Четверг, 02.05.2024, 10:07 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Август » 7 » «ОБЕЩАНИЯЦА Х1АЛТ1И ГЬАБУЛАРО»
15:03
«ОБЕЩАНИЯЦА Х1АЛТ1И ГЬАБУЛАРО»

«Росдал зах1матчи» газеталъул мухбирасул суалазе Гьац1алухъ росдал  бет1ер  Х1ажимух1амадов Муртазаг1алица кьурал жавабал ц1ализе бегьула нужеца жакъасеб газеталда.

Досье.

Х1ажимух1амадов Муртазаг1али Г1усмановичас ахирияб 3 соналъ гьабулеб буго Гьац1алухъ росдал администрациялъе бет1ерлъи. Муртазаг1али ккола т1адег1анаб лъай бугев учитель. Гьес лъуг1изабуна ДГПИ. 40 соналъ гьабуна учительлъи.

Гьац1алухъ росдал паспорт.

Гьац1алухъ администрация рагьана 2001 соналъ. Администрациялда хъвай-хъваг1ай гьабун буго 130 г1анасеб ц1аракиялъ. Гьенив г1умру гьабун вуго 500 г1агарун чи. Гьез хьихьун буго 1500 г1анасеб г1и-ц1аниги, 245 г1анасеб ч1ег1ер боц1иги. Аслияб бет1ербахъиги боц1и-панзалдасанги  бугила жидеран абуна бегавулас.

Кибго г1адин г1ухьби ралагьизе бигьаго бук1унарила. Телевидениялъул кумекалдалъун ва жидецаго ц1ех-рех гьабун, ралагьулел руго г1ухьби. Моц1рое ч1араб-хьараб харж бугев хъулухъ-ишалда вугев чи 100 вугила росулъ. Гьайгьай, к1удияб кумек пенсиялъул, субсидиязул ва цогидал пособиязулгун бигьалъабазулги бугила.

«Гьац1алухъский» СПКялъул  нухмалъулесул х1акъалъулъ реццалъул раг1и.

Гьал раг1аби ц1аларас, божич1ого, абила рецц-бакъалъул раг1и абизе г1адинав  нухмалъулевищ колхозалъул вугеван. Гьедин абулезда г1айибги гьабиларо. Вугев къаг1идаха веццизе г1адинав колхлзалъул председательги. Г1енеккизинха Муртазаг1алихъ.

Гьац1алухъ росдал жамаг1ат разияб буго СПКаялъул председатель Абусупьян Мух1амадовасдаса. Гьес бажарун нухмалъи гьабулеб буго маг1ишаталъе. 2013 соналъ «Гьац1алухъский» колхоз маг1ишаталъе районалъул маг1ишатазда гьоркьоб кьуна 1-себ бак1.

Буго маг1ишаталъул маг1арухъ ругезеги кумек (колхозалъул т1олабго маг1ишат хъутуналда буго). К1иго соналъ хурул  бач1иналдасан росдае пиринч1 бикьана колхозалъ. Мажгиталъе ремонталъе 48000 гъурущ, спортзалалъул ва садикалъул территория сверун къазе босараб материал малъич1ого, кьуна 172000 гъурущ. Гьаб соналъул хирияб моц1алъ щибаб ц1аракиялъе кьуна цо-цо мешок ххараб ролъ. СПКаялъул нухмалъулев Абусупьян Мух1амадовасдаса  разияб буго жамаг1ат.

Гьец1елдерил колхозалъул председатель сахаватав, квер г1ат1идав гуревги иман, ях1-намус бугев чи вугеб куц  буго. Цо-цо председателазда г1адин гуреб, гьесда лъалеб бихьула  расги бокьич1ого, умумуз кьураб ракьалъулги г1и-боц1иялдасанги г1уц1ун бук1ин жинцаго бет1ерлъи гьабулеб бугеб колхоз. Умумузул буголъи-малалдаса г1уц1араб колхоз гьезул лъималаз, хъатица г1ет1ги г1одобе  ч1ван, къад къоялда къаси сордоги бац1ц1ун, ракъунги къечонги цебет1езабун бук1инги лъалеб бугин Абусупьянидаян ккана дида. Лъалеб буго  гьесда жинца нухмалъи гьабулеб бугеб колхозалъул буголъиялъул бет1ергьаби гьеб г1уц1аразулги цебет1езабуразулги лъимал ирсилал, ай бет1ергьаби рук1инги, эбелалъул чохьонир ругел  лъималазулги бут1а гьелъулъ бук1инги.

Сахаватчаги.

Росдае кумек гьабулел сахаватчаг1иги камулел гьеч1о росулъ. Гьел ккола мажгиталъе  халича босарав Х1. Х1усенов, цо авалалда бугеб ицц къач1арав Мух1амадов Мух1амад. Цоги авалалда бугеб къулг1а къач1арав  Мух1амадов Абусупьян. Кинаб х1алт1и малъун аск1ове дун аниги эксковаторалъул бет1ергьан Х1амзатов Х1ажияс нахъч1валаро. Хур бекьулелъул г1адамазе кумек щола  Мух1амадг1алиев Мух1ул ва Шамсудинова Нажабатил. Аллагь разилъаги жидедаса.

Х1алт1и гьабизе г1арац х1ажалъула.

Росдал администрациялъулги, жамаг1аталъул унтарал суалал дагьал гьеч1о. Масала, администрация буго нижго бет1ергьанаб гуреб минаялъуб. Бич1ч1улеб жо – администрациялда жидеего мина базе рес  бук1унареблъи. Районалъул нухмалъулезде чанц1улго бахъараб суал гьеб бугониги, гьоко ч1аралъубго буго. Т1убач1ого чара гьеч1еллъун  руго ФАПалъул, токалъул суалал, лъеда хурхарал къварилъаби-зах1малъаби. Гьец1елдерил гьел г1узрабазе дару балагьун бажарула г1иц1го районалъул нухмалъулезда. Лъеда хурхараб суал дагьаб мух1кан гьабун бицине ккола. 60-лел соназго росулъе лъим бачараб аслияб лъел мухъалъул трубаби турун руго. Гьел хисизе чара гьеч1ого х1ажат руго. Дун х1алт1уде вач1аралдасаго, борхулеб суал буго гьеб. Х1адурун буго лъел мухъал хисизе проекталъулаб документацияги. Амма раг1и кьун бук1аниги, х1алт1и гьабизе  байбихьулеб гьеч1о. Хадубккунги х1алт1и проект гьабиялда къокълъани, росу лъим гьеч1ого хут1иялъул х1инкъи буго.

Рес бугебниги х1алт1и гьабич1ого, ч1ун гьеч1ого гьец1ел.

Росдал администрациялъул бюджет мукъсанаб бук1иналъ, планалда рук1арал ишал гьаризе бажарулел гьеч1о. Гьедин бугониги , т1ат1ала квералги лъун, к1алдибе борта баг1араб г1ечан ч1ун гьеч1о ниж, гьаруна цо0цо х1алт1аби:

1. Басрияб заг1ипаб трансформаторги хисун, лъуна 400 квталъул 95.000 гъурщил багьаяб трансформатор.

2. Рагъда хварал гьец1елдерил  г1олохъаби рак1алде щвеялъе лъураб памятникалъе ремонт гьабуна. Гьеб х1алт1улъ жигараб г1ахьаллъи гьабунаклубалъул заведующаялъги.

3. Г1олохъанал хъизамазе кьезе ракьал  х1ут1ун рук1инч1олъиялъ, хасаб комиссияги г1уц1ун. Ц1идасан рикьана ракьал. Росулъ жанир ругел ракьазул гьабуна  инвентаризация. Т1ок1лъарал ракьал хъван договоралгун арендаялъе кьуна.

4. Росу бакьулъ бугеб басралъараб къулг1а кьуч1дасанго ц1и гьабун къач1ана. Къулг1а къач1азе квербакъараздаса Аллагь разилъаги.

5. мухьдахъ ккураб тракторалъ моц1ида жаниб 2 нухалъ хас гьабун бахъараб гондинибе баччула мусор. Ц1едал, гвенд, т1аде ракь хъван, бахъула ва ц1ияб мусоралъул гвенд бухъула.

6. Хвараб боц1и рехизе гьабун буго скотомогильник.

7. Росулъе бач1унеб аслияб нухги кьоги къач1ана автодоралъул кумекалдалъун. Амма пайда щиб, т1ат1алаго рарал халат рахъарал ц1адаз нухазда ц1идасан рахъана хъит1ал ва гундби. Райавтодоралъул х1алт1ухъабаз, нижер х1ажалъи бихьун, росулъ жанибеги баччула чабах рит1изарула нухал. Нижер росдал жамаг1аталъул рахъалъан «Росдал зах1матчи» гьоркьоб ккун,

бокьун буго гьезие баркала загьир гьабизе. Гьаб бак1алдаго бицен гьабун тела, аслияб нухлул росулъан унеб 400 м г1анасеб нухда реччел гьеч1еб мехалъ гордал, нуц1би рагьизе бегьуларедухъ х1ур бук1уна. Нухлул гьеб бут1аялда, чара гьеч1ого, х1ажат буго асфальт т1езе. Гьелда т1ад ургъулел руго ниж.

8. Ругел ресезда рекъон, х1аракат бахъула г1адамазе культурияб х1ухьбахъи г1уц1изе. Масала, 8 Марталъ руччабазул къоялъул х1урматалда ясазул командабазда гьоркьоб волейболалъул къецал т1орит1ана клубалда ва школалда. Ц1ияб соналда хурхун, т1орит1ула хасал тадбирал. Ах1ула районалъул культураялъул рукъалъул х1алт1ухъабазул концертал. Абич1ого г1оларо росабалъ гьабулеб  т1олабго х1алт1и субботниказде г1унт1ун г1арцуда бараб бук1уна.

Гьединал руго дун росдал бет1ерлъуде вач1аралдаса гьарурал х1алт1аби. Гьарурал х1алт1уда цадахъго руго  жамаг1аталъе к1вар бугел гьарич1ел х1алт1аби. Хьул буго районалъул администрациялъул кумекалдалъун жамаг1аталъул г1узрабазе дару батун бажарилилан.

Ахиралда. «Росдал зах1матчи» гьоркьоб ккун, районалъул зах1матчаг1азе дица гьарула щулияб сахлъи, халатаб талих1аб г1умру, пашманлъи-ургъел гьеч1ел дунял гьабулеб ишалъулъ икъбал. Ккураб к1алалги, рарал какалги къабул гьареги нилъер Аллагь разияб х1алалда хьвадизе тавпикъги кьеги нилъее киназего.

Хъвана Г1. Г1исаевас.

 

 

Просмотров: 602 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz