Понедельник, 29.04.2024, 18:57 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Октябрь » 19 » РАЙОНАЛЪУЛ БЕТ1ЕР Х1АЛТ1УДА.
11:59
РАЙОНАЛЪУЛ БЕТ1ЕР Х1АЛТ1УДА.

Къуръбанги баркана, баркалаги кьуна

8 сентябралъ районалъул бет1ер вищулел рищиязда г1ахьаллъарал жидеца рищулезул ц1ик1к1араб къадаралъ божилъи гьабун  жидерго гьаркьал Юсупов Саг1ид Камиловичасе кьуна. Г1одоцана рищиязул къоязул х1алуцинги ц1ияб х1алт1уде т1оцересел галаби Саг1ид Камиловичасги т1амулел руго. Унго-унгояв маг1аруласе хасиятаб буго жиндего гьабураб божилъиялъе рит1ухъавлъун вук1ин ва гьелъухъ г1адамазе баркала кьолебги гьезул мурадал т1ураялъе х1аракаталда къеркьейги. Гьеб мурадгун 16 октябралъ С. Юсупов дандч1вана Хьарахьи участкаялде кколел росабазул жамаг1аталгун, рук1арал рак1рагьарал гара-ч1вариязда г1енеккана гьезул г1олел-г1оларел рахъазухъ, гьабсаг1аталда к1олеб т1убазе раг1иги кьуна, бажаруларелъе хадубккун нухал-ресал ратизе х1аракат бахъизе бугиланги абуна гьес. Къуръбан байрамги баркана щибаб жамаг1аталда, жиндего гьабураб божилъиялъухъ баркалаги кьун, росабазул социалияб цебет1еялъе бажарарабщинаб гьабизе х1адур вук1инги загьир гьабуна.

 

Басриябгго клубалда долго г1узрабигун

Сапаралъул т1оцебесеб решт1ен Гьамущи бук1ана. Басриябго клубалда 4 соналъ цебе рорхун рук1аразул т1урач1ого хут1аразде т1аде ц1иял жидерго г1узрабигун рач1ана гьамщал данделъиялде. К1алъазе рахъараз рах1атхун бицунеб бук1ана росулъе рач1унеб санаг1ат бахъараб нухалъулги, «х1алакъабго» токалъулги, хасалоде бух1изе т1урччи-ц1улалъулги, учительзабазе коммуналиял бигьалъабазулги, цогидаб жидедаго «унтаралъулги». Т1адч1ей гьабуна араб г1асруялъул лъабкъоабилел соназго бачараб токалъул х1убал турун рук1иналда, кварал т1еренал, иту-чирахъалъе гурого ярагьунареб нагрузка гуреб х1ехьоларел рук1иналда, къуватаб трансформатор х1ажат бук1иналда, чирахъ сваниги аск1оре рекерулев, чара гьеч1ого къвариг1унев электромонтерлъун росулъа чи вук1ине ккеялда. Росдал гьоркьохъеб школалъул директор Ш. Мух1амадсайгидовас, республикаялъул культураялъул мустах1икъай х1алт1ухъан, «Амущинка» кьурдухъабазул ансамблялъул нухмалъулей П. Султ1ановалъ бицана г1ун бач1унеб г1елалъе тарбиягун-лъай кьеялъулъ ругел г1унгут1абазул-школалъул лъимал кваналеб рукъалъул т1ох т1олеб бук1иналъул, музыкалияб аппаратура гьеч1олъиялъул. Жиндирго иргаялда С. Юсуповас раг1и кьуна жамаг1аталъул цо-цо гьариял т1уразе, ц1акъго ц1ик1к1арал рес рекъезег1ан нахърахъунги тезе ругилан лъазабуна гьес. Рук1ана г1узраби бак1алдаго бегавуласги жамаг1аталъги т1уран бажарулелги, гьединал суалал т1ураялъе малъа-хъваялги гьаруна.

Жамаг1аталъ жиндего гьабураб божилъиялъухъ цоги нухалъ баркалаги кьун, зама-заманалдасан гьединалго дандч1ваял т1орит1изе раг1иги кьун районалъул нухмалъулев Мущуливе ана.

 

Библиотека бегавуласул кабинеталда

Добго токги, нухги, лъимги-цогидал росабазеги г1аммал-хасиятал г1узраби рахъана мущулдерицаги районалъул нухмалъулесда цере. Масала, росдал библиотекаялъул заведующая Мух1амадова Пат1иматил рах1ат хун бугоан цебегоялдаса, ай 1970 соназго ракь багъаридал библиотека жаниб бугеб рукъалъул къадал кьват1ун риххиялде ккун, жаниве чи лъугьине х1инкъараб х1алалда рук1иналъ. Кинаб идараялде, кинав х1акимасухъе аниги кьураб раг1иги т1убач1ила, дуде бугила хьулилан гьарана Пат1иматица Саг1ид Камиловичасда библиотекаялъе рукъ. Росдал бегавул М. Лабазановас баян кьуна библиотекаялъе рукъ ремонталда бугила, г1агараб заманалда гьебги лъуг1ун жанире рахъине ругилан. Анкьил болжалалда библиотека х1алт1ич1они дур кабинеталде бахъизе бугила гьебилан лъазабуна гьесда районалъул бет1ерас.

 

Г1абасиласул зиярат

Рекъарабги берцинабги бук1инила цин Г1абасилав вихьиян, Лъаг1илухъе щвейдал шаг1ирасухъе гьабуна зиярат. Рохалие г1орхъиго бук1инч1о рагьдул к1алт1е яч1ун гьалбадерида дандч1валей Савдатил. Столалда рагьун цебе лъураб т1ехьалъги, т1ад хъвадарарал кагътил т1амчазги, аск1обего рехараб ручкаялъги бицунеб бук1ана нижеда дандч1вазе рагъиде вач1аниги Мух1амад цоги асаралда т1ад х1алт1улев вук1ин. Гьабсаг1аталда жив лъик1 вугила, дагьалго мах1аби унти гурого, бат1ияб къварилъи гьеч1илан бицана Г1абасилас, Саг1ид Камиловичасул ц1ех-рехалдаса хадуб. К1иясго данд бана гьесул азбаралда, къот1ноб гьаризесел х1алт1абазул, Саг1идица ц1ехолеб бук1ана х1ажатаб-тараб, дару-сабаб, цогидаб кумек. Гьеб т1алаб-агъазалъухъ баркала кьун, рази-ракиго тана нижеца шаг1ир.

Клубалда бук1араб жамаг1атгун дандч1ваялдаса хадуб, росдал бегавул С. Мирзоевасул кабинеталда лъик1аланго г1адамал, вакиллъаби къабул гьаруна Юсуповас лъег1елдерил. Харахьи спортшкола къалеб бугила, х1алт1и гьеч1ого хут1арал учительзаби-тренеразда щиб гьабилебилан бач1ана Лъаг1илухъ ва Гьамущи гьоркьохъел школазда секциял рачунел тренеразул къокъа. Жиндие х1асилго кколарел секциял х1ажат гьеч1ила, лъаг1елалъ г1арацги босун районалдаг1аги цеве вахъунарев спортсменасул тренер кинавила вук1унев, волейболалде, эркенаб гугариялде, т1адагьаб атлетикаялде к1варги кьейила, цоги пайда гьеч1ел секциял къазе кколилан лъазабуна гьезда. Хъизан-рукъалъул къварилъи-г1ат1илъиялъул бицун рач1аралги рук1ана г1адамал.

Хинаб хаслихълъиялъул къо бук1аниги ах-хуралъул х1алт1абиги тун рач1ана г1адамал районалъул ц1ияв нухмалъулесда дандч1вазе. Харахьи клубалъул зал ц1ун бук1ана гьенире рак1арараз. Саг1итил эбел Харахьиса кколелъулги батила, бат1ияб, хинаб бук1ана гьениб араб дандч1вай. Г1агарав, жидерго васлъун къабул гьавуна херехьдерица районалъул бет1ер. Гьеб ана пайдаяб, цоцазда рич1иялъул ах1ал-х1алалда. Участкаялъул больницаялъул бет1ерав тохтур Хъайтмазовас бицана гьениб хехаб кумекалъул участкаялъулаб пункт рагьизе  ккеялъул. Гьабсаг1ат бажарич1ониги хадубккунг1аги ц1ияб больница базе х1исабалде босизе ккелиланги абуна гьес. Школалда тарбиягун лъай кьеялъул иналъул бицун к1алъана гьелъул директор Зубаиров Мах1ач. Харахьисан Инхобе унеб нух гьабуни участкаялде гъорлъе унел росабазего бугеб пайда-хайиралъул суалги борхана данделъиялда. Циндаго кинабго гьабун бажарунгут1иги бажараралъегицин ресал гьеч1ого рук1инги бич1ч1изабуна Юсуповас жамаг1аталда, амма к1оларин, рес гьеч1илан рехун теларила, къварилъи-г1ат1илъи ц1ехон т1аде-гъоркьеги ваккилилан раг1иги кьуна.

 

Росулъ г1адлу-низам дагьабго кьваризабуни…

Г1езаг1анго ч1аголъиялда, росдае чара гьеч1ого х1ажатал сулалаги рорхун ана г1арадерил жамаг1аталъулгун бук1араб дандч1вайги. Росдал бегавул Жабраг1илов Х1ажимух1амадица Юсуповасул мурадги бицун данделъи рагьигун, иргадал рахъун жидерго г1узраби гьурщана г1адамаз. Г1орут1асан районалъул собраниялде депутат, райсобраниялъул председателасул заместитель Х1ажиев Х1ассаница бицана нухазул бугеб къварилъиялъул. КАМАЗалъ ч1ехьараб чабхил гъуни бит1изабулеб бульдозер, дорожниялъул х1алт1ухъаби росулъе рач1унелъул нижедаго рихьаниги Х1ассаница т1адч1ей гьабуна гьениб унеб х1алт1уде хасаб к1вар кьезе ккеялда. Гьабсаг1ат рак1унтун, щвалде щвараб х1алт1и гьабуни, гьеб нухалда 4-5 соналъги квер хъвазе кколарилан абуна гьес. К1алъазе рахъарал муг1алимал Мух1амадов Г1усманица, Мух1амадов Микаг1илица, Х1ажих1усенов Х1ажих1усеница бицана росулъ авлахъ-мегъ боц1удаса ц1уни, цогидаб г1адлу-низам щула гьаби цодагьаб кьваризабизе ккун бук1иналъул, ток г1ураб гьеч1олъиялъул, цо авалалде гьеб 1 километралъг1аги х1убалги кварги босун бачине кколеб бук1иналъул, учительзабазе щолеб гьеч1еб коммуналияб г1арцул. Пенсионер Нурмух1амадов Г1исаца борхана росулъ гьит1инаб ГЭС бани сверухълъиялъего хайир бук1иналъул суал. Пенсионерал Г1абасов Г1усманх1ажи, Муртазаг1алиев Къурамух1амад к1алъана бух1изе т1урччи-ц1улалъул, лъел ругел къварилъабазул бицун. Гьенибги ругел ресаздаса пайда босун бажарараб кумек гьабизе раг1и кьуна Саг1ид Камиловичас.

Гьебго къоялъ щвана Коло-Хьиндахъ, Гьамишт1а росабалъе. Нахъисеб, ай 17 октябрь ана Хунзахъ т1алъиялда ва Гьоц1алъ участкаялъул росабазул жамаг1аталгун дандч1ваязда. Гьелги ана пайдаяб цоцазда рич1ч1иялъул ах1вал-х1алалда.

Гьадиналго сапаразул, районалъул бет1ерасул х1алт1ул бицарал макъалаби камизе гьеч1о районалъул газеталда.

Р. Х1амзатов,

нижер хасав мухбир.  

 

Просмотров: 789 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz