Суббота, 05.09.2026, 06:05 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам день учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери подкачаться ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
-->
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » Архив материалов

Бищунго ракълилаб махщел т1аса бищун бук1ана Хунзахъ районалъул Шотот1а росулъа Г1алибегов Сайбулаца. Гьес лъуг1изабуна Ростовалда педучилище. К1удияб гъира бук1ана гьесул г1ун бач1унеб г1елалда г1елму малъизе. Х1алт1ана Г1ахьалч1и, хадуб г1агараб росдал школалда. Т1огьолъ бук1ана г1олиласул г1умру. Анищал бечедал, хиялал гьарзаял рук1ана гьесул. 1941 соналъул апрелалда гьабуна хъизан. Рек1ел пикру данде кколей жидерго росулъа Х1ажимух1амадова Мигъица Сайбулал рокъобе босун бач1ана роц1араб гвангъараб зоб. Хинал бакъул ч1орал, рохел, аваданлъи, бук1инеселде хьул, рек1ел бащалъи. Сайбулал рокъоб бук1ана релъи-хъуй, аваданлъи. Амма, наг1ана батаял фашистаз, гьеб кинабго бец1аб сардиде сверизабуна. Рагъ байбихьун бокьигун армиялде ана. Ц1алула Буйнакскиялда, цинги рагъулаб училищеялда-лейтенантасул чингун рагъде вит1ула гьев. Гьенисан рач1арал руго гьал кагътал. Гьазул маг1наялъухъ балагьун нилъеда к1ола Сайбулал рагъул нухаздасан рилълъине, гьесул пикраби, анищал, рек1ел х1ал бич1ч1изе.

 

Просмотров: 821 | Добавил: NiGMaT | Дата: 21.05.2014 | Комментарии (0)

Автор.Мух1амадрасул Гьиматов.Апрель 2014с.

Дида цебе буго маг1арулазул г1олохъанал ясал-поэтессаби, прозаикал Могьохъа (Хьаргаби район) У. Салих1овалъул, Ч1арадаса П. Г1абдурах1мановалъул, Мариза Мух1амадовалъул, Жамиля Г1абдулаевалъул, нилъер ракьцояй «Росдал зах1матчи» газеталъул редактор П. Мух1амадовалъул ва Шамил районалъул Ракьуса Рабият Къурбановалъул цадахъаб (соавторлъиялъул) куч1дузул ва харбазул 230 гьумер бугеб «Т1угьдул» абураб, берцинго къач1араб мажмуг1. Гьеб данде гьабун, къват1ибе биччазе х1адурун буго Г1. Г1алиевалъ






 

Просмотров: 692 | Добавил: NiGMaT | Дата: 21.05.2014 | Комментарии (0)

Автор.М.Х1анапиев.Апрель 2014с.

К1удияб бут1а лъуна г1урус учителас дол рик1к1адал рагъда хадусел соназ улкаялда лъай борхизабиялъул х1алт1улъ. Гьанжего-гьанже педтехникум, институт лъуг1арал г1олилал, хасго ясал рит1улел рук1ана Совет союзалъул бищунго рик1к1адал, нахъе ккарал бак1азде г1ун бач1унеб г1елалъе тарбиягун лъай кьезе. Гьезул цо бут1а бач1ана Дагъистаналдеги. Рач1ана цоял рак1алъ ах1унги цогиял жидее бихьизабурал заманалъги х1алт1ун г1агараб гъанситухъе-эбел-инсул рокъоре т1адруссинелъунги. Бат1а-бат1айса ккана гьезул къисмат. Т1адаб заманалъги х1алт1ун т1адруссаралги ккана, ккана абадиялъего гьанир хут1аралги.







 

Просмотров: 822 | Добавил: NiGMaT | Дата: 21.05.2014 | Комментарии (0)

Автор.Тимур Атаевасул статья къокъ гьабун газеталъе х1адурана Г1.Г1исаевас. 2014 с.

Имам Шамилил машгьурав наиб Х1ажимурадил х1акъалъулъ тарихчаг1азда гьоркьоб гуребги рук1уна бах1сал. Жамаг1аталъги г1емер бицуна гьесул г1умрудул нухалъул. Цоял къеркьолел руго къаркъалаги бет1ерги цолъизабун. Кавказалъул рагъул к1удияв рагъухъанасул жаназа ракьулъ букъеян, цогидаз байбихьун буго «Х1ажимурад. Жизнь на вершине отвагиян» ц1ар бугеб кино бахъизе лъабабилез, ц1ар арав маг1аруласул г1умруги бич1ч1ич1ого, Х1ажимурадиде хилиплъиялъул г1айибги г1унт1изабулеб буго. ДГУялъул профессор, «Аваразул милиябгун культурияб автономиялъул правлениялъул член Тимур Айтберовас «НД» газеталъул ц1алдохъабазе Х1ажимурадил х1акъалъулъ жиндирго пикру г1ахьал гьабулеб буго.

«Сундасаго цебе лъазабизе ккола Россиялъул империялда Х1ажимурадица кколеб бук1араб бак1,- ан рик1к1унеб буго Айтберовас. -Гьайгьай Л. Н. Толстояс жиндирго асар «Х1ажимурадилалда» г1адин бах1арчиясул хасият лъицаго рагьиларо. Толстояс жиндирго къисаялда кьун буго маг1аруласул гвангъараб хасияталъул сурат ва дагъистаниязул психология рагьун буго.



 

Просмотров: 789 | Добавил: NiGMaT | Дата: 21.05.2014 | Комментарии (0)

Автор.Х1.Г1абдулаев.Апрель 2014с.

Октябралъул революция ккун т1оцересел къояз г1уц1ана Россиялъул милиция.

Россиялдаго г1адин, революция ккун т1оцересел соназ т1обит1ана Дагъистаналдаги такъсирчилъи, шагьараздаги росабалъги рах1ат хвезабулеб бук1ана бикъа-хъамиялъ гъачагълъиялъ. 1920 соналъ ц1акъго зах1матаб х1ал бук1ана Дагъистаналда. Г1олохъанаб республикаялде данде ч1араз жигар бахъулеб бук1ана т1олабго халкъалъул рук1а-рахъин жидерго кверщаликье бачине.


 

Просмотров: 627 | Добавил: NiGMaT | Дата: 18.05.2014 | Комментарии (0)

Автор.Атикат Мух1амадова.Апрель 2014с.

Гьаб соналъул 11 апрелалда Мах1ачхъалаялда республикаялъул «Дом дружбы» к1алг1аялда т1обит1ана Хунзахъ районалъул г1олилазул ва интеллигенциялъул вакилзабазул к1иабилеб форум. Нилъер г1емерал ракьцоязул, хасго районалъул нухмалъулезул х1аракаталдалъун гьеб форум лъугьана лъик1аб пайдаяб г1адатлъун. Бихьизабизе ккола исана С. Юсуповасул жигарчиялдалъун т1обит1араб гьеб т1адег1анаб даражаялда араблъи. Гьединал тадбираз г1олилал гьет1изарула лъик1аб ц1алиялде ва жамг1ияб х1аракаталде.

 

Просмотров: 662 | Добавил: NiGMaT | Дата: 17.05.2014 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Март 2014с.

Ч1ужуг1адан т1абиг1аталъ заг1ипайлъун йижун йик1аниги, дандч1валел зах1малъабаз гьей лъугьинаюлей йиго къвак1арайлъун. Къват1исаги рукъалъулги х1алт1иги, хъизан-лъималги берцинго цадахъ махщалида рачуна гьелъ. Къойидаса къойиде ц1и-ц1иял технологиял раккулел, церет1олел заманаялъ бихьиназда бащад нухмалъи гьабулеб буго руччабаз чанги жавабчилъи ц1ик1к1арал г1уц1абазе. Берцинай, г1акъилай, сабруяй, ч1ух1и, гогьдари гьеч1ей-гьединай йиго маг1арул ч1ужуг1адан.


 

Просмотров: 877 | Добавил: NiGMaT | Дата: 17.05.2014 | Комментарии (0)

Автор.Майя Патаг1алиева.2014с.

Садакъа кьезе ккола кваранаб квералъ, квег1алда лъаларедухъ

Мух1амад ва Зиявудин Мух1амадовазул ц1аралги ишалги раг1ич1ев чи Дагъистаналда къанаг1атги ватиларо. Гьел г1олохъабазул эбел Парханисай Шуг1айбова маг1арулазда лъала сахаватай г1адан х1исабалда. Къварилъи-балагьалде ккаразе кумек гьабулаго т1амулеб буго гьелъ г1умру.

Просмотров: 677 | Добавил: NiGMaT | Дата: 16.05.2014 | Комментарии (0)

Автор.Фатима Мух1амадова. 2014 сон.
Микьго моц1г1анасеб заман буго районалъул нухмалъуде г1олохъанав, жигарав, ва х1алт1уде, лъик1ал ишазде жиндир гъира къойидаса къойиде ц1ик1к1унеб бук1ин бихьулев Саг1ид Юсупов вач1аралдаса. Узухъда, бащдаб лъаг1ел дагьаб заман буго щиб бук1аниги ц1айи бугеб гьабизе, г1унгут1аби лъуг1изаризе. Кин бук1аниги, жиндир х1алт1улаб болжалалда жаниб гьабуралъул ва гьабизе рак1алда бугелъул бицана районалъул нухмалъулес диргун бук1араб гара-ч1вариялда газета ц1алулезе.

Просмотров: 677 | Добавил: NiGMaT | Дата: 16.05.2014 | Комментарии (0)

Х1урматиял районцоял!

Раг1алде щвана ХХ1 г1асруялъул цоги сон, бегана нилъер г1умруялъул цоги т1амач, нилъеца дандч1вай гьабулеб буго Ц1ияб 2014 соналда.Бигьаяб бук1инч1о 2013 сон Россиялъулги, Дагъистаналъулги г1адамазе. Хасго гьеб зах1матаб бук1ана нилъ г1адал муг1рузул районазда г1умру гьабулезе. Амма кидаго бигьаял гурел шарт1азда г1умру гьабулел, ях1-намусалъул ц1урал, т1аде бач1араб бак1аб къо бихьинчилъиялда х1ехьезе к1олел, нилъер районалъул г1адамазда бажарана 2013 соналъул маг1ишатиялги, социалиялги суалал г1умруялде рахъине гьарун. Район цебе бачиналъул нухда гьез лъуна рак1 ч1араб цоги гали. 2013 сон бук1ана г1адамазул рук1а-рахъин лъик1лъиялда, спорталда церет1еял ва бергьенлъаби г1емераблъун. Нилъ бищунго ч1ух1изе ккараб жо: районалъул г1адамаз г1умру гьабулеб буго рек1ел парахалъиялда, ракълилаб ах1вал-х1алалда, цадахъ рекъон, цолъун, гьудуллъиялда ва вацлъиялда.Нилъеца бац1адго ва т1адег1анаб къадруялда ц1унун буго Исламияб дин ва умумуз нилъехъе кьовухъе кьолеб буго г1ун бач1унеб г1елалъухъе. Ц1ияб соналде районалъул г1адамал рач1унел руго ц1иял хьулалгун ва анищалгун, бук1инеселде щулияб рек1ел ч1ейгун. Амма жеги ч1ах1иял руго районалъул г1адамазул г1умруялъул даража борхизабиялъе т1уразе цере ч1арал масъалаби. Гьел нижеда рихьула ва рич1ч1ула. Амма ниж таваккалалда ва жигаралда къеркьезе руго гьел г1умруялде рахъине гьаризе. Нижер планазеги ишазеги къуват кьола халкъалъул цоцалъ гъункиялъ, х1аракатчилъиялъ, т1адег1анаб сабруялъ ва нижеде гьабулеб рит1ухъаб божилъиялъ!Х1урматиял ва г1агарал ракьцоял1 Рак1-рак1алъ баркула нужеда т1аде щвараб Ц1ияб-2014 сон! Гьарула щивасе сахлъи, рекъел, рес буголъи ва талих1. Т1адег1анав Аллагьас баракат рещт1айги щивасул рукъалда! Т1урайги щивасул рек1елъ ругел лъик1ал къасдалгун мурадал, лъик1лъаги г1умру-яшав. Биччанте Ц1ияб сон нилъер щивасе бук1ине рохалилаблъун, ургъел-балагьал рик1к1алъараблъун, ракълилаблъун ва талих1аблъун, рос-лъади, хъизан-лъимал, т1олалго г1адамал цоцазда рич1ч1араблъун, районалда цере ч1арал масъалаби т1ураялъе, г1адамазул г1умру-яшав лъик1лъиялъе г1оло киналго районцоял гъункулеблъун ва цолъулеблъун.Ц1ияб сонгун, ц1ияб талих1-рохелгун, х1урматиял районцоял! Баркат-рах1маталъул ц1ураблъун батаги Ц1ияб сон киназего. 

«Хунзахъ район» муниципалияб г1уц1иялъул бет1ер Саг1ид Юсупов.

Просмотров: 1031 | Добавил: NiGMaT | Дата: 31.12.2013 | Комментарии (0)

Авто.Р.Х1амзатов.Январь 2014с.

Нилъер анищал т1урараб, баркатги рохелги гьарзаяблъун батаги киназего.

Просмотров: 866 | Добавил: NiGMaT | Дата: 31.12.2013 | Комментарии (0)

Автор.Н.Г1алиева.Декабрь 2013с.

Дагьал церег1ан къоязда районалъул централияб библиотекаялъе «Бищун лъик1аб культураялъул муниципалияб учреждение» абураб конкурсалда бергьенлъиги босун щвана диплом. Нилъер библиотека рик1к1уна республикаялъул бищунго лъик1азда гьоркьосан цояблъун. Жакъа нижеца гара-ч1вари гьабуна библиотекаялъул директор Гьиматова Пат1имат Гьиматовнаялъулгун. Гьелдаги нижедаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:

Просмотров: 693 | Добавил: NiGMaT | Дата: 23.12.2013 | Комментарии (0)

Автор. Моч1охъ росдал жамаг1аталъул гьариялдалъун хъвана М-Х1. Халилбеговас.Декабрь 2013с.

Лъимал-нилъер бук1инесеб, лъимал-нилъер талих1 ва рохел, лъимал нилъер ва ват1аналъул къисмат, къуват. Хъизамалда лъимер гьаби гьеб ккола к1удияб ва рохалилаб лъугьа-бахъин. Лъималазе шарт1ал ч1езариялда ва гьел бит1араб тарбия кьун куцаялда бараб буго улкаялъул бук1инесеб.

Просмотров: 1111 | Добавил: NiGMaT | Дата: 15.12.2013 | Комментарии (0)

Автор.М.Мах1мудов.Декабрь 2013с.

Гьедин абула Расул Атаевасда жинца жаниб г1умру гьабулеб Хунзахъ росдал г1адамаз гуребги т1олабго районалъул учительзабазги.Расул гьавуна 1953 соналъ Хунзахъ росулъ хъулухъ чиясул хъизамалда. Т1ок1лъигун лъуг1изабун Хунзахъ гьоркьохъеб школагун Расул ц1ализе лъугьуна Ц1адаса Х1амзатил ц1аралда бугеб педагогияб институталъул химиялъулгун-биологиялъул факультеталде.

Просмотров: 888 | Добавил: NiGMaT | Дата: 14.12.2013 | Комментарии (0)


11 декабралъ райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана «Дагъистан республикаялъул президентасул проектал г1умруялде» абураб семинар-совещание. Республикаялъул к1варалъул гьеб тадбиралда г1ахьаллъана ДРялъул президентасул ва Х1укуматалъул администрациялъул нухмалъулесул заместитель Артур Исрапилов. Гьебго аппараталъул жанисеб политикаялъул ва территориалияб цебет1еялъул управлениялъул начальник Мавлидин Маликов, Халкъияб Собраниялъул миллиял гьоркьорлъабазул ва жамг1иялгун диниял г1уц1абазул ишазул рахъалъ нумалъулев Камил Давдиев, ДРялъул г1олилазул ишазул рахъалъ комитеталъул председатель Заур Къурбанов, министерствазул ва ведомствазул вакилзаби, мадугьалихъ районазул нухмалъулел.

Просмотров: 583 | Добавил: NiGMaT | Дата: 14.12.2013 | Комментарии (0)

« 1 2 ... 66 67 68 69 70 ... 89 90 »

by NiGMaT © 2026 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz