Автор.Н.Г1алиева.Апрель 2013с.«Росдал зах1матчи» газеталъул редакциялде г1емерал кагъатал
рач1уна Харахьи участкаялъулаб больница
беццун ва гьениб х1алт1улел т1олалго медицинаялъул х1алт1ухъабазе рак1-рак1алъул баркала
загьир гьабурал. Гьел рит1ухъ гьаруна
дие дагьаб цебег1ан рехсараб больницаялде щведалги.35 койка бугеб гьеб больницаялда унтаразе, гьединго Харахьи
участкаялде гьоркьове унев 7 азарго чиясе хъулухъ гьабулеб буго 52
х1алт1ухъанас.Руго терапиялъул, лъималазул, стомотологиялъул
отделениял, физиологиялъул кабинет, лаборатория. Гьеб больницаялъе чанго соналъ
бажарун нухмалъи гьабулеб буго Дагъистаналъул мустах1икъав врач Хъайитмазов Мух1амадица.
Гьесул адаб-х1урматги теч1ого, гьес малъухъе, унтарал разияб х1алалда х1алт1и
бачунеб буго г1умруго сахлъи ц1униялъе
кьурав терапевт Г1аливагьаб Маликовас, лъималазул врач Мух1амад
Х1асанх1усеновас, гинеколог Пат1имат Иманшапиевалъ, Ибрагьим Х1акимовас
ц1ар-ц1ар ккун рехсеч1ониги т1олабго коллективалъ.
|
Автор.
Г1. Г1исаев.Апрель 2013с. Военный городокилан абулеб бук1араб Буйнакскиялда 50 лел
соназ ц1алулев вук1арав дида бихьулеб бук1ана Советияб Армиялъул солдатазде
гьеб шагьаралда бук1араб рокьи, рек1ел хинлъи, адаб-х1урмат: очередалда гьев
цеве виччалаан, тукенчияс сигаретал, базаралда охцер, помидор, пихъ-мич1 (гьеб
доб мехалъ кепказде бук1ана) мухь босич1ого кьолаан. Рагъдаса т1ад руссинч1ел
жидерго умумузде, вацазде, васазде, россабазде бук1араб рокьи солдатасул форма
рет1араздехун буссун бук1ун батилин
гьабула гьанже дица пикру. Дир г1олохъанлъиялъул соназ мукъадисиял
раг1абилъун рук1ана «Ват1ан, Советияб Армия»,
«патриотизм», «социализм», «коммунизм».Г1емераб лъик1аб гьеч1еб жо абула жакъа Россиялъул Армиялде,
лъуг1ана гьелъул г1адамазе къадру. Г1агарлъулеб бугеб К1удияб Бергьенлъиялъул
къоялда цебе дица гара-ч1вари гьабуна дол 50 соназ Советияб Армиялда хъулухъ
гьабурав Сивухъа Мух1амадов Нурмух1амадилгун. Гара-ч1вариялда дица х1аракат
бахъана Россиялъул армиялъул къадру
хвеялда хурхарал суалазе жавабал ралагьизе. Гара-ч1вари, ц1акъ къокъ гьабун
кьолеб буго гъоркьехун.
|
|