Четверг, 02.05.2024, 05:26 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Август » 24 » ПЕДАГОГАЗУЛ АВГУСТАЛЪУЛАБ СОВЕЩАНИЕ. ЛЪАЙ КЬЕЯЛДЕ К1ВАР Ц1ИК1К1ИНАБИЗЕ ККОЛА.
11:17
ПЕДАГОГАЗУЛ АВГУСТАЛЪУЛАБ СОВЕЩАНИЕ. ЛЪАЙ КЬЕЯЛДЕ К1ВАР Ц1ИК1К1ИНАБИЗЕ ККОЛА.

23 августалда райцентралда  халкъияб творчествалъул рокъоб щибаб санайилго г1адин т1обит1ана лъай кьеялъул х1алт1ухъабазулаб совещание. Данделъиялда г1ахьаллъана  педагогикиял х1алт1ухъаби гурелги, районалъул  нухмалъулелги, т1аде рач1арал гьалбалги.

Т1аде щолеб бугеб ц1ияб ц1алул  сонги баркулаго, лъай кьеялъулъ церет1еялги бергьенлъабиги педагогазеги гьарулаго районалъул бет1ерасул ишал т1уралев С. Юсуповас  абуна лъай кьеялде  жеги ц1ик1к1араб к1вар кьезе бугин, ц1ик1к1араб х1алт1и гьабизе бугин пагьму гьунар бугел лъимал т1атинаризелъун ва гьезулгун гьабулеб х1алт1удеги к1вар буссинабизе бугилан.

Баркиялдаса хадуб С. Юсуповасги РУОялъул начальник З. Г1умаровасги лъай  кьеялъулъ рихьизарурал рахъи ц1ик1к1арал х1асилазухъ «РФялъул лъай кьеялъул х1урматияв х1алт1ухъан»  ц1аралдалъун к1одо гьаруна Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалъул директор  М-Р. Атаев, Г1обода гьоркьохъеб школалъул учительзаби М. Х1асанх1усенова, М. Мух1амадова, Буц1ра гьоркьохъеб школалъул  учитель К. Хъарагишиев, Г1ахьалч1и гьоркьохъеб школалъул учитель Т1. Мух1амадов, Х1ариколо гьоркьохъеб школалъул  учитель М. Х1анапиев, Хунзахъ  № 2 гьоркьохъеб школалъул учительница Хъ. Гьит1инова, РУОялъул методист Р. Атаева, РУОялъул специалист Р. Дарбишева ва Хунзахъ ДЮСШялъул тренер М. Г1абдулхаликъов.

Араб  ц1алул соналъул х1асилазулги ц1ияб ц1алул  соналъ районалда лъай кьеялъулъ цереч1арал масъалабазулги бицараб доклад гьабуна районалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев З. Г1умаровас.

Лъай кьеялъул х1алт1ухъабазда ц1алул сон байбихьи баркизе рач1ун рук1ана  нилъер  ракьцоял  ДРялъул туризмаялъул комитеталъул председатель М. Г1исаев ва Дагъавтодоралъул генералияв директор З. Хучбаров. З. Хучбаровас бицана ДРялъул президентасул ишал т1уралев Р. Х1. Г1абдулат1иповас лъай кьеялде к1вар буссинабулеб бугилан, гьес лъаялъул къимат  гьабулилан. З. Хучбаровасда рак1алда буго лъай кьеялъулъ ва ц1алулъ церет1еял рихьизарурал  учительзабазегун ц1алдохъабазе кверч1вай гьабулеб фонд г1уц1изе.

Пишацоязда байрам баркана «Лидер образования» конкурсалъул призер Т1ануси гьоркьохъеб школалъул директор  Хъ. Дибировас. Жидерго школалда лъай кьеялда гьабураб ва гьабизе  бугеб х1алт1улги бицана гьес.

 Лъай кьеялъул даража борхизабизе, ц1ияб ц1алул соналда гъира-шавкъалда х1алт1изе мурадгун берцинаб ах1вал-х1алалда ана районалъул лъай кьеялъул х1алт1ухъабазул августалъулаб совещание.

П. Гунашева.


Просмотров: 682 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz