Суббота, 27.04.2024, 10:06 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Май » 8 » БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУЛ ПАРАД.
12:53
БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУЛ ПАРАД.

1945 соналъул 15 маялда Кремлялда т1обит1араб совещаниялда К1удияб Ват1анияб рагъда фашистазулаб Германиялда т1ад Бергьенлъи  босиялъул х1урматалда, гьеб к1одо гьабун Бет1ерав Главнокомандующий И. В. Сталиница предложение кьола банкет кьезе ва парад т1обит1изе. Гьелде х1адурлъизелъун Генштабалда хехаб къаг1идаялда г1уц1ула хасаб комиссия. Х1адурлъиялъулал т1олалго тадбиразе нухмалъи гьабизе т1адкъала Москваялъул рагъулаб округалъул командующий, Москва шагьаралъул гарнизоналъул начальник  генерал-полковник П. А. Артьемевасда. Х1адурлъиялъул г1уц1арухъабилъун рук1ана Генералияб штабалъул Бет1ераб  управлениялъул начальник, генерал полковник С. М. Штеменко ва Генералияб штабалъул начальник, генерал  А. И. Антонов. Парад х1адуризе комиссиялъ к1иго моц1 кьеян гьарулеб бук1уна. Сталиница гьелъие кьола г1иц1го 30 къо. Гьеб къокъабго заманлда жаниб 4 миллион рагъухъанасда гьоркьоса парадалда г1ахьаллъизе т1аса вищизе кколаан бищунго мустах1икъав 15 азарго солдат, гьезие букъизе кколаан парадалъулаб форма ва бищунго  аслияб - 4 соналъ х1ажалъич1еб строевой шагалда  рилъине ругьун гьаризе кколаан рагъухъаби.

Парад т1обит1улеб 24 июналъ радалго байбихьана ц1ад базе. Парадалъе нухмалъи гьабулеб бук1ана Маршал К. К. Рокоссовскияс, гьеб къабул гьабулеб бук1ана Совет Союзалъул Маршал Г. К. Жуковас. К1иялго рук1ана чуязда рек1ун. Ленинил Мавзолеялъул трибунаялдасан  парадалъухъ ралагьун рук1ана И. В. Сталин, Молотов, Калинин, Ворошилов ва цойгидалги Политбюроялъул членал.  Г. К. Жуковасул «Воспоминания и размышления» абураб т1охьода хъвалеб буго Сталинил вас Василийица бицанила парад къабул гьабизелъун чода рек1ине ругьун гьавулаго, чоца хъамун Сталин гъоркье рехун вук1анила, гьелъ парад къабул гьабизе жинда т1ад къанилан абун.

Парад байбихьула суворовцал – къолохъабазул полк площадалдасан иналдалъун. Гьезда хадур маршалда гъоркь уна Карельский, Ленинградский, 1-себ Прибалтикаялъул, 3-леб, 2-леб ва 1-себ Белоруссиялъул, 1-себ, 2-леб, 3-леб ва 4-леб Украинаялъул фронтазул ва Рагъулабгун Ралъдал Флоталъул цолъарал полкал. Т1оцебесеб Белоруссиялъул фронталда гъорлъ колонна гьабун ана «Войско Польскиялъул» рагъухъабиги. Щибаб полкалъе оркестралъ бачунеб бук1ана хасаб маршги. Ц1ар раг1арал фронтазул полказул цересел кьеразда рук1ана фронтазул ва  армиязул командующиял, гьединго частазул ва соединениязул байрахъалгун Совет Союзалъул Бах1арзал (кинабниги 36 рагъулаб байрахъ). Парадалда г1ахьаллъи гьабула 1400 чи гъорлъ вугеб рагъулаб оркестралъги. Чвахун ц1ад балеб бук1иналъ парадалда г1ахьаллъи гьабун бажаруларо самолетазда ва  колонна гьабун ине рак1алда бук1арал Москваялъул зах1матчаг1азда. Парадалде Бергьенлъиялъул Байрахъ босун бук1ун гьеч1о. Маршалда гъоркь унаго нилъер рагъухъабаз Мавзолеялъул трибунаялдехун руссинарун рук1уна бут1рул, Политбюроялъул членазе саламги честги кьолаго, союзниказул вакилзаби ругеб бак1алде щведал, гьез к1иабилеб фронт хадуб бехъерхъизабун гурони рагьич1елъул гьезул рахъалде руссинч1ого, бит1ун цере унел рук1уна. Полказул ахиралда солдатазул хасаб колоннаялъухъ, 200 чияс г1одореги руссинарун росун рач1унел рук1уна щущахъ риххизарурал фашистазул аскаразул байрахъал ва штандартал. Къолол кьабиялда гъоркь гьел рехула Мавзолеялде цере. Бищун цебе, Федор Легкошкурица рехула  СС батальоналъул Гитлер ц1унулезул лейбштандарт LSSAH. Немцазул  байрахъал х1ат1икье рехулаго, щущахъ вихизавурав тушманасде бугеб рокьукълъи бихьизабизелъун солдатаз хун рук1ана квердахелал. Парадалдаса хадуб квердахелалги  байрахъал т1аде рехизе хъорщол гьабураб  мег1елиги бух1ана. Киналго гьел байрахъал СМЕРШ командаялъул хасаб къокъаялъ 1945 соналъул май моц1алъ полказул штабазда гьел ц1унаралъуса данде гьарун рук1ана. Байрахъал кколаан басриял – 1935 соналъго х1адур гьарурал, ц1иял рагъ лъуг1изег1ан гьарун рук1инч1о. Гьанибго, немцал киданиги  рахъинч1о борхараб байрахъалда гъоркь гьужумалъ. 1935 соналъго букъараб Гитлерил  LSSAH – лейбштандарт гьабсаг1атги ФСБялъул архивалда буго. Немцазул байрахъазда гъорлъ буго Кайзерил заманаялъго бук1араб къогог1аги байрахъги.

Парад т1обит1улаго Г. К. Жуковас хвезабула г1урусазул к1иго нек1сияб г1адат – умумулъанго гьукъараб буго  Кремлялъул Спасский сиялъул кавабахъан чот1а рек1унги бот1рода т1агъур лъунги хьвадизе.

Т1оцебесеб парад бахъула г1емерал фотографаз, бахъула гьелъул видеоги, гьеб бахъула нилъерго улкаялда  гьабураб  кинопленкаялда гуребги, немцазухъа бахъараб, трофейнияб  бат1и-бат1иял кьеразулаб кинопленкаялдаги. Парадалъул х1акъалъулъ радиоялдасан бицуна ц1ар раг1арал хъвадарухъабаз, поэтаз, журналистаз: В. Ивановас, А. Твардовскияс, Л. Кассилица ва цогидазги. Гьелдаса хадуб 1965 соналде щвезег1ан Бергьенлъиялъул х1урматалда Сталиница парадал т1орит1уларо. 1965 соналъ Бергьенлъиялъул къо – 9 май лъазабуна официалияб байрамлъун ва к1одо гьабула санайил.

1945 соналъул 26 июналъ СССРалъул Верховный Советалъул  Президиумалъул Указалда рекъон бахъула Совет Союзалъул Генералиссимус абураб ц1ар, 27 июналъ гьеб ц1ар кьола И. В. Сталиние.

Ц1адалаб къо бук1аниги щивниги унаро Парадалдаса рокъове. Гьеб къо бук1ана Совет Союзалъул т1олабго халкъалъулго кутакаб рохалилаб, г1асияв тушманасда т1ад босараб Бергьенлъи К1одо гьабураб къолъун.

П. Гунашева.


Просмотров: 693 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz