4 июналда Дагъистаналъул президентасул ишал т1уразарулев
Рамазан Г1абдулат1ипов прямой эфиралда дандч1вана республикаялъул
журналисталгун ва жавабал кьуна телезрителазул ва социалиял сетаздасан г1адатал
г1адамаз хъван рач1арал суалазе. Дандч1ваялда г1ахьаллъана ДРялъул
Х1укуматалъул председателасул заместителал Р. Жафаров, Ш. Шарипов, печаталъул
ва информациялъул министр Г1. Х1ажиев, «Дун президентасул кумекчи» г1олилазул
чвахиялъул вакилзаби ва гь.ц.
Жиндирго лъабго моц1ил х1алт1ул х1асилал гьарулаго,
Президентас абуна гьеб бак1анин х1алуцараб х1алт1улги, г1орхъи гьеч1ел
хьулазулги, аза-азар рак1буссиназулги болжалан. «Амма алияб жо-к1вана
Дагъистаналъул власталда ва жамг1ияталда ц1илъизе ва бац1алъизе кколеблъи
бич1ч1изабизе. Цо-цо бут1абазда гьеб х1алт1и релълъана, цойгиязда жеги
халатбахъараб х1алт1и цебе буго. Республикаялда цо-цо социалиял бут1аби рахъинаризе
к1веларедухъ хвезарун руго. Х1асил, Дагъистан централъ кваназабулеб бук1ун
буго, амма сах гьабиялде к1вар кьун гьеч1о. Гьединлъидал, х1инкъи бугел клеткаби
(злокачественные) ц1ик1к1ун руго лъик1аздаса. Гьездаса республика бац1ц1ад
гьабизе ккола. Дагъистан кваназабун буго, кумек гьабун буго, амма цебет1езабун
гьеч1о. Мисалалъе босани, энергетика, газалъул сфера, ччуг1ихъанлъи. Кинабго
бикьун буго бут1а-бут1а ккун ва гьел бут1аби церет1езариялъе гьит1инабниги рес
тун гьеч1о. Улкаялдаго нилъер
республикаялъ экономикиял рихьизариязухъ балагьун кколел руго 80-абилел бак1ал,
дунялалдаго бищун кризис ц1ик1к1араб щуго бак1алда гьоркьобеги бач1унеб буго
Дагъистан, гьаниб г1умру гьабиялъе, бизнес г1уц1иялъе гьеч1ел шарт1азухъ
балагьани.
Налогал рак1ариялъул къадаралъухъ балагьани, республика буго
улкаялдаго ахирисеб бак1алда. Гьеб бича-бихъан теялдаса къокъидго рорч1изе,
узухъда, нух бук1унаро. Амма кин бук1аниги, нижеца х1аракат бахъизе буго 3
соналда жаниб Дагъистан 25-абилеб бак1алдег1аги бач1инабизе.
Рамазан Г1абдулат1иповасул пикруялда, республикаялъул
промышленность ккун бугеб х1алалдаса борч1изабиялъе дагьал гурого ресал гьеч1о.
Амма рохизе ккараб х1ужа-ч1ара-хьараб х1алт1улаб ах1вал-х1ал лъугьинабун буго
«Дагдизель» ОАОялда. Россиялъул оборонаялъул Министерствалъулгун 5 млрд.
гъурщил багьаяб къот1и-къай хъван буго гьеб г1уц1иялъ. Дагъистаналъе гьеб к1удияб
заказ ккола.
Президентасе кьурал суалазда гьоркьор рук1ана Россиялъул
кубокалъе г1оло х1аялда «Анжи» къеялъул, Мах1ачхъалаялъул мэр Саид Амиров жанив
т1амиялъул суалалги. Президентас гьезие гьадин жаваб кьуна: «Анжи» лъик1 х1ана,
Россиялъул кубокалда к1иабилеб бак1 кквейги, нилъер г1адаб гьит1инаб
республикаялъул командаялъе к1удияб бергьенлъи ккола. «Анжи-Арена» рагьулеб
бак1алда к1удияб байрам т1обит1ана нилъер ракьцояв Сулейман Керимовасул
кумекалдалъун. Дагъистан урхъун бук1ана гьединал ч1агоял тадбиразухъ.
Шагьаралъул мэр жанив т1амиялъул х1акъалъулъ дида лъана Грозныялда вук1аго.
Гьеб буго В. В. Путинил инициативаялдалъун Дагъистаналда гьабизе байбихьараб
бац1ц1ад гьаби. Саид Амировасде г1айиб г1унт1изабулеб буго чи ч1ваялъул. Дун я
следователь, я судияв гуро. Биччанте закон ц1унулез кинабго загьир гьабизе. Дун
г1едег1уларо, цо-цоз киг1ан лъик1аблъун бихьизабуниги, шагьаразулгун районазул
нухмалъулел рахъизе. Судалъул х1укму къват1ибе бач1индал гьабизе бегьула
х1алт1и. Гьабсаг1ат мэрасул ишал т1уразарулел руго гьесул т1оцевесев
заместителас. Тахшагьаралъул рук1а-рахъиналдагун маг1ишатияб рахъалда щибниги
рихха-хочизе ккараб жо гьеч1о». Гьединго вриояс жавабал кьуна «Труд» стадион
къач1аялда, коммуналиял, медицинаялъулал х1алт1абазда, районазда гьабулеб бугеб
х1алт1уда ва гь.ц. хурхарал рик1к1ен г1емерал суалазе. Прямой эфиралда г1адатал
г1адамазул суалазе жавабал кьей хадубккунги ризлъизабизе бугилан раг1и кьуна
Г1абдулат1иповас данделъаразе.
Ф. Мух1амадова.
|