Понедельник, 29.04.2024, 15:17 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Октябрь » 12 » РЕК1ЕЛ ХИНЛЪИ Г1АДАМАЗЕ БИКЬАРАВ. Х1АМИД ТЕМИРХАНОВ.
16:33
РЕК1ЕЛ ХИНЛЪИ Г1АДАМАЗЕ БИКЬАРАВ. Х1АМИД ТЕМИРХАНОВ.

Дагъистан бахун къват1ибехунги ц1ар бахъарал г1адамаз машгьур гьабураб росу буго  Хунзахъ. Г1емерал  машгьурлъарал хунздерида гьоркьоб ц1ар рехсезе мустах1икъав чи вуго Темирханов Х1амидги.

Дида цебе буго х1акъалъулъ Залму Батировалъ данде гьабураб «Достойный горец с доброй душой» абураб рак1алде щвеязул т1ехь. Х1амидил х1акъалъулъ рецц-бакъалъул раг1и абун буго к1удияв Р. Х1амзатовас, машгьурал г1алимзаби Х1. Г1. Данияловас, М. А. Хархаровас, разведчик, дипломат, хъвадарухъан полковник Г1. Х1ажиевас, хъвадарухъаби М. Сулимановас, М. Шамхаловас, поэтессаби М. Гъайирбеговалъ, З. Батировалъ ва Х1амидил сахавалъиялъ жидер рек1ее хинлъи кьурал росуцояз, лъале-хъвалез.

Дида цебе буго зах1матаб масъала – 170 ялдаса ц1ик1к1араб гьумералда ругел 22 чиясул рак1алдещвеяздасан дица х1адуризе ккола Х1. Темирхановасул г1умруги гьесул г1амал-хасиятги творческиябгун пачалихъияб х1аракатги гъорлъе  бачараб газеталъулаб макъалаялъул г1орхъи бахунареб материал.

Х1амидил эмен Темирханил вас Г1абдулг1азиз, Хунзахъа узденчиясул вас 1904-1905 соназ Япониягун Россиялъ гьабураб рагъул бах1арчияв г1ахьалчи, к1иго  Георгиясул хъанч босарав солдат вук1ана. Эбел Анна Матвеевна Кухалейшвили (Пат1имат Темирханова) Грузиялдаса вокьарав г1олохъанчи Г1абдулг1азизгун Хунзахъе лъутун яч1арай гуржияй йик1ана. Гьеб романтикияб  рокьул лъимер, нилъеца жиндир бицине бугев Х1амид Темирханов, гьавун вуго 1908 соналъ. Г1абулг1азизил цересел умумузул цояв Г1алисултанил вас Дайтилги лъадилъун йик1арайила Грузиялдаса хъамурай яс. Х1амид ц1алун вуго Хунзахъ школалда. Гьеб лъуг1ун хадуб ц1алун вуго Т1оцебесеб Буйнакскиялъул педучилищеялда. Х1амидида цадахъ педучилищиялда ц1алулел рук1ун руго бажарарал г1олохъаби Мух1амад Шамхалов, Г1абдурах1ман ва Х1ажи-Г1али Данияловал ва цогидалги. Х1амидида камилго лъалаанила г1урус, лъараг1 ва гуржи мац1алги. Ц1алудаги ц1акъ т1адч1арав вук1анин Х1амидан рак1алде щвезабулеб буго Г1.- Х1. Данияловас.

Педучилище лъуг1арав Х1амид х1алт1ун вуго Хунзахъ учительлъун, хадув райком комсомолалда. Хунзахъ комсомолалъул райкомалда х1алт1изе вач1арав г1олохъанав Расулилъ чиновник гурев поэт вихьун вуго  Х1амид Темирхановасда. Х1амидил х1акъалъулъ  жиндирго  рак1алде щвеялда Р. Х1амзатовас гьадин хъвалеб буго: «… цогидазеги г1умруялъул бит1араб нух т1аса бищизе кумек гьабун бажарулев чи вук1ана гьев» Комсомолалъул райкомалъул секретарасул направлениегун Х1амидихъе вач1арав дида Х1амид Г1абдулг1азизовичас разилъи гьеч1олъи загьир гьабуна ва абуна: «Гьеб х1алт1уде лъугьин бук1инаан дур г1умруялъул к1удияб гъалат1лъун. Мун поэт вуго. Дур бак1 литератураялда буго. Г1абдулх1амид вук1ана поэтлъиялъе бажари дирго  бук1иналда дун  божизавурав  чи. Гьев хвей дие бук1ана зах1матаб камилъун».

23 сон г1умруялъул бугев г1олохъанчи  Х1амид коммунистлъун лъугьана. Гьел соназ Х1амидилъ загьирлъула журналистасулаб гьунар. Т1адег1анал партиялъулал идарабаз гьев вачуна «Маг1арулав» газеталде х1алт1изе, хадув «Маг1арул большевикалде».

Хунзахъа Г1умардибир Х1усеновасул рак1алде щвеялдасан.

Х1амид вук1ана гъваридаб лъаялъул кинабго рахъалъ цевет1урав г1олохъанчи. Гьединав вук1иналъ Х1амид дол 30 абилел соназда лъик1ал т1адег1анал хъулухъазда х1алт1улевги вук1ана Хунзахъ районалда. Дида жакъа г1адин рак1алда буго гьес районалъул комсомол г1уц1иялъул РК ВЛКСМалъул к1иабилев секретарасул хъулухъ т1адег1анаб даражаялда, ц1ик1к1араб х1аракатчилъиялда гьабулеб бук1араблъи.

Гьес бажарун нухмалъи гьабуна районалъул «Маг1арулав» газеталъе, гьенив х1алт1улаго, ц1акъго загьирлъана гьесул адабияталъул, маданияталъул рахъалъ ц1ик1к1араб махщел ва гьунар. Х1амидида лъик1 лъалаан г1урус мац1 ва эркенго  маг1арул мац1алде пьесаби, куч1дул, харбал, къисаби руссинаризе бук1ана бергьараб гьунар.

Лъай бугев чи вук1иналъ Х1амид вачун вук1ана, доб заманаялъ нахъе ккун бук1араб халкъияб лъай кьеялъул х1алт1и цебе бачиналъул мурадалда, районоялъул  инспекторлъунги, хадуб райисполкомалъул секретарьлъунги.

Машгьурав журналист (халатаб заманаялъ «Баг1араб байрахъ» газеталъул редактор), гьунар бугев хъвадарухъан М. Шамхаловас жиндирго учительлъун рик1к1унев вуго Х1амид Темирханов . М. Шамхаловас Х1амидица живго х1алт1уде восиялъул х1акъалъулъ хъвалеб буго.

- Диргун гара-ч1вари  гьабуна Х1амидица. Х1алт1и дуе кьела, ц1ализеги вит1ила, ч1ужуги ячина, к1иго йокьаниги. Амма  жакъа-метер дуе рукъ кьезе нижер рес гьеч1о. Гьеб иш дуцаго т1убазе ккела. Валагье кин нижер г1адамал х1алт1улел ругелали, ругьунлъе. Хадубги М. Шамхаловас хъвалеб буго: «Х1амид вук1ана бег1ераб раг1иялъул, жиндаго ва жиндирго лъаялда  рак1ч1арав коллективалъул эмен г1адав чи. Гьесул бук1ана бечедаб, бит1араб рахьдал мац1. Гьесул хъатикьан унаан  газеталъул киналго материалал типографиялде. Бац1адго лъалаан г1урус ва лъараг1 мац1ал. Бокьулароан х1алт1ухъанас хъвараб материал къач1азе. Гьадинги гьадинги гьабеянги малъун, нахъе кьолаан цо-цо мехалъ т1ад хъанчги лъолаан.

- Гьале т1убараб къоялъ дуца гьабураб, т1аде жоялъе к1иго саг1ат дирги бахъараб х1алт1ул х1асил, - ан абуна гьес, цо х1алт1ухъанасул х1алт1уда т1асан мухъги ц1ан. – Ц1ар  Микаг1ил бук1инги гьев вехь вук1инги гурони т1ок1аб бат1ияб жо гьеч1о гьаниб. Нахъеги ц1але  мухбирасул кагъат. Гьениб щибниги батизе буго».

Рахьдал мац1алъул  бит1унхъваялъул, литератураялъул рахъалъ Асадула вук1ана киназулго учитель г1адав чи. Цох1о  Х1амид вук1ана гьесул кумекалде кколарев  чи.

«Маг1арул большевик» газеталъул редакторлъиялдасан Х1амид Темирханов вачана Дагъистаналъул радиокомитеталъул  бет1ерлъиялде. Гьел рук1ана 1944-1945 сонал.

1946 соналъ Х1амид вачана Совнаркомалъул ралел бак1азул отделалъул начальникасул заместительлъун.

1947 соналъ Х1амид Темирханов т1амуна Культураялъул министрлъун.

Х1амидил гьудул профессор Х1ажи-Г1али Данияловас гьесул х1акъалъулъ хъвалеб буго: «Киназдаго гуро дол соназ г1олохъанаб г1елалъе, комсомолалъул г1уц1абазе цевехъанлъун вук1ине  бажарулеб бук1араб. Х1амидица абуни  бергьенлъиялда т1уразарулел рук1ана райком комсомолалъул секретарасул т1адал ишал»…

«Х1амидил гьалдолеб бугеб х1аракаталъ балагьана ц1ияб х1алт1и – культура. Радиоялдасан газетал-журналаздасан гьарурал гвангъарал, маг1на гъваридал цевевахъиназде  дагъистаниязул интерес  к1удияб бук1ана. Г1емераб дунялалъул литература, хасго г1урус классикаялъ, борхатаб  даражаялде бахинабун бук1ана гьесул рух1ияб рахъ. Дида бихьулеб бук1ана Х1амидида Лермонтов, Пушкин, Тютчев лъик1 лъалел рук1инги».

Х1амидица г1емераб х1алт1и гьабуна Дагъистаналда культура  цебет1еялъе. Гьев культураялъул министрлъун вугев мехалъ г1уц1ана «Коч1ол ва кьурдул» ансамбль. Х1амидил т1ей гьеч1еб ва кидагосеб бухьен бук1ана  аваразул театргун. Х1амидица Москваялде ГИТИСалде ц1ализе рит1ана Ю. Шахназаров, Г1. Мамаева, Тапиев ва цогидалги. Ц1али лъуг1изег1ан, гьезие бук1ана Х1амидил моралиябги материалиябги кумек.

Х1амидица авар театралъе маг1арул мац1алде руссинаруна Шекспирил «Отелло»,  Р. Фатуевасул «Хочбар», Шиллерил «Коварство и любовь», Гальдонил, Бомаршел, Островскиясул, А. Н. Толстоясул, А. С. Пушкинил, Лермонтовасул, Гоголил асарал.

1950 соналъ Х1амид Темирханов восула СССРалъул Хъвадарухъабазул союзалъул членлъун.

Г1умруялъул ахириял сонал Х1амица кьуна г1елмияб х1алт1уе. Гьев х1алт1изе лъугьана Обкомалда цебе бук1араб  Марксизм-ленинизмалъул  институталъул Дагъистаналъул  филиалалда. Зах1матаб унтиялъ унтарав Х1амид, къанаг1атги къват1иве  вахъинч1ого, партиялъулаб  литератураялъул таржама гьабулев вук1унаан. Х1амид хвана 1962 соналъ.

Нилъеца ц1акъго къокъго схема гьадин  бицана Х1амидил бечедаб ва интересаб зах1маталъул г1умруялъул. Бокьун буго  г1адан х1исабалдаги Х1амидил х1акъалъулъ чанго мухъ хъвазе. Живго бечедав гьеч1ониги Х1амидил бук1ун  буго бечедаб ва сахаватаб цох1о рак1 гуребги  кверги. Чанги лъале-хъвалевги жиндиралги чияралги жиндирго рек1ел хинлъиялъ хинлъизарун руго. Залму Батировалъ Х1амидил х1акъалъулъ  хъвалеб буго: «Гьес кидаго х1аракат бахъулаан сундалъун бугониги г1адамазе кумек гьабизе. Гьесул г1умруялъул гьудул Сакинатги йик1ана ц1акъ рак1 сахаватай г1адамазе лъик1лъи гьабизе бокьулей г1адан. Гьит1инабго к1иго рукъалъул квартираялде рак1 рагьун  къабул гьарулаан гьелъ маг1арухъа  гьобол-гьудул, лъале-хъвалел. Гьурмада х1еренаб гьимигун къабул гьарулаанин  гьелъ  г1адамалан  хъвалеб буго Залму Батировалъ жидерго ургъел  гьабич1ого, г1адамазе г1оло г1умру гьабулеб бугин гьал  г1адамазан пикру бижулаан».

Х1амидилги гьесул лъади Сакинатилги г1аданлъиялъул, г1адатлъиялъул г1адамаздехун гьезулъ бугеб т1адег1анаб адабалъул хъвалеб буго  вацал Мух1амадрасул ва Гъазимух1амад Гьиматоваз. Киназго еццулей Х1амидил лъади Сакинат Ч1ик1аса лъик1аб ресалда ругел г1адамазул яс йик1ун йиго. Гьелъул эмен Абакарил Ибрагьим советал т1адлъуде рач1араб мехалъ, туснахъ гьавун вуго ва 1929 соналъ хун вуго.

Х1амид хун хадуй 100 къоялдасан хун йиго гьесул лъади квер г1ат1идай, рак1 лъик1ай Сакинатги. Киг1ан дие бокьаниги, дие гьеб ц1акъ бокьун бук1ана гьал лъик1ал г1адамазул х1акъалъулъ т1ехьалда бугеб г1емераб жо газеталда бак1 г1унгут1иялъ гьаб  макъалаялде босун бажарич1о.

Ахиралда  абила, т1ехь данде гьабурай Залмуги мустах1икъай йиго  район цоязул ва Х1амид лъалезул  к1удияб баркалаялъе. ИншаАллагь Т1адег1анас кириги гьарза гьабилеб батила лъик1аб  ишалъулъ.

Газеталъе гьаб материал  х1адурана лъик1ал г1адамазул х1акъалъулъ хъван ч1алг1ен гьеч1ев Буц1раса Г1исаца.

Просмотров: 655 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz