ХIурматиял КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIи, кIвахI-свак лъачIого тылалда хIалтIарал, тIолалго районцоял! КIудияб рекIел асаргун баркула нужеда КIудияб Бергьенлъиялъул къо – 9 май! Цогидал байрамазде дандеккун гьеб байрамалъул буго тIокIлъи ва тIадегIанлъи. Историялда жеги данд чIван рукIинчIел гIасилъаби, камиял, аза-азар чIунтизарурал шагьарал, росаби, магIишатал. КъохIехьей, бахIарчилъи, ВатIаналде хIисаб тун цIикIкIараб рокьи ва миллатазда гьоркьоб вацлъи - Бергьенлъиялъул аслиял шартIал. 2580 районцоязул рагъдаса руссана I232 чи. Гьезулги I6 чи хутIун вуго жакъа районалъул росабалъ. Нилъеца бутIрул къулун хIурмат гьабула гьезул. Гьале 68 сон сверана ВатIанияб рагъда тIадчагIазул гIакъилаб нухмалъиялда гъоркь Совет халкъалъ цIар рагIараб Бергьенлъи босаралдаса. Гьеб заманалда жаниб чанго батIияб гIел хисана нилъер улкаялда, хисана гьелъул политикияб гIуцIи. Амма инсаният бугебгIан мехалъ кIочене гьечIо нилъееги нилъер ирсилазеги гIоло къеркьаразул цIарал, гьезул бахIарчиял ишал. Гьезул мисал хадусел гIелазе абадиялъего дарслъун хутIила. Хириял КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIи ва тIолалго районцоял! Гьаб къимат тIокIаб байрамги баркулаго, бокьун буго нужее киназего гьаризе рекъел, талихI, рохел. Биччанте рагъул кьогIлъиги, кьалул гъугъайги нилъедаги нилъер наслабаздаги киданиги бихьунгутIизе!Районалъул администрациялъул бетIер ХI. ДАРБИШЕВ. РАЙОНАЛЪУЛ СОБРАНИЕ. РАЙОНАЛЪУЛ РАГЪУЛ ВА ЗАХIМАТАЛЪУЛ ВЕТЕРАНАЗУЛ СОВЕТ.
|
Автор.Википедиялдаса босана П. ГУНАШЕВАЛЪ.Май 2013с.
1945 соналъул 15 маялда Кремлялда т1обит1араб
совещаниялда К1удияб Ват1анияб рагъда фашистазулаб Германиялда т1ад
Бергьенлъи босиялъул х1урматалда, гьеб
к1одо гьабун Бет1ерав Главнокомандующий И. В. Сталиница предложение кьола
банкет кьезе ва парад т1обит1изе.
|
|