Понедельник, 29.04.2024, 15:03 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Октябрь » 4 » БИЖАНОВ МАХ1АЧ АЙТБЕРОВИЧАСУЛ РАК1АЛДЕ ЩВЕЯЛДАСАН.
18:10
БИЖАНОВ МАХ1АЧ АЙТБЕРОВИЧАСУЛ РАК1АЛДЕ ЩВЕЯЛДАСАН.

Дун талих1ав вуго К1удияв Расулилгун, Расул Х1амзатовасулгун, лъай-хъваялъе ва г1емерал соназ гьудуллъиялъе рес щвеялъ.

Т1оцеве дида Расул вихьана, Хунзахъ районалъул Г1аранив ц1алулаго. Хьолбохъ бугеб классалда учительлъун вук1ана Расул. Школалъул къадал газеталдаги районалъул газеталдаги рахъулаан Расулил куч1дул, вечеразда цеве вахъун ц1алулаан гьел . Цо-цо вечералде аваразул к1удияв поэт, эмен Ц1адаса Х1амзатгунги вач1унаан Расул. Талгиялда Х1амзатицаги лъадиялъги х1ухьбахъи гьабураб куцалъул х1акъалъулъ Расулица ц1алараб инсул кеч1 ц1акъ бокьулаан нижее. Г1емерал релъиялъ г1одор кколаан ниж.

Хадуб нижер хъизан эмен х1алт1улеб К1арат1е гочана. Зама-заманалда маг1арул газеталда ц1алулаан гьесул куч1дул. Божилъи нижер ккана, дун Каспийскиялда шагьаралъул исполкомалъул председательлъун х1алт1улел соназ.

Киналиго къаде кванил перерывалъул заманалда, дун рокъоса къват1иве вахъине х1адурулев вук1ана – телефоналъул гьаракь бахъана. Расулица гьикъана – «Мун рокъов вугищ?» - «Вуго. Мун кисан?» - «Дун дур исполкомалда вуго». – «Дун гьабсаг1ат вач1ина». – «Вач1ине ккеларо. Ниж гьабсаг1ат духъе рач1ина». Лъади х1алт1уда йик1ана. Бугилан абизе квен-т1ех рокъоб бук1инч1о. Столалда лъуна чед, х1ан, ц1амг1алаб охцер. Талих1алъ, бук1ана чогърол гьит1инабго бочка. Рач1ана, г1одор ч1ана, кинабго гьекъана. Гьел лъабгоял рук1ана. Х1алт1ул къоялъул ахиралда яч1ана лъади, ниж киналго кепалда рук1ана. Расулица ниж лъадуда цере накабазда ч1езе т1амуна, мун гьеч1ого рокъоб жидеца хозяинлъи гьабунилан т1аса лъугьаян гьарана. Г1одор ч1ана. Ц1идасан добго жоялде рана. Къаси кват1араб  мехалъ рат1алъана. Гьеб бук1ана т1оцебесеб ниж г1агар гьабураб дандч1вай.

Расул Буйнакскиялъул округалдасан СССРалъул Верховный Советалде депутат вук1ана. Округалъ гъорлъе бачуна республикаялъул лъабил бут1а. Амма киназегоялдаса ц1ик1к1ун  Расулица кумек Буйнакскиялъе гьабулеб бук1ана. Гьесие Буйнакск бокьулаан ва кумек гьабизе х1аракат бахъулаан. Шагьар рук1алиде ккезабиялъулги цебет1езабиялъулги г1емерал  суалал т1уразе к1олел рук1ана г1иц1го Расулил кумекалдалъун. (Дол рук1ана ракь багъариялъ Буйнакскиялъул ч1удби лъугьинабурал сонал). Расул Москваялде унеб щибаб нухалъ Расулгун  дунги унаан ва гьевгун г1емер ана бищун т1адег1анал рангалъул улкаялъул нухмалъулезухъе – СССРалъул Министрабазул Советалъул председателасул заместитель В. Э. Дымшицихъе, СССРалъул министрал А. Н. Тарасовасухъе, Псурцевасухъе, Дементьевасухъе ва г1емерал цогидазухъе.

Т1ад Расулил сайигъаталъулаб хъвай-хъваг1айгун бугеб т1охьода гьоркьоб лъураб кагъат бит1иялъ зах1матал суалал т1уралаан. Гьединал кагътал г1емер рит1ана, Москваялдаса гьари т1убалилан рохел-хинлъигун жавабалги щолаан. Цо заманаялъ дун гьезде ругьунлъана ва Расулил ц1аралдасан дирго подписалгун телеграммаби рит1изе лъугьана. Цо нухалъ нахъбахъич1ого т1убазе кколеб ишалъе, Расулги Дагъистаналда гьеч1ого, гьесул подписгун дирабгоги гьабун, бит1ана телеграмма. Телеграммабазул ц1ад базабизе лъугьана дун. Пайда бук1ана ц1ик1к1араб. Расулида лъана гьеб. Централдасан  гьесухъе телефоналъ ах1изе лъугьун буго гьесул телеграмма  щванин, гьари т1убазабилин, кинабго лъик1 бук1ине бугин, ургъел гьабугейин. Расулица дихъе телефоналъ ах1ун бач1ана, дагьа-макъавго семана ва абуна: - «Т1оцебе, диданиги лъазабе, к1иабилеб, дурго проблемаби т1уразаруразе баркала кьезеги к1очонге»,- ян.

Расулил 50 сон т1убаялде т1олабго шагьар бахъун бук1ана эв унел къват1ахъе ва гьесие салам кьолеб бук1ана. Бакъанида хинаб ах1вал-х1алалда рохалилаб данделъи т1обит1ана. Щвараб ресалдаса пайдаги босун, к1удияв Расулие баркалабаздаги гьесде бугеб адабги рокьиги барахщич1ого загьир гьабуна нижеца.

Цо нухалъ Москваялда Расулги Пат1иматги, гьесул гьудул Болгариялъул Смолян округалъул т1оцевесев секретарьги, «Арагви» рестораналде рилълъана. Гьеб рестораналда бак1 щвезе ккани, дагьалдасан цо моц1алъ цебе заказ кьезе кколеб бук1ун буго. Расулил х1урмат гьабун, цо гьит1инабго залалде рачана ниж. Гъоркь ратарал гуржиял ц1акъ разилъана. Гуржияс гьадинаб тостгун лълъар борхана «Грузиялъул поэтаз СССРалъул т1оцевесев поэт щиван бах1салда рук1ун ругила. Гьеб даг1ба-къец раг1арав цо г1олохъанчияс суал кьун буго, нужеда гьоркьов т1оцевесев поэт ватани, Расул Х1амзатов чанабилеб номералдаха вугевилан. Киналго поэтал разилъун жаваб кьун буго Расул, гьеб списокалдаго гьеч1ин, гьев киназдасаго т1ок1ав, т1адег1анав вугилан».

Расулицаги лълъарги борхун абуна тост: «Бакъ бух1араб риида, рекьаби ц1адал рач1ого, рагьлихъ г1ащикълъидал, магъилъе рахъуна Аллагьасда ц1ад гьаризе ва цадахъ къурбаналъе  ч1ег1ераб куйги  бехъерхъула. Жакъа гьав горкомалъул секретарасул ч1ег1ераб куйлъун вуго. Гьес дун киналго союзиял министерствабазде вехъерхъулев вуго, жиндирго проблемаби т1уразе. Гьекъелин гьесул сахлъиялдасан.

Москваялде гьабураб цо сапаралъул заманалда ниж ана РСФСРалъул комуналияб маг1ишаталъул министр Бутусовасухъе шагьаралъе х1ажат бук1ана асфальт лъолеб машина. Дида лъалеб бук1ана лъаг1алиего гьеб министерствоялъе г1иц1го щуго гурого асфальтоукладчик щвеч1еблъи. Расул гьеч1ого мурад т1убаялде хьулцин лъезе бак1 бук1инч1о. Министрас  цевегосев гьудуласда г1адин ц1акъ хинаб дандч1вай гьабуна  Расулида. Гьел гара-ч1вариялда рук1ана, министрас рак1алде  щвезабулеб бук1ана Расулилгун киналалиго приемазда рук1арал дандч1ваязул, Расулги нахъе кколев вук1инч1о. Цо гьит1инабго лах1заталъ гара-ч1вариялъул гьоркьоб къот1и ккарабго, Расулица гъолбасараб кагъатгун дунги жувана гъорлъе. Министрас абуна: «Цо чанго азарго шагьар бугеб, гьазда гьоркьоб ц1акъго ч1ах1иялги шагьарал ругеб т1олабго Россиялъе биччан буго 5 асфальтоукладчик. Т1асан ккаравни (наглый же) вугоха секретарь мун, лъан буго дуда Расулие инкар гьабизе дида к1олареблъи»,- ян.

Министрас кагътида резолюция лъезег1ан дун г1одове къулун ч1ана. Гьелдаса хадубги г1урабго заманаялъ г1одор ч1ана. Т1адеги дие щвана чанго хасал ишал т1уралел машинаби, асфальталъе битум ва цогидабги кумек.

Министрасе баркала кьуна, къо-мех лъик1 гьабуна, къват1ире рахъун, приемниялда авар мац1алъ Расулица буго абулеб: «Дир пикруялда гьев дида т1оцеве вихьулев вуго»,-ян. Гьеб бак1алда г1одов ккезе дагьав хут1ана дун.

Расулгун цадахъ гьабураб цо сапаралдаса хадуб т1урарал къвариг1елазул, щвараб техникаялъул, машинабазул обкомалде кьедал, М-С. Г1умахановас дида абуна гьединаб кумек т1олабго республикаялъе кидаго гурин щолебан.

Расулица дир лъай-хъвай гьабуна Чингиз Айтматовгун, Ян Френкелилгун ва г1емерал цойгидалгун. Г1ажаибго х1еренав, тамахав ва сахаватав чи Ян Френкелица дие г1акълу кьуна: «Дида бич1ч1улеб буго дур г1емерал проблемаби Расулида рарал рук1ин. Расул киназего х1ажалъула, киназего къвариг1ун бук1уна гьевгун дандч1вазе. Мун гьесдаса цо секундалъги  рик1к1алъуге, гурони т1убараб къоялъ щвеч1ого хут1изе бегьула духъе гьев». Дицаги гьедин гьабулаан. Радал хехго т1аде вахъунаан ва гьесул рукъалъухъ посталда ч1олаан ва ахиралде щвезег1ан цо секундалъ нахъе унароан.

Москваялдаса т1ад вуссиндал дица данделъиялде ах1улаан шагьаралъул предприятиязул ва организациязул нухмалъулел ва сапаралъул х1асилазул бицунаан. Гьайгьай, дица абулаан киналго проблемаби т1уразарунин нилъер депутат Расул Х1амзатовасул кумекалдалъунан. Цо-цояз М-С. И. Г1умахановасде г1арзалцин рахъун ратулаан дир к1алдив цох1о Расул вугин, гьесул ц1ар киданиги бахъуларин. Х1акъикъаталдайин абуни, дида киданиги к1оченч1о Буйнакскиялъе  кумек  гьабуразул ц1арал халкъалда цебе рак1алде щвезаризе, гьезда гьоркьоб М-С. Г1умахановасул ц1арги.

Расулил 50 сон т1убаялъул юбилей Буйнакскиялда к1одо гьабун хадуб, бицун батана космонавт г1адин к1одогьавунин гьев шагьаралдаян. Дида бич1ч1ич1о Расулида космонавтасда г1адаб дандч1вай гьабизе щай бегьулареб бук1арабали,бокьарав космонавтасдаса халкъалъе гьесул къадру борхатаб бук1аго. Г1емерал рук1ана дандч1ваялги, г1емераб бук1ана интересабги. Дида вихьич1о гьедиг1ан бег1ераб г1акълуялъул чи. Х1акъикъаталдаги Расулил бук1ана кенч1олеб г1акълу. Гьесулгун гара-ч1вариялда ц1одорго рук1ине кколаан.

Дун Дагпотребсоюзалде х1алт1уде  т1амураб мехалда, Расул Дагъистаналда вук1инч1о, ва гьесда г1акълу гьикъизе дир рес бук1инч1о. Сапаралдаса т1ад вуссарав Расулица дихъе ах1ун бач1ана. Бич1ч1улеб жо, ц1ияб хъулухъ гьес дида баркич1о, гьелъул г1аксалда бук1ине кколедухъ семана.Дида бицана гьев диде ц1акъ г1айиб-гъвелалда, ццидалъ вугин жив т1адвуссинег1ан ч1еч1ого разилъанилан, магъкьаз гуккун ватилин, жиндие гьев вихьизецин х1ажат гьеч1илан, рак1хун вугилан. Мук1урлъулев вуго, бит1ахъего х1инкъун к1веч1о гьесда  вихьулелъуве ине, цо санаг1ат ккезег1ан ч1ана. Кват1ич1ого бач1ана гьесие Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчиясул ц1ар кьеялъул х1акъалъулъ Указ. Таваккал т1амуна Расулихъе ине. Гьесухъего унев вук1ана республикаялъул прокурор, г1ажаибго бихьинчияв М. М. Ибрагьимов. Щвана Расулихъе, баркана. К1алалт1е бач1а-бач1араб абун семана  щайин ине инкар  гьабурабан. Бицине, бич1ч1изабизе х1албихьана – киса г1енеккулев. М. М. Ибрагьимовас абуна: «Г1умахановасе инкар гьабизе Расул Х1амзатовлъун  вук1ине ккола, гьавин абуни г1иц1го Мах1ач Бижанов вуго».

Расулие баркалаялъул ва гьесдаса вохиялъул асар кидаго бук1ине буго дир рек1елъ.

Газеталъе материал х1адурана Г1. Г1исаевас. М. А. Бижановасул «Оставить след на земле» т1ехьалдасан. Издательство «Юпитер» Махачкала 2002 с.

Просмотров: 640 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz