Четверг, 02.05.2024, 07:32 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Сентябрь » 13 » ХЪАХ1АЛ КЪУНКЪРАБАЗУЛ ХВЕЛ ГЬЕЧ1ЕБ РОРЖЕН.
22:03
ХЪАХ1АЛ КЪУНКЪРАБАЗУЛ ХВЕЛ ГЬЕЧ1ЕБ РОРЖЕН.

Хъах1ал къункърабазул хвел гьеч1еб роржен

Дун дирго векалъул х1икмат вук1ина,

Х1алихьалъиялде данде вагъулев.

Х1айранал к1уч1дузул картаялда т1ад

Т1адмаг1аруласги тела ч1инк1иллъи.

Ракьалде Ц1адаса Х1амзатил Расул вач1ун вук1ун вуго  гьит1инабго росдал, Дагъистаналъул ц1ар  дунялалдаго раг1изабизе гуребги, рек1елъан бач1ун к1уч1дузулъ бессараб хасаб хинлъиялдалъунги, лъик1лъиялдалъунги, щивасда бич1ч1улеб г1адатлъиялдалъунги бат1и-бат1иял халкъал, миллатал, г1адамал цолъизаризе. Гьеб бихьулеб бук1уна щибаб санайил К1удияв Шаг1ир гьавураб къо к1одо гьабизе гьесул г1агараб Ц1адаре рак1арулел рик1к1ен г1емерал  г1адамаздалъун.

Исана, Расулил 90 сонилаб юбилей т1обит1улеб къоялде  дандеккезабун лъуг1изабун бук1ана «Хъах1ал къункъраби» мемориалияб комплекс:

Киса-кирего нухккун ч1варал Расул т1ад вахъарал плакатазги гьев ч1аго вугеб г1адаб асар гьабулеб бук1ана. «Г1аийб гурищ гьаб бихьизе  Расул жакъа гьеч1еблъи»,- ян пашманго абулеб бук1ана г1адатиял г1адамаз. Радалго, районалде жанире лъугьунеб Бух1нат1а бак1алда  ц1ам-чедгун гьалбадерида лъик1аб дандч1вай гьабуна жавабиял  ишазул г1адамаз, чанго соназ районалъе нухмалъи гьабурал Мух1амад Г1исаевас, Х1ажияв Дарбишевас, аск1об бугеб Гьоц1алъ росдал г1адамаз ва цогидазги. Ц1адаре щвезег1ан нухда ругел  росабазул г1адамаз данде рахъун т1орит1ана гьалбал байрамалде.

Юбилеялда хасаб берцинлъи бач1инабун бук1ана Ц1ада ва сверухъ бак1 т1ат1ала базабун приемникалдасан риччарал шаг1ирасул раг1абазда ах1улел куч1дузги.

Кидалгог1адин, байрам байбихьана рагъдаса  руссинч1езе бараб мемориалияб комплексалда т1угьдул лъеялдаса. Г1адатлъун лъугьахъе, киналго къокъана Ц1адаса Х1амзатил рукъ-музеялде. Г1ажаиблъизе бач1уна, чанги нухалъ гьенире щваралги т1оцебесеб нухалъ жанире лъугьарал г1адамазулалдаса къеч1еб интересалда кинабго  жоялъухъ ралагьулел рихьидал.

Киналго рак1арана аслиял тадбирал т1орит1изе бугеб «Хъах1ал къункъраби» мемориалияб комплексалде цере. Юбилеялда г1ахьаллъизе рач1аразда гьоркьов вук1арав ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри Шихсаг1идовасги районалъул ц1и вищарав нухмалъулев Саг1ит Юсуповасги лентаги къот1ун рагьана мемориалияб комплекс. Республикаялъул культуриял тадбиралрачунев Марат Тимохиница Дунялалъулго Шаг1ир Р. Х1амзатовасул 90-сонилаб юбилейги баркун к1алъазе раг1и кьуна  Х. Шихсаг1идовасе. «Жакъа нилъее бит1ккана гьаб заманаялъул к1удияв шаг1ир вижараб гьесул тарихияб ват1аналда т1обит1улеб юбилеялда г1ахьаллъизе щвеялдаса. 10 сон буго нилъеда цадахъ Расул гьеч1елдаса. Расулица бицана  лъик1лъиялъул, бах1арчилъиялъул х1акъалъулъ, гьес к1одо гьаруна эбел, ч1ужуг1адан, г1адатиял маг1арулал, жиндирго росу-ракь. Нилъ ч1ух1ула ва ч1ух1изеги руго Расул Х1амзатовасдаса. Гьедиг1ан к1удияв поэт халкъалъе кьураб ракь мустах1икъаб буго байрамал т1орит1изеги гьанир ругел г1адамал рохун рук1инеги»,- ян абуна  парламенталъул спикерас.

Шаг1ирасе ва гьесул творчествоялъе т1адег1анаб къимат кьураб к1алъай гьабуна районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповасги: «Расул Х1амзатов – гьев ккола дунялалъул инсан, гьев лъала, вокьула ва гьесул къимат гьабула т1олго дунялалъулго халкъаз. Расулица г1адамал ах1ана гьудуллъиялде, вацлъиялде». 

«Жакъа гьев нилъеда аск1ов гьеч1ониги, гьев хут1ила шаг1ирасул т1ахьазулъ, гьесул хвел гьеч1ел асаразулъ. Жакъа нилъеда цадахъ Расул Х1амазатов  вук1иналда, нилъеца гьаниб абулебги гьабулебги гьесда лъалеб бук1иналда дир рак1ч1ола,- ян абуна баркиялъулаб к1алъаялда  республикаялъул культураялъул министралъул заместитель  Мух1амадрасул Мух1амадрасуловас.

- Гьелъие нуг1лъи гьабула киналго гьанире рак1арарал х1айранлъизарураб х1икматаб сураталъ – радал, т1ок1аб бат1ияб бак1алдеги сверич1ого, г1иц1го гьаб памятникалда т1ад свериги гьабун, гьалда т1асан боржун ана хъах1ал къункърабазул т1ел. М. Мух1амадрасуловас бицана шаг1ирасул юбилеялъулал тадбирал республикаялъул шагьараздагун цойгидал районаздаги т1орит1улел ругилан.

К1удияб къукъа бук1ана Расул к1одо гьавизе гьесул ват1аналде  рач1арал республикаялдаса гурелги къват1иса улкабаздаса хъвадарухъабазулгун поэтазул.

Кидагог1адин, Расулие ва гьесул асаразе гъваридаб къимат кьурал, гьев т1адег1ан гьавурал раг1аби абуна шаг1ирасул гьудул-гьалмагъ, гьесул пероцояв, Дагъистаналъул хъвадарухъабазул Союзалъул председатель Мух1амад Ах1мадовас. Р. Х1амзатовасул куч1дуз  жидеего гьабураб асаралъул бицун к1алъазе рахъана Вьетнамалдаса Хуанг Тхи Туан, Багдадалъул университеталъул профессор, доктор Дыя Нафия, Болгариялдаса поэт, прозаик Панко Анчев, Халкъазда гьоркьосеб  хъвадарухъабазул  союзазул цолъиялъул председателасул заместитель поэт Владимир Бояринов, литературовед  Мустай Каримил вас  Ильгиз Карим, Москваялдаса поэт, публицист Надежда Кондакова, Якутиялъул халкъияв  хъвадарухъан Николай Лугинов, Чувашиялъул халкъияв  хъвадарухъан Валерий Тургай, Расул Х1амзатовасул фондалъул председатель, хъвадарухъан Шапи Казиев ва  цогидалги. Раг1ул устарзабаз  данделъаразе ц1алана  жидецаго  руссинарурал Расулил куч1дулги.

Киг1ан ц1акъ халат бахъараб заманаялъ жиндир х1акъалъулъ бицине Расул мустах1икъав вук1аниги  нилъехъа бажаруларо бук1ине кколеб даражаялда гьесие къимат кьезе. Дунялалдаго машгьурав вук1аниги реццалда хадув лъугьарав чи Расул вук1инч1о. «Машгьурлъи гьеб рецц гуро. Дир эменги Мах1мудги дунялалда лъалароан, амма гьел рокьула ва ц1алула халкъалъ…

Амма реццалъги поэт гьавуларо. Поэт гьавула пагьмуялъ ва берцинлъиялъ»,- ян  жаваб кьолеб буго К1удияв шаг1ирас цо гара-ч1вариялда жиндирго  машгьурлъиялъул х1акъалъулъ суалалъе. Р. Х1амзатовасе ва гьесул абадиялъго хвел гьеч1ел асаразе т1адег1анаб къимат кьурал  к1алъаяздаса хадуб байбихьана концерталъулаб  бут1аялде. Бищун т1оцере  «Дир Дагъистан» композициягун цере рахъана нилъер районалъул «Г1акаро» фольклориябгун хореографияб ансамблялъул х1аракатчаг1и. К1удив шаг1ирасул асараздасан х1адурарал  церерахъиналгун байрамалде рач1ун рук1ана маг1арул районал – Гумбет, Г1ахьвахъ, Казбек, Ц1умада, Бежт1а гурелги, цойгидал шагьараздасагун районаздаса культураялъул х1аракатчаг1иги – Кизляралдаса, Лаваша, Сергохъала, Г1ахъуша районаздасаги. Байрамалда г1ахьаллъана районалъул цо-цо школазул кьурдул коллективалги. Киналго церерахъинал - цояздаса цоял  интересал, ралагьаразул рак1 т1аде ц1азабулел. Гьалбадерил ц1акъго к1удияб интерес лъугьинабулеб бук1ана комплексалда г1агарлъухъ ч1ван палаткабигун Хунзахъ, Харахьи ва Гьоц1алъ участкабаз г1уц1ун рук1арал миллиял майданаз: гьенир рихьизе бегьулаан нилъее хасиятал умумузул квеналги, маг1ишаталъул т1аг1алабиги, кьурди-хъатгун кеч1-бакъанги. Гьенир аск1орго рук1ана гьоц1дерил г1арцул т1аг1алабазул ва фотограф  Г1алилаев Г1алиханил К1удияв Расулил, нилъерго росабазул суратазул выставкабиги.

Байрамалъе хасаб берцинлъи кьун бук1ана Гиннессил т1ехьалде восарав ракьцояв  Г1умар Х1анапиевасул къуваталъулал номеразги. Концерталъул ахир бук1ана дагьабги г1ажаибаб берцинлъиялъул – Марат Тимохиница ах1улеб «Къункърабазда» гъоркь гьаваялде риччана 90 хъах1ал шариказда рухьарал къункъраби.

Х1ет1 ч1езе бак1 гьеч1еб х1алалъ ц1ун бук1ана гьеб къоялъ Ц1ада росда цебе бугеб майдан К1удияв  Расул к1одо гьавизе гьенибе бак1арараб халкъалъ. 10 соналъ цеве нилъедаса ват1алъарав Расулица абун бук1ана 100 сон дунялалда бай гьеб архитектурияб т1асанккей бугилан ва 100 сонил к1удил хвелги хадуб рак1 бух1изесеб ками гурилан. Гьеб гьедин батаниги Расул дунялалда гьеч1олъиялдаса рак1  бух1ун бук1ана киназулго.  Дунялалдаса аниги гьесие хвел  гьеч1олъиялъе нуг1лъи гьабуна гьеб  юбилеялъги. Ракьалда т1ад инсан вугебг1ан мехалъ нахъе хут1ила Расулил асаралги, асаразулъ гьесул рух1ияб бечелъиги.

П. Гунашева.

 

Просмотров: 1167 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz