Автор.Р.Х1амзатов.Октябрь 2013с.8 сентябралъ районалъул бет1ер вищулел рищиязда
г1ахьаллъарал жидеца рищулезул ц1ик1к1араб къадаралъ божилъи гьабун жидерго гьаркьал Юсупов Саг1ид Камиловичасе
кьуна. Г1одоцана рищиязул къоязул х1алуцинги ц1ияб х1алт1уде т1оцересел галаби
Саг1ид Камиловичасги т1амулел руго. Унго-унгояв маг1аруласе хасиятаб буго
жиндего гьабураб божилъиялъе рит1ухъавлъун вук1ин ва гьелъухъ г1адамазе баркала
кьолебги гьезул мурадал т1ураялъе х1аракаталда къеркьейги. Гьеб мурадгун 16
октябралъ С. Юсупов дандч1вана Хьарахьи участкаялде кколел росабазул
жамаг1аталгун, рук1арал рак1рагьарал гара-ч1вариязда г1енеккана гьезул
г1олел-г1оларел рахъазухъ, гьабсаг1аталда к1олеб т1убазе раг1иги кьуна,
бажаруларелъе хадубккун нухал-ресал ратизе х1аракат бахъизе бугиланги абуна
гьес. Къуръбан байрамги баркана щибаб жамаг1аталда, жиндего гьабураб
божилъиялъухъ баркалаги кьун, росабазул социалияб цебет1еялъе бажарарабщинаб
гьабизе х1адур вук1инги загьир гьабуна.