Понедельник, 06.05.2024, 23:21 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Апрель » 20 » Х1АЛТ1И ЛЪИК1 Г1УЦ1УН БУГО.
11:41
Х1АЛТ1И ЛЪИК1 Г1УЦ1УН БУГО.

«Росдал зах1матчи» газеталъул редакциялде г1емерал кагъатал рач1уна  Харахьи участкаялъулаб больница беццун ва гьениб х1алт1улел т1олалго медицинаялъул  х1алт1ухъабазе рак1-рак1алъул баркала загьир  гьабурал. Гьел рит1ухъ гьаруна дие дагьаб цебег1ан рехсараб больницаялде щведалги.

35 койка бугеб гьеб больницаялда унтаразе, гьединго Харахьи участкаялде гьоркьове унев 7 азарго чиясе хъулухъ гьабулеб буго 52 х1алт1ухъанас.

 Руго  терапиялъул, лъималазул, стомотологиялъул отделениял, физиологиялъул кабинет, лаборатория. Гьеб больницаялъе чанго соналъ бажарун нухмалъи гьабулеб буго Дагъистаналъул мустах1икъав  врач Хъайитмазов  Мух1амадица.  Гьесул адаб-х1урматги теч1ого, гьес малъухъе, унтарал разияб х1алалда х1алт1и бачунеб  буго г1умруго сахлъи ц1униялъе кьурав терапевт  Г1аливагьаб  Маликовас, лъималазул врач Мух1амад Х1асанх1усеновас, гинеколог Пат1имат Иманшапиевалъ, Ибрагьим Х1акимовас ц1ар-ц1ар ккун рехсеч1ониги т1олабго коллективалъ.

Ниж больницаялде щвараб къоялъ гьениб бук1араб мух1канаб рак1а-рахариялда ва рац1ц1а-ракъалъиялда цадахъго бугоан кинабалиго  сих1къот1и г1одоре риччайги. Бет1ерав врачасухъа изнуги босун ниж раккана щибаб палатаялъуре, гара-ч1вариял гьаруна унтаразулгун, ц1ехана больницаялда хурхун жидерго бугеб пикру. Цо палатаялъур ратарал  Харахьиса Мух1амадрасулова Г1айшатица,  Г1орут1аса Батирова Пат1иматица, Колоса Мух1амадова  Зайбатица, Хьиндахъа Салах1удинова Пат1иматица г1орхъи гьеч1еб разилъи ва баркала загьир гьабуна жидее гьабулеб дару- сабабалъухъ, дару гьабич1оницин  сахлъизарулеб х1еренаб  берцинаб каламалъухъ бет1ерав врач Хъайитмазов Мух1амадие, Маликов Г1аливагьабие ва гь.ц.

Ниж дандч1вана лъималазул отделениялъул заведующий Х1асанх1осенов  Мух1амадгунги. Гьев нижеда ватана отделениялда регарал лъималазулгун  гара-ч1вариялда. Гьес лъималазе бицунеб бугоан квачалъул, рахунел унтабаздаса ц1униялъе чара гьеч1ого х1ажатал тадбиразул, унтаби чорхолъ  рессун хадуб сахлъизаризе зах1мат  бук1унеблъиялъул, гьединлъидал квачалдаса ц1уна-къан рук1ине, рац1ц1алъи ц1унизе  кколеблъиялъул.

Живго бет1ерав врач Х1айитмазов Мух1амадилгун бук1араб гара-ч1вариялда гьес нижее бицана:

- Больницаялда регизарула чехь-бакьалъул, рек1елгун-мащабазул унтаби ругел, зах1матго  унтарал лъимал.

Щивав унтарасе квана-гьекъеялъе  къоялъе бихьизабун буго – 110 гъурущ, медикаментазе – 100 гъурущ. Унтаразе ч1езарун руго киналго  квег1енлъаби жаниб ругел палатаби, буго  ц1орораб,  бух1араб лъим. Палатаби хинлъизарула батареязул  кумекалдалъун. Унтаразе т1аг1амаб квен гьабизе  палатабаздаса бат1аго бан буго кухня, столовая. Гьелъ рес кьола больницаялда рац1ц1а-ракъалъиялъул иш  жегиги лъик1 роц1изабизе. Гьел лъик1ал рахъазда цадахъго руго больницаялда г1унгут1абиги. Цебе минздравалъухъ финансирование бугеб мехалда больницаялъе биччараб г1арац кьолаан гьелъул нухмалъулесухъе. Гьеб х1алт1изабулаан больницаялъул х1ажалъабазе киг1ан к1ваниги санаг1алъаби гьарун, сундего квер-бер г1унт1улеб х1алалда. Гьанже ФОМСалъухъе финансирование гьабизе кьедал зах1матаб ах1вал-х1алалде ккана больницаялъул иш. Щоларо ремонталъе, ц1ияб х1ажатаб оборудование босизе г1арац. Гьединал ч1ах1иял х1ажалъабазул бицинч1онигицин, кьолеб гьеч1о больницаялъе х1ажатаб  порошок, сапун ва цогидалги г1исинал  х1ажалъабазегицин г1арац. Къоялдаса къоялде дагьлъулеб буго медикаментазе биччалеб г1арацги. Амма дир хьул буго  заманалдасанг1аги кинабго лъик1лъилилан.

Нижецаги хьул гьабулеб буго т1аг1амаб кванил рахъалъанги, махщел камилал тохтурзабазул рахъалъанги мух1канаб х1алт1ул рахъалъанги ц1ар т1ибит1ун бук1араб  больницаялъул ц1ар нахъе ккезе теч1ого, цебего г1адин финансалги щун цебехун инилан.

Н. Г1алиева.


Просмотров: 656 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz