Понедельник, 29.04.2024, 13:07 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Октябрь » 25 » САГ1ИТИЛ ИЦЦАЛ.
20:02
САГ1ИТИЛ ИЦЦАЛ.

Араб г1асруялда щивав маг1аруласе бищунго г1агарав чиг1анги хирияв вук1ана халкъалда гьоркьоб г1ат1идго жиндир ц1ар т1ибит1арав Ц1адаса Х1амзат. Вокьулев шаг1ирасул асараз асар гьабун теч1ого, асирги гьарулаан г1адатиял ахихъабиги, хурухъабиги, г1и-боц1ухъабиги. Х1амзатил т1ахьал рук1ана т1адмаг1уралазе г1акълуялъул иццаллъунги, насих1атчаг1илъунги, ц1ияб г1умруялъул г1ат1идаб нухда церехун. ине ракарал чирахъаллъунги. Даг1ба-къец ккарал рекъезаризе маслих1аталъе мисаллъун рик1к1унаан к1удияв г1акъиласул коч1ол мухъал, мекъи хьвадулел кант1изаризе ц1алулаан Ц1адаса Х1амзатил сатириял саринал. Х1алт1ул церехъабазе сайгъатал кьолаго баркалаялъул бак1алда ах1улаан зах1мат к1одо гьабурал, зах1матчаг1азе рецц гьабурал гьесул куч1дул. Къокъ гьабун абуни, Ц1адаса Х1амзатил ц1ар бук1ана щивав аварасул к1ут1бузда, щивав маг1аруласул пикрабалъ, гьесул рек1елъ бищунго х1урматияб тахида тун.

Гьебго заманалда гьит1инабго Ц1ада росулъ вук1ана жиндир ц1арги, машгьурлъиги, г1аданлъиги, х1алимлъиги Х1амзатиде бахинч1ониги, гьесдаса г1емерго нахъе ккеч1ев чи. Гьесда ц1арги Ц1адаса Саг1ит бук1ана. К1удияв коч1охъан, артист, г1алимчи вук1иналъ гуро маг1арулазе Ц1адаса Саг1ит к1одолъун вук1арав, гьесие халкъалда гьоркьоб рокьиги машгьурлъиги щвараб. Гьедин лъугьана лъие, киб, кида кумек х1ажалъаниги кьварилъи ккаразда квер ч1вазе, жинда к1олеб тадбир гьа­бун, к1олареб к1олезухъе ун, гьел гьоркьор ч1вазарун, чиясул мурад т1убазабиялда т1ад х1алт1улаго xlaракатчилъи бихьизабулев, к1вах1 гьеч1ев, рах1му бугев, г1аданлъи  камилав инсан Саг1ит вук1иналъ. Жеги гьит1инав чи дун вугеб мехалдаго халкъалда гьоркьоб т1ибит1ун бук1ана гьев сахаватав инсанасул ишазул бицен. «Гьабги Ц1адаса Саг1итида т1убан буго, добги Ц1адаса Саг1итил баракаталъ ккун буго», - ян раг1улаан маг1арулаз абулеб. Нилъеда льала ц1акъго машгьурал г1адамазул ц1аразда цадахъ гурони, инсул ц1аралъул бак1алда нек1о росдал ц1ар лъолеб бук1инч1еблъи. «Хунзахъа Х1ажимурад, Инхоса Г1алих1ажияв, Г1урадаса Ибрагьим-х1ажи» - гьел ва цогидал Дагъистаналъул тарихалда лъалк1 тарал чаг1аздего г1адин г1адамаз Ц1адаса абураб раг1и жиндир ц1аралда цебе лъун бук1иналъги бицунеб буго халкъалда гьоркьов къадруялда вугев чи Ц1адаса Саг1ит вук1аравлъи.

Нилъер заманалда ц1акъго г1емерал рах1му-ц1обалъул фондаз гьабулеб бук1аралдаса к1иго-лъабго нухалъ ц1ик1к1араб бук1ана доб заманалда Саг1итица росабазул жамаг1атазе гьабулеб кумек.

Бицен буго Т1оцебесеб дунялалъул рагъул г1ахьалчи, г1олохъанав Ц1адаса Саг1ит революция ккелелдего ч1ара-хьараб маг1ишатги жиндирго тукенги бугев ишалъулав чи вук1анилан. Абула граждан рагъул соназда ресукъал, ракъарал ракьцоязе гьес кумек гьабулеб бук1анин. Рагъ лъуг1ун хадуб гьенир шагьидлъарал г1олохъабазул хъизамазе Саг1итица гьоко ц1ураб ххам бикьун бугин росабалъа росабалъеги хьвадуниланги буго халкъалда гьоркьоб т1ибит1араб хабар. Хадусел соназги г1умруялъул ахирисел къоял кьаданир к1усизег1анги к1вараб жигар бахъун, к1вах1 гьеч1еб х1аракатчилъи бихьизабун маг1арулазул мурад т1убазабулаго т1амула т1олабго г1умру гьев сахаватав инсанас.

Саг1итил х1аракатчилъиги гьес гъабулеб садакъаги аслияб куцалъ бухьараб бук1ана нухал кьач1аялда, къоял лъеялда, лъим росабалъе бахъиялда. Анц1-анц1 росабалъ жакъасел г1олохъабазцин адабалда рехсола умумузул биценалда рекъон къваридал соназ жидер жамаг1аталъе кумекалъе ватарав жидер росулъе лъим яги нух бахъизе квер бакъарав Ц1адаса Саг1итил ц1ар. Гьеб х1урматияб рах1му-ц1обалъул ишалъулъ Саг1ит бажари бугев чи вук1ин бихьулеб буго гьадинаб мисалалдасанги. Цо нухалъ Дагъистаналъул Совнаркомалъул нухмалъулев Шагьрудин Шамхаловасухъе кумек гьарун щун руго рик1к1адаб маг1арул росдал вакилзаби. Гьезул мурад т1убазабизе жиндир рес гьеч1ин гьабсаг1аталдаянги абун, Шамхаловас гьел Саг1итихъе рит1ун руго, щиб лъалеб гьес т1убазе бегьулин нужер мураданги абун. Гьеб х1ужаялъги нуг1лъи гьабулеб буго иш билълъарав, ба­жари бугев, ч1ах1иял х1акимзабазухъа лъугьунареб х1алт1и т1аде босулев ва гьеб раг1алде бахъинабизе к1олев чи вук1ин Ц1адаса Саг1ит.

Раг1аралъул биценги тун, бихьаралъул бицинеги байбихьилин.

Араб г1асруялъул 70-абилеб со­назда Т1елекь росдал жамаг1аталъе лъадакълъи бук1ана. Пачалихъалъул рахъалдасан кумек щунгут1иялда рак1ч1араб мехалда росдал жамаг1атчаг1и жидерго бугеб х1ал бицун Саг1итихъе ана. Кинабго жиндирго лъай-хъваялдаса ва ишалъулал г1адамазда гьоркьоб бугеб жиндирго къадруялдаса пайдаги босун Саг1итица т1екьадерие лъим бахъизе рог1рал ралагьана ва мурадги т1убазабун гьел т1орит1ана. Гьеб хабар хадусеб къоялъго загьирлъана Зивуриб росдал жамаг1аталъе. Гьенибги лъадал иш лъик1 бук1инч1о. Гьединлъидал дагьаб заман инег1анги ч1ун, намуслъадго Саг1итихъе сапар бухьана Зивуриса жамаг1атчаг1азги. Ц1а балеб росулъа лъик1ал чаг1иянги абун, нек1сиял гьалбал г1адин къабул гьаруна гьелги Саг1итица ва гьез гьарараздаса г1езег1анго ц1ик1к1ун рог1ралги кьун, гьезда т1ад бахине битумги, жемизе хасаб кагъатги кьун, х1атта рог1разда гайкаби кьурулел  хасал  к1улалги цадахъ лъун,(гьел маг1арухъ нужехъе щвеларилан) т1орит1ана гьев сахаватав, исламияб рух1алъул, ях1 к1удияб чилъиялъул инсанас гьалбал. Г1орхъи бук1инч1о Саг1итил рог1рахъан росу бакьулъе лъим чвахидал рос­дал харабазул, хасго руччабазул рохелалъе. Саг1итица т1адеги кьурал рог1рал т1ок1лъана ва х1укму ккана гьел аск1об бугеб Гиниц1ороб росулъе лъим бачине кьезе. Жакъаги гьеб гьит1инабго росдал г1адамаз дол Саг1итил рог1рахъан чвахулеб лъедасан пайда босулеб буго. Гьединал ва гьезда релълъарал х1ужабиги х1акъикъиял мисалалги нус-нус рехсезе бегьула гьев иман рек1елъ бессарав, намус чорхолъ босарав, сахаватлъи г1умруялъул аслияб аслулъун ккурав киналго росабалъ жин­дир заманалда ц1ар т1ибит1арав Ц1адаса Саг1итил г1аданлъиялъул ишазул ва гьес нилъее тарал иццазул бицунаго.

Саг1ит вук1ана гьудуллъиялъул къимат т1адег1анаб даражаялда ц1унизе лъалев чи. Гьудулльи кколин т1адег1анав Бет1ергьанас бит1ун бач1араб шапакъатги рах1матгиян рик1к1унаан гьес. Рик1к1ен г1емерал Саг1итил гьудулзабаздасан цоявлъун кколаан Хунзахъ райкомалъул т1оцевесев секретарьлъун х1алт1улев вук1арав, хадув рагъда т1аг1арав Т1елекьа Мирзоев Ашахан. Рагъда хадусел соназ Саг1итида лъан буго Ашаханил вас Х1ажи Буйнакскиялъул интернаталде ц1ализе вач1ун вук1ин, Саг1итица гьудуласул вас жиндирго рокъове вачун хьихьула ва жиндирго лъималгун цадахъ, Буйнакск шагьаралъул щуабилеб  школалда ц1ализавула. «Эмен гьеч1олъи лъазе теч1о дида дол зах1матал соназда Саг1итица. Гьес жиндирго вас Мух1амадги дунги аск1ореги ах1ун лъазабуна т1ул бикьарал вацаллъун рук1а», - ян рак1алде щвезабула гьанже ункъойилъе сонал рахарав Мирзоев Х1ажица х1урматалда, инсуде г1адаб адабгун Саг1итил ва гьесул рокъор т1амурал къоязул би­цунаго:

- Саг1итил насих1аталъе ниж хилиплъич1о. Мух1амадги дунги, мех щвелалде дов мунагьал чураяв г1умруялдаса ват1алъизег1ан, лъим т1ун, paтla гьаризе к1оларел рит1ухъал гьудулзабилъун хут1ана...

Гъот1одаса рик1к1аде гъунарилан абула пихъ. Саг1итил намус напсалъе насиблъарал, гьесул рух1ияб х1аракатчилъиялдаса тарбия щварал, т1аде босараб х1алт1и т1убазабич1ого толареб, инсул хасияталъул мисалазда куцарал, г1адамазе пайдаял Дагъистанги, хасго маг1арулалги жидедаса ч1ух1арал, халкъалда гьоркьор къадруялда г1умру т1амулел лъималги г1уна Ц1адаса Саг1итил рокъор. Бищун талих1ав эмен кколила лъималаз рази гьавурав эмен. Бищун бит1 ккарал лъималлъун рик1к1унила эбел инсул къадруялъ къвал барал васалги ясалгиян абула. Гьеб рахъалъ босани Саг1итил ихтияр бук1ана жиндица гьаб г1умру г1адада т1амич1илан рик1к1ине.

Гьесул яс ва Расул Х1амзатовасул лъади Пат1иматида дунял бихьана. Ч1ах1иял улкабиги, ч1ах1иял чаг1иги лъана. Кие кканиги кидаго инсул яслъун хут1ана Пат1имат. Цогидай яс Чакар нилъер Северияб Кавказалда вахъарав ва цо вугев РАНалъул х1акъикъияв ака­демик Х1амзатил Х1ажиясул лъади лъугьана лъик1ай г1алимч1ужулъун. Г1умру гьабулеб буго би­щунго г1адатияй маг1арулалъ г1адин, унго-унгояй г1алимч1ужуялъ г1адин. Дагъистаналда къанаг1атги ватиларо Саг1итил васал Myxlaмадги, Камилги лъаларел чаг1и. Цояс нухмалъи гьабулеб бук1ана республикаялдаго ч1ах1иял заводазе, хадувги г1умруялъул ахирисел къо­ял т1аде щвезег1ан Myxlaмад х1алт1ана Мах1ачхъала шагьаралъул исполкомалъул председательлъун. Гьит1инав вас Камилица нухмалъи гьабулеб бук1ана Дагьистаналдаго церет1ураздасан цояблъун кколеб совхозалъе.

Бицанаг1ан бицун лъуг1улареб, хъванаг1ан жеги хъвазе бокьулеб берцинаб къисматалъул инсан Ц1адаса Саг1итил х1акъалъулъ къиса хъвазе бегьилаан, Жакъасеб дир мурад бат1ияб бук1ана. Рак1алъ axlyн т1амуна къокъабго макъалаялдалъун лъик1ав инсан рак1алде щвезавизе. Аби бугелъул лъик1аб рахъалъ рехсани хваралги рохулилан.

Мух1амад ХИРИЯСУЛАЕВ .


Просмотров: 593 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz