Четверг, 02.05.2024, 13:08 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Август » 30 » БАТ1И-БАТ1ИЯЛ ГАРА-Ч1ВАРИЯЗДАСА Г1АКЪИЛАСУЛ ЖАВАБАЛ.
15:36
БАТ1И-БАТ1ИЯЛ ГАРА-Ч1ВАРИЯЗДАСА Г1АКЪИЛАСУЛ ЖАВАБАЛ.

Расул Х1амзатович,  Мун лъалаан дунялалдаго. Кибго дур ц1ар т1ибит1ун бук1ана. Гьанже?

Дун х1инкъула дирго машгьурлъиялдаса. Машгьурлъи гьеб рецц гуро. Дир эменги к1удияв Мах1мудги дунялалда лъалароан, амма гьел рокьула ва ц1алула халкъалъ.

Заманалъ бач1инабула машгьурлъи. Гьанжейин абуни телевидениялъул машгьурлъиги баккун буго. Дун х1инкъула гьединаб машгьурлъиялдаса ва дирго творчествалда щаклъизе бач1уна.

Литератураялъул тарихалда ратула г1емерал жидеде к1вар кьеч1ого толарел  мисалал. Пролетариязул рук1ана машгьурал поэтал – гьенже лъида гьел лъалел? Яги восани Бестужев – жиндир заманалда киг1анги машгьурав. Гьанжейин абуни  щиб гьелъул хут1араб? Ва гьебго заманалда бук1арабищха  машгьурлъи Пастернакил, Цветаевалъул, Булгаковасул? Пастернакица хъвана: машгьурлъи – гьеб сурукъаб иш кколилан…

Амма реццалъги поэт гьавуларо. Поэт гьавула пагьмуялъ  ва берцинлъиялъ.

- Дур асаразулъ буго г1емераб унти, бух1и, дида хъат1ула, лъала гьеб унти. Сунца бачараб гьеб асаразулъе?

- Дунго божулев вук1араб г1емериселдаса рак1 бух1иялъ, дунго махсароде кквезе ч1еялъ, дир г1емерал цересел ва г1агарал г1адамал камиялъ. Божут1а рек1к1, гьудул-гьалмагълъи ками рек1елъ къараб ханжарлъун лъугьуна г1адамасе.

Амма пашманлъиялъулъги къварилъиялъулъги дун мук1урлъана цоги жоялъе – дагьлъун гьеч1о жеги  ракьалда пагьму бугел г1адамал, буго жеги нилъер г1адамазулъ сахаватлъиги, рац1ц1алъиги, т1адег1анлъиги.

- Расул Х1амзатович, мун кидаго рази-ракияв, г1умруялдаса вохаравлъун лъалаан. Рек1ел унти, бух1и, разиявин кколев дур рек1елъ бахчунищ кидаго бук1араб?

- Дица дунго рази-ракиявлъун рик1к1унаро. Кидаго рагьарав чи гьев  ах1макъ ккола,- ян абун буго поэтас. Амма … г1адамасда т1адаб буго аск1ов вугесе пашманлъи гуреб, рохел сайгъат гьабизе. Маг1арул мац1алда къват1ибе биччалеб буго дир  10 томалъул т1ехь. Рокьул гьалаглъиги пашманлъиги гъорлъ ругел куч1дул анц1-анц1 нухалъги къват1ире риччана, Г1умруялъул т1алабазул х1акъалъулъ хъварал, рек1ее асар кколарел к1очон тун руго талих1алъ гьединал саринал дир дагьал гурого гьеч1о.

- Нилъ ц1акъ х1инкъула ахираталдаса х1инкъула гьелъул пикру гьабизецин. Гьанжесел дур куч1дулъ гьеб тема бихьулеб буго. Бихьулеб буго гьеб кидаго  нилъер хьолбохъ ч1ун бук1ин ва гьелъукьа х1инкъизе ккалареблъи дуда лъалеб бук1ин.

- Дунялалде вач1аралдаса г1адан х1инкъула г1умруялдаса. Хвел г1агарлъанаг1анин абуни – хвалдасаги. Абадияб рукъалдаса  дун х1инкъуларо, х1инкъула г1емераб жо г1адамазда  бицинч1ого хут1ун бук1иналдаса, гьелъие заман г1еч1олъиялдаса.

 Гьанже х1ал дагьлъун буго. Ургъелал, пикраби г1емерал руго, доб дунялалдасанин абуни телефоналъул звархи, телеграммаби г1емерлъун руго, дове ах1улев вуго…

Талих1алъул ц1ва доба рик1к1ада хут1ана…

Цоги абила: Кинабго талих1алъ жиндирго багьа ах1ула, мух1канго абуни – тамих1 ккола гьеб. Ва тамих1алъул ц1адул карачел г1агарлъулеб буго. Дицаги гьеб бук1ине кколеблъун къабул гьабула.

Рак1 бух1улеб буго – г1емераб жо хут1улеб буго раг1алде бахъинч1ого. Лъуг1ич1ого хут1улеб буго «Дир Дагъистан» - щаклъизе бач1унеб буго дирищ гьеб гьанже, чиярищилан, раг1алде бахъинч1о Маршакиего раг1и кьун бук1араб поэма «Дингир Дангарчу», гьединго лъуг1ун гьеч1о Мах1мудилги Муилги рокьул х1акъалъулъ поэмаги.

- Персазул  ц1ар арал шаг1ирзаби Г1умар Х1аям, Фирдоуси, Джамиги х1инкъич1о ахираталдаса, гьелъул г1аксалда к1одо гьабунцин хъвана гьелъул. Нек1сияб литератураялда кин рагьулеб бугеб гьеб тема? Масала Дантеца?

- Нилъер заманалда Твардовскияс хъвана «Теркин доб дунялалда» абураб поэма, Булгаковас харбал. Нилъер советияб литературайин абуни атеизмалъул тарбиялда г1уц1араб бук1ана. Диргоги буго «Г1адамалги раг1адалги» абураб поэма – доб дунялалда лъугьа-бахъунелъул бицунеб. Гьелъухъ доб заманалъ Твардовкияс дида бух1изабуна дуца жиндир пикраби рикъун ругилан, дицаги гьесие  жаваб кьун бук1ана гьел мун гьавилалде г1емерго цебе цогидазул бот1ролъ рук1арал макънал ругилан.

- Дунялалда г1адан т1убан талих1авлъун вук1ине щиб х1ажалъулеб? Дуда лъалищ гьеб балъголъи?

- Т1убарабги т1аса камурабги талих1 бук1унаро. Рак1-рак1алъ абуни гьанже талих1 гьезего гьеч1о, гьанже бечедалги г1одулеллъидалха. Щай? Щайгурелъул талих1алдасан х1инкъи ц1ик1к1унеб бугелъул. Дунгоги рик1к1унаро дица т1убан талих1авлъун, талих1авин абулев чиги жеги вихьич1о дида. Т1убанго талих1авлъун вук1ине цоясе сахлъи кьун гьеч1о, цогидасе г1арац г1олеб гьеч1о, дов цоясе заман гьеч1о, г1емерисезейин абуни, данде къан, гьеб кинабго  щолеб гьеч1о.

Гьанже талих1 къосиналдаса нилъго ц1униялда т1ад ургъизе кколел руго. Цоги абила: гьанже талих1алда хадур хапдезе ва доб дунялалдаса х1инкъизе гуро ккун ругел. Х1инкъи буго рогьо – ничалдаса, гьебин абуни рик1к1ад гьеч1о.

- Анц1го соналъ цебе нилъер бук1ана идеология ва т1олабго  улкаги нилъер г1умруги бук1ана цо мурадалде руссарал. Гьанже гьеб гьеч1о. Киналго бах1салда руго – х1ажат бугищ нилъее идеология? Дур кинаб бугеб идеология?

- Идеология кидаго бук1ана, бук1инеги буго. Эркенлъийин абуни, кидалго бук1инч1о, гьанжеги гьеч1о. Бакъараб эркенлъиги бискинаб чиядарач1олъиги бук1унаро.

Цо класс т1алъиялде (ханлъиялде) бачунеб, цо партиялъе киназдаго т1ад кверщеллъи кьураб, цо аппараталъ киназего нухмалъи гьабулеб идеологиялъ г1адан мукъсан гьавула. Дица г1уц1илаан лъик1азул ва квешазул – к1иго партия.  Бичанте квешал чаг1и лъик1лъизе, лъик1ал – дагьалги лъик1лъизе.

Щибаб къарнуялъул (эпоха) буго лъик1абги квешабги рахъ. Босани, кинабго квешалъе г1айиб коммунистазде рехула. Коммунистал гурищ рук1арал машгьурал, жидер пагьму-гьунаралъе дунялго  мук1урал Пикассо, Неруда, Арагон, Хикмет ва  Шолохов.

Рохуца холел руго  киназего эркенлъи кьун бугилан – гьереси, киназего чияда рач1олъи щун бугилан – гьелъги чиясул г1амал – хасият хвезабула. Бич1изе заман щун буго зодоб ц1вабзазе, ралъдалъ  карачелазе г1адин ракьалда кинавго  чиясеги  бак1 г1езе бук1ин.

- Расул Х1амзатович, рохалилъги къварилъи ккаралъурги дур руго гьудулзаби. Г1адатияб г1умруялъулъ ругищ гьел?

- Цоял Верховный Советалъ, цогидал кабинетаз, лъабабилелин абуни ручабаз рахъун ана гьел дихъа. Х1алакиналъ рорта-хъетиялъ кунел руго гьел, гьезда т1аса лъугьине бегьула.

«Мац1алъ, миллаталъ, биялъ гуреб, рак1аз гьарула нилъ гьудулзабилъун»,- гьедин абуна Шекспирица. Дида рак1алда руго инсул гьудулзаби. Къисматалъ щиб хъван  батаниги гьел  гьудулзабилъунги хут1ана. Лъала жеги нус-нус х1ужаги, гьудуллъиялъул  гьоркьорлъаби  т1ут1урал ва жакъасеб  гьудуллъи тушманлъиялде сверарал.

- Мунго вокьулездехун ва дулъе жах1да бугездехун щибилан абизе дуе бокьилеб?

- Дир тушбаби гьезего гьеч1о. Дунго ккола  лъие вук1аниги тушман. Дун тушманлъун г1емераз рик1к1ана. Дилъ жах1да бугелги камуларо. Амма жах1да гьабизесеб дир щибго гьеч1о. Дилъе жах1да бугездехун дица  жах1даги гьабуларо – гьел гьелъ унтун рук1иналъ. Жах1да – гьеб ц1акъ зах1матаб унти ккола.

Дун вокьулездехун абила г1орхъолъа араб рецц – бакъ  гьабугеян, киназдаго гурелъул дир г1унгут1аби лъалел. Бицалъг1ан т1ок1ворч1арав чиги гуро дун, амма жах1дачаг1аз абизег1ан квешавги гьеч1о,- гьезул даг1баги г1адахъ босич1ого толаро. Дир г1умру кьал гуро – рокьи буго. Дица кеч1 хъвалаго ццидаца гуреб лъик1лъиялъ кьола дие пагьму.

- Ч1аголъи – пайда гьеч1еб дунялалъул х1акъалъулъ г1емераб бицана, хъвана. Кин бук1аниги г1умру гьуинаб жо буго.

- Х1икмалъизе бач1уна, кинавго чи хьандола кепкил багьаяб жо  гурила г1умруян. Амма хьандолев г1ан чиясе ц1ик1к1унги бокьулеб батула гьеб. Г1умру релъуна гьайбатай г1аданалда – рит1ухълъиялда щакдарун росас г1акъуба кьолей, амма жий гьеч1ого ч1езе к1оларей ч1ужуялда. Гьединаб жо буго г1умру.

- Нусго сонил г1умру бокьилаанищ дуе, масала Англиялъул къирал – эбел Елизавета т1оцеесей г1адин.

- Дир бот1ролги рак1алъулги раг1и данде ккунгут1и бук1уна. Бет1ер-къирал,гьелъ г1акълаби кьола, рак1ин абуни – принц, гьелъ гьел г1адахъ росуларо,- кидагосеб даг1ба-къец. Гьайгьай бокьула г1умру, щайгурелъул дунялалда жеги рит1изаризе ккарал г1емерал ишал, рач1ого хут1арал какал руго. Гьебго заманалда 100 сонги  архитектурияб т1асанккей буго. Чияр ц1обалде ккезе бокьун гьеч1о ва нусго сон барав к1удил хвелги гьедиг1ан хадуб рак1 бахъизесеб ками гуро.

Просмотров: 701 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz