Понедельник, 06.05.2024, 20:56 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Апрель » 20 » АРМИЯ: СОНГИ ЖАКЪАГИ.
11:08
АРМИЯ: СОНГИ ЖАКЪАГИ.

Н. Мух1амадов «Дир хьул буго С. Шойгуде»

Дие Ват1ан бокьула, рокьи ккарай яс г1адин,

Дица гьебги ц1унила, хирияй эбел г1адин.

Рагъул заманалъул коч1ол мухъал.

Военный городокилан абулеб бук1араб Буйнакскиялда 50 лел соназ ц1алулев вук1арав дида бихьулеб бук1ана Советияб Армиялъул солдатазде гьеб шагьаралда бук1араб рокьи, рек1ел хинлъи, адаб-х1урмат: очередалда гьев цеве виччалаан, тукенчияс сигаретал, базаралда охцер, помидор, пихъ-мич1 (гьеб доб мехалъ кепказде бук1ана) мухь босич1ого кьолаан. Рагъдаса т1ад руссинч1ел жидерго умумузде, вацазде, васазде, россабазде бук1араб рокьи солдатасул форма рет1араздехун буссун бук1ун батилин  гьабула гьанже дица пикру. Дир г1олохъанлъиялъул соназ мукъадисиял раг1абилъун рук1ана «Ват1ан, Советияб Армия»,  «патриотизм», «социализм», «коммунизм».

Г1емераб лъик1аб гьеч1еб жо абула жакъа Россиялъул Армиялде, лъуг1ана гьелъул г1адамазе къадру. Г1агарлъулеб бугеб К1удияб Бергьенлъиялъул къоялда цебе дица гара-ч1вари гьабуна дол 50 соназ Советияб Армиялда хъулухъ гьабурав Сивухъа Мух1амадов Нурмух1амадилгун. Гара-ч1вариялда дица х1аракат бахъана Россиялъул  армиялъул къадру хвеялда хурхарал суалазе жавабал ралагьизе. Гара-ч1вари, ц1акъ къокъ гьабун кьолеб буго гъоркьехун.

Советияб Армиялде хъулухъ гьабизе дун вачана 1957 соналъул сентябрь моц1алда. Росуго бахъун нуха рег1ун, к1одо гьавулаан армиялде унев. Г1араниб военкоматалда цебе бугеб майданалде рак1арулаан гьудул-гьалмагъзаби, г1ага-божарал, районалъул нухмалъулел. Бук1унаан кеч1-бакъан, кьурди. Гьединабго сух1мат-кеп г1олохъабазе гьабулаан Бух1нат1е бак1арараб Гьоц1дерил жамаг1аталъги. «Ват1ан ц1уни», «Советияб Армия» дол соназ г1олохъабазеги гьодорал раг1аби гуро рук1арал Ват1аналде, Армиялде, пачалихъияб г1уц1иялде рокьи нижелъ эбел-инсуца школалъ, комсомолалъ, газетал-журналаз, радиоялъ гьит1инго куцан бук1ана. Гьеб асар, армиялда хъулухъ гьабулаго, нижелъ, т1адеги щулалъана.

Армиялде унаго, дир  лъай-хъвай  ккана Хунзахъа Мух1амадов Камилилгун, Х1ариколоса Зиявудинов Мух1амадилгун Гьоц1алъа Мух1амадов Т1алх1атилгун. Ниж рачана Латвиялъул тахшагьар Ригаялда связистазул часталде. Ниж ункъалго рит1ана радистазул школалде ц1ализе. Нижеда гьоркьов ц1ализе бищун лъик1ав вук1ана Камил. Техникаялде рокьи бугев гьев раг1а-ракьанде щун х1адурулаан занятиязде, щакаб, лъалареб жо толароан. Сундуего мух1канав вас вук1ана гьев, щиб-щибниги къач1азе бокьулев, кверда махщел бугев вук1ана. Гъваридго радиотехника лъалев махщелчи вахъарав нижер гьудул Камил, ц1и-ц1иял солдатазе дарс кьезе, радистазул школалда инструкторлъун тана. Дунги Т1алх1атги хозвзводалде рит1ана.

Ригаялда хъулухъалъул байбихьудаго бижараб лъик1аб гьоркьоблъи сверана щулияб гьудуллъиялде, вацлъиялде. Гьеб асар гьудулзабазде жакъаги хут1ун буго дир рек1елъ. Киг1ан бокьич1ониги Камилги Мух1амадги жакъа нилъгун гьеч1о. Аллагьас мунагьал чураги гьудуллъиялъе рит1ухъал васазул.

Латвиялда рагъулаб хъулухъ гьабизе расги бигьаяб иш бук1инч1о. СССРалде тушманлъиялъулаб бербалагьи бугел фашистазул чукъби гьенир дагьал гуро рук1арал. Балъгоял бандитазул къокъаби рохьазда гурелги шагьараздаги, росабалъги рук1ана. Тохлъаралго ч1ван ратулаан солдатал, Совет власть бокьулел, коммунистал, комсомольцал. Ригаялъул паркалда гъут1бузул г1аркьалабазда кварида ран гъанкъун ратулаан солдатал. Гьединаб ах1вал-х1алалъ батила бит1и-бат1иял миллатазул солдатазда гьоркьобги бук1ана щулияб гьудуллъи-вацлъи. Г1адатлъун лъугьун бук1ана шагьаралде аразул т1алаб-агъазалъе хадур рахъин. Цин шагьаралъул «Мануфактура» фабрикалъул ясазухъе арав дида фабрикалда цере ратана лъабавго ракьцоявги дагьалги солдаталги. Дие латышаз гъоркьч1ел гьабун бугин раг1арав Камилица рахъинарун ратана гьалмагъзаби дида хадур. «Къад къо солдатазухъ, къаси сордо бандитазухъин» бицен батана нижеда Ригаялда. Дицани абула фронт гуреб, тыл гуреб Латвиялда Совет власть ц1унулеб рагъда рук1анин 3 соналъ нижан. Х1алуцараб х1алт1и бук1ана радистазулги: Бакът1ерхьул улкабазулгун гьоркьорлъаби квешлъун рук1иналъ. Махщелги лъайги бугел Камил г1адинал инструктораз ругьун гьарурал радистал нахъа ругел локаторазул «ц1одорал беразда» рихьич1ого г1орхъи бахун жанире рач1ине х1анч1иецин рес бук1инч1о.

Г1адлу бук1ана кьварараб. Кьвагьараб патроналъул гильза билани, балагьизе т1убараб дивизия бахъинабулаан, Ват1анияб рагъулъ г1ахьаллъарал командирзаби рук1ана рит1ухъал, жидедехунго т1алаб ц1ик1к1арал, солдатасул къимат гьабулел.

Г1иса, дуда рак1алда батила бит1ахъе Прибалтикаялда т1асан г1урхъи бахарав немцав Рустица жиндирго самолет Москва бакьулъ рещт1инаби. Гьединаб лъугьа бахъин махщел ц1ик1к1арал радистал Камилица ва Зиявудинов  Мух1амадицаги ва часталъул цогидал радистазги чурун бац1ц1унареб  жидерго  рогьолъун рик1к1унаан.  Жакъа  к1очон батиларо СШАялъул летчик Пауэрсилги гьесул самолет У-2-ялъулги къисмат. Камил г1адинал махщел ц1ик1к1арал Совет Армиялъул связистаздайин гьеб  т1оцебе бихьараб. Жакъа Россиялъул Армиялда т1егьан буго ц1огь, коррупция. Армиялъул нухмалъулел (Россиялъул  цогидал х1акимзабиго г1адин) коррупциялъул мах1 бахъараб хьуц1илъ къан руго. Совет влаталъул заманалда советияв офицер чинидул ц1а-раг1анги вац1ц1адав вук1ана. Ельциница Россиялъе бет1ерлъи  гьабулел соназ Россиялъул  Армиялъ х1ехьезе ккана Чачаналъул инжилъи. Дол соназ жибго  армиялъул къват1исеб рахъгицин хисана. Рак1алда батила Г1аранир рук1арал «хъарщуник1ал» т1ад хъурщарал гьардухъанлъиялде ккарал солдатал.  (К1оч1он гьеч1о дида чачаназдаса ниж «ц1унизе»  Буц1улдерил балалъ  тарал цо чанго солдат, командованиялъ рехун тун, квен гьарун Буц1раре хьвадулел рук1инги, гьезие квен балагьун дун росулъ  хьвадулев вук1инги, рохьоре г1и-боц1уде арал буц1улдерил лъималаз копое гьел къварид гьарулел рук1инги, нижго нижецагониги  чачаназдаса  ц1унизе ярагъ гьарараб мехалъ, 2-3 карабин гурого щвеч1олъиги, Чачаналде унаго, нухда хвараб басрияб рагъул техникаги ва г1емераб цогидаб чороклъиги. К1очон гьеч1о «бищун  лъик1ав» оборонаялъул министр П. Грачевги, мехтарав  вигьунарев Гланокомандующий Б. Ельцинги, армиялъул т1алъиялъ рикъарал миллиардалги, гьел ц1огьал туснахъ рукъалдаса ц1унун рук1инги.П.П.)

Цебесеб  армия г1олохъанчиясе бук1ана чара  гьеч1ого х1ажатаб бихьинчилъиялъулги къо х1ехьеялъулги школалъун. Армиялде нижги цогидалги ана г1емераб жо лъаларел  бич1ч1уларел лъималлъун. Советияб Армиялъ нижер черх гуреб рух1ияб рахъги куцана, лъадарана. Лъабго соналъ Ват1аналъе налъиги т1убан, т1ад руссана г1адамазда гьоркьор хьвада-ч1вадизеги куцан, кинабго рахъалъулаб культура бугел, жамаг1атазда жанир къадруял, хъизан-рукъалъул  т1алаб-агъаз гьабизе х1адурарал к1удиял г1урал бихьиналлъун. Советияб Армиялъ г1олохъабазе кьолаан рокъове вуссиндал, х1алт1изе махщел.  Армиялдаса вуссун хадув дир гьудул Камил х1алт1ана районалъул сельхозуправлениялъул радистлъул. Махщел бугев радист, т1адкъараб ва т1аде босараб жо рак1бац1ц1адго ва раг1а-ракьанде щун т1убазабулев Камил сельхозуправлениялда х1алт1ана пенсиялде инег1ан. Армиялда ПВО-ялъул частаздаго г1адин сельхозуправлениялдаги ч1езабуна  гьоркьоса къот1и гьеч1еб радиоялъул бухьен. Армиялда щвараб шоферасул махщел «гражданкаялда» диеги  х1ажалъана. Дун Ригаялда  Армиялдаса виччан хадув х1алт1ана таксистлъун. Шоферлъун х1алт1ана Мах1ачхъалаялда Совминалъул гаражалда. Гьел гьанир рехсаралги рехсеч1ого хут1аралги г1иллабаз къадруяб бук1ана Совет Армия. Доб Армия халкъалъе бокьулаан Гитлерил фашизмаялдаса дунял ц1униялъги, Хунзахъа Камил, Х1ариколоса Зияудинил Мух1амад, Гьоц1алъа Т1алх1ат г1адал унго-унгоял патриотаз хъулухъ гьабулеб бук1иналъги. Хьул буго Оборонаялъул  ц1ияв министр С. Шойгул бет1ерлъиялда гъоркь Россиялъул Армиялдаса  бикъ-ц1огь лъуг1изабун, ц1ияб къадруяб армия г1елилан.

Нурмух1амадилгун г1ара-ч1вари хъвана Г1. Г1исаевас.

Просмотров: 719 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz