22 октябралда районалъул нухмалъулев С. К. Юсуповасул
кабинеталда райадминистрациялъул активги, жавабиял ишазул нухмалъулелги,
росабазул бегавулзабиги г1ахьаллъун т1обит1ана иргадулаб заседание.
Заседание бачана районалъул бет1ер С. К. Юсуповас. Гьоркьоб
лъураб аслияб суаллъун бук1ана «Хунзахъ район» муниципалияб г1уц1иялъул бюджет
ич1го моц1алда жаниб х1алт1изабиялъул х1асилал абураб. Гьеб суалалдасан
данделъаразда цеве докладгун вахъана районалъул финансовияб управлениялъул
нухмалъулев Х1. Х1айдарбеков.
Хадусеб иргаялда районалъул нухмалъулев С. К. Юсуповас
данделъаразулгун лъай-хъвай гьабуна
подстанциялъул ц1ияв нухмалъулев Г1умаров Мух1амадилгун.
Росабалъ басриял хисун ц1иял трансформаторал лъезе ккеялъул,
х1убал хисиялъул ва цогидалги токалда хурхарал суалал рук1ана цо-цо росабазул бегавулзабазул. Гьелда хурхун
С. К. Юсуповас бихьизабуна, дагьал церег1ан къояз росабалъе жинцаго гьарун
рук1арал сапараздаса хадуб, Коло росдае, лъезе к1иго анкьил болжалги бихьизабун, кьун бук1араб трансформатор росдал бегавулас
жеги лъун гьеч1илан. Районалъул нухмалъулес росабазул бегавулзабазда кьварун
лъазабуна жиде-жидер ишалги тун, росабазул къвариг1елал к1вар кьун т1ураразаризе
заман щванилан. Данделъаиялда г1ахьаллъанщиназдаги лъазабуна щивас
жидедаго т1адал ишал ц1ик1к1араб
жавабчилъигун т1уразаризе ккелилан.
П. Гунашева.
|