Нилъецаго, нилъер умумуз, гьезулги умумуз кин г1умру гьабураб, лъик1алги квешалги лъугьа-бахъинал-лъабкъоялда анц1илъе сонал рахиндал г1емераб жо бач1унеб буго рак1алде. Нужеда мустах1икъаблъун бихьани, бокьун буго дирго эбелалъул эмен, мунагьал чураяв Базарганил Мух1амадх1ажиясул г1умруялъул дидаго рак1алда хут1арал баянал загьир гьаризе.
К1алзул гьунаралъул устарзабаздалъун бечедаб нилъер районалда гьал къоязда к1одо гьабуна маг1арулазул машгьурай шаг1ир Хунзахъ росулъа Залму Батировалъул 70 сон т1убаялъул гьайбатаб юбилей. Юбилеялъул х1урматалда г1уц1араб вечералде рач1арал Залмуги гьелъул асарал рокьулезги занк1ун ц1ун бук1ана районалъул халкъияб творчествалъул рукъалъул зал.