Инсаният хвезе гьеч1о атомнияб балагьалдасан, гьеб гъанкъизе
буго жиндирго хут1елазулъ
ООНалъ 1972 соналдаса нахъе ч1езабураб т1абиг1ат ц1униялъул
къо-5 июнь ккола щивав инсан кант1изавизе, т1абиг1аталдехун инсанасул бет1ергьанлъиялъулаб
бербалагьи бук1инабизе г1уц1араб тадбир. Амма жакъа къоялда инсанияталъ г1иц1го
агъаз гьеч1ого х1алт1изарун, т1абиг1иял сурсатал лъуг1иларел кинниги
ц1унич1ого, исрап гьарун гурого, гьеб хважаинасулаб бербалагьи гьабулеб гьеч1о
сверухълъиялде. «Т1абиг1аталъухъа бахъизе!»-гьеле жакъасел г1адамазул ах1и. Амма
г1умруялда киналъухъго мухь кьезе ккола. Инсанияталъги т1ок1борч1ун жаваб кьела
т1абиг1аталъе жиндасан ккараб зияналъухъ.
Дунго экологияб лъай бугей г1адан йигелъул, дица цо-цо
мисалал рачина инсанияталъ т1абиг1аталде гьабулеб бугеб асаралъул. Йохъ, дида
рак1алде кколаро дир макъалаялъ циндаго кант1ун, бук1инеселдаса х1инкъун газета
ц1алулел лъугьинилан, амма дир хьул буго цог1аги чияс, гьаб гьумер ц1алун
хадуб, мусор цебе ккара-ккаралъубе баларин, т1абиг1аталда х1ухьбахъиги гьабун
унелъул, жидедаго хадуб балагьун магъкьил гох1 теларилан… Кинаб багьаха кьолеб
бугеб гьоркьохъев россиянинас жиндирго г1умруялда г1уц1арал рах1атазухъ, кинаб
зарал бугеб гьесул «гогьлъабаздасан» т1абиг1аталъе? Жакъа нагагьавги чи хут1ун
ватиларо гъоркь рек1араб машина гьеч1ев. Узухъда, г1адамазул транспорт босизе
рес рекъей лъик1аб х1ужа буго. Амма дунялалдаго бищун цебе т1ураблъун ва жаниб
г1умру гьабизе квег1енаблъун, бечедаблъун рик1к1унеб, гьит1инабго Швециялда
машинабаздаса ц1ик1к1ун гъоркь рек1ун руго велосипедал. Щайдай? Щайгурелъул гьоркьохъеб т1адагьаб машинаялъ
лъаг1алида жаниб гьаваялде рехулеб буго жиндирго ц1айиялдаса ц1ик1к1араб къадар
углекислый газалъул. 280 загьруял веществаби загьир гьарун руго г1алимзабаз
автотранспорталъ къват1ибе кьабулеб к1к1уй-ц1аялда гъорлъ. Лъик1ищха
машинаби г1емерлъи, квешищ?
Цо чияс, гьоркьохъеб х1исаб гьабуни, къойил жиндаго хадуб
толеб буго 0,5 кг. мусоралъул, ай лъаг1алие
182 кг.!!! Росулъ г1умру гьабун
ругезул ц1ик1к1унисеб заман т1абиг1аталда унеблъи х1исабалдеги босун, дие
бокьун буго хурире-харинире х1алт1и гьабизе, х1ухьбахъи гьабизе Тобтит1е ва
цйгидал т1абиг1ат берцинаб бак1азде унезе лъазелъун, цо-цо нужеда жеги
раг1ич1ел тарихал рачине. Квег1енаб т1аг1ел буго г1адатаб пластикаялъул шиша,
гурищ? Цо-цо руччабаз абулебцин раг1ана пластикги полиэтиленги ургъун
бук1инч1ебани кин жидеца г1умру гьабизе бук1арабан. Г1адалаб хабар! Лъалищ нужеда, пластикаялъул шиша хвезе
байбихьулеб буго г1иц1го 450 соналдасан?! Гьелда т1адеги гьеб хун
лъуг1изег1ан х1ажалъулеб буго т1адеги 50-80 сон. Жакъа макъаралъул
производствог1ан цебе т1ураб щибго гьеч1елъул, г1одобе бараб макъар хвезе
байбихьилалдего нилъер планета, хъабарча т1ад рет1араб кинниги, ц1езе буго
макъаралъул гъаталъ! Цойги х1ужаби. Доб сундуего х1алт1изабулеб полиэтиленалъул
пакет хвезе х1ажалъулеб буго 200 сон,
кагъат турулеб буго 10 соналда жаниб, консерв к1уни 90 соналда жаниб,
хъалиманалъул фильтр-100, ц1ер-1000 соналда жаниб. Гьанже лъик1 ургъун
рихьеха, Моч1охъ х1орихъе, Тобтит1е, Гъвалдакье ун х1ухьбахъи гьабулел,
мусоралъул пакетал, ц1орол, макърал шушби нужедасаго хадуб телалде цебе!
Бегьилищ нужеца гьебщинаб заманалъцин хун лъуг1улареб макъар-к1ачар боц1и
кваналеб, г1адамаз хер бецулеб, хур бекьулеб бак1алде бан тезе?!
Инсанас цебет1ураб ва рах1атаб г1умру гьабулаго, щибаб лъаг1алие т1аг1инабулеб буго ракьалдаса 11
га рохьазул, 1% рух1ч1аголъабазул. Промышленносталъ чорок гьабураб лъедасан унтаби рахун щибаб соналъ холев
вуго 3 млн. чи… Инсанасул т1абиг1аталдехун буго хъамалчилъиялъулаб,
вах1шияб бербалагьи, гьелъ г1емер заман иналдего рачине рес буго дол дица
макъалаялъул бет1ерлъун росарал Даниялъул физик Нильс Борил раг1абазда хъвараб
г1адаб х1асилалде… Кант1е, кват1ун ккелалде!
Ф. Мух1амадова.
|