Главная » Архив материалов
Автор.Халилбегов М-Х1.Декабрь 2013с.
Исана ноябрь моц1алъул ахиралда Москваялъул
Раменскоялда т1обит1ана г1олилазда гьоркьоб эркенаб гугариялъул рахъалъ
Россиялъул чемпионат. Гьенире рач1ун рук1ана т1олабго Россиялдасаго
лъабнусгоялдаса ц1ик1к1ун гугарухъан. Гьел къецазда г1ахьаллъи гьабуна нилъер
районалъул Г1оч1ло росулъа Х1амзатов Х1амзатицаги. Х1амзат цеве вахъунев вук1ана 64 кг.
ц1айиялда. Цебе дандиязда т1ад рак1 ч1араб бергьенлъиги босун, финалалда гьев
дандч1вана Осетиялдаса гугарухъангун.
|
Автор.Г1иса Г1исаев.Декабрь 2013с. Вихьилалде цеве лъана дида Харахьиса врач Маликов
Г1аливагьаб Басирович. Лъана гьоц1дерица г1емер бицунеб раг1ун. Бицунеб бук1ана
адаб-х1урматгун, рецц-бакъгун. Веццулев вук1ана лъик1ав, унтарасда
гурх1ел-рах1му вугев, лъай бугев врач х1исабалдаги г1амал-хасият берцинав,
хьвада-ч1вадизе лъалев г1олохъанчи х1исабалдаги. Чанц1улго Гьоц1алъ данделъун,
г1одорч1ун дидаги лъана гьев лъик1аб рахъалъан.
|
Автор.Г1иса Г1исаев.Ноябрь 2013с.
Маг1аруласе бищун хирияб хазина бук1ана хур. Живго
бет1ергьанаб къиматабщинаб буголъиги бичун, х1аракат бахъулеб бук1ана хур
босизе. «Хур босаравги яс кьуравги чи г1акъил вуго» абун кици бук1ана цересел
умумузул. Умумузул хурул билълъараб багьа бук1ана хур жаниб ц1ураб г1и.
Минаялде т1аде биччазе босулеб ракьул х1ет1е ч1олеб кесекалъул багьа
гьоркьохъеб оц бук1анилан бицен буго Буц1ра. Хур раг1а-ракьан бахъун, камил
гьабун, бекьич1ого тей г1адамазе г1айиб ч1вазе г1иллалъун бук1ана. Цебе къедги
гьабун, кьурт1е мугъалъ ракьги баччун гьарурал магълъал хириял рук1унилан
г1айибги щибха?
|
Автор.Н.Г1алиева.Ноябрь 2013с. Радалго баккулеб бакъги мун, эбел,
Цудунго баккулеб моц1ги мун, эбел,
Бусенги к1очон тун, кини к1ик1арай
Кодоеги ячун, дун еэдарай.
Гьал къоязда районалъул спортивияб к1алг1аялда к1одо гьабуна Россиялъул
улбузул къо. Гьелде ах1ун рук1ана районалдаса лъимал г1емерал, бет1ергьанчиги
нахъе гьеч1ого жидецаго лъимал хьихьарал ялгъузал улбул.
|
Автор.Н.Г1алиева.Ноябрь 2013с. 1954 соналъ ООНалъул Генералияб Ассамблеялъ лъик1аблъун
бихьизабуна Т1олгодунялалъул лъималазул къо к1одо гьабизе дунялалъулго
лъималазул цоцада рич1ч1и, вацлъи бук1инабиялъе, жиндир ишги т1олгодунялалъул
лъималазул лъик1аб бет1ербахъи бук1инабиялде буссараб. ООНалъ х1укуматазе
предложение кьуна гьеб къо бокьараб жидеего данде кколеб къоялъ к1одо гьабизе.Х1укму гьабуна 1959 соналъ лъималазул ихтияразул деклорация,
ва 1989 соналъ лъималазул ихтияразул. Конвенция къабул гьарураб 20 ноябрь
т1олгодунялалъул лъималазул къолъун рик1к1ине.Щибаб соналъ 11 миллион лъималазул хола 2-леб, 5-леб нухалъги жалго гьарурал
къоял к1одо гьаризе щвеч1ого, анц1-анц1 миллионал хут1ула физическияб яги
г1акълияб рахъалъ унтараллъун, к1удиял г1езе, г1умру гьабизе ва цере т1езе рес
гьеч1ого. Г1емерисел гьел хвелал ккола бигьаго сах гьаризе к1олел унтабаздеги
цин к1вар кьеч1ого, цогидал мискинлъи, язихълъиялъул, жагьиллъиялъул, ихтиярал
ращад гьеч1олъиялъул, зулму-х1ал гьабиялъул х1асилалда.
|
Автор.
Гъайирбег Г1алиев.Ноябрь 2013с.
Мах1муд-Апанди, -Лъида раг1ич1еб гьеб ц1ар, лъица
ц1алич1еб гьесул шиг1рияб калам, лъида лъаларев гьав маг1арулазда гьоркьов
гуревги Дагъистаналдаго машгьурав маг1арулав? Ч1ух1адго, цо бат1ияб рек1ее
асаргун нилъеца абула гьасда маг1арулавин, район цояца-районцоявин,
херехьдерица-нижер василан. Абиларебги кинха гьесул г1адатлъиялъги,
г1амал-хасияталъги, к1вах1 гьеч1еб х1алт1иялъги, г1адан хиралъиялъги, гьунаралъги
кинавго чи асир гьавун вугев мехалда
|
Автор.Н.Г1алиева.Ноябрь 2013с. Районалда ругел лъик1ал физкультураялъул учительзабазда
гьоркьоб т1оцебе рехсола ДРялъул мустах1икъав учитель, Россиялъул лъай кьеялъул
отличник Г1амирханов Расул Мух1амадовичасул ц1ар.1971 соналъ Хунзахъ гьоркьохъеб школаги лъуг1изабун ц1ализе лъугьана
Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб институталъул физкультураялъул
факультеталде. Гьенив ц1алулаго, Расул Г1амирхановас жигар бахъана жиндир
махщел камил гьабизе, рокьи бижана гандболалде. Гьев вук1ана т1оцебе
институталъул хадуб республикаялъул т1аса бищараб командаялда гьоркьов.
Командаялъ г1емерал цересел бак1ал росана г1иц1го Дагъистаналда гуребги,
улкаялъул бат1и-бат1иял шагьараздаги.
|
Автор.Г1иса Г1исаев.Ноябрь 2013с. Районалъул цогидал росабазулго г1адин, Г1ахьалч1и росдал
Энгельсил ц1аралда бугеб колхозалъулги
т1олабго маг1ишат хъутаналда буго. Дагьа-дагьабниги церет1олел ругел
маг1ишатазул цояб кколеб буго гьеб маг1ишатги. Колхозалъул аслияб доход кьолеб
бут1алъунги кколеб буго ч1ег1ербоц1и,
дагьабги мух1кан гьабуни рахь г1езаби. Сельхозуправлениялъул бет1ерав зоотехник
Х1. Г1умаровас абуна Энгельсил ц1аралда бугеб г1ачиязул ферма районалда
лъик1азул цояб бугилан.
|
Дагъистан республикаялъул х1укуматалъул
председателасул заместитель Ш. Шариповасул, х1укуматалъул маг1ишатияб
управлениялъул начальник К. Ясуловасул, районалъул нухмалъулев С. Юсуповасул,
росдал маг1ишаталъул управлениялъул начальник М. Г1алиевасул, Ц1ада ОПХялъул
директор Н. Патах1овасул ва цогидал жавабиял г1адамазул г1ахьаллъигун
ц1игьулдерил хъутаналда х1алт1изе биччана ц1ияб автоматикияб линия.
|
Автор.Г1иса Г1исаев.Ноябрь 2013с. Досье. Жаватханов Мух1амад Саг1адулаевич гьаб соналъул 8-леб октябралда к1иабилеб
нухалъги вищана Гьамишт1а росдал администрациялъул бет1ерлъун. Гьесул
г1умруялъул буго 59 сон. Лъуг1изабун буго ДГПУ. 30 г1ан соналъ гьабун буго
учительлъи. Г1езабун буго 6 лъимер руго, гьезул лъималги. М.
Жаватхановасулгун нижер мухбирасул
бук1араб гара-ч1вариялъул къокъаб х1асил кьолеб буго гъоркьехун.
|
Х1урматияв Саг1ит Камилович!Нижеца дуда баркула мун районалъул нухмалъулевлъун вач1ин ва
гьарулеб буго дуе кидагосеб талих1-рохел, аваданлъи, биччанте дур рокъоб кидаго
пашманаб, рак1 бакъвалеб хабарги раг1иги раг1унгут1изе, лъималазул релъи-хъуй
гурого. Биччанте Аллагьас дуе кьезе щулияб сахлъи, гъваридаб
г1акълу, камилаб бажари-рит1ухълъиги ц1унун гьеб х1алт1и нухда бачине.Риччанте кидаго дуда цадахъ рук1ине мунго г1адал
г1олохъанал, хиянат-хилиплъи жидеда лъаларел, рак1 бац1ц1адал
гьудул-гьалмагъзаби, божарал ишалъулал г1адамал.Биччанте кидаго дуе кумек бук1ине районалъулго г1акъилал
херазул-Аллагьасулги Аварагасулги (с.г1.в.) нухдасан г1агараб район цебе
бачунеб х1алт1улъ. Гьедин хъвана мунагьал чураяв нилъер к1удияв г1акъил,
халкъияв поэт Ц1адаса Х1амзатица:
Дир къаламги мац1ги избирателаз
Изну кьураб х1алалъ х1алт1изе буго.
Бицунеб хабарги хъвалеб асарги
Халкъалъул к1алдисан босизе буго.
(«Дун депутат»).
Нижедаги рак1алде ккола ва хьулги буго гьаб коч1олъ
Х1амзатица хъвавухъе г1уц1илин дуцаги дурго х1алт1и. Нижер росулъ Х1амзатил
рук1ана г1емерал умумузул гьалбал,
гьудулзаби. Гьезул х1акъалъулъ ц1ализе бегьула «Х1акъикъат» газеталъул 2010 аб.
соналъ бахъараб журналалда (апрель, май, июнь) «Ц1адаса Х1амзат херехьдерил
тарихалда»,-ян абураб историялъул учительница Ильясова Гулишатил макъалаялда.
|
Автор.Мух1амад Хириясулаев.Октябрь 2013с.
Араб г1асруялда щивав маг1аруласе
бищунго г1агарав чиг1анги хирияв вук1ана халкъалда гьоркьоб г1ат1идго жиндир
ц1ар т1ибит1арав Ц1адаса Х1амзат. Вокьулев шаг1ирасул асараз асар гьабун
теч1ого, асирги гьарулаан г1адатиял ахихъабиги, хурухъабиги, г1и-боц1ухъабиги.
Х1амзатил т1ахьал рук1ана т1адмаг1уралазе г1акълуялъул иццаллъунги, насих1атчаг1илъунги,
ц1ияб г1умруялъул г1ат1идаб нухда церехун. ине ракарал чирахъаллъунги.
Даг1ба-къец ккарал рекъезаризе маслих1аталъе мисаллъун рик1к1унаан к1удияв
г1акъиласул коч1ол мухъал, мекъи хьвадулел кант1изаризе ц1алулаан Ц1адаса
Х1амзатил сатириял саринал. Х1алт1ул церехъабазе сайгъатал кьолаго баркалаялъул
бак1алда ах1улаан зах1мат к1одо гьабурал, зах1матчаг1азе рецц гьабурал гьесул куч1дул.
Къокъ гьабун абуни, Ц1адаса Х1амзатил ц1ар бук1ана щивав аварасул к1ут1бузда,
щивав маг1аруласул пикрабалъ, гьесул рек1елъ бищунго х1урматияб тахида тун.
|
Автор.П.Гунашева.Октябрь 2013с.
Районалъул бет1ер С. К. Юсуповас
нухмалъуде вищараб къоялдаса нахъе байбихьун ц1ик1к1араб к1вар кьолеб буго
районалъул жамг1ияталъул киналго рахъазде. Гьелъул мурадалда нухмалъулес
районалъул росабалъе гьарулел руго ишалъулал сапарал, райадминистрациялда
бат1и-бат1иял ишазул г1адамалги ах1ун т1орит1улел руго хасал масъалаби
т1уразариялде руссарал данделъаби.
|
Автор.П.Гунашева.Октябрь 2013с. 22 октябралда районалъул нухмалъулев С. К. Юсуповасул
кабинеталда райадминистрациялъул активги, жавабиял ишазул нухмалъулелги,
росабазул бегавулзабиги г1ахьаллъун т1обит1ана иргадулаб заседание.
|
Автор.Р.Х1амзатов.Октябрь 2013с. 8 сентябралъ районалъул бет1ер вищулел рищиязда
г1ахьаллъарал жидеца рищулезул ц1ик1к1араб къадаралъ божилъи гьабун жидерго гьаркьал Юсупов Саг1ид Камиловичасе
кьуна. Г1одоцана рищиязул къоязул х1алуцинги ц1ияб х1алт1уде т1оцересел галаби
Саг1ид Камиловичасги т1амулел руго. Унго-унгояв маг1аруласе хасиятаб буго
жиндего гьабураб божилъиялъе рит1ухъавлъун вук1ин ва гьелъухъ г1адамазе баркала
кьолебги гьезул мурадал т1ураялъе х1аракаталда къеркьейги. Гьеб мурадгун 16
октябралъ С. Юсупов дандч1вана Хьарахьи участкаялде кколел росабазул
жамаг1аталгун, рук1арал рак1рагьарал гара-ч1вариязда г1енеккана гьезул
г1олел-г1оларел рахъазухъ, гьабсаг1аталда к1олеб т1убазе раг1иги кьуна,
бажаруларелъе хадубккун нухал-ресал ратизе х1аракат бахъизе бугиланги абуна
гьес. Къуръбан байрамги баркана щибаб жамаг1аталда, жиндего гьабураб
божилъиялъухъ баркалаги кьун, росабазул социалияб цебет1еялъе бажарарабщинаб
гьабизе х1адур вук1инги загьир гьабуна.
|
« 1 2 ... 65 66 67 68 69 ... 87 88 » |