Понедельник, 29.04.2024, 15:00 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Октябрь » 4 » Х1АРИСЕЛ ЦЕРЕ РУГО.
18:15
Х1АРИСЕЛ ЦЕРЕ РУГО.

Дагьал церег1ан къояз районалде вач1ун вук1арав Дагъистаналъул ветеринарияб нухмалъулев С. Попондуполоца районалда бук1араб данделъиялда лъазабуна республикаялдаго лъик1ал рахьдал комплексазда гьоркьоб бугин Х1ариколо «Баг1арав партизан» СПКаялъул комплексгиян. Дица гара-ч1вари гьабурав районалъул  сельхозуправлениялъул начальникасул заместитель, гьеб идараялъул бет1ерав зоотехник Х1. Г1умаровасги гьеб тасдикъ гьабуна:

- Хунзахъ районалъул рахьдал фермабаз цадахъ босун Гъизляр районалдаса хадусеб 2 леб бак1 ккола республикаялда. Гьоркьохъеб къаг1идаялъ районалъул фермабазда 1 г1акдадаса беч1ч1ула 1700 кг. рахь. Гьеб ккола республикаялда гьоркьохъеб къаг1идаялъ 1 г1акдадаса беч1ч1улелдаса 90-95 килограммалъ ц1ик1к1ун. Х1ариколо «Баг1арав партизан» маг1ишаталда гьоркьохъеб къаг1идаялъ щибаб г1акдадаса беч1ч1ула 2100 кг. рахьдал. Бихьулеб бук1ахъе, гьеб ккола, республикаялда дандеккун 500, районалда дандеккун 400 килограммалъ ц1ик1к1ун. Х1арисезул комплексалда рахь беч1ч1ула машинабаз. Районалъулго сельхозпредприятиязда гьоркьоб цебет1ураллъун руго х1арисезул ва г1ехьелдерил г1ачиязул фермаби,-ян бицана гьес.

Гара-ч1вари гьабуна дица «Баг1арав партизан» СПКаялъул нухмалъулев  Гьадигатула Лачемилаевасулгунги. Гьесухъан мухбирасе щвана гьадинал баянал:

Х1ариколо «Баг1арав партизан» СПКаялъул рахьдал комплексалда хьихьун буго 650 бет1ер ч1ег1ерх1айван. Гьездасан 200 ккола беч1ч1улеб г1ака. Такрарлъулев вугониги абизе ккола гьоркьохъеб къаг1идаялъ щибаб г1акдадаса беч1ч1улеб 2100 кг. ккола республикаялъул г1емерал фермаби рахинч1еб борхалъи. Араб 8 моц1алда жанибги 1 г1акдадаса беч1ч1араб рахьдал къадар 1600 кг. бахуна. Гьеб х1асилалъул х1исаб гьабураб мехалъ гьаб соналъ цо г1акдадаса беч1ч1улеб рахьдал къадар дагьабги  ц1ик1к1инин абизе ихтияр кьолеб буго. Лъаг1алие маг1ишаталъ бичулеб рахьдал къадарги 320 тоннаялдаса ц1ик1к1унеб буго. Рахьдал жибго ч1олеб багьа г1одобе бачине ва дояркабазул зах1мат бигьа гьаби мурадалда комплексалда г1уц1ун буго г1ачи машинабаз реч1ч1улеб къаг1ида. Гьанже 200 г1акдае хъулухъ гьабулеб буго г1иц1го 4 дояркаялъ. Дояркаялъул харж-мухьги дагьаб гьеч1о. Моц1рое гьезие щолеб буго 8000-9000 гъурущ. Боц1ул г1ухьбийин абуни 9-10 азарго гъурщиде рахунел руго. Сентябралъул ахиралде рахьдал  комплексалъ кьолеб  бац1ц1адаб хайир 250 азарго гъурщиде бахуна. Араб 8 моц1рол х1алт1ул х1асилалда СПКаялъе щун буго 1млн. 200 азарго гъурущ дотацияги. Х1асил, СПКялъе аслияб доход кьолеб буго  г1ачиязул фермаялъ.

Х1арисезул  комплексалъул цебет1ейги бергьенлъабиги ч1обогояб бак1алда рижарал жал гуро. Араб соналъ рахьдал комплексалда гьабун буго капиталияб ремонт. Гьабсаг1ат унел руго хасалоялде комплекс х1адуриялъул ремонталъул х1алт1аби. Т1адеги 200 г1акдае коровник къач1ан х1адурун буго. Боц1уда бергьенлъиялда хасел т1амизабиялъул мурадалда бецун буго 1200 т. хер, лъун буго 600 т. сенаж, лъезе буго 200 т. ц1оросаролъил силосги. Араб соналъги бук1ун буго гьединабго лъик1аб х1адурлъи. Цох1о рахь бичиялда г1ей гьабуларо х1арисез. Г1езабула бичизе гьанги. Хьихьун руго  кьара гьарун ричизе, бусбиги. Жанир тун исана хьихьарал бусбузул къадар 80 бахуна. Абич1ого г1оларо, г1емераб зах1матги кьун г1езабураб рахь, гьан росдал маг1ишаталъул ниг1матал г1езарулел ц1акъго къезарураб г1одобег1анаб багьаялде гурони ричун росулел гьеч1илан. Рахьдал 1 литраялъул багьа буго 12 гъурущ. «Рычал суялъул» бащадаб литраялъул багьа 20-25 гъурущ кколеб буго. Гьелда ц1ар щибилан лъелеб?

Рахьдал багьа  гьеб босулез ч1езабулеб бук1иналъ ва гьеб ц1акъго г1одобег1анаб бук1иналъ маг1ишатазда рух1 реч1ч1изе толеб гьеч1о ва церет1еялъе тормозлъун буго. Лъилго зах1мат т1ад хвеч1ого жибго ракьулъа къват1ибе чвахулеб бугеб  лъаразулги г1оразулги «Горная» абун ц1ар  лъураб лъелги  рахьдалги цого багьа  бук1унин  абулев цеве дандч1ван вук1аравани, г1антавлъун рик1к1инароанищ? Росдал маг1ишаталъул ниг1матазулги промышленнияб  къаялъулги рич1ч1изе зах1матал багьабаз шагьаразде г1олохъабиги гочинарун, ч1орого гьарулел руго росаби.

Ахир цо гьадинаб суалги. Нилъ киналго рази гьарулел руго х1арисезулги г1ехьелдерилги ва цогидалги росабазул комплексазулги СПКаязул цогидал маг1ишатиял бут1абазулги церет1еязги бергьенлъабазги. Бугищ гьезул пайда-хайир жалго росдал жамаг1атазе? Ялъуни цо-цо цогидал СПКаял г1адин маг1ишатазул нухмалъулесул вотчинаялдейищ сверун бугеб Х1ариколо «Баг1арав партизан» СПКги? Дида абизе к1ола ругел ресаздасан СПКялъул нухмалъулев Гьадигатула Лачемилаевас «Баг1араб росдал» жамаг1аталъе кумек гьабулеб бугилан. Масала, мажгит базе жамаг1аталъе кьун буго  200 азаргоялдаса ц1ик1к1араб гъурущ г1арац. Мадрасалъе ц1алул корпусалъе кьун буго капиталияб  къаг1идаялъ бараб лъик1аб мина. Щибаб соналъ росдал г1адамазе ч1обого кьолеб буго 3000 кг. бакъвараб хер, лъик1аб бач1ин бугеб соналъ кьолеб буго ролъ. Гьединал росдал жамаг1аталъул т1алаб-агъаз бугел СПКаялан ц1ар бугел долго колхозазул нухмалъулел цо-цониги хут1ун руго районалда. Гьединал къанаг1атазул цояв ккола Гьадигатула Лачемилаевги.

Х1арисезул «Баг1арав партизан» СПКялъе хадубккунги  цебет1ейги, гьелъул нухмалъулесе сахлъиги х1алт1улъ икъбал бит1ккейги гьарун Г1иса Г1исаев.

Просмотров: 607 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz