Автор.Н.Г1алиева.Июнь 2013с.
Маялъул ахирисел къоязда
нилъеца к1одо гьабула халкъазда гьоркьосеб хъизаналъул къо. Щиб бук1инеб
инсанасе хъизаналдаса к1вар бугеблъун? Хинаб, къач1араб рокъоб мунги вич1ч1улел,
дудаги рич1ч1улел, ккани дуе к1вараб кумекги гьабулел г1адамалгун дандч1вай,
гьеб гурищ инсанасул талих1, гьеб гурищ щивасе бищунго къиматаб хазина. Лъимал
гьеч1они хъизан бук1унаро. Хъизаналда хьихьич1ел лъималазулги талих1аб
лъимерлъи бук1унаро. Киг1ан г1емер талих1ал хъизанал ругониги, гьедиг1ан
лъик1аб буго нилъер обществалъеги. Лъимал нилъер г1умруялъул рохеллъун ккола.
Районалъул «Р. З.» газеталъул х1алт1ухъаби г1емерал щола
бат1и-бат1иял росабалъе ва дандч1вала бат1и-бат1ияб къисматалъул, бат1и-бат1ияб
ригьалъул, лъик1алги, чанк1к1аралги, къанаг1аталги, машгьуралги г1адамалгун.
Гьаб нухалда нижер лъай-хъвай ккана
Г1орут1а, Байикь, ва Гъонохъ росабалъа цо-цо хъизаназулгун.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Июнь 2013с.
4 июналда Дагъистаналъул президентасул ишал т1уразарулев
Рамазан Г1абдулат1ипов прямой эфиралда дандч1вана республикаялъул
журналисталгун ва жавабал кьуна телезрителазул ва социалиял сетаздасан г1адатал
г1адамаз хъван рач1арал суалазе. Дандч1ваялда г1ахьаллъана ДРялъул
Х1укуматалъул председателасул заместителал Р. Жафаров, Ш. Шарипов, печаталъул
ва информациялъул министр Г1. Х1ажиев, «Дун президентасул кумекчи» г1олилазул
чвахиялъул вакилзаби ва гь.ц.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Июнь 2013с.
Инсаният хвезе гьеч1о атомнияб балагьалдасан, гьеб гъанкъизе
буго жиндирго хут1елазулъ ООНалъ
1972 соналдаса нахъе ч1езабураб т1абиг1ат ц1униялъул къо-5 июнь ккола щивав
инсан кант1изавизе, т1абиг1аталдехун инсанасул бет1ергьанлъиялъулаб бербалагьи
бук1инабизе г1уц1араб тадбир. Амма жакъа къоялда инсанияталъ г1иц1го агъаз
гьеч1ого х1алт1изарун, т1абиг1иял сурсатал лъуг1иларел кинниги ц1унич1ого,
исрап гьарун гурого, гьеб хважаинасулаб бербалагьи гьабулеб гьеч1о
сверухълъиялде. «Т1абиг1аталъухъа бахъизе!»-гьеле жакъасел г1адамазул ах1и.
|
|