Суббота, 27.04.2024, 09:26 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Июнь » 8 » ХъИЗАН-ЛЪИМАЛАЗДАСА РОХУН ХУТ1АГИ.
15:20
ХъИЗАН-ЛЪИМАЛАЗДАСА РОХУН ХУТ1АГИ.

Маялъул ахирисел къоязда  нилъеца к1одо гьабула халкъазда гьоркьосеб хъизаналъул къо. Щиб бук1инеб инсанасе хъизаналдаса к1вар бугеблъун? Хинаб, къач1араб рокъоб мунги вич1ч1улел, дудаги рич1ч1улел, ккани дуе к1вараб кумекги гьабулел г1адамалгун дандч1вай, гьеб гурищ инсанасул талих1, гьеб гурищ щивасе бищунго къиматаб хазина. Лъимал гьеч1они хъизан бук1унаро. Хъизаналда хьихьич1ел лъималазулги талих1аб лъимерлъи бук1унаро. Киг1ан г1емер талих1ал хъизанал ругониги, гьедиг1ан лъик1аб буго нилъер обществалъеги. Лъимал нилъер г1умруялъул рохеллъун ккола.

Районалъул «Р. З.» газеталъул х1алт1ухъаби г1емерал щола бат1и-бат1иял росабалъе ва дандч1вала бат1и-бат1ияб къисматалъул, бат1и-бат1ияб ригьалъул, лъик1алги, чанк1к1аралги, къанаг1аталги, машгьуралги г1адамалгун. Гьаб нухалда нижер лъай-хъвай ккана  Г1орут1а, Байикь, ва Гъонохъ росабалъа цо-цо хъизаназулгун.

Т1оцебе ниж щвана Г1орут1а росулъа Сайгидах1мадова Пат1иматихъе. Жиндирго къисматалъул бицунелъул Пат1имат бадиб маг1у хулун пашманлъулей йик1ана, хадубги дагьай рак1 разилъун г1адин лъугьуней йик1ана. Гьелъ нижее бицана гьадин:-Дун ккола бет1ергьанчи нахъа гьеч1ей, вас хварай, вац гьеч1ей г1адан. 2 г1исинал лъималги нахъе тун хвана дир вас. Рух1алил керен ц1урай дица Алх1амдулилагьилан Аллагьасе рецц гьабулаан, лъималг1аги ругелъулин абун. Г1емер заманалъго теч1о нусалъги дун рак1 батун. К1иго лъималги дихъе рехун тун ана гьей росасе. Гьит1инав васасул бук1ана г1иц1го 7 моц1 эбелалъ хьихьизе дихъе рехун толеб мехалда. Гьелдаса нахъе васасул рух1 лъималазулъ лъун бугеб г1адин хьихьана дица васал. Гьабсаг1аталда к1удияв вас анлъабилеб классалде уна, гьит1инав т1оцебесеб классалде хьвадула. Амма дида квеш бук1араб жо буго эбел-эмен гьеч1ел к1иго бесдалазе пенсияцин щунгут1и. Лъималазул эбелалъ лъимал дит1е рехун тун рук1аниги щиб, гьел жиндирго инсут1а т1адги хъван босун буго жиндиего к1иабилеб лъимер гьабураб мехалъ пачалихъалъ кьолеб эбелалъул капитал. Дидаги лъималаздаги щибго бихьуларо. Цо нухалда районалъул администрациялъул бет1ер Дарбишев Х1ажияс 5 азарго гъурущ бач1ун бук1ана. Гьелде дица лъималазе рет1ел-кун босана. Азарабго баркала буго гьесие дун г1адинай мискинч1ужу рак1алде щун кумек гьабуралъухъ.

Лъималазул эбел бат1ияб районалдаса йик1иналъ, гьей лъималазда берч1ванги йихьулароан. Цо нухалъ дирго ясалъухъе Мах1ачхъалаялде щвезе унелъул, цадахъ рачун рук1ана васасул лъималги. Автостанциялда ч1ун рук1арал нижер тохлъукьего бер реч1ч1ана лъималазул эбелалда, кодоб ккун цо чанго моц1 бараб г1адаб лъимерги бук1ана гьелъухъ. Гьей ниж рихьич1еб хвелги гьабун цеесан уней йик1ана. К1удияв васасда лъана гьей ят1а яхъизе. Цин аск1ове инарилан вук1арав вас, хадубги ч1езе к1веч1ого эбелалъухъе векерун ана. Гьей гьесда к1алъана, к1удияв г1ун вугилан абуна ва жий киеялиго г1едег1ун йигиланги абун цееса ана. Бицинего ккелищха лъималазул рек1елъе гьей цееса ингун бач1араб пашманлъи. Бокьилаан нижер лъималазе пенсия щвезег1аги кумек гьабуни.

Хадуб ниж щвана Байикьа Шамилова Пат1иматихъе. Гьей ккола 4 класс лъуг1аралдаса нахъе колхозалдаги х1алт1арай, къо бихьун маг1ишатги гьабурай г1адан. Колхозалъул г1иги къунц1анила, г1ияе вехьлъиги гьабунила бет1ергьанчиясда цадахъ, г1иял къавут1а вук1анщинав чиясе квенги гьабунила, гьабич1еб ч1ег1ераб, хъах1аб х1алт1иги хут1ич1илан бицуна Пат1иматица. –Ункъго васги 2 ясги ругилан йохун йик1унаан дун, киданиги рак1алде кколеб бук1инч1о бесдал лъимал хьихьизе ккелилан. Амма нусги хун васасул лъималги хьихьизе ккана. Дица жигар бахъана бажарараб куцалда лъималазда эбел гьеч1олъи лъазе теларилан дирго лъималазе гьабурабщинаб ва жеги ц1ик1к1унги гьезие гьабизе. Лъималаз ва Т1адег1анав Аллагьас кьела гьелъие къимат. Гьабунщинаб г1адада ккун батугеги.

Хадубги ниж щвана гьебго росулъа Г1абдулгъафуровал: Пат1имат ва Умалхайир Асадулаевнаязухъе. К1иялго руго лъимерлъиялдасанго инвалидал. Пат1имат ккола 1-себ группаялъул инвалид, гьелда бицине мац1 лъаларо, яги щибниги жиндихъаго гьабун бажаруларо. Эбел хвезег1ан гьелъ т1алаб-агъаз гьабулаан Пат1иматил. Гьей хун хадуб жийгоги заг1ипай г1адан йик1аниги, яц Умалхайирил ц1обалде ккана гьей. Умалхайирица гьелъие лъимадуе г1адаб хъулухъ гьабула. Гьелде гурого Пат1имат т1ок1ав бат1ияв чиясдеги йиссунаро.

Хадубги ниж щвана Гъонохъ росулъа Казбекова Батучихъе.

Херай эбелги к1иго унтарал инвалидал ясалги хьихьун руго Батучица. Лъебергоялдасаги т1аде арал сонал руго гьелъул гьеб х1алалда. Т1оцебесеб лъимер гьабуралдаса нахъе сах-саламатго бусада егизе щвараб заманго лъаларилан бицуна гьелъ. Амма гьей къуркьич1о, меседал г1адин ясалги хьихьула, эбелалъулги т1алаб гьабула. Гьединал къо х1ехьолел  руго нилъер руччаби.

Дица гьанир рехсаралги, рехсеч1ого хут1аралги жегиги ратизе бегьула нилъер районалда гьадинал хъизанал. Лъимал г1езарулаго киг1ан къо бихьулеб нилъер улбузда, хасго гьел унта-щокъалги ругони. Чан макьу гьеч1ел сардал гьелъ рорч1улел лъимадул кинидахъги ч1ун. Лъимал кьижич1ого кьижуларо гьей. Лъимал кванач1ого кваналаро гьей. Дида гьединал бах1арчиял, къох1ехьолеллъун рихьана ниж щварал хъизаназда ратарал руччаби. Аллагьасулги г1адамазулги рахъалъан баркалаги кириги буго гьезие.

Амма дир рак1 гурх1ана эбелалъ рехун тарал лъимал хьихьарай Г1орут1аса Пат1иматида. Бесдал лъималазе пенсия бахъизабизеги, гьезул эбелалъ босулеб батани лъималазул пенсия, гьеб т1адбуссинабизеги, херай Пат1иматие кумек гьабизеги т1адаб буго росдал администрациялдагун жамаг1аталда, районалъул хъизаназе ва лъималазе социалияб кумек гьабиялъул централда ва гьей г1аданалъул къварилъи бич1ч1улел т1олалго г1адамазда.

Пат1иматие къуват ва сахлъи гьарула лъимал г1адамазулъе рахъинаризе ва гьел бит1араб тарбия кьун куцазеги.

Т1олалго районалъулго хъизаназе гьарула роц1араб зоб, гвангъараб бакъ. Биччанте щивасул рек1елъ рохелги аваданлъиги бук1ине, камугеги гьезда сверухъ лъимадул релъи. Рек1к1 гьеч1еб, талих1аб батаги г1умру, щивасул хъизан-рукъалда баракат лъеги.

Н. Г1алиева.                  

Просмотров: 984 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz