Суббота, 27.04.2024, 13:48 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Апрель » 26 » МАДАНИЯТАЛЪУЛ Г1ОРКЬ КОДОБ ККУРАЙ ЖИЙГО Г1АДАТИЯЙ Т1АДМАГ1АРУЛАЙ.
18:43
МАДАНИЯТАЛЪУЛ Г1ОРКЬ КОДОБ ККУРАЙ ЖИЙГО Г1АДАТИЯЙ Т1АДМАГ1АРУЛАЙ.

К1алзул гьунаралъул устарзабаздалъун бечедаб нилъер районалда гьал къоязда к1одо гьабуна маг1арулазул машгьурай шаг1ир Хунзахъ росулъа Залму Батировалъул 70 сон т1убаялъул гьайбатаб юбилей. Юбилеялъул х1урматалда г1уц1араб вечералде рач1арал Залмуги гьелъул асарал рокьулезги занк1ун ц1ун бук1ана районалъул халкъияб творчествалъул рукъалъул зал.

 К1удияб Ват1анияб рагъул бах1арчи Батиров Мух1амадил хъизаналда г1урай Залмулъ гьит1инго загьирлъана куч1дул гьаризе бугеб пагьму-гьунар. Гьелъул т1оцебесеб кеч1 газеталда бахъана 7 классалда йигеб мехалъго.

1960 соналъ школа лъуг1арай Залму ц1ализе лъугьана пединституталде. Гьебги лъуг1изабун 1965 соналъ гьей х1алт1изе лъугьана Хунзахъ школалде учительлъун. 20 соналъ г1агараб росдал лъималазе тарбия-лъайги кьуна З. Батировалъ. Хадуб Залмуги гьелъул г1умрудул гьудул Саг1итги рахъана Мах1ачхъалаялде г1умру гьабизе. 8 соналъ х1алт1ана Залму Кировский райисполкомалъул г1аммаб отделалъул заведующаялъун. Хадуб гьелъ рак1бац1ц1адго т1убазабуна экологиялъул министерствоялъул цо отделалъул начальниклъиги. Мустах1икъаб х1алхьиялде аралдаса Залму х1алт1ана Ралъдал испекциялъул пачалихъияй инспекторлъун.

 Кинаб х1алт1уда йик1аниги Залмуца киданиги рехун теч1о г1умрудул маг1налъун лъугьараб куч1дул гьари. Г1едег1ич1ого, г1одое йиччан, мух1канго шиг1рияб болъодухъан борхалъуде яхуней йиго маг1арулай. Маг1арулаз творчество гъираялда къабул гьабула гьелъул асаразулъ намус-ях1, г1аданлъи, рижараб ракьалде рокьи бихьулеб бук1иналъ. Гьелъ батила Залмул юбилеялъулаб вечер «Дагъистан» абураб кеч1 культураялъул х1алт1ухъабазул хоралъ ах1иялдалъун байбихьарабги. Районалъул культураялъул управлениялъул нухмалъулев Мах1ач Х1асановас поэтессаялъул вечерги рагьун гьеб бачине ихтияр кьуна З. Батировалъул гьудул-гьалмагъ, Кизилюрталъул ТУНОялъул х1алт1ухъан Мирзабекова Нуцалалъе. Шаг1иралда юбилей баркараб к1алъай гьабуна районалъул нухмалъулев Х1ажияв Дарбишевас. Жиндирго баркиялда гьес республикаялъул хъвадарухъабазул союзалъул авар секциялъул нухмалъулев, «Гьудуллъи» журналалъул редактор, нилъер ракьцояв Мух1амад Патах1овасда гьарана Залмуе Дагъистаналъул халкъияй поэтесса абураб ц1ар кьезе т1алаб гьабеян. Шаг1иралъул творчествалъе т1адег1анаб къимат кьураб к1алъай бук1ана Мух1амадил: «Хунзахъ район машгьураб буго маг1арулазе болмац1 кьураб бак1 х1исабалда. Залмул районалда гьабулеб юбилей т1ок1аб буго, гьеб гьай йижараб, г1ураб ракьалда гьабулеб бук1иналъ. Залмуца хъвана к1удияб къиматалъе мустах1икъал «Х1ажимурад», «Баху-бика» ва цогидалги асарал».

«Х1ажимурад», «Баху-бика» гьел руго тарихиял асарал. Гьединал асарал хъвай г1езег1ан зах1матаб иш буго. Залмуда бич1ч1улеб буго тарих гьеч1они миллат миллатлъун бук1унареблъи.

«Божилъи», «Намус», «Сабаб», «Къадруяв маг1аруласул г1адатияб рак1» ва цогидалги т1ахьаз адабияталде босун бач1ана рек1ел бух1и, божилъиялъул нур, тарихалъул борхалъи, умумузул гьунаралдаса ч1ух1и. Гьединго жиндирго асаразулъ Залмуца кьолеб буго хъублъиялъеги, хъач1лъиялъеги, х1алихьалъиялъеги, нахъег1анлъиялъеги къимат.

Бицунеб гьереси, х1инкъарал берал

Х1алихьалъиялъул ц1ун буго дунял,

Рокьи лъихъ бергьинеб, чилъун щив телев,

Чарал г1адамаца чоргун бугин ракь.

Поэтессаялда юбилей баркизе цере рахъана мелиорациялъул ва лъадал ресурсазул министрасул заместитель Ах1маднаби Г1умаров, Дагъистаналъул мустах1икъав артист, Авар театралъул актер Хирамух1амад Хирамух1амадов, Хунзахъ росдал бегавул Хизри Т1алх1атов, районалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев Залимхан Г1умаров, финансовияб управлениялъул начальник Х1айдар Х1айдарбегов, нухазул управлениялъул начальникасул заместитель, Залмул г1агарав чи Мух1удада Гьит1инов, гьединго гьелъул гьудул-гьалмагъ, Залмул асарал рокьулей Т1анусиса учительница Шамай Хъазанбиева ва Г1арани гьоркьохъеб школалъул учительница, гьелъул г1агарай ч1ужу Дибирова Нупайсат ва цогидалги.

Шаг1иралъул творчествалъул вечер берцин гьабун бук1ана т1аде рач1аралги нилъерго культураялъулги артистазул церерахъиназ: Пат1ина Сираевалъул, Руслан Х1асановасул (Мах1ачхъалаялдаса рач1арал), Сапинат Г1умаровалъул (Шамил районалдаса), Г1айшат Тажудиновалъул, Чаран Султ1анбеговасул, Пат1имат Султ1ановалъул, гьединго «Г1акаро» ансамблялъул кьурдабазги. Районалъул халкъияб театралъул актераз х1адурун ругоан Залмул «Баху-бика» асаралдаса, «К1иго г1ищкъул т1егь» абураб Муилги Мах1мудилги х1акъалъулъ поэмаялдаса бут1аби. Поэтасса яхъана Мах1мудил ц1аралъул премиялъул лауреатлъун.

Залму йиго поэтесса гурейги, унго-унгояй маг1арулай, г1амал хасият берцинай г1адан. Гьелъги гьелъул г1умрудул гьудул Саг1итицаги лъик1аб тарбия-лъай кьун г1езаруна ункъго вас. Ч1ужуг1аданалъе бигьаяб иш гуро х1укуматалъул х1алт1иги хъизан-рукъги цадахъ бачине. Гьебги г1езег1ан к1удияб гьунар ккола. Залмуца хъвана рокьул асаралги, гьезулъ бихьулеб буго ч1ужуг1аданалъул бац1ц1адаб хьвада-ч1вади, гьелъул рек1ел ах1и, г1ищкъу. Залму Батирова г1ахьаллъич1еб, гьелъул асарал ц1алич1еб литературияб данделъи къанаг1атги бук1унаро. Гьелъул асарал рахъула газетал-журналаздаги. Залмул творчество к1одо гьабун буго г1емерал шапакъатаздалъун. Гьей ккола Пачалихъияб премиялъул лауреатги.

Юбелеялъулаб вечералъул ахиралда к1алъазе яхъарай жийго Залму Батировалъ ц1акъ к1удияб баркала кьуна районалъул бет1ер Х1.Дарбишевасе, росдал жамаг1аталъе, вечер г1уц1арал ва гьелде рач1анщиназе. Гьелъ ц1алана жиндирго куч1дулги. Щивав поэтасул бук1уна жиндирго заманги, талих1- рохелги, ургъел- пашманлъиги. Унго-унгояв шаг1ирасул раг1и кидаго къадруялда хут1ула. Районцоязул рахъалдасан гьаруна махщел- гьунар бергьарай шаг1ир Залму Батировалъе творчествоялъулъ жеги ч1ах1иял бергьенлъаби халкъияй шаг1ир абураб ц1арги щун районго ч1ух1изабеги дуца!

П. Гунащева.         

Просмотров: 913 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz