Суббота, 27.04.2024, 11:55 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Апрель » 26 » ДИР ДАХ1АДАДА КУЛАКЛЪУН ГЬАВУН ВУК1АНА.
19:01
ДИР ДАХ1АДАДА КУЛАКЛЪУН ГЬАВУН ВУК1АНА.

Нилъецаго, нилъер умумуз, гьезулги умумуз кин г1умру гьабураб, лъик1алги квешалги лъугьа-бахъинал-лъабкъоялда анц1илъе сонал рахиндал г1емераб жо бач1унеб буго рак1алде. Нужеда мустах1икъаблъун бихьани, бокьун буго дирго эбелалъул эмен, мунагьал чураяв Базарганил Мух1амадх1ажиясул г1умруялъул дидаго рак1алда хут1арал баянал загьир гьаризе.

Хъвараб бак1алда гьесул бук1ана 1880 абилеб соналъ гьавунилан. Къадаралде гьев щвана  1979 соналъул 2  декабралда. Гьанжесеб г1елалъ бат1и-бат1ияб къимат кьола цере арал лъугьа-бахъиназе, гьелъул г1ахьалчаг1азе. Мунагьал чураяв дир эбелалъул эменги, херехьдерица эсде Амантулагьил Мух1амадх1ажиявилан абулаан, х1уригаталде данде ч1аразул мухъилъ вук1ун вуго. Г1ахьаллъи гьабун буго Нажмудинил бодулъги. Полусотник вук1анила живан бицунаан гьес, 50 рек1арав вук1анила жиндихъ. Цо нухалъ Хунзахъан, Ч1ондокьан ккун руго гьал Харахьире унел чаг1и. Къаси мехги бук1ун  нухги лъаларого хут1ун руго, щун  бук1ун буго баян гъоркьч1ч1ел  гьабун бугиланги. Рагъулъ цояб рахъалъе ками ккун  хут1уларелъул, г1олохъабиги нахъа тун, живго ун вуго росулъе  лъалев, божарав чиясухъе. Гьев вук1ун вуго баг1аразда гъорлъ вугев чи. Киг1анго жиндиего х1инкъи бугониги, гьес гьал рачун х1инкъи гьеч1еб бак1алде щвезарун руго. Гьелдаса хадуб Харахьи богун рещт1ун вуго Нажмудин. Штаб бук1ун буго Лачемиласул бак1алда. Эб минаялда аск1об цун буго Гъазих1умил Х1ажиясул мина, гьенир рук1ун руго жанир т1амун асирлъун ккарал г1олохъаби. Хъаравуллъуда вугев гьасда лъан буго асирлъуде ккаразда гъорлъ, жидее кумек гьабурав ч1ондокьевги вук1ин.  Гьас гьарун буго Нажмудинихъе ине изну ва гьесда бицун буго пуланаб сордоялъ живги жиндир 50 гьалмагъги гьав асирас хвасар гьариялъул ва гьарун буго гьев эркен гьавеян. Гъайирбегилан ах1анила Нажмудиница. Гьев жаниве вач1индал абун буго, гьав васасул мурад т1убайилан. Жинцаги гьев гьениса къват1ивеги вачун нухда рег1анила х1инкъи гьеч1еб бак1алде щвезег1ан. Эсул ц1арги бицун бук1ана к1удияв инсуца, хъвач1ого  толеб буго  г1агарлъиялъе бокьиларилан.

Рагъ лъуг1ун хадуб росуги биххун, г1емераб г1акъуба бихьун буго г1адамазда ц1идасан маг1ишат г1уц1улаго. Бищунго зах1мат бук1анила т1оцебесеб соналъ, хур бекьизе я оцал гьеч1еб, хуриб хьазе я хьон  гьеч1еб. Ч1агояв чиясе сабаб холарелъул, к1иго-лъабго соналдасан дагь-дагьккун маг1ишат рук1алиде бач1анила. Рагьанила росулъ гьит1инабго тукен, г1унила г1и-боц1и. Тукаде къайи босизе хьвадула Бакуялде, Грозниялде. Кинабго х1алт1и гьабулаан жинцаго ва хъизаналъ. Вук1ун вуго г1ияда тарав вехьги. Киса-кибего г1адин, дагьабниги ресалде рахарал, Аллагьасул калам халкъалда малъулел чаг1и рек1ее г1оларого лъугьуна гьит1инаб бук1аниги хъулухъ щварал мац1ихъаби, х1ел-х1ел чаг1и. Рух1аниявилан раг1изеги гьавун, дир к1удияв  инсул вакьад мунагьал чураяв Мусалмух1ума росулъа къват1иве вит1изеги бач1уна районалдаса буюрухъ. Гьабсаг1атги бицуна, гьев мунагьал чурадица 300 чиясда Къуръан малъанилан. Буюрухъ хъвараб кагъатги кодобе кьун лъазабун буго нужго бокьараб гьабун гьеб бак1алде аян. Саратовская губерния, хут1араб рак1алда гьеч1о. Гьев рек1ине мухьдахъ чуги ккун, жиндиргоялда живгоги рек1ун щун руго Буйнакскиялде. Гьенисан поездалда Саратовалде.  Лъалареб мац1,  цадахъ гьеч1ев цоги бажари бугев чи, лъабго къоялъ сверун вуго гьеб кагъатги кодоб ккун. Ункъабилеб къоялъ сверулаго пахьул къебедасул кварт1ил гьаракь  ч1ванила цо азбаралъусан. Каву рагьун жаниве щваравго, гьудул вакканагуриян абунила маг1арул мац1алъ. Т1ад цураб дунял т1аса босун анилан кканила. Гьев ватун вуго гьанив ч1арав тумав. Рокъореги рачун кваназеги гьарун, сордоги базабун нухда рег1ун  руго  бихьизабураб бак1алде. 18 чи ун вуго цох1о къоялъ Харахьиса ккун бат1и-бат1иял ц1аразда гъоркь-кулакалилан, х1укуматалда данде ч1аралилан, ц1аларал чаг1иян.

К1удияй  эбелалъ бицунаан, цо къоялъ щуго лъимер киндай жинца хьихьилелан ургъалида йик1аго, яч1анила мунагьал чураяй Маг1азат. Гьей хъулухъ-ишалда  йигей коммунист йик1ана. Гьелъ абун буго «Маймунат, жакъа, нужер къайи бахъизе рач1ине руго, дун йит1ун йиго нужеда хадуб хал кквезе, дида нуж рихьуларелха,- ян. Мадугьал Булатил гъобехун бан буго жиндидаго х1ал к1вараб жо, мадугьалзабаз гьоробе, бокьобе баччун  бахчун буго. Х1ал алжаналъуб батагиян гьарулаан к1удияй эбелалъ Маг1азатил, к1удияб кумек  кканила гьеб къайи-ц1а бичун, лъимал ракъуца хвеч1ого хут1иялъе. Къайи бахъизе рач1индал, бак1-бак1алда х1ур гьеч1ин, гьаб бак1алда бук1араб т1аг1ел кибе арабиланцин к1ал гьикъанила. Г1иял рехъен бачун унелъул вас хурхун вуго жиндаго хадуб ругьунаб кьег1ералда, гьевги цояб рахъалде  цун, цадахъ биччан, бачун ун буго гьебги.

14 сонги анлъго моц1ги бан буго гьес Казахстаналда Караганда  областалда. Гьесда цадахъ ккун аразул т1ок1ав чи нахъ вуссинч1о. Туснахъалда хун руго г1емерисел ракъун.  Мун ч1агог1аги кин хут1аравилан дица гьикъидал, гьес абулаан Аллагьасул х1укмуйилан. Гьав мунагьал чурад ккун вуго  рохьдохъанлъун. Жинда ц1ар бук1анила пастух-дояр. Казахстаналда вук1аго аск1ор рук1араз даг1ба гьабунила гьав чучмек цеве гьавулин нилъергояздасайилан. Гьеб мехалъ бригадирас абунила, жинца х1ал бихьизе г1арац реханила гьасда бихьулеб бак1алде, кванил ниг1матал танила гьасда аск1ор, жинда эсул цониги х1алихьалъи бихьич1ила сундулго рахъалъ, гьалгощинал  соназ хъизаналдаса рик1к1ад вук1аниги я ссаяхъ хьвадич1ила я гьекъолдич1ила я ц1огьодич1ила. Т1уснахъалъуса виччала к1иго соналъ рищияздаса мах1румги гьавун, к1иго соналъги доваго х1алт1изе ккун вуго. Чанабилеб соналъ гьев нахъ вуссаравали дида лъаларо, дун байбихьул  классалде араб 1949 абилеб соналъ гьев рокъов ватана.

Гьениса т1ад вуссун хадув,  цо чанго чи х1алт1уде восун  г1адлу-низам гьабулел, росдае къвариг1араб-тараб гьабулезул къокъа бук1ун буго, районалдаса бет1ерги вук1ун вуго гьезул. Азие къаде квен  бук1ун буго ч1обого, т1ок1аб харжги бук1ун гьеч1о. Гьав мунагьал чурад цо чанго къоялъ гьениве ун гьеч1о. Ах1ун вуго бет1ерас ва гьикъун буго щай мун кваназе вач1унареван, гьас жаваб кьун буго жив гьедиг1ан х1алихьатав  чи гурилан. Жинда бич1ч1ич1илан гьес абидал, дир к1удияв инсуца абун буго: рокъор ругел щуго лъимерги хъизанги ракъунги тун кваназе ккани, жив киг1ан ц1акъав чи кколевилан. Т1ок1ав эв жиндаги к1алъач1ила, живги нахъе анила. Гьелдаса хадуб жиндие кколеб къадар кванил рокъобе бач1унаанила. Т1убараб хъизан кваназе г1олаанила цо ригьалъ.

Росулъе т1ад вуссаралдаса, абизе бегьула как базе, кваназе гурони гьев г1одов  ч1олев вук1инч1илан. Маг1арухъ – хъутан бат1алъи гьеч1о, гьава бакъалъухъ балагьич1ого, ч1араб заман эсул бук1унароан. Рекьи  байбихьидал к1удиясул оцазда цере рилъине бокьулароан г1емерисезе, щаян гьикъидал, жидеда к1оларила гьесда г1адин х1алт1изеян абулаан. Цо чанго соналъ мунагьал чураяй дир эбел йик1ана эсул оцазда цее йилълъуней ч1ужу. Лъабабилеб, ункъабилеб классалдаса байбихьун дунги хьвадана г1емер. Хасго радакь рахъун унаго, дун вук1унаан к1удияв эменгун, эбел нижее радал квенги босун яч1ине рокъой толаан. Цойгидал рекьарухъаби хурзабахъе щвелалде, къоялъ гьез бекьулеб ракь, нижеца бекьун бук1унаан. Оцазда цеве  хьвадулаго кьижун, чанги ворч1улаан свераян ах1улеб к1удадал гьаркьихъе. Дицаги оцазда бараб квар  дугъизабулаан, цевехун вортулев вугони кварица кколаан, нахъехун рехани оцазги кколаан. Колхозалъул х1алт1и гьеч1еб мехалда рохьове унаан. Г1орц1енги к1иго х1амаги бачун г1емер баччана ц1ул. Школалъе хасалие бух1изе  гьесги мунагьал чураяв Малаг1арипицаги ч1езабулаан ц1ик1к1араб къадар ц1улал. Курак барщараб заманалда к1иго х1амида гьагьалги лъун Т1еккидаса лъабго нухалъ руссунаан росда гъоркьа бугеб  т1алде. Гьениб курак бич1изе росулъ йигейщинай чужуг1адан яхъинаюлаан, гьит1инай –к1удияй бат1алъи гьеч1ого. Кьолеб мухьги эзие, жидецаго бич1араб куракул пурч1ун бук1ана. Мунагьал чураяв Гьоц1алъа Шапиг1 председательлъун вугеб соналъ, бакъвараб куракги босун Астраханалде рит1ун рук1ана вагонги ккун гьеб бичизе авги довго Малаг1арипги.

Дица г1емер рехсола гьев мунагьал чурадилги гьесул хъизаналъулги ц1ц1арал, санаг1ат кканщинахъе хабадеги вахуна, дирго эбелалъул – эзул ясалъул хобги эзулго х1ат1а ахада буго.

Абизе к1вела эзул хинк1ица хут1анин ниж ч1агоян. Дун вач1араб мехалъ гьабураб хинк1-чед гьеч1они, васасе бихьин  техг1аги буцеян абулаан к1удияв инсуца, данде нису, картошкаги камулароан. Бихьин т1ехилан эс абулаан буцараб г1ат1алде. Гьоц1о г1адин кунаан дица эб.

Аллагьас х1ал алжаналъуб батаги эзулги, ниж г1адинал бесдал лъималазул т1алаб гьабунщиназулги.

90 соназда бач1ана прокуратураялдаса кагъатги, 2 азарго гъурущ г1арацги,  нужер эмен рит1ухъ гьавунилан. Машааллагь, киг1ан бигьалъидай мунагьал чурадие ккана? 14 соналъ чияр ракьалда бихьанщинаб г1акъуба эсдаги, рокъор хут1арал  5 лъималаздаги хъизаналдаги к1очон батила рохиялъ.  Хъвай-хъваг1ай бит1араб батани дир к1удияв инсуца бан буго 100 сон. Гьесул хъизан  Маймунат къадаралде щвана 1979 абилеб соналъул риидал, гьаюраб, элъул 1900 сон хъван буго.  Лъабго моц1алъ хьвадана ниж цадахъ гьелъул хабат1е. Цо къоялъ хабадаса  рач1унаго дица гьесда  ц1ехана: Дур г1олохъанчи вас, эбел - эмен хвана,  г1емер г1акъуба бихьанин, кинаб дуе зах1матаб бугебилан. Цеве-цеве унев вук1арав гьев нахъ вуссана ва г1одоб г1ансаги тункун абуна: азарго нухалъ гьаб зах1матаб бугилан. Гьелдаса хадуб гьев лъабго моц1алъ бусаде ккана ва хъизан хун анлъго моц1идасан къадаралде  щвана. Аллагьас иманалда т1орит1ун ратаги к1иялго, дие гьабунщинаб азар даражаялде бахинабеги.

Гьаб сураталда раг1алда г1анса кодоб ккурав вуго мунагьал чураяв дир к1удияв эмен Мух1амадх1ажияв. Эсда аск1ов г1ансагун вуго мунагьал чураяв Х1ажилав. Лъабабилев ккола мунагьал чураяв Субайгатил Мух1ума. Г1ага-шагарго гьел цого ригьалъул г1адамал кколаан.

Аллагьас киналго иманалда т1орит1ун ратаги, ч1аго ругезе тавпикъги кьеги, хабалада церессан унаго хваразе дуг1а гьабизе.

Ч1агоязе ц1акъ лъик1ал раг1аби руго нижер росулъе щолаго ратулел хабалазул къадада: «Сон нижги рук1ана жакъа нуж г1адин, метер нуж рук1ина жакъа ниж г1адин» т1ок1аб лъик1 кинха абилеб.

Х1акимил Ибрагьим, Харахьи росу.

Просмотров: 1232 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz