Автор.Н.Г1алиева.Октябрь 2013с.
Инсанияталъул г1умру бит1ун
цебе т1елароан инсанасе щвараб х1албихьи, лъай г1елалъ г1елалъухъе кьун
такрар гьабулеб бук1инч1ебани. Гьеб нилъехъе щола учителасул кумекалдалъун.
Учителас к1удияб бут1а лъола щивав инсан куцаялъулъ. Гьев ккола лъайги культураги
т1ибит1изабулев, Ват1аналъе рит1ухъаб, зах1мат бокьулеб, нилъер умумузул
адаб-х1урмат ц1унараб г1ел куцалев г1акъиллъун. Учительзабаз нилъее лъайгин
тарбия кьолеб бук1инч1ебани, нилъ рук1инаан пагьму-гьунар цебе т1езабизе рес
гьеч1ел г1адамаллъун.Кинаб ах1вал-х1ал районалъул лъай кьеялда бугеб, кинал
хиса-басиял ругелали лъазелъун жакъа нижер мухбир дандч1вана районалъул лъай
кьеялъул управлениялъул информациялъулгин методикияб централъул нухмалъулей
Патах1ова Салих1атгун.