракIалде ккелароан, гьадигIан багьаялъул рахъалъ учузаб нижер захIматалъул хIасил – газета хъваян гьардей захIматаб пиша бугилан. Амма цIияб соналда цересел къояз цодагьабниги районалъул печаталъул СМИялъул тираж борхизабизеян къеркьеялъ  районалда ругелщинал батIиял  гIунгутIабаздеги, гIамалаздеги, гIадамаздеги берал рагьана.

Телефон кодобе босун кIалъан сагIат иналдего, жидер коллективазе подписка гьабеян тIаде гIунтIана ЦСОНалъул, ЦСПСДялъул, ветуправлениялъул, энергосбыталъул вакилзаби. Гьеле унго-унгояб жавабчилъиялъулги гьел гIуцIабазул нухмалъулезул сундего тIалаб  букIиналъулги мисал. Дир унго-унгояб инсанасулаб адабги ишалъулаб хIурматги бижана гьел гIадамаздехун. «Мун районалдаса чилъун дуца  рикIкIунев ватани, коллективалъе «Росдал захIматчи» хъваян ракIалде щвезабизе ккечIо районалъул больницаялъул бетIерав тохтур М. Мусаевасда, финансазул управлениялъул начальник ХI. ХIайдарбековасда, полициялъул  начальник  Гъ. СултIановасда. ХIажалъи бугел росуцоязе кьезеян жидерго чвантинисан анцI-анцI газета  хъвазе рачIана райсобраниялъул председатель Х. Хваджаев,  администрациялъул юридикияб отделалъул начальник ХI. ГIабдулаев, районалъул нухмалъулесул заместитель А. ГIабдуразакъов. Щивасул сахаватлъиялъулаб квербакъи азариде бахинабун нахъбуссаги! Цебеккун  районалъул администрациялъул бетIерас ( гьесиеги баркала нижер рахъалъ бицараб лъикIаб рагIиялъухъ ва подпискаялъе гьабураб агитациялъухъ) районалъул газета  щивас хъвазе ккелилан лъазабун букIаниги, цо-цо бегавулзабазе гIажаибго захIмалъана рес гьечIел росуцоязе жидер рахъалдасан гьитIинабго садакъалъун жиб чIезе букIараб, рухIияб чедлъун кколеб  газета хъвазе.

Лъаларо, жидеца халкъалъул рукIа-рахъин лъикIлъизабиялда, нухал  къачIаялда, кьоял-иццал раялда гьабулеб «гIетI тIураб» хIалтIи гIей бугеблъунгIаги рикIкIунеб батилаха гьел хIалбохадаз. Гьабунищ гьез хIалтIи, ялъуни жидерго срок лъугIизегIан росдал бюджетги жидеего данде кколедухъ хIалтIизабун, рахIаталдайищ гьел ругелали, лъагIел лъугIизегIан цIехела-лъазабила - газеталдасан хъвала. Щибаб росулъ камун гьечIелъулха цо-цогIаги райгазета хъвалел ва гьеб цIалулел. Гьез бицинин ккола  лъидасаго лъикI жидерго хIажалъабазул, росдал советалъул хIалтIул. Газеталдасан жидер хъвазеги  батилин, хIисабкьейгун цере рахъинеги ккелин хIинкъичIо цо-цо росабазул администрациязул бутIрул. «Валлагь, районалъул газеталъе нижеда кIолеблъун бугеб гьеб гьитIинабго квербакъи гьабилин» таваккал тIамуна:  ГIобода росдал администрациялъул  бетIер МухIамадов Сидикъица, нижер кидагосев подписчик  Жаватханов МухIамадица (ГьамиштIа), ГIабдурашидов Байсултаница (ГIочIло),  МухIамадов Хизрица (ГIахьалчIи), МухIамадкамилов СагIидица (Харахьи). ГьезгIан цIикIкIараб къадаралда хъвачIониги, 20-30 газета  жидерго росуцоязе хъвана ТIануси росдал администрациялъул бетIер МухIамадов Будайханица, МухIамадкамилов  Камилбегица (Гьамущи), ЖабрагIилов  ХIажимухIамадица (ГIорутIа), МухIамадов МухIамадица (Сивухъ) Макъсудов Хочбарица  (ХIариколо). «Барахщарасул  къайи къавул гьойца кваналебила» кици ракIалде бачIана хIалицаго гIадин Уздалросдерил бегавулас анцIго газеталъухъ азарго гъурщил «пиши» гьабидал.

Узухъда, цIакъ дагьаб къадар газетазул хъван буго  II00 цIараки бугеб Хунзахъ росулъ (советалдасан-2I, почалдасан-6I) «Хунздерил рукъи» ян гъоркьиял  участкабазул гIадамаз цIар лъуниги, хунздерие цIакъ дагьаб къадаралда хIажатаб  кагътил кесек букIун буго гьаб. Узухъда, гьанире  гьоркьоре рачIунаро редакциялдаса жидецаго босизелъун газета хъварал пенсионерал, хъулухъчагIи, хъулухъалда гьечIониги, лъималазул пособияздаса гIарацги тIокI гьабун газета хъварал гIадатал гIадамал. Гьезул къадар кIинусгоялдасаги цIикIкIун буго росулъ. Сахлъи кьеги гьезие. Уздалросдерил бегавуласул калам кIоченабураб кьвагьигун кIалъана, дица кутакалда жиндир адаб гьабулев гьоцIдерил бегавул Валиев Шамил «Оппозициялъе бакI кьолареб газета дица хъваларо. Нужее садакъаде I000 гъурущ кьезе кIола, амма газета хъвазе гуроха». Лъаларо, районалъул  администрациялъул органлъунги гьез кваназабулеб  гIуцIилъунги букIун, кинаб оппозициялъул Шамилица дие бицунеб букIарабали, амма районалъул газеталдасан, щив  главалъун вачIаниги ( ХIажияв, Шамил, Русик…) бихьизабизе ккола  администрациялъ гьабураб ва гьабулеб бугеб хIалтIи. Цониги мухбирас, ургъулаго къахIан ккун бетIергун, гьаваялдаса росун гьерсал хъваларо газеталда.

Гьале гара-чIвариялда чIванкъотIараб суалалъе щивав нухмалъулес чIванкъотIун кьолеб жаваб (гьеб хIакъикъияб – гьересияб букIиналъул жаваб гьез кьезе  тела), гьале цо-цо росулъ, райцентралда  гьабураб тадбиралдаса  репортаж, гьале  республикаялда лъугьунел ругел политикиял хиса-басиязул хъвараб заметка… Кибниги бихьулеб гьечIо бугеб хIакъикъат бахчун, ялъуни чIегIераб жо хъахI гьабун хъвараб легенда. Районалъул  гIумру бихьизабизе, гьелъул таварихги тарихги хъвазелъун 90 соналъ цебе гIуцIараб казияталъ киналгоязде данде «цIогьалин», «ришватчагIийин» рагъ  баялъ кинабго иш роцIиниланищ нужеда кколеб? Дица кидаго абула,  рачIа, хIакъикъияб хIужа жиндида гъорлъ бугеб, судалда жаваб кьезе кканиги, нахъекъай гьечIеб, кьучIаб  критикаялъулаб макъалагун – нижеца гьеб «Росдал захIматчиялда» бахъила. Узухъда, хIакъикъия л тарихалгун, цIаралгун, хIужабигун, дос гьадин абунин, гьавцояс гьаб реплика реханин гуро.  Абундачазеги, корохъ харбазеги районалъул гIуцIабазул бищун хераблъун жиб кколеб (газета гIуцIана Хунзахъ районалдасаги кIиго соналъ цебе) изданиялда бакI букIунаро.

Медицинаялъул хIалтIухъабазда цадахъго гIагараб газета хъваялъулъ жигаралда кIудияб хIаракат бахъана лъай кьеялъул хIалтIухъабазги (лъай кьеялъул управлениялъул начальник  З. ГIумаровасги кIудияб хIалтIи гьабуна республикаялъул миллияб ва районалъул газетал  хъвазариялъулъ). Таблицабазда кьурал жидецаго редакциялдаса босизелъун хъварал школазул, ясли-ахазул коллективаз гуребги, щибаб лъай кьеялъул учреждениялда газета хъван батулеблъи лъала. Гьабулеб хIалтIулъ жанги къуватги  кьеги нужее, хIурматиял. Лъай  кьеялъул ва сахлъи  цIуниялъул темаби газеталъул гьурмазда кидаго аслияллъун рукIанин абуни, мекъиги ккеларо.  Гьанжеялдаса хадубги гьелда ризлъила газета цIикIкIун хъваразул хIакъалъулъ хъварал материалал.

Районалъул газета ккола жиб анцIгоялъул къадаралда къватIибе аниги, анцIазарго тиражгун  аниги, къватIибе ине  кколеб ва кигIан кIудияб кIваралъул законалги, хIукмабиги, уставалги  жинда рахъичIого гIумруялде рахъунареб халкъияб информациялъул алат. Цо-цояз абун  батана газеталъулгун гьудуллъи кквеян нижер гьари, хIалтIухъабазе харжал кьезе гIарац гьечIолъиялъ гьардухъ рахъин бугилан. ЛъагIалида жаниб цIияб харбазул чапарлъун нужер  щивасул рокъобе  рещтIунеб «Росдал захIматчиялъухъ» бищун цIикIкIараб багьа буго 200 гъурущ. Бикьеха гьаб 365 лъагIалил къоялде. Кколеб буго 55 копек. Унго лъица гьабулеб щибаб  къоялъе бащдаб гъурущ мухьдахъ  хъулухъ? Жакъа къоялда гьединал кан бакун ралагьаниги ратизе гьечIо. Гьелде тIадеги, цересел соназ нижеца подписчиказда гьоркьоб 500 гъурущалдаса гъоркьехун багьаяб приз  жиндир розыгрышалда лъечIеб лотерея тIобитIун букIана. Ай, газеталъухъ кьураб нусго гъурщил бакIалда цIалдолесухъе нахъбуссунеб букIана гьелдаса чамалиго нухалъ цIикIкIараб сайгъат. Гьедин гьабуниги гъира бачIо районцоязул газета хъвазе-цIализе. Щиб гьабилеб, бищун цIалдолебин дунялалдаго цIар лъун букIараб улкаги гьелъул гIакълу бугел гIадамалги биххана, хвана, ана…  ХутIана  литераторал-классиказ абухъе, рухIияб рахъалъ чIван рехизе кколел чагIи («Газета  цIалуларев чи рухIияб рахъалъ чIван рехизе ккола» Ильф ва Петров). Амма, лъица щиб бицаниги, 30 азаргоялдасаги жиндир халкъ бугеб, интеллигентазул, цIодорал, лъай бугел гIадамазул районалъул  кIиазарго тираж бугеб газета букIин гIемер чIухIизесеб тарих гуро…

P.S. ХIурматиял газеталъул ритIухъал, соналдаса соналде алхинчIого гьеб хъвалел подписчикал! ГIицIго нужер мурадал тIуразелъунги, нужее рухIияб хIухьбахъи гIуцIизелъунги къватIибе уна «Росдал захIматчи». Хъвай нижехъе нужеего цIализе бокьилелъул, нижедасан информационияб кумек кинаб хIажат бугебали, кинахун хIалтIи гIуцIани цIалдолезул къадар  цIикIкIинебали.

Нужер щивасул  кагъат, пикру кIвар бугеблъун буго нижее. Аллагь разияб гIумруги, даимаб сахлъиги нужее гьарулаго «Росдал захIматчи» газеталъул редактор Ф. МухIамадова.

Просмотров: 617 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz