Главная » Архив материалов
Автор Р.Х1амзатов.Сентябрь 2013с. 1942 соналъул ц1орораб декабрь моц1, Тверь областалъул
ракьалда тушманасулгун ц1об гьеч1еб рагъ, немцазул к1удияб къуват сверунги
ккун, т1убан щущахъ бихизабизе Т1адег1анаб
командованиялъул буюрухъ. Амма советиял аскаразул гьеб план г1умруялде
бахъинч1о, гьеб рагъулъ г1ахьаллъараб анц1илаич1абилеб механизированнияб
бригада жибго ккана тушманасул к1ич1икье. Ц1ияб буюрухъ – немцаз пайда босизе
теч1ого кинабго рагъулаб техникаги хвезабун горсверудаса рорч1изе. Анц1ила цо
рагъухъанасдасан г1уц1араб разведчиказул къокъа къеркьолеб бук1ана
тушманасул дагьабниги «жагъалаб бак1»
батун гьеб т1езабизе. Т1асахун самолетаз, ракьалдасан танкабазгун г1арадабаз
къинабулеб бук1ана немцаз гьезул гьужум. Гьале т1уна горсвери, цере
разведчикалгун бригадаялъул рагъухъаби
гьениса къват1ире лъугьунел. Аск1обго
бихъараб бомбаялъ разведчикал г1одор лъуна, т1аде хъван бач1араб ракьалъ гьел
абадиялъго рахчана…
|
ГIемерал гIасрабаз поэзиялъул гъваридал асарал гIуцIараб ва унго-унголъунги гьелъул къимат гьабулеб халкъалъул шагIирлъун вукIин бигьаяб жо гуро. Бигьаяб жо гуро халкъалъул рекIелъ рукъ ккурал ЧIанкIа, МахIмуд, ХIамзат гIадал рагIул устарзабаздаса хадуб кучIдул хъвазеги. Амма Духъа гьеб бажарана, Дулъ дурго халкъалъул махIги, рухIги, xlacpатги букIиналъ. Гьединлъидал къабул гьавуна мун кIудияв шагIир хIисабалда дунялалъул халкъаз.
|
Автор.Х1амзаев Расул.Сентябрь 2013с.
Исана нилъер к1удияв шаг1ир Расул Х1амзатов гьавун
90 сон т1убала. Гьеб тадбир к1одо гьабулеб буго улкаялдаго. Расул Х1амзатовас
хъвана г1емерал гьайбатал асарал. Расул Х1амзатов куч1дул хъвазе лъугьана жеги
гьит1инго, школалъул г1умруялда 13-15 сон бугев чи. Расулил т1оцебесеб т1ехь
къват1ибе бахъана 1943 соналъ «Х1асратаб
рокьиги боркьараб ццинги» абураб. Расул Х1амзатовасул асарал руго ц1акъ гъваридаб маг1наялъул,
ц1алулесул рек1елъе хехго лъугьунел.
Киг1ан ц1ик1к1араб къимат кьуниги гьелъие мустах1икъал асарал. Соналдаса соналде
цебе т1ун бач1ана Расулил поэтикияб махщел.
|
Автор.П.Гунашева.Август 2013с. 23 августалда райцентралда
халкъияб творчествалъул рокъоб щибаб санайилго г1адин т1обит1ана лъай
кьеялъул х1алт1ухъабазулаб совещание. Данделъиялда г1ахьаллъана педагогикиял х1алт1ухъаби гурелги, районалъул нухмалъулелги, т1аде рач1арал гьалбалги.
|
Автор.Г1иса Г1исаев.Август 2013с.
Г1агарлъулел руго К1удияв Расулил поэзиялъул ва «Хъах1ал
къункърабазул къоял». Исана гьел къоязул цо
хаслъиги буго: гьел къояз к1одо гьабизе буго Расулица 90 сон т1убаялъул
юбилей. Т1олгороссиялъул литературияб праздниклъун ва бат1и- бат1иял рагъазда
хварал рак1алде щвезарулел къояллъун
лъугьарал гьел сентябралъул къояз т1олабго Дагъистаналдаса вакилзаби гурелги
Россиялдасаги ва къват1исел
пачалихъаздасаги гьалбал къабул гьаризе х1адурлъулеб буго Хунзахъ т1алъи.
Т1адбан унеб буго Расулие балеб бугеб мемориалияб комплексалда х1алт1и. 8
сентябралда комплекс рагьизе бук1иналда рак1чезабулеб буго гьеб балез.
|
ХIурматиял районцоял – диналъул вацалги яцалги! РакI-ракIалъ баркула нужеда бусурбабазул динияб ва рухIияб гIумруялъул тIей гьечIеб бутIалъун кколеб, нилъер щивас жиб лъикIал ишаздалъун, гурхIел- рахIмуялдалъун, рухIияб камиллъиялдалъун ва къадру тIадегIанлъиялдалъун кIодо гьабизе хIаракат бахъараб Рамазан моцIалъул ахирлъун кколеб КIалбиччаялъул гIид! Биччанте гьаб къадруяб моцIалъул гурхIел-рахIму нилъер щибаб къойилаб гIумру цадахъаблъун букIине. Щибаб рокъобе, щибаб хъизамалде рохелги, рекъелги, хинлъиги босун бачIараблъун батаги нилъее гьаб баракатаб байрам. Ккурал кIалалги гьабураб гIибадатги Аллагьас къабулги гьабун, нужее Алжаналъе рагьараб кавулъун лъугьаги, хIурматиял ракьцоял!«Хунзахъ район» муниципалияб гIуцIиялъул бетIерасул ишал тIуралев С. ЮСУПОВ. РАЙСОБРАНИЕ. «РОСДАЛ ЗАХIМАТЧИ».
|
Автор.Г1.Г1исаев.Август 2013с. Россиялъул ч1ах1иял
х1акимзабазул доходазул х1акъалъулъ деклорация къват1ибе бач1индал, рак1алде
бач1ана «Росдал зах1матчи» газеталъ къват1ибе кьураб Бакьагьеч1иса Ш. Расуловалъул кагъат
Шагьзанатица хъвалеб бугоан квачараб
хасалоги хинаб риидаги рагьараб зодикь х1алт1улев слесарасе 4500 гъурущ
бугин харжан. Гьелъ щивниги г1ажаиблъизавич1о: гьединаб гьит1инаб харжида ругелги, харжго гьеч1елги
Россиялда миллионал руго. Гьеб 20-25 соналъ нилъ ругьунлъараб х1акъикъат буго
гьеб.
|
Автор.Г1.Г1исаев.Август 2013с. «Росдал зах1матчи» газеталъул мухбирасул суалазе Гьац1алухъ
росдал бет1ер Х1ажимух1амадов Муртазаг1алица кьурал жавабал
ц1ализе бегьула нужеца жакъасеб газеталда.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Август 2013с. 31 июлалда Хунзахъ райадминистрациялъул данделъабазул
залалда т1обит1ана Дагъистаналъул Президентасул жанисеб политикаялъул
управлениялъул начальник Артур Исрапилов, республикаялъул промышленносталъул ва
энергетикаялъул министр Ризван Гъазимух1амадов, росабазул администрациязул
бут1рул, районалъул учреждениязулгун организациязул нухмалъулел,
райсобраниялъул депутатал ва гь.ц. г1ахьаллъараб данделъи. Тахшагьаралдаса рач1арал гьалбадерил сапаралъул аслияб мурад
бук1ана, районалъул администрациялъул бет1ер Х1. Дарбишев отпускалде ва
хадубккун бат1ияб х1алт1уде унев вук1иналда бан, «Хунзахъ район» муниципалияб
г1уц1иялъул бет1ерасул ишал т1уралевлъун Юсупов Саг1ид Камилович вихьизави. 37
сонил ригьалда вугев гьев г1олохъанчи жакъа къоялде щвезег1ан х1алт1улев
вук1ана «Новороссийский комбинат хлебопродуктов» ОООялъул нухмалъулевлъун.
|
Автор.Н.Г1алиева.Август 2013с. Дагьаб цебег1ан районалъул руччабазул комитеталъул
председатель П. Набиевагун цадахъ районалъул росабалъ ругел ригь арал г1адамазухъе
гьезул ах1вал-х1ал ц1ехон унелъул нижер лъай-хъвай ккана Г1орот1а росулъа
Шамхалова Алипатилгун.
|
Автор.Х.Ах1мадов.Шамиль районалъул х1урматияв гражданин.Август 2013с. Дагъистаналъул политикияв ва жамг1ияв х1аракатчи Шагьрудин
Шамхалов гьавуна Авар округалъул Т1ануси росулъ 1914 соналъул 8 июналда.
Х1алт1ана КПССалъул обкомалъул секретарьлъун, Дагъистаналъул Совнархозалъул
председательлъун, Министерзабазул Советалъул председателасул заместительлъун,
ДАССРалъул Верховный Советалъул
Президиумалъул председательлъун.
|
Автор.Г1.Мух1амадов,учитель,Т1ануси росу.Июль 2013с. ЦIикIкIараб
гIелалъул дагъистаниязда лъалеб батила араб гIасруялъул 60 аб. соназда гIисинал
миллатазул мацIазда сверухъ букIараб гара-чIвари. Доб мехалъ цо-цо къвал чуреян
абидал чухъаго чурулел хIакимзабаз (хасго чIегIерабги хъахIабги гурони кьер
батIа бахъизе лъаларел магIарул хIакимзабаз) байбихьун букIана миллиял мацIазда сверухъ бахIс. Абулеб
букIана нилъер росабазул школал тIубанго гIурус мацIалде рачине ккелин ва гьеб
букIинин Дагъистаналъул халкъазул рухIияб цебетIеялъе нугIлъи гьабулеб
хIужжалъун. ТалихIалъ хеккого къватIибе бачIана Р. ХIамзатовасул «Авар мацI»
абураб кечI ва носоца къотIаралгIадин лъугIун ана дол бахIсалги. (Доб кечI
рекIехъе цIалулев цо чи дунялалда вугевгIан заманаялда авар мацI чIаго
букIиналдаги кинаб букIаниги щаклъи гьечIо). Амма жакъа суал дагьаб батIайиса
лъун буго. Суал буго гьадин: нилъер гъваридаб, бечедаб авар мацI кин цIунилеб,
кин гьелъул берцинлъи кIоченаредухъ лъималазда бичIчIизабилеб, щиб гьелда
хурхун умумуз, учительзабаз, лъай кьеялъул идарабаз, гьабилеб абун. Гьелда
хурхун журналист М. ГIалиевас «Нилъер унти – рахьдал мацI» абураб макъалаялда
(«ХIакъикъат» журнал № 2I 20I3 с.) хъвалеб буго:
|
Хунзахъ районалъул территориалияб рищиязул комиссиялъул 2013
соналъул 22 июлалъ гьабураб «О регистрации кандидатов на должность главы
муниципального образования «Хунзахский район» х1укмуялдалъун «Хунзахъ район»
муниципалияб г1уц1иялъул бет1ерлъиялде хъвай-хъваг1ай гьабун буго хадусел
кандидатазул:
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Июль 2013с. 27 июналда Хунзахъ райадминистрациялъул данделъабазул
залалда т1обит1ана Дагъистан Республикаялъул Президентасул районалда
вихьизавурав вакил ва куратор, республикаялъул туризмалъул комитеталъул
председатель Мух1амад Г1исаевасулги районцоязулги дандч1вай.Р. Г1абдулат1иповасул бихьизабиялда рекъон щибаб
шагьаралдегун районалде гьарулел руго гьединал
ишалъулал сапарал, муниципалитетазда бугеб социалиябгун экономикияб ах1вал-х1ал, президентасул
т1адкъаял т1уразариялъул ин лъазелъун.
|
Автор.Г1иса Г1исаев.Июль 2013с.
Инсанасул г1умруялъул г1урабго заман, г1ага-шагарго
лъабил бут1а, уна х1алт1уда нахъа – цояв
учительлъун, цогидав тохтурлъун, цо-цоял г1ухьбилъун ва гь.ц. Гьединлъидал
рек1ее бокьулеб х1алт1уде ккей, бокьулеб махщел щвей хъизан-рукъалъул талих1
кьей г1адаб жо буго. Аллагьас ц1унаги бокьулареб ишалде щибаб къоялъ ине ккеялъул г1азабалдаса. Гьединаб х1алт1уца
кьолеб пайдаги – дагьаб бук1уна.
|
« 1 2 ... 67 68 69 70 71 ... 87 88 » |