Главная » Архив материалов
Автор.П.Мух1амадова.Ноябрь 2012г.
Хириял район цоял ва буц1улдерил жамаг1ат! Дица
ц1алана 16 леб ноябрялъ «Росдал зах1матчи» газеталда къват1ибе бач1араб «ракьул
прихватизация бокьулеб гьеч1о буц1улдерие» абураб макъала. Бич1ч1ана щивасул
пикру-мурад. Дун ккола Харахьи росулъа, культураялъул рукъалъул директор П.
Мух1амадова.
|
Автор.Мух1амад Ах1мадов.Ноябрь 2012г.
Дагъистаналъул
ч1ух1и, такрарлъи гьеч1еб гьунаралъул шаг1ир, халкьияй поэтесса Фазу Г1алиевалъул
г1умруги кеч1ги цадахъ байбихьана, маг1арул сухъмахъазги коч1ол мухъазги к1удияб
дунялалъул нухазде ячана, шаг1ирлъиялъул борхалъиялде яхинаюна
|
Автор.Расул Г1амирханов.Ноябрь 2012г.
Мух1амад Х1амзаловасул г1умру ана районалда ва
республикаялда физкультура ва спорталда жаниб гьеб цебет1езабиялда, г1ун
бач1унеб г1ел къо х1ехьолеллъун, къвак1араллъун куцаялда т1ад Мух1амад к1вах1
гьеч1ого х1алт1ана кинаб хъулухъалде, х1алт1уде кканиги. Спорталъул ветеранал,
жакъа нилъгун гьеч1ел жидер мунагьал чураял Атаев Х1усенх1ажица, Ясулов
Х1ажица, Г1амирг1алиев Г1амирг1алица, Къебедов Мух1амадрасулица г1емераб
бицунаан Мух1амад Х1амзаловасул спорталъул рук1арал бергьенлъабазул. Т1адагьаб
атлетикаялда, г1ебеде к1анц1и, ядро диск рехи, эхеде к1анц1иялда Мух1амадица
республикаялъул спартакиадаялда т1оцересел къецазда росарал г1емерал бак1ал.
|
Автор.Ах1мад Ибрагимов.Ноябрь 2012г.
Ахираб заманалда г1емер бицунеб буго муг1рузда росдал
маг1ишат цебет1езабиялъул, хасго ахал г1езариялъул. Гьаб соналъул сентябралда
нилъер районалдаги т1обит1ана республикаялъул нухмалъулелги г1ахьаллъун
гьабураб к1удияб данделъи. Гьеб данделъиялда хурхун хъварал макъалаби ц1алидал
ва специалистазул пикрабазухъ г1енеккидал
бихьулеб буго, т1уранго маг1арухъ пихъил ва ц1олбол ахал лъуг1илелде, гьал ц1и гьаризелъун хехал
тадбирал т1орит1изе кколеблъи. Суал
бач1унеб буго щай гьединаб къисмат
ахазул бугеб? Бук1анагури кутакалда лъик1ал ахал маг1арухъ ругеб
заманги.
|
В конце октября 2012 года на прямой
номер главы Ингушетии Юнус-Бека Евкурова поступил звонок от молодого боевика,
жителя Малгобекского района, 1986 года рождения. Он пожелал сдаться властям,
заверив заинтересованных лиц в том, что за время пребывания в бандгруппе не
успел «запачкаться кровью».
|
Автор.Расулова Рукъигат.Ноябрь 2012г.
Щивав инсанасул
бук1уна дунялалда толеб жиндирго хассаб нух, жиндирго хат1, махщел,
гьунар, ц1ар, гьабураб лъик1аб г1амалалъ г1адамазул рек1елъа унареб,
к1очонареб хасият-г1амал.
Хвел гьеч1еб лъалк1 тана росуцоязулги, г1ага-божаразулги
рек1елъ Ч1ондокь росулъа Гьит1инамух1амадил Г1абдулат1ипицаги.
|
Автор.Г1иса Г1исаев.Ноябрь 2012г.
Гьардухъан вахъинч1еб, гьирихъ чи ине ккеч1еб росуйин бицен
батана буц1улдерил х1акъалъулъ.
Буц1улдерида лъач1о, революциялда цебего г1адин гьанжеги
ц1акъ т1ибит1араб бет1ербахъиялъе г1арац балагьун, къват1ире хьвади. Буц1ул
рук1ун руго жалго жидецаго х1ебт1арал
къват1иса жоялде ккеч1ел г1адамал. Гьеб
киналъего г1иллаги бук1ана буц1улдерил г1урабго к1одолъиялъул бач1ин
ц1ик1к1араб ракь бук1ин. Ц1акъ хирияб, къимат к1удияб жо бук1ана умумузе ракь.
Ракьалде бук1араб гьеброкьи умумуз лъималазул геназулъги лъун тун буго. Гьеб баянлъана гьал къояз
буц1улдерил годек1аниб «Росдал зах1матчи» газеталъул мухбирасул
гара-ч1вариялдаги.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Ноябрь 2012г.
Пайдаяб ва рак1алдаса унареб тадбир т1обит1ана,
т1олгодунялалъулго г1олилазул байрамкъоги гьоркьоб ккун, Хунзахъ росулъ 11
ноябралда.
|
Хъизаназе ва лъималазе социалияб кумек гьабиялъул централда
зама-заманалдасан т1орит1ула бат1и-бат1ияб махщалил ва ригьалъул г1адамазулгун
дандч1ваял.
Гьаб нухалда гьениб т1обит1ана Социалистияб Зах1маталъул
Бах1арчи, 2 Ленинил орденалъул лауреат,
СССРалъул Верховный Советалъул депутат, Хунзахъ, Хьаргаби, Казбек, Гъуниб
районазда КПССалъул райкомалъул 1-сев секретарьлъун х1алт1арав Махулов
Мух1амадилгун ва зах1маталъул ветеран,
г1умру Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалда звеноводлъун арай Къебедова Залмулгун дандч1вай.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Ноябрь 2012г.
Сонисеб къоСонисеб къоялда хут1ана ДОСААФалъул къадруги къиматги, жакъа къоялда гьелъул ирсилаб г1уц1илъун ккола РОСТО (Российская оборонная спортивно – техническая организация). Цо-цо бак1азда ругилан абизелъун руго гьелъул спортивиялгун техникиял клубал (СТК), автошколал.
|
Автор.Г1.Г1исаев.Ноябрь 2012г.
Хамиз къоялъ, 25
октябралда, х1алт1улаб сапаралда Москваялда вук1арав Дагъистан Республикаялъул Президент
Мух1амадсалам Мух1амадов дандч1вана «Газпром» ОАОялъул правлениялъул
председатель Алексей Миллергун.
Гьеб дандч1ваялда гьоркьоб лъун данд бана Дагъистан газалдалъун хьезабиялъул
к1вар бугеб чанго суал.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Ноябрь 2012г.
Дун кутакалда йохула районалъул г1олилаз творчествалъулаб х1алт1улъ
жалго рихьизаридал. Щай? Щайгурелъул
гьеб буго кутакалда къоги бихьулеб, т1адч1ун х1алт1изеги кколеб заман т1ами.
Г1ажаибаб ч1ух1игун ва х1урматгун кодобе босулеб буго дица «Дагъистаналъул
машгьурал росаби» проекталда гъоркь къват1ибе бач1араб Гьоц1алъ росдал бицараб
беричаб журнал.
|
Автор.Н.Г1алиева.Ноябрь 2012г.
Гьал къоязда
районалъул г1адамазе социалияб хъулухъ гьабиялъул централъул нухмалъулев
Дибирчуев Х1ажил ва гьесул коллективалъул жигарчилъиялдалъун районалъул
К1ультураялъул к1алг1аялда т1обит1ана цогидал байрамазде дандеккунги
меседилаб-50 соналъ цадахъаб берцинаб г1умруги гьабурал, лъик1ал г1адамалъе
рахъарал лъималги г1езарурал, жидер г1умру, хьвада-ч1вади цогидал росуцоязе
мисаллъунги кколел цо-цо хъизаназул
меседилаб бертин.
|
Автор.Н.Г1алиева.Октябрь 2012г.
ДАССРалъул Хунзахъ районалда бугеб х1алт1ухъабазул,
рекьарухъабазул ва баг1араскариял-депутатазул
исполнительныяб комитеталъул финансазул отдел г1уц1ун бук1ана 1929 соналда.
Хадусел соназ гьеб организациялъ чанго
нухалда хисана жиндирго ц1ар. 2006 соналдасан гьелда абула Дагъистан
Республикаялъул финансазул министерствалъул Хунзахъ районалда бугеб финансазул
управлениеян. Гьеб пачалихъияб структураялъул аслияб масъалалъун ккола
районалъул хаслъабиги х1исабалде росун
районалъул цогояб финансазулаб, бюджеталъулаб ва налоговияб политикаялда гъорлъ
г1ахьаллъи гьаби. Финансазул управление г1ахьаллъула Дагъистан Республикаялъул ва бак1алъулаб самоуправлениялъул бюджеталда гьоркьосел гьоркьорлъабазда. Гьелъ кумек гьабула районалъул
нухмалъулезе бак1алъулаб бюджеталда
хадуб хал кквезе ва гьеб т1убазабизе.
|
Автор.Н.Г1алиева.Октябрь 2012г.
Учителасул х1алт1и буго бищунго т1адег1анаб ва бищунго
къиматаб, щай гурелъул школалда ц1алич1ев, учителас дарс кьеч1ев, гьес куцач1ев
махщалил устар цониги гьеч1елъул. Учителасда
кодоб буго бищунго жавабияб ва зах1матаб х1алт1и – лъималазе тарбия
кьей. Т1олабго дунялалдаго г1адин, к1удияб рохалилаб ах1вал-х1алалда к1одо
гьабуна учителасул байрам Т1ануси г1аммаб гьоркьохъеб лъай кьеялъул школалдаги.
|
« 1 2 ... 69 70 71 72 73 ... 84 85 » |